Тест
Оценка 5

Тест

Оценка 5
docx
15.12.2022
Тест
тесты Халкъиял асарал.docx

10 класс

 

ХАЛКЪИЯБ К1АЛЗУЛ ГЬУНАРАЛЪУЛ АСАРАЛ

1. Щиб миллаталъул кьалул кеч1 кколеб «Парту Пат1има»?

1) лаказул;      2) лезгиязул;   3) лъараг1азул;  

 4) даргиязул.

 

2. «Парту Пат1има» абураб лаказул кьалул кеч1 кинаб куплеталдалъун байбихьулеб?

1) Махх-чаран цоцада кьабулеб гьаракь

Кьурабаз бук1ана такрар гьабулеб.

Пири пирхун г1адин рехулел ц1аял,

Ц1аруц1ун эхеде рахъунел чуял.

 

2) Хабалазда нахъа г1олохъабаца

Г1ужилго бук1ана ишан босулеб,

Рик1к1аде рук1ана хучдул рехулел,

Хвалчаби рук1ана чархида кколел;

 

3) Бух1ун щвараб бакъукь къалъул г1ужалда

Г1едег1улев вуго Гъумекив чапар.

Байрахълъун гьорохъе парпалеб башлихъ –

одинокий фонарь уличный.PNGГьев вач1унев вуго ц1акъ рик1к1адасан;

 

4) Жидерго рагъулаб низамги ц1унун,

Рагъизе квер бана муг1рул гъалбацаз

Мег1ералда данде кьуру кинигин,

Кьабезе рек1ана лебалал васал.

 

3. Кинаб кьалул коч1олъа босараб куплет гьаб?

Гьелъул черх бук1ана маххуца хьухьун,

Хвалчада бук1ана басандулеб бакъ.

Гьелда гъоркь кьурдулеб бук1ана айгъир,

Кьалде бортизе жиб х1адураб г1адин.

 

1) «Гьайбатай Бика»;       2) «Парту Пат1има»;

3) «Паризада! Х1ажибала»; 4) «Бахтикал кеч1».

 

4. Халкъияб асаралъул кинай героиняялъ гьадинал раг1аби абулел?

«Нужей салам кьезе къадруяй гуро, -

Къабул гьабе салам ясалъул рахъалъ!

Щай нужее хунжрул – кьал т1аде щунищ?

Щай нужее хучдул – чабхъад инейищ?

Щай нужей къолдаби, гьел такъияби? –

Тушманасда данде х1адурлъулелищ?»

 

1) Парту Пат1има;          2) Бахтика;

3) Бика;                            4) Паризада.

 

5. Кинаб кьалул кеч1 гьадин байбихьулеб?

Ах1уд рахъунел г1адин,

Муг1рул бец1лъун лъугьана, -

Гьаваялда к1к1уйдуца

Нак1к1 лъезабун бук1ана.

 

1) «Ганч1ил вас»;       

2) «Надир-шагь щущахъ виххизави»;

3) «Парту Пат1има»;     4) «Гьайбатай Бика».

 

6. «Ганч1ил вас» абураб лезгиязул кьалул коч1олъа босараб куплет бихьизабе:

1) Гьанже кьолода т1ад кьварун к1алъалев,

Бихьила гьебмехалъ дур бах1арчилъи.

Гьанже къолден рет1ун, къамарт1го ч1олев,

Бич1ч1ила гьебмехалъ дур багьадурлъи.

 

2) Унго, кинан х1ехьолеб

Дагъистаналъул халкъаз

Гьаб басралъи, х1акъирлъи,

Гьаб къварилъи, инжитлъи?

 

3) Баг1арал г1анабазда

Маг1ил иххал рахъана,

Г1ерет1ги гьенибго тун,

Парт1ан рокъое ана…

 

4) Гьелщинал бах1арзаз ярагъ балелде,

Рагъде байбихьана кьешдул бах1арзаз.

Нахъияб бодуца чу кьололелде,

Кьолол къвалал къана къаралазул бод.

 

7. «Ганч1ил вас» абураб лезгиязул кьалул коч1олъа росарал гьал мухъазулъ сундул х1акъалъулъ бицунеб бугеб?

Ах1уд рахъунел г1адин,

Муг1рул бец1лъун лъугьана, -

Гьаваялда к1к1уйдуца

Нак1к1 лъезабун бук1ана.

