Конспект открытого урока Тема: «Расулихъ гьоболлъухъ.»
Оценка 5

Конспект открытого урока Тема: «Расулихъ гьоболлъухъ.»

Оценка 5
docx
04.05.2021
Конспект открытого урока Тема: «Расулихъ гьоболлъухъ.»
урок 7.docx

МКОУ «СОШ№5 имени героя России Мусалаева Т.О.» г.Хасавюрт,Республика Дагестан

 

Конспект открытого урока

Тема: «Расулихъ гьоболлъухъ.»

 

 

 

Подготовила учительница

родного языка и литературы

Магомедова Аслипат Багавдиновна

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Хасавюрт 2018 г.

Класстун къват1исеб ц1али.

Тема:  Расулихъ гьоболлъухъ.

Мурад: . Дагъистаналъул халкъияв поэт  Расул Х1амзатовасул асарал гъваридго лъазари;

Асаразул темаялдалъун ва идеялдалъун ц1алдохъабазул Ват1аналде бугеб рокьи ц1ик1к1инаби;

Гьел лъик1лъиялде, х1алимлъиялде,х1еренлъиялде, рит1ухълъиялде ах1и;

Х1алихьалъиялде,  хъант1иялде, хъублъиялде данде къеркьезе ц1алдохъабазулъ тавпикъги, къуватги бижизаби.

Алатал:

-ИКТ.

-  Газета «Дир рак1алъул хан, хирияв поэт»

- Расул Х1амзатовгун цадахъ  Ленинкенталда ва Ц1ада росулъ рахъарал суратал.

- Альбом «В гостьях у Расула».

- Расул Х1амзатовасул т1ахьазул выставка.

Дарсил ин.

1.      Дарсиде х1адурлъи.

2.      Ассаламуг1алайкум

Аваразул миллат мац1

Адаб кьоч1ое лъураб

Ахир рокьуе гьеч1еб.

Ассаламуг1алайкум

Аваразул лебаллъи

Амузгиязул хвалчен

 Ахъбердиласул рачлихъ

Армяназул пашманлъи

Арарат мег1ер буго

Аваразул пашманлъи

Авар мац1 лъач1ел лъимал. (киналго ц1алдохъабаз цадахъ ц1алила)

Нилъер Дагъистаналъул халкъияв шаг1ир Расул Х1амзатовасул  гьал коч1ол раг1абаздалъун бокьун буго байбихьизе жакъасеб авар адабияталъул дарс.

Расулица абухъего, дунялалда ц1ик1к1ун рук1ине жидерго мац1ги, эбелги, эбелаб Ват1анги

 

3.      Авалияб гара-ч1вари.

Учитель: Дида рак1алде ккола жиндирго х1урмат гьабулев щивав дагъистаниясе хирияб батилин нилъер гьит1инаб муг1рузул улкаян. Дагъистан! Гьеб раг1улъ буго нилъер ч1ух1иги, бух1иги, ах1иги, ях1ги, бах1арчилъиги.  Жиндирго нахъекъай гьеч1еб лебалаб къеркьеялдалъун  Дагъистаналъул ц1ар дунялалдаго раг1изабуна к1удияв Имам Шамилица. Дагъистан, унго- унгоги, бах1арчияб   ва г1акъилаб халкъалъ г1умру гьабулеб ракь  бук1ин т1олабго дунялалдаго бихьизабуна к1удияв шаг1ир Расул Х1амзатовасул бечедаб творчествоялъ.

Ват1аналде бугеб к1удияб рокьуцаги коч1олаб каламалъ гьабулеб г1ажаибаб асаралъги

нилъер ц1алдохъабиги учительзабиги ах1ана  шаг1ирзабазул ват1анХунзахъ районалде ва  устарзабазул, бах1арзазул ракь Шамил районалде.

Заманалги рук1уна

Рак1алдаса унарел

Г1адамалги рук1уна

Кидаго к1очонарел.

Гьедин абизе бегьула доб сапаралъ Ц1ада росулъ рарал къоязде ва нилъеда дандч1варал г1емерал унго- унгоял маг1арулазде.

