План конспект урока По родному языку 5 кл Тема: «Зирарал ва гъугъал гьаркьал»
Оценка 4.9

План конспект урока По родному языку 5 кл Тема: «Зирарал ва гъугъал гьаркьал»

Оценка 4.9
docx
16.02.2021
План конспект урока  По родному языку 5 кл Тема: «Зирарал ва гъугъал гьаркьал»
3______.docx

МИНИСТЕРСТВО ОБРАЗОВАНИЯ РЕСПУБЛИКИ ДАГЕСТАН

МБОУ «СРЕДНЯЯ ОБЩЕОБРАЗОВАТЕЛЬНАЯ ШКОЛА №10»

 

 

 

План конспект урока

По родному языку 5 кл

Тема: «Зирарал ва гъугъал гьаркьал»

 

 

https://avatars.mds.yandex.net/get-pdb/1567283/b89c2cc0-bae2-48e3-a78a-e81725b7f26c/s1200

Урок подготовила

Учитель родного языка и литературы

МБОУ «СОШ 10»

Исакова А.И.

ДАТА ПРОВЕДЕНИЯ:

 

 

Тема: «Зирарал ва гъугъал гьаркьал»

Дарсил мурад: Зирарал ва гъугъал гьаркьал баян кьей, цебе малъараб такрар гьаби,

авар каламалде рокьи базаби.

Малъиялъул мурад:

1.     Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал

2.     Зирарал ва гъугъал гьаркьал

3.   Дарсил алатал: компьютер, интерактивияб доска, суратал, т1ахьал.

4.   Дарсил ин: 1. Рокъобе кьураб т1адкъай ц1ехезе.

5.   - Щал кколел У ва Гуро раг1аби?

6.   - Раг1аби- предложениязул кина – кинал тайпаби жеги нужеда лъалел?

7.   - Кинал лъалхъул ишараби лъолел раг1аби- предложениязулъ?

 

Дарсил ин

I.                Рокъобе кьураб дарс гьикъи.

 

Суалал:

1.     Каламалъул гьаркьал лъугьине кина-кинал лугбуз г1ахьаллъи гьабулеб?

2.     Гьаркьил гарц1аз кинаб роль Х1алт1изабулеб каламалъул гьаркьал лъугьинаризе?

3.     Авар мац1алъул гьаркьилаб системаялда чан рагьараб гьаракь бугеб?

4.     Кина-кинал хиса-басиял кколел  рагьарал гьаркьазул?

5.     Авар мац1алда кин лъугьунел рагьукъал гьаркьал?

6.     Рагьукъал гьаркьазул рахъулеб бак1 х1исабалде росун чан группаялде рикьулел?

 

 

II. Раг1абазул диктант

 

Квар-кар, ч1вана-ч1ана, къвали-къали, квин-кин, щвай-щай, ч1ва-ч1а, свак-сак, хвараб-хараб, кварал-карал, квела-ккела.

 

III. Ц1ияб тема

 

Рагьукъал гьаркьал рук1уна зираралги гъугъалги:

 

Цох1о хъудиялдалъун жал лъугьарал рагьукъал гьаркьал гъугъал ккола, гъугъал гьаркьал рахъулаго, гьаркьил гарц1аз цоцаде г1агарлъуларо, сородулаго.

 

  Гьаракьги хъудиги бугел рагьукъал гьаркьал зирарал ккола, зирарал гьаркьал рахъулаго, гьаркьил гарц1ал цоцаде г1агарлъула  ва сородула.

 

Рагьукъал гьаркьал жиделъ хъудиялдаса гьаракь ц1ик1к1арал сонорниял ккола.

 

Гъугъал рагьукъал гьаркьал ккола:  п, ф, т, т1, с, сс, ш, щ, к, кк, к!к!, х, хх, ъ, х!.

