Развлечение "День защиты детей"
Оценка 4.7

Развлечение "День защиты детей"

Оценка 4.7
docx
06.05.2020
Развлечение "День защиты детей"
день защ дет.docx

Развлечение  на День защиты детей.

     (ПОД  ВЕСЁЛУЮ   МУЗЫКУ  ДЕТИ  ЗАНИМАЮТ  СВОИ  МЕСТА ).

ВЕД:     Ворч1ами ,ворч1ами , ворч1ами лъимал

             Дун йохарай йиго нужгун дандч1вазе.

             Гьумер гвангъун буго, рак1 бохун буго

              Жакъасеб х1икматаб гьаб праздникалде.

 

              Жакъа нилъ киналго данделъун руго

              Роол т1оцебесеб къо к1одо гьабун,

              Гьаб буго нужер къо , нуж ц1унулеб къо

              Ц1унайги Аллагь нуж квешлъабаздаса.

 

Жакъа буго лъимал нилъер рохалилаб праздник, жакъа буго лъимал ц1униялъул къо. Нилъ кьурдила ,расандила, куч1дул ах1ила,ва нилъехъе гьоболлъухъе рач1ина гьалбал.

Нилъеца жакъасеб праздник байбихьила коч1одалъун.

                 (ЗВУЧИТ ПЕСНЯ «СОЛНЕЧНЫЙ КРУГ»)

                  (ПОД ВЕСЕЛУЮ МУЗЫКУ ВХОДИТ ВРАКА –ЗАБИЯКА).

 

ВР-З: Гьале-гьале гьанжеги дица гьабуна цо лъик1аб гьеч1еб иш,

           компоталда жанибе ц1ан бана,гьанже гьекъе абе

          ц1амг1алаб компот, ха-ха-ха(нахъехун юссунаго рихьула

          лъимал).Агьа-гьале гьанибеха дие къвариг1ун бук1араб.

ВЕД:Кибе гьанибе дуе къвариг1араб?

ВР-З: Гьале гьанибе,г1емер лъимал ругеб бак1алде, дица гьал

           гьаризе руго дирго кумекчаг1илъун.

ВЕД: Мун щий кколей гьедиг1ан ц1акъ?

ВР-З: Дун йиго Зарар –питнач1ужу,дида раг1ана нужер гьаниб

          кинабалиго праздник бугилан.

ВЕД: Бугебха,кинаб бугониги праздник гуребха,гьаб буго

         лъималазул праздник,гьале гьал лъимал руго исанасеб

         соналъ ч1ах1иялги г1ун,г1акълуги бижун,ва ниж гьанир

         рач1ун руго сух1мат- кеп гьабизе.

ВР-З: (смеется)Гьал г1исинал лъимал ч1ах1иял г1ун ругиланищ

         дуца абулеб бугеб,гьазие моц1у кьезе ккола(МОЦ!У КЬЕЗЕ
         ЛЪУГЬУНА).

ВЕД: Ч1ая-ч1ая,гьал лъимал унго-унгоги ч1ах1иял г1ун ругищан

           бихьизе ккани,гьазул хал гьабизе ккола –гьазда кьурдизе,

           расандизе махщел бугищали,кеч1 ах1изе гьунар бугищилан

ВР-З: Хал гьабизейищ?Пожалуйста!(ТОГ!РО КЪВАТ!ИБЕ БАХЪУН
           ГЬЕБ РЕХИЗЕ ЛЪУГЬУНА)-(БЕСПОРЯДОЧНО КИДАЕТ МЯЧ,
           ОБМАНЫВАЯ ДЕТЕЙ).

ВЕД: Ч1ая-ч1ая, гьедин жо кколаро, расандизе ккола рак1

           бац1ц1адго.

ВР-З: Рак1 бац1ц1адго ,кин гьеб ?

ВЕД: Кинанха бук1инеб ,игра гьабулаго нилъеца ц1унизе ккола

          расандиялъул правилаби.Балагьея цо нижеца дуда

          бихьизабила расанди,дуе бокьани дудаги малъила.

ВР-З: У-аз малъизехъин раг1ула дида,нилъ жеги балагьила лъица-

          лъида малъулебали,гьадинаб расанди лъаларого ватила

          дун.

           (  ПРОВОДИТСЯ ИГРА «КАК  ЖИВЕШЬ» ? ).

           Дети движениями показывают , то о чем говорится в тексте.

           Игра проводится 3-4 раза.каждый раз темп становится

           быстрее .А Врака  играет неправильно,ведущий просит ее

            посмотреть как нужно играть.

ВР-З: Дида гьедин ясандизе лъаларо ,рач1а дие бокьараб

          расанди гьабизин, гьеб мехалъ елъила дун нужеда т1ад.

                            ПРОВОДИТ  ЭСТАФЕТЫ :

                       1. « ПЕРЕДАЙ   МЯЧ  НАД  ГОЛОВОЙ ».

