Дарсил мурадал:
Расул Х1амзатил творчествоялъулгун лъай -хъвай гьабизе; ц1алул калам цебет1езабиялда т1ад х1алт1и; тарбия кьеялъул замана х1алт1изаби.
Гlадатаб анализалдалъун гьудуллъи-вацлъи нилъер къуват букlин баян гьаби. Россиялъ бакараб канлъул чирахълъун магlарухъ гlурус учительница йикlин
Логикиял суалазул кумекалдалъун лъималазул гlакълу цебетlезаби
-Рач1а гьудулзаби сапар бухьизин ,
Х1амзатил Расулил шиг1рабазулъе.
Шаг1ирал рук1уна даим ракьалда,
Шиг1раби хут1ула халкъалъе нахъе.
-Маг1арул халкъалъул къадруяв поэт,
Ч1ух1и т1адег1анав ,маг1арул инсан.
Такрарлъи дуй гьеч1ев Х1амзатил Расул,
Даимлъана дур ц1ар Дагъистаналъе.
Тlоцебесеб кучlдузул тlехь «Бухlараб рокьиги кьварараб ццинги»гьесул бахъана 1943 соналъ. Къого сон бараб мехалъ Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул членлъун хlалтlана.
Росун жиндирго кучlдулгун, Расул ана Максим Горькиясул цlаралда бугеб Литературияб институталде цlализе.
1950 соналъ Расулица лъугlизабуна литературияб институт.
Рагlабазул баян:
Гlазизаб- гьайбатаб, хирияб;
Нуха –нух;
Кулакал – жанисел тушбаби, бечедал чагlи;
Бугьтанал – мацl гьаби, гьечlеб мунагь тlадлъей;
Панаяб – бухlараб;
Коммунарал –политрукал;
Рейхстагалъул къед –Берлиналда фашисталзул хlукумат жаниб букlараб минаялъул къед.
Лъимал, нужее жакъасеб дарс бокьанищ?
Щиб пайда нужее жакъасеб дарсидаса щвараб?
Щиб росулъа кколев Расул Хlамзатов ва гьесул эмен щив кколев?
Лъеберабилел соназда магlарул росабалъе лъайкьеялъул иш цебетlезабизе кумекалъе Россиялдаса ячlарай гlурус ясалъул хlакъалъулъ Расулил кинаб асаралъулъ бицунеб бугеб?
Магlарул руччабазул цlаралдасан поэтас Вера Васильевнаялда тlаса лъугьаян щай гьарулеб бугеб?
Расул Хlамзатовасул «Вера Васильевна» поэмаялъул идея щиб кколеб?
1.-Азарго сон баниги херлъулареб жо.
2.-Балагьизе бигьаяб батизе зах1матаб.
3.-Араб т1ад буссунареб жо.
4-Азбаралъуб г1ари, цебесан лъен, нахъасан жул.
5-Берциназе берцинаб, сурукъазе сурукъаб, гьурмал лъик1лъи гурони рек1ел лъик1лъи лъалареб.
6.-Бусада жиб гьеч1ого г1олареб жо.
7.-Салул авлахъалъул бищунго къо х1ехьолеб х1айван.
8.-Саг1атги гуреб, г1адамал рорч1изабулеб.
9.-Дунял раг1алда дун к1алъаниги, раг1и хисич1ого дуда раг1улеб.
10.-Сверухъ лъин, бакьулъ ц1а.
11.-Х1алхьуда вехьас пулеб музыкалияб алат.
Дур гьалмагъ щиван бице, мунго щив чиян бицина.
* * *
Цlорораб бугониги бакъ лъикlаб,
хъачlав вугониги гьудул лъикlав.
* * *
Гъветl кьалбаз ккола,
гlадан гьудул-гьалмагълъиялъ ккола.
* * *
Гьудул нусгоги дагьав, тушман цоги гlемерав.
* * *
Гьудуласул гьудул - дирги гьудул.
© ООО «Знанио»
С вами с 2009 года.