МКОУ «Шуланинская СОШ»
Открытый урок
по родному языку
4 класс.
Тема: «ЦIарубакI»
Провела:
Ахмедова Равзат Алиевна
Учитель начальных классов
2018г.
Дарс: Авар мацI
Класс: 4
Къо-моцI: 11.02.2018г.
Тема: ЦIарубакI
Дарсил мурадал:
1. Лъай кьеялъул:
цIарубакI-каламалъул бутIа, цIарубакIалъул хIакъалъулъ баян кьей, сунда абулеб цIарубакI, щиб гьелъ бихьизабулеб ва кинал суалазе жаваблъун бачIунебали баян гьаби;
2. Лъай цебетIеялъул:
хъвавул каламалъулъ гъалатIал дагьлъизари, хIалтIаби тIурай, цIалдохъабазул рагIабазул нахърател бечед гьаби;
3. Тарбия кьеялъул:
авар мацI бокьизе, цIунизе ккей цIалдохъабазда бичIчIинаби;
Дарсил алатал: авар мацIалъул тIехь, слайдал-презентация, карточкаби
Дарсил тайпа: цIияб тема малъиялъул
Дарсил план
1. Дарсил байбихьи
2. Рокъоб кьураб хIалтIул хал гьаби
3. Араб дарс ракIалде щвезаби
4. ТIаса бищун хъвалеб диктант
5. ЦIияб тема малъи
6. Физминутка
7. ЦIияб тема щула гьаби
8. Словарияб хIалтIи
9. Калам цебетIезабиялда тIад хIалтIи
10. РагIабигун хIай
11. Рокъобе хIалтIи
12. Дарсил хIасил
Дарсил ин
1. Дарсил байбихьи
А) рорчIами кьей цIалдохъабазе
Б) цIалдохъабазул дарсиде бугеб хIадурлъиялъул хал гьаби
В) дарсил мурадал баян гьари
2. Рокъоб кьураб хIалтIул хал гьаби
ХIалтIи 127, гьум.54.
3. Араб дарс ракIалде щвезаби
( цIалдохъабазе суалал кьей )
4. ТIаса бищун хъвалеб диктант
( Гьава, лъим, бокьула, кьураби, берцинал, бакънал, пасихIал, кучIдул, ахIула, авлахъ, бечедаб, гIасиял, гъваридал, кIкIалал, лъарал, гIорал, хъудула, байдаби, ритIарал, расандула )
5. ЦIияб тема малъи ЦIарубакI
А) мисалаздалъун бичIчIизаби
Б) цIалдохъабазда правило цIализаби гьум. 54-55
6. Физминутка
7. ЦIияб тема щула гьаби ( хIалтIаби тIурай )
( хIалтIи 130, гьум. 55-56 )
8. Словарияб хIалтIи
ГIакъил -
Къимат -
Хазина -
ХIурмат -
Хьул -
Байдан -
Ургъел –
9. Калам цебетIезабиялда тIад хIалтIи
Цин гIакъиласда гьикъе, цинги мунго ургъе.
Мун кIодо гьавурав дуцаги кIодо гьаве.
Дуцаго гьабураб лъикIлъи кIочене те, дуего гьабураб лъикIлъи кIочене тоге.
Дурго къимат гьабизе бокьани, чияр къимат дуцаги гьабе.
Дуего бокьулареб жо чияе гьабуге.
( мугIалимасул гара-чIвари )
10. РагIабигун хIай
Режун
Даци
( гьал рагIабаздасан лъугьинаре цIарубакIал )
11. Рокъобе хIалтIи
ХIалтIи 147, гьум. 64.
12. Дарсил хIасил
- Щиб цIияб жо лъараб жакъасеб дарсида нужеда?
- Кинаб каламалъул бутIа кколеб цIарубакI?
- Сунда абулеб цIарубакI?
- Кина-кинал цIарубакIал нужеда лъарал?
© ООО «Знанио»
С вами с 2009 года.