Зирарал рагьукъал гьаркьал ккола: б, в, д, з, ж, г, гъ, г!, гь.

https://ds05.infourok.ru/uploads/ex/097e/00043bb5-5b96601a/hello_html_m2b7c48b6.jpg

 

 

 

 

 

Х1алт1и 8. Лабиалиял гьаркьал  ругел раг1аби  хъвай  ва гьел раг1абиги гьоркьоре ккезарун предложениял г1уц1е.

1. Балагьун свакана, сверун ч1алг1ана ч1обогояб  базар бугин  гьабилан...

2.    Дуниш  чара   хварав,  чаниш  къадараб, рокъой тарай  гьудул    гьаний   йик1аниш!..

3. Къалъул завалалда бакъуца г1адин, къват1ий  мун  яккани,  т1ибит1ула  нур.

 4. Гьабго щиб хабаран  хал гьабулаго, билал  гьундухъ  буго дунялго  гвангъун...

 6. Вахъун свердарасда берда рихьула баг1арал байрахъал, ххам   ч1варал дугъал.

Руго цоги рагьукъал гьаркьал данде гьч1ел зираралги, данде гьеч!ел гъугъалги.

1.     Данде гьеч1ел зирарал (сонорниял):  м, н, р, л.

2.     Данде гьеч!ел гъугъал: ц, цц, ц!,ц!ц!, ч, чч, ч!, ч!ч!, Кь, хь, къ.

3.     https://ds04.infourok.ru/uploads/ex/0431/000e8320-26fd86bc/img6.jpg

 

IV.  Жалго жидедалъун гьабулеб х!алт!и  Х!алт!и №251.

Гьанир гъоркьехун кьолел ругел раг1абазул щибалда дандбит!ун, нужецаго ургъун раг!аби хъвай?

 

Заз-раз

Г1еч-

Пер-

К1ул-

Т1ун-  

8. Интерактивияб доскаялда предложение.

Х1алихьат нахъег1ан те, чохьой г1оло х1алт1улев.

Цо параялъ ц1алун, хадуб бахчараб предложение членазде биххизе, абулеб мурадалде балагьун, кинабали бицине.(т1алабияб предложение, аслу: х1алихьат теНахъег1ан – х1ал.

 

 

V.  Дарсил х1асил

 

- Жакъа дарсида щиб нужеда лъараб?

- Кина-кинал рук1унел ругел рагьукъал гьаркьал?

- Данде гьеч!ел зирарал кинал кколел?

 

VI. Рокъобе х!алт!и

 

Параграф 31-33 такрар гьаризе, Х!алт!и-253

 

 


 

МИНИСТЕРСТВО ОБРАЗОВАНИЯ РЕСПУБЛИКИ

МИНИСТЕРСТВО ОБРАЗОВАНИЯ РЕСПУБЛИКИ

Тема: «Зирарал ва гъугъал гьаркьал»

Тема: «Зирарал ва гъугъал гьаркьал»

II . Раг1абазул диктант Квар-кар, ч1вана-ч1ана, къвали-къали, квин-кин, щвай-щай, ч1ва-ч1а, свак-сак, хвараб-хараб, кварал-карал, квела-ккела

II . Раг1абазул диктант Квар-кар, ч1вана-ч1ана, къвали-къали, квин-кин, щвай-щай, ч1ва-ч1а, свак-сак, хвараб-хараб, кварал-карал, квела-ккела

Х1алт1и 8 . Лабиалиял гьаркьал ругел раг1аби хъвай ва гьел раг1абиги гьоркьоре ккезарун предложениял г1уц1е

Х1алт1и 8 . Лабиалиял гьаркьал ругел раг1аби хъвай ва гьел раг1абиги гьоркьоре ккезарун предложениял г1уц1е

IV . Жалго жидедалъун гьабулеб х!алт!и

IV . Жалго жидедалъун гьабулеб х!алт!и

Жакъа дарсида щиб нужеда лъараб? -

Жакъа дарсида щиб нужеда лъараб? -
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
16.02.2021