Добавить материал
Войти
🕊️
Войти в кабинет
Медиатека
Курсы
Сертификация
Мероприятия
Конкурсы
Собрания
Классные часы
Новости
Ваше членство
Добавить материал
и получить до 500 000 ₽.
свидетельство СМИ
и 10 документов
Внеклассное мероприятие «Къоабилеб г1асру, Х1амзатил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда».
Оценка
4.8
Джаватханова Альбина
Джаватханова Альбина
Внеклассное мероприятие «Къоабилеб г1асру, Х1амзатил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда».
Оценка
4.8
Мероприятия
docx
классное руководство
10 кл
05.05.2019
Внеклассное мероприятие «Къоабилеб г1асру, Х1амзатил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда». Представление альбома. Альбом представить гьабула Г1абдулвагьабов Мух1амадица ва Мух1амадова Пат1иматица. Жеги бакъул ч1орал, жеги къункъраби, Жеги харибак1ал, жеги г1урччинлъи, Жеги кьурабалъе багъулеб гъугъай, Гъоб рик1к1адал лъадал г1инда ч1валеб сас. Г1асру къоабилеб, къоло лъабго сон Сверулеб, лъач1ого г1едег1ун унеб, Дагъистан ч1ух1изе, Х1амзат вохизе, Х1асратаб рак1алъул кьуна цоги вас. Роц1араб къо г1адаб, сентябрь г1адинаб, Г1умру бук1ана дур, маг1арул шаг1ир. Разияб, гурх1улеб, асар к1удияб Раг1и бук1ана дур щибаб мухъалъулъ. Ункъоялда анц1го сон унеб буго Мун вач1аралдаса гьаб дунялалда . Амма зодоб ц1валъун ц1ик1к1ун кунч1улеб Киналго ратула дур хъвай-хъваг1аял.
Литературияб композиция.docx
Текстом
Картинками
Внеклассное мероприятие «Къоабилеб г1асру, Х1амзатил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда». Учительница : Джаватханова А.А. 8 Представление альбома. Альбом представить гьабула Г1абдулвагьабов Мух1амадица ва Мух1амадова Пат1иматица. Жеги бакъул ч1орал, жеги къункъраби, Жеги харибак1ал, жеги г1урччинлъи, Жеги кьурабалъе багъулеб гъугъай, Гъоб рик1к1адал лъадал г1инда ч1валеб сас. Г1асру къоабилеб, къоло лъабго сон Сверулеб, лъач1ого г1едег1ун унеб, Дагъистан ч1ух1изе, Х1амзат вохизе, Х1асратаб рак1алъул кьуна цоги вас. Роц1араб къо г1адаб, сентябрь г1адинаб, Г1умру бук1ана дур, маг1арул шаг1ир. Разияб, гурх1улеб, асар к1удияб Раг1и бук1ана дур щибаб мухъалъулъ. Ункъоялда анц1го сон унеб буго Мун вач1аралдаса гьаб дунялалда . Амма зодоб ц1валъун ц1ик1к1ун кунч1улеб Киналго ратула дур хъвайхъваг1аял. Гьанже мун гьеч1еблъи бич1ч1ананиги, Гьел дур асаразде русун чучула. Чи къадараб заман бугонаниги, Къадруял дур мухъаз г1одор риччала. Асарал ц1алула, куч1дул рицуна, Киналго школьниказ мун рак1алде щун. Конкурсал ургъула, сурат бахъула Бут1абазде бикьун альбом къач1ала. Амма шаг1ирасул г1умру бикьизе Бут1аби решт1инч1о дир хиялазулъ. Хириял, х1ажатал, маг1на гъваридал Раг1абаз г1уц1ана Расулил улка. У! Поэзиялъул бечедаб улка, Берцинлъизабуна ц1иял сборниказ. Рагъулал къоязул, бах1арзабазул Бицана цо чанго поэмаялъулъ. Лъана ц1алдолезда Г1абдулманапов, Г1урусазул васал, Краснодон шагьар. 