Гьале нахъеги дунялги ц1илъараб, гъут1биги т1егьараб ихдалил къоялъ нилъ ах1улел руго шаг1ирзабазул гъанситоялъухъе.

Рилълъа нижгун цадахъ Ц1ада росулъе

Ц1идасан х1асратго куч1дул ц1ализе

Бац1ц1адаб гьаваги гьайбатаб ихги

Гьоболлъи гьабизе х1адурун руго

Киг1ан ц1аланиги ч1алг1ен хьваларел

Расулил куч1дузухъ урхъун буго рак1

Хирияв Х1амзатил бег1ераб калам

Бокьула раг1изе щибаб саг1аталъ.

4.      Ц1алдохъан: Расул Х1амзатовасул куч1дул т1оцере басмаялде рахъана 1938 соналъ, т1оцебесеб т1ехь «Х1асратаб рокьиги бокьараб ццинги» маг1арулазухъе щвана зах1матаб, х1алуцараб рагъул кор улкаялда боркьараб 1943 соналъ. Гьелдаса хадур пасих1ал ва гъваридал куч1дул роржана т1олабго дунялалда. Нус- нус мац1азде гьел руссинарун ратаниги, гьезул рахьдал мац1лъун хут1ана шаг1ирас гьел къалмиде босараб гьит1инаб халкъалъул мац1.

Кеч1 «Авар мац1»

Учитель: Г1енеккизинха, абухъего бац1ц1адаб маг1арул мац1алда ах1улеб коч1охъ.

«Гьит1инай Пат1иде» (ах1ула ц1алдохъанас).

«Гьит1инай Пат1иде» абураб кеч1 Расулица хъвана жиндирго рагъда ч1варав вацасул ясалъе сайгъат гьабун.

Жакъад, К1удияб Ват1анияб рагъда бергьенлъи босаралдаса 60 сон т1убаялде х1адурлъулеб заманалъ,   бат1ияб асаргун ах1ула Расулил рагъул темаялда хъварал куч1дулги. Абизе бегьула  рагъул х1акъалъулъ, рагъда хваразда цере ч1агоязул налъул х1акъалъулъ хъварал куч1дузул кьерилъ т1оцебесеб бак1алда бугин «Къункъраби» абураб кеч1. Нагагьги ватиларо гьеб коч1охъ г1енеккидал  черхалда гъаргъар баларев инсан.

(г1урус мац1алда  коч1охъ г1енеккила)

Гьаб коч1охъг1енеккидал рак1- рак1алъ бокьула гьеб г1агараб авар мац1алда ах1изе.

(1 куплет  авар мац1алда ах1ила)

«Дунги воржун ина къо бач1арабго.

Къункърабазул т1елгун дове рик1к1аде» - гьедин хъвана Расулица жиндирго коч1олъ. Амма нилъеда рак1к1алде кколаан гьев абадиялъго нилъгун цадахъ вук1инин. Пайда щиб, гьедин бук1унарелъул. Гьев нилъедаса иналде моц1алъ цебе, гьесул 80 – сон т1убаялъул къояз, нилъ рак1- рак1алъ рохун рук1ана гьевгун Ленинкенталъул ракьалда данд ч1вазе щвеялдаса. Гьеб бук1ана Ленинкенталда бугеб милициялъулаб гьоркьохъеб школалда «Хъах1ал къункъраби» рагьулеб къо.

Ц1алдохъан Халикова Эльмира.

Гьеб дандч1ваялъ рек1ее гьабураб асаралъ т1амуна дун гьаб кеч1 хъвазе.

Халкъияв  поэт

Т1олго дунялалда ц1ар арав поэт

Гьит1инаб Дагъистан к1одо гьабурав

Маг1арулазулъго бищун г1акъилав

Кеч1 ц1алун ц1ар лъалев хирияв поэт.

Бищунго ц1ар араб къункърабазул кеч1

Сири бан бач1уна гьеб ах1улаго.

Дур к1алдисан арал, дур квералъ хъварал

Дур рак1алъ ах1арал х1айранал куч1дул.

Дун маг1арулай йик1ин ч1ух1арай йиго

Мун маг1арул поэт вук1иналдаса.

