Сценарий ко Дню родного языка "Дир мац1 , дир рух1 ,дир бечелъи !"
Оценка 4.7

Сценарий ко Дню родного языка "Дир мац1 , дир рух1 ,дир бечелъи !"

Оценка 4.7
Культурные мероприятия
docx
05.02.2022
Сценарий ко Дню родного языка "Дир мац1 , дир рух1 ,дир бечелъи !"
Сценарий -план
м. дир мац1.docx

РАХЬДАЛ МАЦ!АЛЪУЛ КЪО К!ОДО ГЬАБУН           Т!ОБИТ!АРАБ  ТАДБИР- линейка .

 

 

ДИР МАЦ! , ДИР РУХ! ,       ДИР БЕЧЕЛЪИ.

 

 

Х!адур гьабуна:  Къеди  гьоркьохъеб школалъул   муг!алим Нурмух!амадова П.З.   

Программа                                                                                1.Цебераг1и .                                                                  2.Рахьдал мац1алда т1аса  гара - ч1вари гьаби. (Раг1и кьела Нурмух1амадова П. ) .                                                                       3 . Дагъистаналъул гимн ах1и (9 кл ц1алдохъабаз) .                                                                        4. Куч1дул рик1к1ине мац1алъул х1акъалъулъ .

5. Инсценировка росдал г1адаталда рекъон                            "Бах!арай лъеда ячин".                                                  

6 . Росдал гимн ах1и (8 кл ясалаца ).

7. Бат1и -бат1иял х1аял т1орит1и авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазда малъараб материалалда т1асан.( лотореялъулаб х1ай , викторина , шарадаби гьаризе т1ами ).

8. Конкурс "Бищун лъик1аб сочинение" "Рахьдал мац!"абураб темаялда т1асан.

9. Маг1арулазул гимн ах1и .

10. Х1асил гьаби.

 

 

 

 

 

 

 

 

Мурад:

- цIалдохъабазда рахьдал мацI лъаялъул пайда материалияб рахъалъухъ балагьун гуребги,тIоцебесеб иргаялда рухIияб рахъалъухъ балагьун борцине лъай;

-магIарул мацIлъаялъул бугеб кIварги  пайдаги лъималазда бичIчIи;

- рахьдал мацIалдеги адабияталдеги цIалдохъабазул рокьи бижизаби;

- батIи-батIиял дирго хIалбихьияздалъун, ресаздалъун мацI лъазабиялде цIалдохъабазул гъира бижизаби;

- рахьдал мацIалъулги адабияталъулги кумекалдалъун лъималазе камилаб тарбия кьей.

Тадбиралъе х1ажатал алатал:

проектор , слайдал ,лотореялъе сайгъатал , сочинениялъе бак1 щварал лъималазе кьезе грамотаби, инсценировкаялъе х1ажатаб къай , гимназе мелодияби .

 

 

 

 

 

 

 

Тадбиралъул ин

 

1.Цебераг1и

Ведущий 1:  Рорч1ами, лъимал муг1алимзаби , хириял гьалбал !Жакъа нилъ рак1арун руго нилъерго рахьдал мац1алъул къо к1одо гьабун т1обит1улеб тадбиралда.Изну  кье дий жакъасеб гьаб тадбир рагьараблъун рик1к1ине!

2.Мац1алда т1асса гара -ч1вари .

(Раг1и кьола авар  мац1алъул муг1алим Нурмух!амадова П.З.)

МацI ккола щиб халкъ босаниги,  гьелъул миллаталъул бечелъиялда гьоркьоб бищун аслияб хазина. МацI тIагIиналдалъун халкъалъул миллатги тIагIуна,кинабниги гьелъул бечелъиги цадахъго била-биххун лъугIула кин цIунизеян лъугьаниги. Гьединлъидал, щибаб халкъ –миллаталъул мацI цIуни ккола цIакъ кIудияб кIвар бугеб масъалалъун.

Дунялалъул цивилизация цебе тIунагIан,цIиял технологиязул кIвар халкъалъул гIумруялда жаниб цIикIанагIан,  цIикIунеб бугокIвар халкъазда гьоркьосел мацIазулги.

ТIолго Россиялда жанир ругел халкъ- миллатазул гIадамал цоцада ричIчIизе кумек гьабулеб гIурус мацIалъулги, дунялалъулго гIалам цоцада бичIчIизе хIалтIизабулеб англиялъул мацIалъулги кIвар къо бахъанагIан цIикIунеб буго. Ва гьеб цIикIанагIан, гьелдаго цадахъ гIисин- миллатазул мацIазул      кIвар къо бахъанагIан дагьлъулеб буго. Гьелдалъун, цодагьаб цебегIанги гIурус мацIалда хадусеб, кIиабилеб бакIалда букIараб рахьдал мацI, нилъеда бихьулеб буго, къватIиса хIукуматалъул - англиялъул мацIалдасаги хадусеб иргаялде ккун буго.

Гьединлъидал, аслияб рахьдал мацI цIуниялъул масъала тIаде ккун буго нилъеда мугIалимзабазда . Гьезда кодоб буго жакъасеб къоялъ гьелъул къисмат.

Дунялалъул магIишаталда хадур лъугьун сверухъ бугеб щиналъулъ материалияб гуреб рахъ бихьулеб гьечIо гIемерисел улбузда.   ГIемерисел лъималазги улбузги цо кIалдисан гIадин абулеб буго рахьдал мацI лъан жидее хIажат гьечIилан, гьеб лъаялдасан жидее щолеб пайда гьечIилан. Пайдаялъул бицунаго нилъеда бичIчIулеб буго гьез бицунеб букIин рахьдал мацI лъаялъул бугеб материалияб пайдаялъул.