8 «Мух1амад, Ахилчи – хириял вацал Хут1анин» к1алъана чияр ракьалда. Москва, литинститут, гьудулгьалмагълъи, Гьавгун цадахъ руго Гребнёв, Козловский. Маршакихъе щола, Луговский лъала Солоухин вуго цо группаялда. Тихонов, Твардовский, Сергей Михалков, Симонов кколарищ Расулил вацал? Цого профессия, цогояб рокьи, Цого бербалагьи сверухълъиялде. Г1агараб мац1алъе, маг1арулазе, Г1ащикъал асарал поэтас хъвана. Асиятил образ росдал ясазе Мисаллъун лъугьана киналго соназ. Дул Хъах1ал къункъраби Япониялда, Жеги Россиялда роржунел руго. Дуца эбелалъул гьабураб х1урмат Х1алимлъи бикьулеб гъасито буго. Пат1иматий дуца ах1ана куч1дул, Ах1ана цогиял дурго ясазе. Ах1ана Машае, учителалъе Вера Васильевна, ах1ана дуе. Цох1о поэт гурев, халкъалъул вакил, Хазина лъугьараб пьеса «Горянка». Прозаик, публицист Расул Х1амзатов, Рекъел бихьулев чи поэзиялъулъ. Дур шапакъатазул рик1к1ен г1емераб, Лауреат чанго премиябазул: Сталинил, Ленинил, х1укуматалъул Х1алхьи гьеч1еб х1алт1ухъ бах1арчияб ц1ар! Къват1ир улкабазда сапарал г1емер, Азия, Африка, Европа, Китай, Х1атта Кубагицин жинда бихьарав, Болгариялъ Орден Кирилил кьурав. Г1асрабаз нилъее кьуна поэтал: Пушкин ва Лермонтов, Некрасов, Тютчев. 8 Кьуна г1ащикъ Мах1муд, Ц1адаса Х1амзат, Кьуна Элдарилав, Тажудин Ч1анк1а. Къоабилеб г1асру, Х1амазтил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда! Йохъ! Дур сариназул си т1аг1инаро Т1олалго мац1азда ц1алулел ругел! Дур г1ищкъу, дур х1асрат т1ахьазда буго, Т1адег1анал ц1ваби гьелги дур мухъал! Балагье, къункъраби роржунел руго, Гьелги дур саринал, зодор рахарал. Литературияб композиция «Хъвадарухъанасул рит1ухълъи, лебаллъи» Ролал х1ала: Автор – Шейхов Шайих Ц1адаса Х1амзат – Х1ожолмух1амадов Мух1амад Расул Х1амзатов – Дибирхумаев Расул Ункъачо – Мах1мудова Г1айшат Мадугьал – Г1абдулвагьабов Мух1амад Автор: Инсуца цо нухалда кутакалда кьабг1ана Расулида. Гьеб иш ккана гьадин. Цо нухалда радал школалде уневанги абун, Расул къоялъ г1арац рехи гьабулев вук1ана, лъималгун цадахъ, цо азбаралъув ч1арбида накабиги ч1ван. Т1ахьал росизе кьун бук1араб г1арац г1емер кват1ич1ого гьесухъа бат1алъана. Гьеб квеш бук1араб Расул кисадай г1арац балагьилаян ургъана. Нахъе кьезег1ан кьолев чиги ватич1ого, гьав росу сверизе лъугьана. Сверулаго Расулида данде ч1вана ункъачо Пат1имат, мадугьал Саг1ид ва гьединго росуцоялги. Ункъачо: Расул, киве вахъарав дир вас? Мун школалда инч1огоийщ жакъа. Расул: Дун школалда вук1ана ункъачо. Школалдасан вит1ун вуго росдал г1адамазда лъазабизе метер палугьаби рач1унел ругилан. Дида т1ад къан буго палугьабазе кьезе г1арац бак1аризе. Ункъачо: Ма босе дицаги кьелин. Палугьаби баркатгун рач1унин аби бугин. 8 Мадугьал : Ма, дицаги кьелин. Автор: Цояз кьун, цояз кьеч1ого гьасухъ реч1ч1и гьабизе г1урал мугьал щвана. Автор: Амма гьел мугьалги Расулица хеккого чияе рехана. Чвантиниб х1ур гуреб щибго жо хут1ич1о. Т1адежоялъе къоялъ ракьалда ч1вач11вадун т1аждал накабиги рагьана. Гьасда г1емер кват1ич1ого «Расул ва Расул» ян ах1улеб эбелалъул гьаракь раг1ана. Гьедин г1инги ккун вачун Расул щвана рокъове. Ах1ана инсуца. Огь, инсул диван! Дунялалда гьелдаса г1адин гьав сундасаниги х1инкъулароан. Бич1ч1ана инсуда Расулица гьабураб. Рихьана бихъараб т1аждалъан раккара накаби. Эмен: Бицея, гьал щал? Расул: Накаби руго. Эмен: Накабияли дида рихьула, накаби рахчараб т1ажу кин т1ут1ураб? Эмен: Дица дуда гьикъулеб буго? Расул: Школалъул нуц1ил маг1ида бан бихъана. Эмен: Кинилая? Расул: Маг1ида бан. Эмен: Киб? Расул: Школалъул нуц1ида. Эмен: Кида? 8 Расул: Жакъа. (Гьеб мехалъ ч1ван бач1ана инсуца гьасул