 

1) роччараб къоялъул;

2) Рекъав Тимурил боялъул;

3) ц1а ккеялъул;

8. Даргиязул кьалул кеч1 бихьизабе:

1) «Гьайбатай Бика»;       2) «Парту Пат1има»;

3) «Ганч1ил вас»;     4) «Надир-шагь щущахъ виххизави».

 

9. Кинаб кьалул коч1олъ гьадинаб ахир гьабун бугеб?

Гьелъ таваккал т1амуна,

Тушманасде къокъана.

Къаникь гьев лъун гурони,

Нахъе юссине гьеч1о.

 

1) «Гьайбатай Бика»;        2) «Ганч1ил вас»;

3) «Парту Пат1има»;       4) «Бахтикал кеч1».

 

10. Халкъияб кеч1 бихьизабе:

1) «Надир-шагь щущахъ виххизави»; 

2) «Милъиршаби»;

3) «Г1унк1к1ги ц1улакьоги»; 

 4) «Анищ».

 

11. Кинаб халкъияб асаралъулъ сугъулдерица гьадинаб г1ак1а ах1иялъул хъван батулеб:

Жакъа чучарасул чилъи бух1аги,

одинокий фонарь уличный.PNGЧучун вагъарасул лъадул ц1ар ккаги!

Вай, гьа, г1олохъаби, гьа, г1олохъаби,

Агиласул х1уриб къаргъа г1агилу.

Х1ебул раг1аллъуда болч1ор г1агилу.

Жакъа чучаравги дир чукъа гуро,

Чучун вагъаравги дир гьалмагъ гуро,

Кьабе, г1олохъаби, чарамул хвалчен,

Хвалчадул болода би бетизег1ан!

Кьвагье, г1олохъаби, дурусал хъирмал,

Хъирмазул к1алазда к1к1уй бетизег1ан!

 

1) «Парту Пат1има»;    2) «Гьайбатай Бика»

3) «Надир-шагь щущахъ виххизави»;     

4) «Мискинлъи».

 

12. Нурмух1амад, Гьочоса Г1амир, Х1ажимуса, Г1исал Ибрагьим – гьал  бах1арзазул ц1арал кинаб асаралъулъ рехсон ругел?

 

1) «Надир-шагь щущахъ виххизави»;  

2) «Ганч1ил вас»;

3) «Парту Пат1има»;               

4) «Россиялъул солдатал».

13. Маг1арулазул халкъияб асар бихьизабе:

1) «Бахтикал кеч1»;  2) «Паризада! Х1ажибала»;

3) «Парту Пат1има»;     4) «Гьайбатай Бика».

 

14. Кинаб халкъияб коч1олъа босараб куплет гьаб?

Рокъоса къват1ие дун лъугьунаго,

Йигей анищ эбел хадуй г1одизе!

Хунздерил Т1алт1аса дун рещт1унаго,

Хадув валагьизе Нуцалхан анищ!

Игилъа эхее дун къокъунаго,

Горсан ваккизеан гьит1инав Булач!

 

1) «Бахтикал кеч1»;          2) «Парту Пат1има»;

3) «Ганч1ил вас»;             4) «Гьайбатай Бика».

 

15. «Паризада! Х1ажибала!» ккола:

1) лаказул халкъияб кеч1;

 2) лезгиязул халкъияб кеч1;

3) лъараг1азул халкъияб кеч1;  

 4) аваразул халкъияб кеч1.

 

16. «Мискинлъи» абураб халкъияб кеч1 кинаб миллаталъул кколеб?

1) даргиназул;        2) лъараг1азул;

3) табасараназул;   4) лаказул

 

17. Халкъияб кьалул гуреб кеч1 бихьизабе:

1) «Мискинлъи»;            2) «Парту Пат1има»;

3) «Ганч1ил вас»;           4) «Гьайбатай Бика».

 

18. Халкъияб кьалул кеч1 бихьизабе:

1) «Парту Пат1има»;      

 2) «Паризада! Х1ажибала»;

3) «Мискинлъи»;          

4) «Бахтикал кеч1».


 

ХАЛКЪИЯБ К1АЛЗУЛ ГЬУНАРАЛЪУЛ АСАРАЛ 1

ХАЛКЪИЯБ К1АЛЗУЛ ГЬУНАРАЛЪУЛ АСАРАЛ 1

Даргиязул кьалул кеч1 бихьизабе: 1) «Гьайбатай

Даргиязул кьалул кеч1 бихьизабе: 1) «Гьайбатай
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
15.12.2022