Дарсил тема :»Муг1рузул Г1али»
(Халкъияб кеч1)
«Халкъиял куч1дул-нуж руго киналниги г1орал чвахулел,гьел ралъдалъе щвезе кумек гьабулел иццал.Нужеца рух1 кьуна Дагъистаналъул поэзиялъе.» (Р.Х1амзатов)
Викторина:Х!амил нусабго лага бук1к1анила,ругелниги расал рахъун ч1анила .Берал ч1варкьанила ,гьекъолеб бук1а раб лъим к1алдиб кковухъе хут1анила. (Х!амаги бац1ги)
Дуе инсул щвараб щунусабго г1и ,щу-щуккун бикьила мун гьенив тела.Эбелалъул щвараб росда цебе хур ,г1арщуд ч1ван къот1ила ,мун вахъиларо.(Кьурулъ хут1арав Г1али).
Нахъисеб къоялъги балагьулеб бук1анила цер рахъ\-рахъалде.Вихьанила гьелда ц1акъго рик1к1адасан унев цо чи.Валлагь ,гьадав чиги дида хадув вач1унев чи вугоянги абун ,бекеранила цер .(Къайицадахъал).
Тушманасе наку ч1вазег1ан-Эбел-инсул рак1 лъималазда-Г!акълу цебе ккезабе-Вакъич1ого кванаге-
Кицаби:-Хвалчаца къот1ич1еб,мац1алъ къот1улеб.-Мац1ихъанас чияр рукъ ,ц1а гьеч1ого бух1улеб.-Эбел-эмен т1езарулебги мац1,рос –лъади рат1а гьарулебги мац1.-Каламалда жаниб бищун нахъег1анаб жо гьреси,гьерсазда гьоркьобги ц1акъго хъубаб жо мац1.