Авар мац1алъул конкурс «Предложениялъул бет1ералги бет1ерал гурелги членал».
Оценка 4.7

Авар мац1алъул конкурс «Предложениялъул бет1ералги бет1ерал гурелги членал».

Оценка 4.7
Конкурсы
docx
русский язык
6 кл—7 кл
05.05.2019
Авар  мац1алъул         конкурс  «Предложениялъул бет1ералги бет1ерал гурелги членал».
Авар мац1алъул конкурс «Предложениялъул бет1ералги бет1ерал гурелги членал». Тема: Предложениялъул бет1ералги бет1ерал гурелги членал. Мурад: 1)предложениялъул бет1ерал ва бет1ерал гурел членал такрар гьаризе; 2)предложениялъул членаллъун кинал каламалъул бут1аби ккун рук1унелали лъазе; 3) предложениялда жанир бет1ералги бет1ерал гурелги членазул к1варалъул бицине; 4) авар мац1алдехун рокьи ц1ик1к1инабизе. Оформление: 1) Т1ахьазул выставка; 2) Таблица 3) Карточкаби.
Авар мац1алъул конкурс.docx
Авар мац1алъул конкурс «Предложениялъул бет1ералги бет1ерал гурелги членал».                   Тема: Предложениялъул бет1ералги бет1ерал гурелги членал. Мурад: 1)предложениялъул бет1ерал ва бет1ерал гурел членал такрар гьаризе; 2)предложениялъул членаллъун кинал каламалъул бут1аби ккун  рук1унелали лъазе; 3) предложениялда жанир бет1ералги бет1ерал гурелги членазул  к1варалъул бицине; ~ 1 ~ 4) авар мац1алдехун рокьи ц1ик1к1инабизе. Оформление:  1)Т1ахьазул выставка; 2)Таблица 3)Карточкаби.                                                Конкурасалъул  ин. I.Класс конкурсалда  х1адур гьаби. (1­2 мин) II. тема ва мурадал рицин. (2­3 мин). (Класс к1иго командаялда бикьун бук1ина). Учитель: ­Жакъа нилъеца т1обит1улеб буго авар мац1алъул рагьараб  дарс, дарсил форма буго – игра.     III. Т1оцебесеб конкурс ­  Поэтическая пятиминутка. 1 команда. Расул Х1амзатов. Авар мац1. Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш, Амма дица дирго рахъалъ абила: Метер маг1арул мац1 хвезе батани, Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун. ~ 2 ~ Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан, Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?! Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз, Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?! Щай дие гьал муг1рул, г1урул раг1алда Г1агараб маг1арул кеч1 раг1ич1они? Камилаб гьаракьалъ нилъер кьерилаз, Кьурул раг1алда ч1ун, гьеб ах1улеб куц! Дун к1удияб пикру гьит1ин гьабизе Гьит1инаб рук1нисан к1алъалев гуро, Ва пачалихъазул Ассамблеялда Авар мац1алъе бак1 гьарулев гуро. Амма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал Мактабазда гьеб мац1 малъизе ккела. Гьаб рекъараб буго нилъер халкъалда Черхалда борчараб рачел киниги. 2­команда  Расул Х1амзатов  Дир рак1 муг1рузда буго. Дир т1алъи, дир муг1рул, дида гьикъич1о, Кив гьавизе дуе бокьилебилан; Мац1 малъулеб мехалъ дида ц1ехеч1о, Кинаб халкъалъул мац1 дуе кьелебан. Ц1умаз босен лъолел кьурул сверабалъ Кьуна дие г1умру дунял гьабизе, Кьурдасан риччалел гьарчазул г1адаб, Малъана авар мац1 куч1дул ах1изе. Бечедаб бак1 гуро дун г1ураб т1алъи,­ Т1угьдул гуро, г1азу буго муг1рузда. Г1емераб халкъ гьеч1о дир миллаталъул, Росда­росдал буго хасаб жидер мац1. Гьеб мац1алъ к1алъач1о бер гьеч1ев Гомер, Байроница хъвач1о жиндирго куч1дул, Гьеб мац1алъул гьаркьал рокьананиги,  Раг1аби рук1инч1о Лермонтовасул. ~ 3 ~ Амма бук1аниги, к1удияв г1урав, Г1ат1идал, бечедал улкаби лъарав, Анц1­анц1 ралъадазда лъедон вуссарав, Нусго миллатазул мац1ал раг1арав, Дида абунани, гьаб дунялалда Гьанже мун ц1идасан гьавизе вугин, Ц1ар ч1ван бищейилан дуй бокьараб бак1, Рак1алъе хирияб кеч1 ах1изе мац1. Дица жаваб кьела кьурул сиязул  Добго росулъ гьаве гьанжеги дунан, Дир маг1арулазул г1агараб мац1алъ Гьадабго кеч1 ах1е кинидахъ диян. 2 – конкурс. Задание: предложениял лъуг1изаризе. 