19 Г1АСРУЯЛЪУЛ 50-90 СОНАЗДА АВАРАЗУЛ ЛИТЕРАТУРА 1 вариант
1. Инхоса Г1алих1ажиясул насих1аталдалъун хъвараб асар бихьизабе:
1) «Г1акълудал ралъад»; 2) «Дунялалъул гьудуллъана»;
3) «Г1адада ч1оге»; 4) «Замана чарлъидал».
2. Гьал хадур рехсарал Инхоса Г1алих1ажиясул асаразул сатирияб кинаб кколареб?
1) «Гьекъел - мехтел»; 2) «Исрапчиясде»;
3) «Бечедал чаг1азде»; 4) «Т1абиг1ат берцинаб жо».
3. Лъица Инхоса Г1алих1ажиясул х1акъалъулъ гьадин хъвараб:
«…Аваразул гьайбатав поэт Инхоса Г1алих1ажиясул зах1маталъулаб г1умруги литературияб х1аракатги байбихьана 19 г1асруялъул к1иабилеб бащалъиялда. Аваразул миллияб хъвавулаб литератураялъе кьуч1 лъурав чилъун ккана Инхоса Г1алих1ажияв. Гьев к1удияв ва машгьурав раг1ул устарас нахъе тараб бечедаб рух1ияб ирсалъ адабияталъухъ г1ащикъазеги г1елмияб ц1ех-рех гьабулезеги ц1акъго к1удияб асар гьабуна……»
1) Фазу Г1алиевалъ; 2) Чакар Юсуповалъ;
3) Г1абасил Мах1амадица; 4) Мух1амад Ах1мадовас.
4. Инхоса Г1алих1ажиясул «Г1акълудал ралъад» абураб асаралъулъа
босараб куплеталда гьоркьоб биччараб мухъ бате:
Лъик1аб т1абиг1атги т1аг1амаб квенги,
Кеп-г1оркь гьоркьо-гьоркьоб – гьеле доб сахлъи.
Х1алт1улъ рекъей гьеч1ев къул-къуди г1емер,
…………………………………………………..
1) Гуребщинаб гьаби – гьебин тушманлъи;
2) Махщел бугел квераз ккураб устарлъи;
3) Дур ч1аголъиялда буго дир щаклъи;
4) Киназдаго гьоркьоб гьесул гьит1инлъи.
5. Алфаз лъуг1изабе:
Г1агарал гьуин гьаре – гьелъулъ буго дур икъбал,
……………………………………………………………………….
1) Эбел-эмен лъик1 хьихье – бихьила рек1ел канлъи;
2) Сахаватлъи гьарза ккве – гьудуллъи гучаб парчах1;
3) Кьибилгун х1ерен вук1а – х1албихьулин чиясул;
4) Бахиллъи рик1к1ад гьабе – рак1 жубалареб илбис.
Г1АЛИХ1АЖИЯСУЛ ЗАМАНАЛЪУЛ АВАРАЗУЛ ПОЭТАЛ
6. «Зигара буго» абураб кеч1 Г1анхил Мариница кида хъвараб?
1) Эльдарилав хведал; 2) Надир-шагь т1аде к1анц1идал;
3) Япониязулгун рагъда Сайгидубат1ал ч1ванин раг1идал.
7. Г1анхил Марин «Чарчурал гъудузул мугъал рекизе» абураб асар кинал раг1абаздалъун байбихьулеб?
1) Борхатаб къададе къокъаб мали ч1ван,
Къеркьон пайда гьеч1о, г1одой йик1ина
Къадал гордабазде ишанал гьарун,
Т1ок1ай свериларо дун дуда хадуй;
2) Гьаб дунял-г1аламалъ г1айиб ч1ваниги,
Г1ураб лага буго, баччила дица.
Халкъул г1аламалъул рогьо щваниги,
Ругьунаб черх буго, х1ехьон йик1ина;
3) Мунгин дун цадахъал ихдалил къоял
Рахаги г1аршалде г1азизав гьудул.
К1иялго к1алъарал хъорщол рагъаби,
Нилъей х1алай ч1аги х1урулг1инзаби;
1) Щвараб г1урул бакьулъ урдуги ч1вала,
Гьал къват1ул хабарал хачадулел тун.
Г1емер къвакъвадуге, къват1ул г1анк1аби,
Дун какунищ хъвалел кирго таптарал.
8. Кинаб коч1ое гьадинаб баян кьун бугеб?
19 г1асруялъул ахиралдехун, Шамил имам кверде ун хадуб, маг1арулал рук1ана к1иго зулмуялда гъоркь: пачаясулги жанисел ханзабазулгун бегзабазул кверщаликь.
