Дарсил мурадал
Причастияб сверелалъе баян кьезе;
Предложениялъулъ причастияб сверел батизе ругьун гьари;
Причастиял сверелал х1алт1абазулъ ратизе малъи
Авар мац1алде рокьи бижизаби.
ХIай «Рахас гьабе»
Цо-цо хIарпалъул гурони батIалъи гьечIел причастиял руго авар мацIалда. Гьединаб «рахас» гьабе.
Багъараб – Ба…араб – ба… араб
Ба… араб – ба … араб – ба … араб
Ба … араб – ба … араб - ба… араб
РекIелгъеялъулаб грамматика
… урана … урана
… урана … урана
… урана … урана
… урана … урана
… урана … урана
… урана … урана
ТIанкIазул бакIалда цо-цо хIарпги хъван цIиял рагIаби лъугьинаре.
Малъараб материал такрар гьабизе суалал
- Причастие сунда абулеб?
Кинал грамматикиял гIаламатал причастиялъул нужеда лъалел?
Щай причастиялда глаголалдаса лъугьараб прилагательное абулеб?
Предложениялда жаниб кинаб членлъун ккун букIунеб причастие?
Глаголалда релълъараб рахъ щиб гьелъул бугеб?
Прилагательноялдаса причастие кин батIа бахъулеб?
ЦIияб тема
Рогьалилъ баккараб бакъ бакъанида тIерхьуна.
Рогьалилъ абураб рагIи буго причастиялъе мутIигIаб наречие. Гьебгун цадахъ причастие ккола бакъалъе определениелъун.
Баян:
Жинда бараб цо яги цо чанго рагIигун бугеб причастиялда абула причастияб сверелилан.
Предложениялда жаниб причастияб сверел цо суалалъе жаваблъун бачIуна ва предложениялъул цо членлъунги букIуна.
Бате причастие.
Боярзаби ч1ва-ч1вала, хъазахъал лъукъ-лъукъула,
Хъат базего к1оларо бух1аяб Ах1улгох1да.
Чияда гьикъарав- г1акъил, г1акъиласда хадув вилълъарав – ц1одор.
Лъик1лъи гьабулев – ахир вохула.
Раг1и г1емерав – вакъарав, буг1а г1емерав – г1орц1арав.
Хвалчен кьабун къот1улареб, г1уруцаги босулареб.
(Причастиял рат1а росун хъвай, жинсги формаги бихьизабе).
Дунго хвананиги, халкъалда лъалелКъасидатал ругел таманал рокьул;Ракьулъ вукъаниги, къанихъ урхъарабКъо гIемер бач1ина г1ищкъу ккаразе. Мах1муд
Дарсил хIасилал гьари.
Причастияб сверел сунда абулеб?
Предложениялда жаниб кинаб членлъун ккун букIине бегьулеб?
Материалы на данной страницы взяты из открытых источников либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.