                       2. « ПРОКАТИ  МЯЧ  МЕЖДУ  НОГ ».

                       3. « ПРОБЕГИ  В  ГАЛОШАХ ».

ВЕД: Дида лъала лъимал, зарар-ч1ужу гъалмагъир гьабич1ого,

         г1адамазе квешлъи гьабич1ого тезе,гьей лъик1ай ,х1еренай,

         аваданай лъугьине , гьелъул лъилгун лъай-хъвай гьабизе

         кколебали. Нилъеца гьелъул лъай- хъвай гьабила клоунгун,

         гьесда ц1арги буго Смешинкин.

         Амма гьев гьаниве вач1ине ккани, нилъ рак1-рак1алъ

         релъизе ккола. Рач1а киналго рак1-рак1алъ релъанхъизин.

          (Дети  смеются,а Врака прячется в сторонку, и затыкает уши)

      ПОД ВЕСЕЛУЮ МУЗЫКУ ВХОДИТ КЛОУН С МЫЛЬНЫМИ    

               ПУЗЫРЯМИ. (Дети его окружают  ловят пузыри.)

СМЕШ: Гьале дун вач1ана раг1ана релъи,ва бич1ч1ана нуж дихъ

              балагьун рук1ин ,уйищ лъимал?

ДЕТИ: У-У –У.

СМЕШ: Нужер гьаниб праздник бихьула,рохел- аваданлъи

              бихьула,вай дие гьеб бокьулеб куц.

ВЕД: Уха Смешинкин,ниж данделъун руго,лъималазул къо к1одо

          гьабизе.

СМЕШ: Вабабай,Зарар-ч1ужу гьанийги гъалмагъир гьабулейищ 

              йигей?

ВЕД:Лъалищ дуда Смешинкин,Зарар- ч1ужу ч1ун йиго нижер

        лъималазда щибниги лъалеб гьеч1илан,щибниги

        бажаруларилан.

СМЕШ: Дида гьедин кколаро,дида ккола гьал лъималаз гьаб

              исанасеб ц1алул сон  г1ададе рег1ич1ин,дуда лъалищ

              Зарар-ч1ужу,радал т1аде рахъиндал щиб гьабизе

              кколебали?

ВР-З: Лъала-лъала ,  щай лъалареб,радал т1аде рахъиндал

          гьереси бицине ккола,г1адамазе щиб квешлъидай гьабилин

           ургъизе ккола.

СМЕШ:Ха-ха-ха,гуро зарар-питнач1ужу,нижеца малъила дуда

            щиб гьабизе кколебали.

               (КЛОУН ПРОВОДИТ КОМИЧЕСКУЮ ЗАРЯДКУ).

ВР-З: Нуж ясли-ахикь руго гьадинал ч1ах1иял,риидал дунги

          гьеч1ого,гьадинай лъик1ай,х1еренай,гъалмагъир г1емерай

          балагьила щибдай бук1унебали ?

ВЕД: Риидал ниж ралагьун рук1инаро,ниж ина путешествиялде,

          чвердела ралъдалъ,ина рохьабахъе х1ухь бахъизе,ина

           гьоболлъухъе.

ВР-З:Лъугьинч1о нужер дир кумекчаг1и,щайдай дун гьадинай

          талих1 гьеч1ей йигей,щай дун лъиего ёкьуларей (ПЛАЧЕТ).

СМЕШ: Мун духъго ялагьея цо,дур буго бихьизе бокьулареб

             гьумер ,гьурмада кидаго бук1унаро гьими,лъие мун

             къвариг1арай,кидаго лъималазе квешлъи гьабулей

             йик1уна.

ВЕД: Смешинкин вит1арав вуго,щайгурелъул лъималазе рокьула

         г1акъилал,гьереси бицунарел,квешлъи гьабуларел г1адамал

         мун г1енекке цо нижер лъималаз дуе ах1изе бугеб лъик1аб

         коч1охъ,гьеб кеч1 раг1идал щиб лъалеб,дур рек1елъги

         бижизе бегьула хинлъи,аваданлъи,лъималаздехун рокьи.

                          (  ПОЮТ  ПЕСЕНКУ «РЕКЪЕЛ» ).

ВР-З: Хъат ч1валаго,вай бугеб лъик1аб кеч1,дида гьединаб кеч1

          жеги раг1ун бук1инч1о.

СМЕШ: Гьудулзаби!!!Зарар-ч1ужуялъ,т1оцебе бицана бит1араб

              жо.

ВР-З: Кин,бук1ине рес гьеч1о,вай дие лъугьараб щиб?Дица щиб

           гьабилеб,дида гьереси бицине к1очон тани (ПЛАЧЕТ).