Ц1акъго гьеб зулму бак1лъарал маг1арулаз 1977 соналъ пачаясул х1укуматалда данде ц1ияб къеркьей багъаризабуна. Гьеб багъа-бачари т1ибит1ана т1олго Дагъистаналда. Къуват бащадаб бук1инч1о. Вах1шияб къаг1идаялъ пачаясул аскараз къеркьей къинабуна гьеб соналъул ахиралде. Гьелъул бут1рул, кварида ран, гъанкъана.
1) Бакьайч1иса Ч1анк1а «Лъукъараб рит1уч1»; 2) Сугъралъа Муртазаг1алих1ажияв «Сибиралдаса кагъат»;
3) Хьаргабиса Мух1амадбег «Бах1арзазде»; 4) Ч1ик1аса Мух1амад «Рах1маталъул бакъ щвана».
9. Ч1ик1аса Мух1амадил творчествоялъул т1ехь хъвана:
1) Б.Мух1амадовас; 2) Ч.Юсуповалъ;
3) Н.М.Х1айбулаевалъ; 4) С.Х1айбулаевас.
10. «Г1ухьбиги мутаг1илзабиги» абураб асаралъул автор ккола:
1) Мух1амад Шамхалов; 2) Абут1алиб Гъапуров;
3) Ч1ик1аса Мух1амад; 4) Ст1ал Сулейман.
11. Ругъжаса Эльдариласул «Росу берцин» абураб лирикияб коч1олъ гьоркьоб биччараб эпитет хъвай:
Халипалъул …….,
Огь, дур чорхол гьайбатлъи!
Гьава бит1ун халалъи,
Хабаралъул гьуинлъи!
Халалъи-къокълъи рекъон,
Къвалакь кквезе дуруслъи.
1) берцинлъи; 2) чалухлъи;
3) узданлъи; 4) чергеслъи.
12. Эльдариласе загьру кьураб бертин щиб росулъ бук1араб?
1) Сугъралъ; 2) Ч1охъ;
3) Гъуниб; 4) Ругъжалъ.
13. Ругъжаса Элдариласде бит1араб ц1ар щиб бук1араб?
1) Мух1амад; 2) Магьди; 3) Мухтар; 4) Ах1мад.
19 Г1АСРУЯЛЪУЛ АХИРАЛДА ВА 20 Г1АСРУЯЛЪУЛ АВАЛАЛДА
АВАР ЛИТЕРАТУРА
14. Бакьайч1иса Ч1анк1ал кинаб кеч1 гьадин байбихьулеб?
Зарбу варакъулаб х1ежалъул къуръан,
Х1ал гьабулеб буго гьанже гьаваялъ.
Х1анил жисму зобалъул т1авус,
Зулму буго дие гьаб рокьиялъул
1) «Гьарак1унисей»;
2) «Гулишатиде»;
3) «Рек1ел гьудуласде гьадият хъвазин»;
4) «Лъукъараб рит1уч1».
15. 19 г1асруялъул ахиралда ва 20 г1асруялъул авалалда авар литература цебет1езабурал хъвадарухъабазде гьоркьоре щал унел?
1) Бакьайч1иса Ч1анк1а, Хъах1абросулъа Мах1муд;
2) Гьарак1униса Саг1ит, Къудукьа Мусалав;
3) Инхоса Г1алих1ажияв, Ругъжаса Элдарилав;
16. Гьал хадур рехсарал асаразул кинаб Хъах1абросулъа Мах1мудил кколеб?
1) «Хъах1илаб зодихъе баг1арбакъул нур»;
2) «Балагьея йокьулей»;
3) «Зигара буго»;
4) «Гулишатиде».
17. Хъах1абросулъа Мах1мудил заманалъул поэт ккола:
1) Инхелоса Къурбан; 2) Г1умарх1ажи Шахтаманов;
3) Къудукьа Мусалав; 4) Гьарак1униса Саг1ит.
18. Хъах1абросулъа Мах1мудил кинаб коч1олъа босараб куплет гьаб?
Бакъ ч1вайдал ц1ер г1адин, рец1ц1анин берал,
Баче цо дирги квер, канлъи бихьизе.
Кун т1урал маххаллъун биххун бугин рак1,
Бак1аризин данде, дидеххун вусса.
1) «Эбелги ясги»; 2) «Рек1ел гьаваялъул гьундул рихханин»;
3) «Макьу»; 4) «Г1ищкъул ц1еца…».
© ООО «Знанио»
С вами с 2009 года.