Конспект открытого урока Тема: «Определениелъун т1аджубараб предложение.»
Оценка 4.9

Конспект открытого урока Тема: «Определениелъун т1аджубараб предложение.»

Оценка 4.9
docx
04.05.2021
Конспект открытого урока Тема: «Определениелъун т1аджубараб предложение.»
урок 3.docx

 

МКОУ «СОШ№5 имени героя России Мусалаева Т.О.» г.Хасавюрт,Республика Дагестан

 

Конспект открытого урока

Тема: «Определениелъун т1аджубараб предложение.»

 

 

 

Подготовила учительница

родного языка и литературы

Магомедова Аслипат Багавдиновна

 

 

 

 

 

 

 

Хасавюрт 2020 г.

Дарсил тема: Определениелъун т1аджубараб предложение.

Дарсил мурадал:

1.Жубараб предложение такрар гьаби.

2.Определениелъун т1аджубараб предложение баянго малъи.

3.Авар мац1алде рокьи куцай.

 

Дарсил алатал: т1ехь, хъарщи, презентация.

 Дарсил ин:

Дарсиде х1адурлъи.

Жубараб предложение такрар гьаби.

Ц1ияб дарсалъул баян кьей.

Щула гьаби.

Гьариялъул кагъаталда т1ад х1алт1и.

Кицаби ва абиял.

Х1асил гьаби.

Рокъоб х1алт1и.

 

 

Дарсиде х1адурлъи. (муг1алимас рик1кина)

Жакъа ц1алдохъаби лъалищ нужеда?

Бугеб нилъер гьаб дарс бищунго лъик1аб.

 

Т1оцебе нилъеца жиндир мац1алда,

Бабаян ах1араб кьеян абураб.

 Гьеб мац1алъ к1алъана

Ц1адаса Х1амзат

Гьесулго вас Расул

Цингиги Фазу.

 

Толбоев Мух1амад-ц1ар арав летчик,

Танкав Мух1амад- рагъул полковник.

 

Дов Шамил Имамаги гьесул мюридги

Щиб мац1алъ к1алъарал, лъалищ нужеда?

Гьеб мац1алда гурищ Хъах1абросулъа

Мах1мудица сарин хъвараб Муиде.

 

Ассаламу Г1алайкум хириял ц1алдохъаби.

__________

 

Лъик1 щварал авар мац1алъул дарсиде.

 

Хирияб авар мац1! Дир кинабго бечелъи, кинабго хазина, дир дарман, дир гьаракь. Дуца квер ккун вит1ана дун гьит1инаб росулъа к1удияб дунялалде. (Р. Х1. «Дир Дагъистан».)

 

Слайд-1.

Жакъа дарсил тема буго:

«Определениелъун т1аджубараб предложение».

Щибаб ишалъул инсанасул бук1уна мурад хасаб мурад. Нилъер жакъасеб дарсилги руго мурадал.

Жубараб предложение такрар гьаби

Определениелъун т1аджубараб предложениялъе баян кьезе.

 Авар мац1алъул дарсазда жакъа къоялъул к1удияб мурад буго т1олабго Дагъистаналда ругел гьит1инал маг1арулазул Авар мац1алде рокьи куцай.

Слайд 3.

Дарс байбихьила жубараб предложение такрар гьабиялдасан. Суалазе жавабал кье.

Слайд 4.

Лъала нужеда журарал сок1к1арал ва журарал нахърилъарал предложениял цолъизаризе х1алт1изарула союзал ва союз раг1аби. Гьале гьезул таблица.

Слайд 5

Кин рак1алда ч1ун ругищали балагьила гьанже нилъ. Цере ругел карточкабазул баг1араб борхе сок1к1. союз бач1ани. Нахъбилълъиналъул союз раг1и бач1ани г1урччинаб борхе.

Цинги, жеги, абуни, щай гурого, гьелдалъун, ва, -ги,г1адин, ялъуни, щай гурелъул.

 

 

Слайд- 6

Гьал суратаздасан союзал ва союз раг1абиги гъорлъе ккезарун предложениял г1уц1е.

Слайд 7

Гьадинги бегьила.

Слайд 8.

Нилъеда лъалаха хириял ц1алдохъаби жубараб предложение г1уц1ун бук1уна к1иго бут1аялдасан. Гьелги ккола:

Бет1ераб ва

 Т1аджубараб.

Нижеца авар мац1алъул дарсиде рач1ине х1укму гьабуна, нижее авар мац1 бищунго бокьулелъул. (ЩАЙ?)

Слайд 9.

Жидер г1уц1иялде балагьун, нахърилъиналъул раг1аби гьеч1ого журарал нахърилъарал предложениязулъ рук1уна бат1и-бат1иял т1аджурарал:

Подлежащеелъун т1аджубараб.

Бит1араб дополнениелъун т1аджубараб

Хъвалсараб дополнениелъун т1аджубараб.

 

Слайд 10.

Ц1ияб дарсиде рач1ина.

Определениелъун т1аджубараб предложениялъ бет1ераб предложениялъулъ бугеб кинаб бугониги цо раг1уе определение кьола ва кинаб (-в,-й,-л)? абурал суалазе жаваблъунги бач1уна.

 

1.Инсуца цебего кьуч1 лъураб мина Г1ашибаца рехун теч1о

Гьаб предложениеги буго, лъимал, бет1ерабги т1аджубаралдасанги г1уц1араб.  Бет1ераб бук1ина мина Г1ашибаца рехун теч1о ва т1аджуб Инсуца цебего кьуч1 лъураб. Бет1ералдасан т1аджубаралде суал лъела кинаб?  Мина абураб бет1ераб предложениялъулъ бугеб раг1уца баян кьолеб буго т1аджубараб предложениялъе.

