|
|
Рагьарабдарс.
Дарсил тема:«Г1адаталги жураралги предложениял»
Дарсил мурад:1)Журараб предложениялъул х1алкъалъул г1аммаб баян кьей.
2)Г1адатабги жубарабги предложениялъул г1уциялъулъ бугеббат1алъи ц1алдохъабазда бич1ч1изаби.
3)К1алзул вахъвавул калам цебет1езаби.
4)Лъималазул авар мац1алде рокьикуцайвагьеблъазабизегъирабижизаби.
Дарсил къвариг1унеб алат:таблица,карточкаби, компьютер,
Дарсил ин:
1. Дарсбайбихьи
Дарсил эпиграф:
Маг1арулазул калам, аваразул музыка
Кирехунщвананиги, бокьулеб куц раг1изе.
Маг1арул мац1лъалезе, гьеб мац1алъул пасих1лъи.
Маг1арухъ рижаразегьеб мац1алъул гьуинлъи.
Мац1! Гьеб раг1иялъул бечелъи, гъварилъи! Мац1бугохалкъалъул к1удияб хазина.
Мац1алъул бац1ц1алъи ваберцинлъи ц1унизе нилъерщивасбажарараб х1аракат бахъизеккола.
-Лъималнужеда маг1арул мац1 лъик1лъалищ?
-Щибхакколебгьаб раг1ул маг1на?
«Мат1улмат1ат1и»
Кинал маг1арул мац1алъул раг1аби ругелгьаб раг1улъ?
(мат1у, т1ат1и)
2.Рокъобекьурабдарсгьикъи
Ø Киналпредложениялъулчленалнужедалъалел?
Ø Кинал бет1ерал членалнужедалъалел?
Ø Кинал бет1ерал гурелчленалнужедалъалел?
Гьалсуалазулкумекалдалъунпредложениял г1уце, гьалпредложениялъулчленаздериххе.
Лъица киса щиббосараб? Эбелалътукадасагормендобосана.
Лъицалъидащиббицараб?Васасинсуе кеч1бицана.
Кидащивлъидавихьарав?Сон Муса муг1алимасда вихьана.
Лъицакидалъихъещибхъвараб?Марьямицажакъагьудулалъухъекагъатхъвана.
Киблъицащибгьабураб? Клубалдадица кеч1 ах1ана.
Кидащивкивеарав?Церекъадгьудулшагьаралдеана.
Киблъицакьобараб?РосулъМуслимицакьобана.
Кидалъил чан дарсбугеб?Жакъадиранлъгодарсбуго.
Гьалпредложениязулъграмматикиябаслу(основа) бате
Квачарабхасел т1аде щвана.
Х1анч1и хиналулкабаздероржунана.
Х1усеница дарслъазабуна.
Хъвайграмматикиябаслу (основа) бате, лъалхъулишарабилъе.
Нижецакидагохерал чаг1азул х1урмат гьабула.
Кавказалдалъаралва г1орал г1емерал руго.
Циги, бац1ги, церги, г1анк1ги Дагъистаналъул муг1рузда дандч1вала.
3.Ц1ияб тема.
1)Ц1але ваграмматикиябаслу(основа) бате
Исламицаэбелалъекумекгьабула.
Ихдал ц1адалги рана, хурги лъик1бижана.
Асмацажакъа кеч1 ах1ана.
Зурма-къололгьаракьги къот1ана, росуги г1одобе биччана.
2) Предложение: г1адатаб ( Цограмматикиябаслу(основа) бугеб); жубараб (чангограмматикиябаслу(основа) бугеб).
3) Гьалпредложениязул г1уц1иялъулъ бат1алъи щиббугеб?
1. Т1амах г1одобе бана, гъут1би г1иц1го хут1ана.
2. Гьурибагъарана, ва гъвет1ги щапунана.
3. Кванана ц1ураб гьанги, гьекъана ц1орораб лъимги.
4. Пионеразшколалъулахикь т1угьдул ч1ана, аммагьел лъик1 рижич1о.
4) Доскаялда х1алт1и.
Гьалжураралпредложенияздажанир г1адатал предложениялрате.
1.Нак1к1ал рач1ана, дунял бец1лъана, ц1ад базе байбихьана.
2.Радал нак1к1 бук1ана, аммакъалъуда зоб роц1ана.
5) Т1ехьалдасан х1алт1и
№ 197 (к1алалъ бицунгьабизе)
№ 199 (хъвазе)
Физминутка
- Кинбугебиш?
- Нужкин т1аде рахъулел?
- Нужкинпархулел?
-Нужецалъимкинхъвалеб?
-Нужкин г1одор ч1олел?
Ц1ияб тема щулагьаби
Гьал бут1аби дандегьарун, жубараб предложение г1уц1е:
Г1азу бана.
Нуц1а рагьана.
Эбелалъ ц1а бакана.
Их т1аде щвана.
Хиналулкабаздасан х1анч1и роржун рач1ана.
Лъимал хоккей х1азе ана.
Цочижанивелъугьун вач1ана.
Рукъхинлъана.
Предложениялъулчленалрате
Эбел-инсуладаб ц1уне,
Ц1ик1к1арасул хъатиргьабе;
Хъизан-лъималтарбиякьун,
Тадбиралдаругьунгьаре.
- Гьабпоэмаялъул автор щив?
Гьабккола Ц1адаса Х1амзатил «Г1умруялъул дарсал» абураб поэма.
-Щибнилъеда бич1ч1изабизе бокьунбугеб Х1амзатие?
(Нилъэбел-инсул ,к1удиязул адаббугеллъунрахъинбуго Х1амзатил мурад.)
Ц1адаса Х1амзатил устарлъихалкъияб к1алзул гьунаралдабухьараббуго. Инсанасул рух1ияб дунялалъе, г1амал-хасияталъе ва хьвада-ч1вадиялъе къиматкьолеб поэма
буго Х1амзатил гьаб.
Исана ц1ар раг1арав аваразулхалкъияв поэт Х1амзат гьавуралдаса г1ола 140 сон.
4.Дарсил х1асилгьаби
1. Жакъадарсидащибнужедалъараб?
2.Кинаб предложениялдаабулебжубараб?( К1иго грамматикиябаслу(основа) бугебпредложениялда)
3.Кинаб предложениялдаабулеб г1адатаб? (Цограмматикиябаслу(основа) бугебпредложениялда)
5.Рокъобе х1алт1и
П. 28 , х1алт1и № 207.
Къиматалгилъела.
Баркала! ДарслъугIана. ЛъикIабрагIаги, лъикIаббихьаги!
Къо-мех лъик1!
© ООО «Знанио»
С вами с 2009 года.