ВЕД:Щай мун къварилъулей,мун лъугьина лъик1ай,г1адамасе

         квешлъи гьабуларей,разияй,нижеца дуе ц1ияб ц1арги кьела.

ВР-З: (НЕЧОЛА).Лъаларо…Бажариладай дида?

СМЕШ:Бажарила,бажарила,нижеца дуе киназго кумек гьабила.

ВЕД: Рач1а лъимал киназго цадахъ рекъон Зара-ч1ужуялъе ц1ар

          ургъизин (СОВЕТУЮТСЯ).

          Нижеца киназго цадахъ рекъон дуе ургъана ц1ияб ц1ар-

          Веселушка-хохотушка,бокьарищ дуе?

СМЕШ: Амма жакъа къоялдаса нахъе,дуца лъик1ал ишал гурони

             гьабизе бегьуларо. Рази йигищ?

ВР-З:Кинан гьел лъик1ал ишал гьарулел?Дида лъаларо.

СМЕШ:Гьале дица нухдасан рак1арана т1угьдул,гьал т1угьдул

             г1адатиял гуро,жиб-жиб т1огьода буго бицанк1о.

             Гьале духъеги т1угьдул,гьал цоял дихъго тела,нилъеца

            к1ияцаго кьела лъималазе бицанк1аби.

ВР-З: Дица х1албихьила.

СМЕШ:  ЗАГАДКИ:

                1.Х1инч1 гуреб,куркьби ругеб

                   Най гуреб,т1угьдузда т1ад боржунеб. (НАЙ)

                2. Бакъде  гьумер  буссарай

                    Кант1огьилай бах1арай.(СЕМЕЧКА).

               3.Харилъ йиго Аленка,баг1араб гурде рет1ун

                  Аск1осан унелщиназ ,гьелъий бет1ер къулула.

ВР-З: Бицанк1аби  кьола.

СМЕШ: Молодецал!Дуца абулеб бук1ана нижер лъималазда

              щибго лъалеб гьеч1илан,лъалеб бук1инч1ебани гьадинал

              зах1матал бицанк1абазе аз жаваб кьелаандай?

ВР-З:Дида гьанже бихьулеб буго,лъимал ч1ах1иял г1ун рук1ин.

         лъалищ щаяли? Щайгурелъул дун дагь-дагьккун

         Веселушкалда релъун ине  йиго.Бокьун буго киналго

         рохизаризе,рач1а киназго цадахъ цо кьурди гьабизин.

                      (  ДЕТИ  ИСПОЛНЯЮТ «ТАНЕЦ МАЛЕНЬКИХ УТЯТ»).

ВЕД: Рач1а киназго цадахъ,кодобе босун мелгун ,бакъгун ц1ваби

          рахъизин,талих1аллъун рук1ине.

            

                     КОНКУРС  «РИСУНОК  НА  АСФАЛЬТЕ».

                         

                     ПОДВЕДЕНИЕ  ИТОГОВ  КОНКУРСА,

                      ПОДАРКИ   ДЕТЯМ.

                  

         



 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

        

 

 

 


 

Развлечение на День защиты детей

Развлечение на День защиты детей

ВЕД: Бугебха,кинаб бугониги праздник гуребха,гьаб буго лъималазул праздник,гьале гьал лъимал руго исанасеб соналъ ч1ах1иялги г1ун,г1акълуги бижун,ва ниж гьанир рач1ун руго сух1мат- кеп гьабизе

ВЕД: Бугебха,кинаб бугониги праздник гуребха,гьаб буго лъималазул праздник,гьале гьал лъимал руго исанасеб соналъ ч1ах1иялги г1ун,г1акълуги бижун,ва ниж гьанир рач1ун руго сух1мат- кеп гьабизе

ПЕРЕДАЙ МЯЧ НАД ГОЛОВОЙ »

ПЕРЕДАЙ МЯЧ НАД ГОЛОВОЙ »

ВР-З: Лъала-лъала , щай лъалареб,радал т1аде рахъиндал гьереси бицине ккола,г1адамазе щиб квешлъидай гьабилин ургъизе ккола

ВР-З: Лъала-лъала , щай лъалареб,радал т1аде рахъиндал гьереси бицине ккола,г1адамазе щиб квешлъидай гьабилин ургъизе ккола

ПЛАЧЕТ). ВЕД:Щай мун къварилъулей,мун лъугьина лъик1ай,г1адамасе квешлъи гьабуларей,разияй,нижеца дуе ц1ияб ц1арги кьела

ПЛАЧЕТ). ВЕД:Щай мун къварилъулей,мун лъугьина лъик1ай,г1адамасе квешлъи гьабуларей,разияй,нижеца дуе ц1ияб ц1арги кьела

Щайгурелъул дун дагь-дагьккун

Щайгурелъул дун дагь-дагьккун

Развлечение "День защиты детей"

Развлечение "День защиты детей"
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
06.05.2020