1.Подлежащее ккола предложениялъул бет1ераб член …………. Подлежащеелъун ккун рук1уна гьал каламалъул бут1аби………….. 2.Подлежащее авар мац1алда бук1уна ……. падежалда. 3.Сказуемое буго предложениялъул бет1ераб член………………. Сказуемоелъун ккун рук1уна…… 4.Сказуемое бук1уна г1адатабги составиябги. Составияб  сказуемое бук1уна ………. 5.Бит1араб дополнение ккола предложениялъул бет1ераб  член………. 6.Определение ккола предложениялъул бет1ераб гуреб член……. 7.Хъвалсараб дополнение буго предложениялъул бет1ераб гуреб  член…… 8.Х1ал – предложениялъул бет1ераб гуреб член………. Маг1наялде балагьун, х1алал рикьула группабазде. 3­ конкурс (практика) Задание: предложениялъул т1убараб синтаксисияб разбор  гьабизе. ~ 4 ~ Г1урччинаб борхалъудасан валагьана Мух1амад жиндирго  г1агараб росдахъ. (Разбор гьабулеб къаг1ида. 1.Абиялъул мурадалде балагьун, предложениялъул тайпа  бихьизабила: хабарияб, суалияб, т1алабияб. 2.Интонациялде балагьун, ах1ул яги ах1ул гуреб. 3.Т1ибит1арабищ, т1ибит1ич1ебищ. 4.Предложениялъулъ обращение, тайпа цоял членал ругини, гьел абила. 5.Предлдожение членазда биххила.  ­цин бет1ерал членал ратила, кинаб каламалъул бут1а  кколебали хъвала. ­хадур бет1ерал гурел членал ратила, кинаб каламалъул  бут1аяли т1ад хъвала. 4­конкурс  Задание: предложениялда жаниб лъалхъул ишара гьоркьоб биччан буго. Кинаб лъалхъул ишара гьеб? 1.Г1елму (­,:) гъвет1, г1амал (­,:)пихъ. 2.Г1елму гьеч1ев (­,:), г1акълу гьеч1ев (­,:) бецав. 5­конкурс. Задание: предложениязда жанир х1алал ратизе, гьезул группаби хъвазе. 1.Ц1ад чвахун балеб бук1ана. 2.Цебего бахъараб нух буго гьаб. 3.Зодихъ хъах1лъи рехана. 4.Кват1идал Г1алибег классалде лъугьинч1о. 1.Маг1арде щваниги, щва дун рак1алде. 2.Гьанже дунялалъул халго гьабуге. 3.Бицухъе раг1и бук1унареб. 4.Ниж маг1арде тира­сверизе ана. 6­конкурс. ~ 5 ~ Задание: предложениял определениязул кумекалдалъун  т1ирит1изаризе. 1.…………………… къоял т1аде г1унт1на. 2. ………………….. гъут1бузда …………….. т1амах бана. 3. …………………. ралъад бахун роржун рач1ана милъиршаби. 4.Гьез жидеего ……………………. бусаби гьаруна нижер рукъалъул  горда т1ад. 5.Гьанже ………….. росулъ аваданго бук1уна. 6.Радал­бакъанида х1анч1азул ………………. макънал раг1ула. 1.………………магъилъан х1анч1азул …………….макънал раг1ула. 2.Дие эбелалъ тукадаса ………………….гурде босана. 3. …………………… ралъад гьелчелеб бук1ана. 4.Гьалмагъас …………………… раг1и абуна. 5.Нижер ахикь ………………….ц1ибил бук1уна. 6. …………………….г1амал берцинлъиялдаса лъик1аб. 7­ конкурс. Задание: коч1ол автор лъазе. Рокьул конторалъул кавуги рагьун, Гьурилъун щущана щобазда гишкъу, Г1алхуда чундулгун чабхъад бук1аян, Балагьи бит1ана, т1аса квер босун. Почтовой кагътиде керенги чучун, Чорхол бух1иялъул х1ухьел угьизин, Х1ежалъул къалмиде къварилъи бицун,  Къокъаб г1арза хъвазин хъах1миккиялде. 8­ конкурс. ~ 6 ~ Рокъобе х1алт1и «Предложениялъул членал» абраб  таблица  ургъизе ва бахъизе. Гьеб бихьизе  гьабизе. Дарсил х1асил. ~ 7 ~

Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
05.05.2019