Материалияб пайда дагьаб батаниги, гьелъул кутакалда кIвар бугеб цоги рахъ буго – рухIияб.

Жакъасеб къоялда рекъон гIумру гIуцIизе хIаракат бахъулел рукIун, киназго гуро гьеб рухIияб рахъалъул хIисаб гьабулеб бугеб. Гьединлъидал нилъер халкъалъул миллаталъул рухIияб рахъ рахьдал мац1алъул  мугIалимзабазул кодоб буго .

Ведущая 2: Ассаламу г1алайкум , Т!аде рач1арал гьалбал ,   Ассаламу г!алайкум

Хириял ц1алдохъаби .Ассаламу г!алайкум, Аваразул милат - мац! , Адаб кьоч1ое лъураб, Ахир рокьуе гьеч1еб .Армяназул пашманлъи ,Арарат мег1ер буго , Аваразул пашманлъи , Авар мац1 лъач1ел лъимал .

Ведущая 1: Дагъистаналъул гимн ах1изе цере рахъула 9 кл . ц1алдохъаби .Гьарула къабул гьаре .

 

 

3 . Дагъистаналъул гимн ах1и .

Ведущая 2:  "Дунги муг1рулги маг1арул мац1алъ гаргадула , маг1арул мац1- муг1рузул мац1 буго,.Дагъистан лъазе ккани маг1арул мац1 лъазе ккола ,Дагъистан бич1ч1изе ккани , маг1арулал рич1ч1изе ккола "- гьадин хъвана М.Ах1мадовас .

4.Куч1дул рик1к1ин.

Ведущая1. Мух1амад Ах1мадовасул "Маг1арул мац1 " абураб кеч1  рек1ехъе ц1ализе раг1и кьола  ( (10 кл. ц1алдохъан Газимагомедова Х 1 бут1а. 8 кл. Усманова А 2бут1а, Мух1амадова П3 бут1а.)

Ведущая 2: Расул Х1амзатовасул "Авар мац1 " абураб кеч1 рик1к1изе цее яхъула (11 кл . Ц!. Усманова Н . Османова П.Исаева Х.)

Ведущая 1: "Тоге маг1арулал миллат билизе " кеч1 рик1к1ина (9кл .Магомедова А. )

Ведущая 2: Къабул гьаре нилъер рук1инесел авар театралъул актерал ,гьит1инабго инсценировкагун цере рахъунел.

5.Инсценировка  росдал г1адаталда рекъон "Бах1арай лъеда ячин ".(Г1ахьаллъи гьабизе буго 7-8 кл ц1алдохъабаз ).

Ведущая 1: Росдал гимн ах1изе цере   рахъула ( 8 кл Ц1алдохъаби ).

6.Росдал гимн

Ведущая 1: Гьанже нилъеца байбихьила лотореялъулаб  х1ай , хал гьабила киг1ан нужее авар мац1алъул ва адабияталъул дарс лъалеб бугебали .

7.Х1аял т1орит1и

(лотореялъул х1ай ,гьелъул шарт1азда рекъон т1обит1ила,викторина гьабила адабияталъул асаразда т1ассан ,шарадаби рагьизе т1амила ).

 

8.Конкурс "Бищун лъик1аб сочинение " "Рахьдал мац!".

( Гьалъул х1асил гьабун бергьаразе сайгъатал бергьенлъиялъул грамотаби кьела ).

 

9.Маг1арулазул гимн ах1и .

(Г1ахьаллъи гьабурал щинал ц1алдохъабаз цере рахъун ах1ила гимн ).

10. Х1асил гьаби.                                                                                   (К1алъазе бокьаразе раг1и кьун , къо - мех лъик1 гьабила ).


 

РАХЬДАЛ МАЦ!АЛЪУЛ КЪО К!ОДО ГЬАБУН

РАХЬДАЛ МАЦ!АЛЪУЛ КЪО К!ОДО ГЬАБУН

Программа 1

Программа 1

Мурад: - цIалдохъабазда рахьдал мацI лъаялъул пайда материалияб рахъалъухъ балагьун гуребги,тIоцебесеб иргаялда рухIияб рахъалъухъ балагьун борцине лъай; -магIарул мацIлъаялъул бугеб кIварги пайдаги лъималазда бичIчIи; -…

Мурад: - цIалдохъабазда рахьдал мацI лъаялъул пайда материалияб рахъалъухъ балагьун гуребги,тIоцебесеб иргаялда рухIияб рахъалъухъ балагьун борцине лъай; -магIарул мацIлъаялъул бугеб кIварги пайдаги лъималазда бичIчIи; -…

Тадбиралъул ин 1.Цебераг1и

Тадбиралъул ин 1.Цебераг1и

Гьединлъидал, аслияб рахьдал мацI цIуниялъул масъала тIаде ккун буго нилъеда мугIалимзабазда

Гьединлъидал, аслияб рахьдал мацI цIуниялъул масъала тIаде ккун буго нилъеда мугIалимзабазда

Дагъистаналъул гимн ах1и . Ведущая 2: "

Дагъистаналъул гимн ах1и . Ведущая 2: "

Конкурс "Бищун лъик1аб сочинение " "

Конкурс "Бищун лъик1аб сочинение " "
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
05.02.2022