 

2.Дица дуе бицина цо маргьа, жеги дуда раг1ич1еб. (Маргьа кинаб?)

3. Дица жеги дуда раг1ич1еб цо маргьа бицина дуе.

Определениелъун т1аджубараб предложениялъулъ сказуемоелъун бат1и-бат1иял формабазда причастие ккун бук1уна. Гьеб сказуемое кидаго жинсгун формаялъулъ рекъон ккун бук1уна жинца сипат-сурат гьабулеб бет1ераб предложениялъулъ бугб раг1игун.

Слайд 11-12.

Гьанже дица босун буго маг1арул мац1алде бач1арал ц1ияб раг1и. Предметалъул суратги буго. Гьебги гъорлъе ккезабун нужеца г1уц1изе буго опр. т1адж., предложение.

_________

Гьале дицаги г1уц1ана.

Инсуца нижее ц1ияб босараб ц1оролкор х1алт1улеб буго. (Ц1оролкор кинаб?) кин абулеб гьелда г1урус мац1алда? (Холодилник).

 

 Слайд 13.

Определениелъун т1аджубараб предложениеги причастияб сверелги цоцалъа бат1а бахъизе к1очене бегьуларо. Определениелъун т1аджубараб предложение рик1к1уна. Сказуемоелъун ккараб раг1уде буссараб подлежащее, ялъуни, гьеб гьеч1они, бит1араб дополнениег1аги бугони, причастияб свереллъун ккола, гьенир причастиялде руссарал раг1абазулъ гьелъие подлежащее , ялъуни бит1араб дополнение гьеч1они.

Мисал: Жеги маг1арухъе щвеч1ев цо маг1арулавги ватана дида интернеталда. (Кинав маг1арулав?)

Цойги жакъасеб дарсида чара гьеч1ого лъазе кколеб жо буго, т1аджубараб предложение жиндие баян кьолеб раг1уда цебе бугони, запятая лъун бат1а гьабиларо. Т1аджубараб предложение жиндие баян кьолеб раг1уда хадуб бугони запятая лъун бат1а гьабила.

 Слайд 14.

Гьанже нилъеца гьабила ригьа-ричиялъул минута. (рек1ее асар гьабулеб бакъаналъухъги г1енеккун).

Слайд 15.

Нужехъе кьурал гургинал карточкабазда нахъа руго лъабго-ункъго х1арп. Гьезул к1и-к1и х1арпги гъолъе ккезабун раг1аби г1уц1е ва тетрадазда хъвай. Кьолеб буго нужее гьеб х1алт1и т1убазе к1иго минута.

_________ заман ана. Ц1але ц1одор дур кинал раг1аби лъугьарал? Х1алч1ахъад лъик1 буго.

К1иго- лъабго ц1алдохъанасда ц1ализабила.

Слайд 16 -17.

Ц1алдохъаби нилъехъе бач1ун буго гьадинаб гьариялъул кагъат. Гьав вуго инстаграммаялда бугеб авар мац1 гьумералъул нухмалъулев-«блогер». Гьадинаб кагъат буго г1енекке.

Ассаламу Г1алайкум хириял маг1арулал. Дун вуго «Авар мац1»-инстаграммаялда бугеб гьумералъул бет1ер. Дие ц1акъ бокьула авар мац1 ва маг1арулал.

Умумузул рат1лил хъвалеб буго дица. Ц1ияб темаги буго «Сагула»-ялдасан. Жакъа гьумералъул бет1ерлъун вахъине к1ваниги, маг1арул мац1алда бит1унхъваялъул рахъ жеги заг1ипго буго. Гьаб хъвай-хъваг1ай къват1ибе бахъилалде лъалхъул ишараби лъезе кумек гьабе гьит1инал маг1арулал.

Нужги рук1а дир гьудулзаби авар мац1 бокьулел ва гьеб бицине лъалеллъун. К1очонге дир гьумералде зама-заманалдасан раккизе.

 Ц1уне рахьдал мац1!

Гьаб буго, гьудул маг1арулав, доб сагула, нилъер умумуз квачалда рет1унеб бук1араб.

Слайд 18.

Х1асил гьабила. Къиматал лъела.

Рокъоб х1алт1и. &56 Х1алт1и 206.

 

Кицаби абиязда т1асан гара-ч1вари гьабила.

 Киназего баркала дарсида г1ахьаллъи гьабуралъухъ.

 

 


 

МКОУ «СОШ№5 имени героя России

МКОУ «СОШ№5 имени героя России

Дарсил тема: Определениелъун т1аджубараб предложение

Дарсил тема: Определениелъун т1аджубараб предложение

Слайд-1. Жакъа дарсил тема буго: «Определениелъун т1аджубараб предложение»

Слайд-1. Жакъа дарсил тема буго: «Определениелъун т1аджубараб предложение»

Жидер г1уц1иялде балагьун, нахърилъиналъул раг1аби гьеч1ого журарал нахърилъарал предложениязулъ рук1уна бат1и-бат1иял т1аджурарал:

Жидер г1уц1иялде балагьун, нахърилъиналъул раг1аби гьеч1ого журарал нахърилъарал предложениязулъ рук1уна бат1и-бат1иял т1аджурарал:

Мисал: Жеги маг1арухъе щвеч1ев цо маг1арулавги ватана дида интернеталда

Мисал: Жеги маг1арухъе щвеч1ев цо маг1арулавги ватана дида интернеталда

Х1асил гьабила. Къиматал лъела

Х1асил гьабила. Къиматал лъела
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
04.05.2021