МКОУ «СОШ№5 имени героя России Мусалаева Т.О.» г.Хасавюрт,Республика Дагестан
Конспект открытого урока
Тема: «Глаголалъул т1алабияб наклонение»
Подготовила учительница
родного языка и литературы
Магомедова Аслипат Багавдиновна
Хасавюрт 2018 г.
Родной язык 7 класс.
Тема: Глаголалъул т1алабияб наклонение.
Дарсил мурад: Цересел дарсазда малъараб такрар гьаби. Бит1унхъвай цебет1езаби. Калам пасих1 гьабизе творческияб х1алт1и т1убай. Халкъиял кицабазул кьуч1алда ц1алдохъабазул г1акълу бег1ери. Т1алабияб наклонение баян гьаби, суффиксазул кумекалдалъун т1алабияб наклонениялъул глаголал лъугьинаризе ругьунгьари. Литературиял асаразулъ т1алабиял наклонениялъул глаголал ратизе ругьун гьари.
Алатал: т1ахьал, карточкаби, итерактивияб доска, таблица.
Дарсил ин:
Учителасул цебераг1и: Ворч1ами, лъимал.
Жакъасеб нилъер дарсил
Мурад гьадинаб буго:
Малъараб г1ат1ид гьаби,
Ц1ияб лъай баян гьаби.
Нилъеца гьаб дарсида
Глагол такрар гьабила,
Гьебги гьоркьоб ккезабун
Цо-цо хабар г1уц1ила.
Бит1унхъвай цебет1езе
Хъвавулъ гъалат1 дагьлъизе
Ц1ияб лъай кверде босун,
Хъвазе т1алаб гьабила.
Калам пасих1 гьабизе
Цо-к1иго кеч1 ц1алила.
Коч1ол маг1на бич1ч1изе
К1вар кьун гьелде ургъила.
Г1акълу бег1ер гьабизе
Гъварилъи-лъай ц1ик1к1ине
Умумуз нилъей тарал
Кицабазул бицина.
Нуж рази ругищ, лъимал, гьадинаб дарсил мурадалда?
Гьедин батани рач1а нилъеца рак1алде щвезабила цересел дарсазда малъараб.
1. Фронталияб гьикъи г1уц1ила:
- Щиб кколеб глагол?
- Чан заман бугеб глаголалъул?
- Щиб кколеб наклонение?
- Щиб баян гьабулеб глаголалъул хабарияб наклонениялъ?
Учитель: Лъик1 буго, лъимал. Гьеб нужеца бицараб щула гьабизе цо-к1иго тест гьабила.
2. Тестал:
а) Кинал суалазде жаваблъун бач1унеб глагол?
1. щиб? щив? щий? щал?
2. кинаб? кинал?
3. кида? кин?
4. щиб гьабураб? щиб гьабилеб?
б) Глаголалъул хабарияб наклонение бате:
1) ах1изе
2) ах1е
3) ах1улеб буго
4) ах1ани.
в) Г1инзул глагол бихьизабе:
1) лъалъана
2) лъалъанила
3) лъалъан буго
4) лъалъалеб буго
3. Словарияб х1алт1и: учителас кьурал глаголал, лъималаз лъабго группаялде рикьизе ккола.
Ах1улеб буго, къач1азе, кьела, босизабуна, рагъана, вач1ине гьеч1о, г1одизе лъугьана, батиларо, к1икъот1изе, свера-хъеризе, борхизе жувана, халкквезе.
г1адатал журарал составиял
къач1азе, босизабуна, ах1улеб буго
кьела к1икъот1изе, борхизе жувана,
рагъана, свера-хъеризе, вач1ине гьеч1о,
батиларо, халкквезе. г1одизе лъугьана,
4. Литературияб минутка.
Учитель: Лъимал, нилъеда лъала глаголалъул 4 заман бук1унеблъи. Лъида к1велеб гьаб кеч1 араб заманалъул глаголал бач1унеб заманалде сверизарун ц1ализе? Их.
Т1аде щвана хинаб их,
Т1егьана т1олго гъут1би,
Т1огьолал байдабаца
Берцин гьабуна дунял.
Муг1рулги г1урччинлъана,
Г1урабиги ц1илъана,
Инфинитив суффикс -зе |
Буюриялъул суффикс -е, -а, -й, |
Гьукъиялъул суффикс - ге |
Гьариялъул суффикс - ги |
Гьесизария-лъул суффикс - ин |
бахъизе ретlине цlезе кьезе лъазе цlализе
|
бахъе ретlе |
бахъуге ретlуге |
бахъаги ретlаги |
бахъизин ретlизин |
Г1умру баркун х1анч1аца
Х1еренаб кеч1 ах1ана.
