МКОУ «СОШ№5 имени героя России Мусалаева Т.О.» г.Хасавюрт,Республика Дагестан
Конспект открытого урока
Тема: «Гьоркьор ккарал раг1аби. Обращение. Диктант «Ралъад»»
Подготовила учительница
родного языка и литературы
Магомедова Аслипат Багавдиновна
Хасавюрт 2019 г.
8 абилеб классалда авар мац1алъул дарсил технологиялъулаб карта
11.04.2019
Дарсил тема: Гьоркьор ккарал раг1аби. Обращение. Диктант «Ралъад»
Дарсил тайпа: халгьабиялъул
Дарсил мурад: лъай кьеялъул: гьоркьор ккарал раг1абигун ва обращениегун лъалхъул ишараби рит1ун лъеялъул хал гьаби;
цебет1еялъул: ц1алдохъабазул лексика бечед гьаби; сипатияб калам х1алт1изабун ругьун гьари, берзул рак1алдач1ей
цебет1езаби;
тарбия кьеялъул: жиндир г1агараб ракьалде, гьелъул т1абиг1аталде рокьи куцай.
Х1ажатал алатал: кейс (диктанталъе текст, ц1алуда нахъккаразе диктанталъул текст ишараби лъезе цебе лъезе), мультипроектор, интерактивияб доска, Каспий ралъадалъул документалияб кино.
Доскаялда хъвазе: тема, мурадал, нилъер пачалихъалда ругел ралъадал: Ч1ег1ераб (Чёрное) ралъад, Каспий (Каспийское) ралъад.
Муг1алим: Батиева Динара Кехурзаевна
Дарсил бут1аби |
Мурадал
|
Муг1алимасул х1аракат |
Ц1алдохъанасул х1аракат |
Х1алт1изарулел къаг1идаби |
Х1асил |
Дарсил г1уц1и 2 мин. |
-ц1алдохъабазул дарсиде х1адурлъиялъул хал гьаби; - дарсил тема ва мурадал рагьи
|
ü салам кьей; ü дарсие х1ажатал алатал х1адури; ü ц1алдохъабигун дарсил мурадал баян гьарила, доскаялда хъвала |
ü муг1алимасе салам кьей; ü дарсие х1ажатал алатал х1адури; ü тетрадазда х1ажатал хъвай-хъаг1аял гьарила; ü муг1алимгун гара-ч1вариялде лъугьина |
- гара-ч1вари |
-дарсил мурадал рич1ч1ин; -тетрадазди хъвай-хъваг1ай |
Цебеккунисеб лъай рак1алде щвезаби 3 мин.
|
- обращение (хит1аб), рак1алде щвезаби; -гьоркьор ккарал раг1абазул тайпабазул лъай щула гьаби; -гьоркьор ккарал раг1абигун ва хит1абгун ишарабазул бицин
|
ü гьоркьор ккарал раг1абазул ва обращениязул лъай рак1алде щвезабизе суалал кьела;
|
ü муг1алимасул суалазе жавабал кьела |
-фронталияб ц1ех-рех |
- муг1алимасул суалазе рит1арал жавабал |
Аслияб бут1а: диктант 31мин. |
- муг1алимасухъ г1енекки куцай; -пачалихъиял ралъадазул лъай г1ат1ид гьаби; -докум. киноялъухъ балагьизе ва гьелдаса пайда босизе малъи; -к1алзулаб калам цебет1езаби; -текст муг1алимасул каламалда хадуб хехго ва бит1ун хъван ругьун гьари |
ü муг1алимас гьит1инабго к1алъай гьабила Каспий ралъдал ва цогидалги пачалихъиял ралъадазул; ü бихьизабила цебеккун х1адурараб док.кино «Каспий ралъдал х1акъалъулъ»; ü диктант ц1алила; ü тексталда т1асан идея рагьиялъул суалал кьела; ü хъвазе текст ц1алила |
ü к1вар кьун муг1алимасухъ г1енекки; ü докум.киноялдаса х1ажатаб материал рак1алда кквей; ü тексталда т1асан муг1алимасул суалазе жавабал гьарила; ü текст хъвала |
- суалал-жавабал; - кинолъухъ балагьи; - диктант хъвай |
- диктант бит1ун хъвай |
Дарсил х1асил гьаби 3 мин. |
- ц1алдохъабазул суалал г1уц1ун ва кьун бажари цебет1езаби; - жидерго х1алт1улъ гъалат1 батизе лъай куцай
|
ü х1алт1аби рак1арила; ü ц1алдохъабазул суалазе жаваб гьабила; ü дарсие къимат кьела |
ü х1алт1и къач1ан муг1алимасухъе хал гьабиялъе кьела; ü жиндирго х1алт1улъ раккарал суалазе муг1алимасдаса жавабал т1алаб гьарила; ü муг1алимасул жавабаздасан лъай щула гьабила |
- Гара-ч1вари |
Диктанталъе къимат, гьоркьор ккарал раг1абигун ва хит1абгун ишараби рит1ун лъун бажари |
Рокъоб х1алт1и 1 мин. |
- жидеего щвараб лъаялъул х1асил гьабун ц1алдохъаби ругьун гьари |
ü рокъоб х1алт1и кьела: ц1алуда хадургъураз х1адур гьабизе презентация «Г1адатал предложениялгун лъалхъул ишараби» |
ü муг1алимасухъ г1енекки; ü жидеего рокъоб х1алт1иялъул тема бищила |
Гара-ч1вари |
Рокъоб х1алт1иялъе тема гьеб т1убаялъул къаг1ида бич1ч1и |
© ООО «Знанио»
С вами с 2009 года.