Урок по родному (аварскому) языку на тему "Прилагательное"

  • docx
  • 31.01.2022
Публикация на сайте для учителей

Публикация педагогических разработок

Бесплатное участие. Свидетельство автора сразу.
Мгновенные 10 документов в портфолио.

Иконка файла материала джамаловна урок.docx

Дарсил тема: Прилагательное.

Дарсил тайпа: гIахьал гьабиялъул

Дарсил мурадал:                                                                                                    

1.Лъай кьеялъулаб:каламалъул бутIабазул  лъималазда лъалеб такрар гьаби ва  щула гьаби,

2.Лъай цебетезабиялъул:цIалдохъабазда авар грамматика лъаялъул рахъ цебетIезаби,цIалул ва хъвавул каламалъулъ кколел гъалатIал дагьлъи.КIалзул калам пасихIго гIуцIизе ва пикраби загьир гьаризе цIалдохъаби ругьун гьари.ГъалатIал ккеялда хIинкъичIого,цIалдохъаби жавабал кьеялда тIад хIалтIизе куцай,

3.Тарбия кьеялъул:литературияб каламалъул кумекалдалъун цIалдохъаби авар мацI цIунизе ва гьеб бокьизе ругьун гьари.Цоцаздехун адаб-хIурмат куцай,цоцалъ рекъон хIалтIизе ругьун гьари,гьелдалъун лъималазул гьудуллъи щула гьаби ,гьоркьоблъи гьуин гьаби.Рахьдал мацIалде, ВатIаналде,т1абиг1аталде рокь ц1ик1к1инаби.

Дарсил алатал : 

Презентациял-тIадкъаял 

Карточкаби –къокъабазе тIадкъаялгун. 

Столазда тIад лъезе табличкаби,каламалъул бутIабазул цIарал хъварал

Дарсилтартиб

Мугlалимасулиш

Цlалдохъабазулиш

1

Цеберагlи

(слайд1 )

 

Ассаламу г1алайкум,хириял ц1алдохъаби,т1аде рач1арал гьалбал.

Жакъа ниль рилълъине руго сапаралде. Хал гьабе сапар бухьине кумекалъе бугеб машинаялъухъ. Гьаб буго «заманаялъул машина», рилълъинеги руго лъаг1алил заманазухъе гьоболлъухъ. Нуж ,лъимал,рикьун руго к1иго къокъаялде «Ц1одорал» , «Г1акъилал».

Цин мугlалимасе , цинги цоцазе гьимун,саламкьела

2

Рокъобекьунбукlараб хlалтlиялъул хал гьаби

(слайд 2)

Циндаго нилъеца хал гьабила рокъобе кьун бук1араб х1алт1иялъухъ.

 

Суалазе

жавабал

кьола. Таблица рагьула

 

3

                          

                 

Цlиябдарс                 

- дарсил тема рагьи

(слайд 4-5)

 

 

Такрар-

гьаби

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Хириял ,лъимал,жакъасеб дарсил тема лъазе ,нилъ рахъин сапаралде. Гьале нилъ машиналъ рехана хасалил заманалде. Гьал раг1абазе суал лъе.

Кинаб каламалъулд бут1аялъул суалал гьал колел?

Бит1ун буго, х1алч1ахъадал.

 

Гьанжеги машинаялда рек1ина нилъ,лъимал. Кире рехулел балагьила. Вай,балагье берцинлъи т1абиг1аталъул. Гьаб щиб заман кколеб лъимал?

 

Ихалъе хасиятал раг1абиги рищун хъвай доскаялда. Нужее х1адурун буго гьадинаб т1адкъай,маг1наялъул рахъалъ рекъон раг1аби ургъун хъвай.

Т1аде щвана….их.

….байдабаца берцин гьабуна дуниял.

Доскаялда хасалие хасиятал раг1аби хъвала.

Суалазе жаваб кьола.

 

 

 

Их

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Т1адкъай т1убала.

 

4

Хlухьбахъиялъуллахlзат

 

Лъимал,нуж сваканищ? Рач1а нилъ х1ухьбахъизе рилълъинин рииялъухъе гьоболлъухъ.

Кинал кьералгун нилъ дандеч1валел рода ,лъимал?

 

Балегье,лъимал. Г1урдах1анал руго гьанир. Рач1а нилъеца гьал рак1аризин. (Рак1арула,гьезул г1аламатал рицунаго.)

Жаваб кьола

 

 

 

 

 

Г1ахьаллъи гьабула.

6

Дарс щула гьаби

 

Гьанже,нилъ машиналъ,киредай рехилел? Хасалихълъи,лъимал!!! Балагье берцинлъи т1абиг1аталъул.

Т1адкъай т1убала. (т1ехьалдасан х1алт1и гьум.48,103 х1алт1и).

 

Лъимал,хал гьабе бечелъи нилъер хачсалихълъиялъул. Г1ечги барщун буго,бак1аризе ккела. (Т1адкъай г1ечалда хъван буго)

Гьал рак1арулаго,гьанир хъварал раг1абазе,антонимал ратизе кола нилъеца.

Гьит1инаб-к1удияб

Хъах1аб-ч1ег1ераб

Ц1ек1аб-гьуинаб

Хинаб-квачараб…

 

 

Тетрадазда т1адкъай т1убала

 

Дарсил х1асил гьаби.

Лъимал,гьале Расул Х1амзатовасул раг1аби. Дица гьал хъван руго гьоркьосан прилагательноял нахъеги росун .

Прилдагательноялгун ругел мухъищ нужее рокьарал,ялъуни гьеч1елищ?

Хал гьабе ,лъимал,прилагательнояз нилъер мац1 бечед гьабун буго,пасих1 гьабун буго.

Гьединлъидал,нилъерго мац1 пасих1лъизе,бицунеб хабар камиллъизе,нилъед алъазе кола берцинал прилагательноял предметиял ц1аралгун рекъезарун х1алт1изаризе.

        

 

 

 

Ц1алула,

суалазе жаваб кьола.

7

Къиматаллъей

слайд 30

Жакъа дица изну кьола х1урматияб жюриялъе нужее къимат кьезе.Рази ругищ нуж?

 

8

Рокъобе хlалтlи

 

 

Гьум 48,х1алт1и 102.

 

 

 

 

 

 

Дневниказда рокъобе хlалтlи хъвала