к1аркьен). Эмен: Бице, кин? (Инсуца нахъеги гьасда кьабуна. Расул г1одана.) Эмен (ц1алги кодоб ккун): Сех1. Дица ц1алад вац1илалде бит1араб бице. Автор: Расулица кинабго бит1ун бицана. Автор: Цо лъабго къоялдасан къваридав Расул инсуца нахъа рукъове ах1ана. Жиндаго г1агарлъухъ г1одов ч1езавуна, ц1аликъалиялъул рахъалъ ц1ехана. Эмен: Дица дуда щай къабг1арабали лъалищ дуда? Расул: Лъала. Эмен: Щайха? Расул: Школалде инч1ого. Эмен: Гуро. Расул: Г1арац реч1ч1и гьабунин. Эмен: Гуро. Расул: Т1ажу бихъунин. 8 Эмен: Гуро. Школалде инч1олъиялъухъ дун вагъилаан, гьеб гъалат1 буго дур. Г1арац реч1ч1и гьабуралъухъ г1ин кьурун телаан, гьеб г1айиб буго дур. Т1ажу бихъиялъулги дица бицинароан, к1удияб мунагь гуро. Дица дуда кьабг1ана гьерсихъ. Гьеб гъалат1 гуро, г1айиб гуро, х1алихьалъи буго. Гьелдаса нахъег1анаб мунагь гьеч1о. Т1ок1аб гьереси бицани дурги дирги бук1ине буго рекъел гьеч1еб кьал. Кьабг1ун теларо, ч1вазе вуго. Дие палугьанлъи г1умруялъ х1ажат гьечо. Бит1ун бице, бит1ун хьваде. Гьет1араб бук1ине биччай чода т1икъвамаг1ги, дадида г1оркьги, г1ерт1ида жемараб кварги. Бич1ч1анищ? Расул: Бич1ч1ана. Эмен: А. Автор: Гьоркьор санал ана. Амма Расулида гьеб гьит1инго ккараб иш г1умруялъ к1очон теч1о. Расул: Гьереси – гьеб буго гьереси, бит1араб – гьеб буго бит1араб. Гьел бат1ибат1иял гьеч1о. Цояб буго сурукълъи, инжитлъи, цояб буго борхатлъи, берцинлъи. Цояб буго х1инкъи, х1алихьалъи, цояб буго бах1арчилъи, иях1. Гьел киназего кибго, кинабго заманаялъ цо буго. Бат1ибат1иял гьеч1о. 8 8
Внеклассное мероприятие «Къоабилеб г1асру, Х1амзатил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда».
Внеклассное мероприятие «Къоабилеб г1асру, Х1амзатил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда».
Внеклассное мероприятие «Къоабилеб г1асру, Х1амзатил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда».
Внеклассное мероприятие «Къоабилеб г1асру, Х1амзатил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда».
Внеклассное мероприятие «Къоабилеб г1асру, Х1амзатил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда».
Внеклассное мероприятие «Къоабилеб г1асру, Х1амзатил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда».
Внеклассное мероприятие «Къоабилеб г1асру, Х1амзатил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда».
Внеклассное мероприятие «Къоабилеб г1асру, Х1амзатил Расул, Дур ц1аралъ гвангъана Дагъистаналда».
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете
сообщить о нарушении
.
Введите ваш email
Ваш email
*
Скачать материал
Скачать
Файл готов!
Скачать
Вверх
05.05.2019
Посмотрите также:
📁
Внеклассное мероприятие «Рагъдаса руссинч1ел г1олохъабазде».
📁
У семейного очага. Методическая разработка.
📁
Внеклассное мероприятие "100 лет заповедной системе России"
📁
Разработка классного часа «Страна в которой мне хочется жить. Менгеліқ ел»
📁
Оралхан Бөкейдің өмірі мен шығармашылығы
📁
Классный час "Я тебя понимаю"
📁
конспект классного часа "Открытие изменившее мир"
📁
Сценарий КВН «на Зеленой волне» в 10 классе. Музыкальное задание «Жизнь хороша, когда едешь не с
...
Новости
Курсы
Членство
Еще
Войти
Новости
Курсы
Сертификация
Мероприятия
Конкурсы
Собрания
Классные часы
Медиатека
Бонусы
Добавить материал
Добавить