5. Творческияб х1алт1и: 4 группаялде рикьун лъималаз карточкабаздасан гьит1инабго хабар г1уц1ула хабарияб наклонениялъул глаголалги х1алт1изарун. (лъималаз ц1алула жидецаго хъвараб хабар ва гьенир х1алт1изарурал глаголал рицуна).
6. Учителас ц1ияб дарс бич1ч1изабила:
Т1алабияб наклонениялъ загьир гьабула буюрухъ, малъа-хъвай, гьари, гьесизари.
Т1алабияб наклонение лъугьуна глаголалъул аслуялъулъ гьаркьилал х1арпазул хиса-баси ккун: и е, е а,
гьединго - й, - ин, - ге, - ги суффиксал журанги.
Цо-к1иго ц1алдохъан вахъуна доскаялде ва таблицаялда рекъон глаголал т1алабияб наклонениялде сверизарула.
7.
Т1ехьалда
т1асан х1алт1и:
х1алт1и 1
гьумер 126
Воре ц1але, ц1але, ц1але, дир ц1одор,
Ц1ияб Ват1ан т1егьазабе, берзул нур.
Бец1лъиялда данде рагъ бай, багьадур,
Рак1ги мац1ги бац1ц1ад ц1уне, ц1алдохъан.
Эбел-инсул х1урмат гьабе, дир лачен,
Учительгун рекъон х1алт1е, дир х1ерен,
Т1ахьаздехун хурхен гьабе, дир гьит1ин,-
Гьунар т1ок1ав вокьулин дий ц1алдохъан.
Цо ц1алдохъанас т1алабияб наклонениялъул глаголазда гъоркь мухъ ц1ала.
8. Т1алабияб наклонениялъул гьариялъул форма бихьизабизе цо ц1алдохъанас халкъияб кеч1 ц1алула.
Баги бечед, чвахунцlад,
Чабхилъан ицц баккизе,
Чвахаги, Аллагь, гонгал,
Гьалида мочу базе.
Баги, бечед, чвахунцlад,
Чахъабазул хlалккезе.
Чвахаги, Аллагь, гонгал,
Цlцlаназул мугъ бекизе.
9.
Жалго
жидедаго ч1ун х1алт1и:
х1алт1и 3 гьумер 126.
10. Синтаксисияб разбор:
Воре, дуца дурго к1алдиб
К1иг1аркьелаб мац1 хьихьуге.
11. Учитель: Ц1адаса Х1амзатил кинаб асаралдаса росарал мухъал ругел гьал? («Г1умруялъул дарсал») Бит1ун буго, лъимал. Нужеда цонигиязда рак1алда гьеч1ищ гьеб асаралдаса мухъал? Щиб загьир гьабулеб бугеб Ц1адаса Х1амзатица нилъее: гьарийищ, малъа-хъвайищ, гьесизарийищ? (малъа-хъвай) Гьединанго малъа-хъвай ва г1акълу кьола нилъее халкъиял кицабазги. Балагьила нилъ гьанже рак1алда ругищ нужеда кицаби.
12. Кицаби. (гьоркьор риччарал глаголал хъвазе)
Бицине ___________ , гьабизе _________ .
Рекъон ___________ , къец бан _________ .
13. Гьал кицабазе данде кколел глаголал аск1об кьураб сиях1алда стрелкабаз рихьизаре:
Ургъун раг1и ……, т1аме
борцун гали ……. гьабуге
Бицине нечараб……, ургъуге
Гьикъизе намусаб……. бице
14. Учитель: Цоги кинал кицаби нужеда лъалел, лъимал, т1алабияб наклонениялъул глаголалги гъорлъ ругел? (лъималаз кицаби рицуна).
15. Рокъобе х1алт1и: Нилъерго гьит1инал гьудулзабазде гьит1инабго малъа-хъваялъул кагъат хъвала: «Х1анч1и ахазул гьудулзаби» абураб темаялда т1асан.
16. Дарсил х1асил:
- Щиб загьир гьабулеб глаголалъул т1алабияб наклонениялъ?
- Кин лъугьунеб т1алабияб наклонениялъул глагол?
- Кинал суффиксазул кумекалдалъун гьел лъугьунел?
17. Учитель: Лъимал рак1алда бугищ нужеда нилъер дарсил эпиграф? Кин нужеда рак1алде кколеб гьеб эпиграфалда рекъон х1алт1анищ нилъ гьаб дарсида? Х1алч1ахъаги, лъимал, нужер, дарсида лъик1 х1алт1аразе къиматалги лъела журналалда.
Ц1умур кьабуна!!!
Магомедова Гулишат
Абдусаламовна.
© ООО «Знанио»
С вами с 2009 года.