Тест
Оценка 5

Тест

Оценка 5
doc
09.12.2019
Тест
тест.doc

 

Раздел II: синтаксис

1

 

Раг1абазул дандраялин сунда абулелб?

Бут1абазде биххулареб бич1ч1иялда

 

Лъабго раг1ул г1уц1иялда

 

К1иго раг1и жубан лъугьараб г1уц1иялда

 

Жидеда гьоркьоб грамматикияб бухьен бугеб к1иго раг1иялда

+

2

 

Ц1арлъовул предложениялдаги раг1абазул дандраялдаги гьоркьоб бат1алъи щиб?

Гьезда гьоркьоб бат1алъи гьеч1о

 

Ц1арлъовул предложение бук1ине бегьула цо раг1улги чанго раг1удасан г1уц1арабги, раг1ул дандбай кидаго к1иго раг1ул бук1уна, гьезда гьоркьоб бук1уна грамматикияб бухьен

+

Раг1абазул дандрайги ц1арлъовул предложениеги цого жо буго

 

3

 

Г1уц1иялде балагьун, нахъбилълъараб бухьен чан бат1ияб бугеб?

Щуго

 

К1иго

 

Ункъо

 

Лъабго

+

4

 

Раг1абазул дандраял рате

Г1урччинаб мегъ

+

Гъвет1 т1егьана

 

Г1азу бана

 

Г1ор щвана

 

5

 

Ах1ул предложение сундалъун бат1а гьабулелб?

Ах1ул ишара хадуб бук1иналдалъун

 

Къокъаб бук1иналдалъун

 

Рек1ел къуватаб асар загьир гьабулеб х1алуцараб интонациялдалъун

+

 

 

6

Авар мац1алда аслияб падежалда подлежащее кида бук1уна?

Бит1араб дополнение гьеч1еб мехалда

 

Бихьана, лъана, раг1ана г1адал глаголал сказуемоелъун ккараб мехалъ

 

Сказуемоелъун ккараб глагол переходный бугони

 

Непереходный глаголал сказуемоелъун ккараб мехалъ

+

7

Актив падежалда бугеб подлежащеялдаги гьебго падежалда бугеб хъвалсараб дополнениялдаги гьоркьоб бат1алъи щиб?

Гьезда гьоркьоб бат1алъи гьеч1о

 

Подлежащее кидаго предложениялъул авалалда  бук1уна, дополнение гьоркьоб бук1уна

 

Подлежащее ккола жинца иш гьабулеб член, дополнение жиндалъун иш гьабулеб член

+

Хъвалсараб дополнение подлежащеялда бухьараб бук1уна

 

8

Жинда падежалда бугеб дополнение бат1а гьабе

Царада г1анк1 бихьана. Гъот1ода ахихъан лъала.

 

Ясалда кеч1 ах1изе лъала. Катида г1онк1к1ол иш лъала.

 

Гъот1ода т1ил кьабуге. Царада кьили лъоларо.

 

Г1унк1к1 катида божуларо. Эбел кват1ана ясалде.

+

9

Цадахълъел кида бат1алъизабулеб?

Цадахълъелкиданиги бат1алъизабуларо

 

Киб бугониги, кидаго бат1алъизабула

 

Гьумералъул ц1арубак1азде руссарал, г1аммаб, ц1аралде руссарал т1ирит1аралги, хасаб ц1аралда хадур ккаралги рат1алъизарула

+

10

Гьоркьор ккарал раг1аби рихьизаре

Дораги ниж талих1алъ рехун теч1о

 

Дораги ниж, талих1алъ, тушманасда ратич1о

+

11

Хит1абгун кинал лъалхъул ишараби рук1унел?

Запятая, яги ах1ул ишара

+

К1ит1анк1

 

Ковичкаби

 

Т1анк1

 

12

Подлежащее баянаб предложение бихьизабе

Мухтар г1едег1ун векерана.

 

Г1акълу цебе ккезабе, ццин нахъе ккезабе

 

Маг1арда гьогьомун буго

 

Квачараб къо

 

13

Цитаталдаги бит1араб каламалда гьоркьоб бат1алъи бугищ?

Гьеч1о. гьеб кола чияр калам.

 

Буго. Цитата буго цойги авторасул асаралдаса хисизабич1ого босараб пикру, бит1араб калам кола цогиясул к1алдиса абухъе бицунеб суал, яги жаваб

+

Цитата кола хъвалсараб калам, бит1араб калам кола хисизабич1еб.

 

14

Жубараб предложениян сунда абулеб?

К1иго, яги ц1ик1к1ун пикру загьир гьабулеб предложениялда.

 

Чанго сказуемое жиндилъ бугеб предложениялда.

 

Цо чанго жубараб пикруги загьир гьабулеб, маг1наялъул ва интонациялъул рахъалъ цолъизарурал г1адатал предложениязул г1уц1иялда.