Чанги г1абдаласул г1акъил вахъина

Дур куч1дул ц1алани Расул Х1амзатов.

Дагъистан ч1ух1арав Х1амзатил Расул

Кьеги дуе сахлъи, даимаб рокьи.

Халалъеги сонал жиб- жиб т1ехь рик1к1ун,

Т1охьолъ ругелщинал раг1аби рик1к1ун.

 

Учитель: Расулилги гьесул асаразулги бицине нилъее цо дарсцин щиб гурин, цо лъаг1елцин г1еларо.

Бат1и- бат1иял руго гьесултемаби. Киналха нужеца т1аса рищарал?

Ц1алдохъан: Х1амзатил Расулил асарал ц1алулаго нилъее баянлъула гьес тасдикъ гьарулел рук1ин, аза- азар соназ маг1арулаз ва дагъистанияз цоцазухъе кьун, ясбер г1адин ц1унарал лъик1ал г1адатал, хасиятал, г1амалал,жигар бахъулеб бук1ин гьел жив- жив маг1аруласул напсалъулъ щула гьаризе.

Огь, чанги г1адат буго

Маг1арул г1адамазул

Г1аламалъ гьеб босани,

Г1алам камиллъилаан.

Огь, чанги г1амал буго

Маг1арул г1адамазул

Дунялалъ гьеб босани,

Дунял берцинлъилаан.

Гьел т1адег1анал г1адатазул, г1амалазул бицунеб буго «Маг1арулал», «Дагъистан»,  «Гьанир муг1рузда», «Эбел, дуца щиб жо гьалда абулеб?», «Унел руго руччаби», «Эбелалъ лъималазе кини к1ик1улеб буго»,  «Муг1рул тун авлахъалде» абурал асаразулъ.

Ц1алдохъан

«Муг1рул тун авлахъазде»

Муг1рул тун авлахъазде

Рахъунел маг1арулал,

Маг1арул ях1ги мах1ги

Гьарула, цадахъ босе.

Маг1арулт1амур, т1агъур,

Гьарула, цадахъ босе.

Маг1арул ханжар- рачел

Борчараб цадахъ босе.

Цадахъ босе, к1очонге

Маг1арул мац1ги ц1арги.

Цадахъ босе, к1очонге

Маг1арул г1адат г1амал.

Маг1арухъ инсул гъасда

Хасаб хинлъи бук1уна.

Маг1арул гъасда коч1ол

Бат1ияб кеп бук1уна.

Цадахъ росе маг1арухъ

Магьал раччарал г1арщал.

Г1амал к1одолъарабго

К1ич1- к1ич1ун рехе цере.

Гьарула, цадахъ босе,

Гьарула,  к1очон тоге,

К1удияб бах1арчилъи

 Гьит1инаб дур халкъалъул.

Ц1алдохъан

Хадусеб киназего г1агараб  тема буго эбелалъул тема.

Къварилъула дир рак1 г1умру анаг1ан

Г1айибал ц1ик1к1ана дуда цере дир

Къварилъула дир рак1 дунял лъанаг1ан

Замана дагьлъана дуе кьолеб дир.

Дун сапаралдаса вуссанщинахъе

Духъ балагьун дица х1исаб гьабула:

«Дуда эбел к1очон толей гьеч1ищан»

Гьел дур бераз дида гьикъулеб буго.

Эбел – гьей йиго поэзиялъул даимаб тема. Эбелалде бугеб рокьул х1акъалъулъ чан гьайбатаб асар цебе ч1езабизе зах1мат буго. Амма гьале, ц1иял г1адатиял гурел раг1аби ратун руго Расулида. Гьелъулъ бахчун буго васасул къвин гьеч1еб, эбелалъулалда бащад гьабизе рес гьеч1еб рпокьи. Нилъ киналго нилъер улбузе налъулал руго. Гьелъ нилъеда, г1адамил лъимада, т1адаблъун гьабула намусалъул бищун т1адег1анаб, кьварараб кодексалда рекъон г1умру гьабизе.

Ц1алдохъан:

Эбел к1оченаро гьит1инаб мехалъ

Дун къват1ахъ кват1игун кидаго дуца

Горт1а лъун толаан бакараб чирахъ

Ва къирун толаан къач1ого каву.