+

Цо  жубараб пикру загьир гьабулеб предложениялда

 

15

Жубараб сок1к1араб предложение жиндаса г1уц1арал предложениязул кинаб маг1наяб гьоркьоблъи бук1унеб?

Тайпа цоял членазда гьоркьоб г1адаб.

 

Рик1к1адул иргаялда гьоркьоб г1адаб.

 

Цояб  цоялъе мут1иг1лъиялъул.

 

Цадахълъиялъул, яги тартибалъул, яги дандеккунгут1иялъул, яги гьоркьоса бахъиялъул  цояб.

+

16

Жубараб сок1к1араб предложение бат1а гьабе.

Дун ворч1ана, роц1ун дунялги батана, рик1к1аде  ун оцалги ратана.

+

Г1али г1урдада вегана ва гьенив ц1алдезе лъугьана.

 

Пер кунарес хъал кунеб.

 

Сергей гьей ялагьизе вортана.

 

17

Союзал гьеч1ел журарал прдложениязулъ запятая кида лъолеб?

Цоялъ цоялъул г1илла баян гьабулеб бугони.

 

Цоялъ цоялъул маг1на г1ат1ид гьабулеб бугони.

 

Ва-ги г1адал союзал гьркьор рекъолел ругони.

+

Цоялъ цоялъе г1аксияб маг1на кьолеб бугони.

 

18

Союз гьеч1еб жубараб предложениялъулъ к1ит1анк1 кида лъолеб?

К1иабилеб предложениялъ г1илла баян гьабулеб, яги маг1на г1ат1илъизабулеб бугони.

+

К1иябго предложениялда гьоркьоб г1аксияб маг1на бугони.

 

Г1адатал предложениязда гьоркьоб сок1к1иналъул маг1на бугони.

 

Цоялъ цоялъе заман, яги шарт1 бихьизабулеб  бугони.

 

19

Союз гьеч1еб жубараб сок1к1араб предложение бихьизабе

Г1иса х1алт1уда – Х1асан х1алхьуда.

+

Ихдал ц1адалги рана, хурги лъик1 бач1ана.

 

Кванана ц1ураб гьанги, гьекъана ц1ияб ч1аг1аги.

 

Дица дуде ах1улеб бук1ана, амма мун нахъехун вуссинч1о.

 

20

Жубараб нахъбилъараб предложениялъулъ бет1ераб предложение кин бат1а гьабизе лъалеб?

Предложениялъул авалалда бук1иналдалъун

 

Членазде биххиялдалъун.

 

Союз раг1аби цадахъ рук1иналдалъун.

 

Жинца аслияб маг1на кьолеб ва т1аджубаралъ жиб баян гьабулеб бук1иналдалъун.

+

21

Подлежащеелъун т1аджубараб предложение бат1а гьабе.

Дунял бихьич1есда гьелъул г1ат1илъи лъаларо.

+

Полинада лъалаан маг1арухъ жиндие зах1мат бук1унеблъи.

 

Ват1ан хириясе хвел бук1унаро.

 

Г1адлу гьеч1еб росулъ г1ак1а г1емер ах1ула.

 

22

Бит1араб дополнениелъун т1аджубараб предложение бихьизабе.

 

Бадибе к1азги ц1ан, т1аде яхъана Асият.

 

Командирас абураб бак1алда, ч1ана нижер отряд.

 

Их бащалъизег1ан, божи бугеб хур тоге.

 

Пат1иматда бич1ч1улаан гьеб кинабго Г1алил иш бук1ин.

+

23

Определениелъун т1аджубараб предложение бет1ералдаса запятаялъун кида т1езабулеб?

Бет1ераб предложениялда цебе бугони.

 

Бет1ераб предложениялда гьоркьоб бугони.

 

Бет1ераб предложениялда хадуб бугони.

+

Киб бугониги, т1езабуларо.

 

24

Определениелъун т1аджубараб предложение бихьизабе

Дида бихьана бац1, к1иго нухалъ жиб гудраца ккураб.

+

Муица кеч1 ах1изе бокьун бук1ана ниже.

 

Лъимал ч1ахъадица бицана дида гьеб хабар.

 

Вехь вокьуларесе гьойги бокьуларо.

 

25

Шарт1иялги уступительноялги предложениял кин рат1а гьарулел?

запятаяздалъун

+

К1ит1анк1алдалъун

 

Тиреялдалъун

 

скобкабаздалъун

 

26

Шарт1ияб т1аджубараб предложение бихьизабе.

Куркьби рижани, х1инч1 бусада ч1оларо.

+

Нижее жавабги кьеч1ого, Пат1имат рокъоехун ана.

 

Х1ор бук1аралъуса, х1ари камулареб.

 

 

Тест

Тест

Тест

Тест

Тест

Тест

Тест

Тест

Тест

Тест

Тест

Тест

Тест

Тест

Тест

Тест
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
09.12.2019