Вач1унаан рокъов, кьижулаан дун

Кьурулаан дуца г1одобе чирахъ

Балагьулаан мун къан бугищ нуц1а

Къулулаан т1аде сордо лъик1, васин.

Сонал ана… Горт1а чирахъ кенч1ана,

Дур васаз иргадал росу нахъ тана

Квег1аб берзул маг1у кваранаб квералъ

Киг1ан г1емер балъго дуца бац1ц1араб.

Дица балъго, эбел, кваранаб квералъ

Квег1аб берзул маг1у бац1ц1уна сардилъ

Дун вач1ина духъе,  вач1ина духъе

Чирахъ г1одой кьурун, кьижа, дир мискин.

Щвела дун росуъе, щвела рокъове

Къирун тараб каву къай  дир, хирияй.

Кида гьеб бук1инеб,- кват1изе гьеч1о,

Каранда рак1 лъурай, сордо лъик1, эбел.

Учитель: Ват1аналъул тема, гьебги кинха гьокьоса бахъилеб.

Жиндирго гьит1инабго коч1олъ гьес хъвалеб буго.

Чвахун унеб г1оралда

Гьикъулеб буго дица,

Бищунго берцинаб бак1

Киб дуда бихьарабин.

Г1оралъ жаваб гьабуна,

Жиб бижараб кьуруг1ан

Берцинаб бак1 лъач1илан,

Киг1ан дунял лъаниги.

Ц1алдохъан:

Ват1аналъул, г1агараб ракьалъул киг1ан г1адатияб бук1он бугониги, гьеб гьесие хирияб буго. Гьелъул х1акъалъулъ к1удияб рокьигун хъвалеб буго. Гьединал асараз вижараб ракьалде рокьи бижизабич1ого толаро.

                                         Дир Дагъистан.

Европаги сверун г1ураб росулъе

Дун вуссанщинахъе, дихъги балагьун,

Дида, дир Дагъистан , дуца гьикъула,

Гьаб ракьалда бищун щиб бокьарабин?

Дун борхатаб муг1рул т1огьив вахуна,

Тамахаб гьороде керен чучула,

Дица жаваб кьола дуе, Дагъистан,

Гьаб ракьалда бищун мун бокьанилан.

 

Учитель: «Расулица абуна…»  Чанц1ул нилъеда раг1арал гьел раг1аби. Лъица бугониги бицине байбихьидал бокьула, кинабго жо к1очон тун, х1асратго г1енеккизе. Унго рек1ее гьабулеб асар гьел бег1ерал, г1акъилал, г1ужда щолел ч1ор г1адал, г1ажаибго пасих1ал раг1абазги, биценазги, абиязги.

Ц1алдохъан:

«Г1олохъанаб мехалъ дун г1енеккун хут1улаан херал маг1арулазухъ, гьез г1акъилаб раг1иги пайдаяб каламги гьабизе бук1ин лъан. Гьанже г1олохъаби лъугьунел руго сунцадай жидеца херал тамашалъизарилел абун»

Ц1алдохъан:

«  Поэт- гьевги ккола рагъухъан. Амма гьесул ярагъ- раг1ибуго, гьеб яргъидалъун гьес ц1унула жиндирго Ват1анги, халкъги, дунялги. »

Ц1алдохъан:

Расул Х1амзатовас жиндирго бищун т1адег1анаб  борчлъун рик1к1уна унтарал гьудулзабазухъе ваккизе больницаялде щвей, гьезул т1алаб агъаз гьаби. «Рохел  бач1араб къоялъ аск1оре щвеч1они, т1аса лъугьине бегьула, аммаунтарав гьудуласухъе щвеч1они – гьеб к1удияб гъалат1 ккола».

Ц1алдохъан:

Цо нухалда Москваялда больницаялда вегарав Расулие жиндирго гьудул Башкириялъул машгьурав поэт Мустай Каримица бит1ун бач1ана г1адатияб ролъул т1ор. Гьелда цадахъ поэтас кинабг1аги мурад загьир гьабулеб баяналъулаб кагъат бук1инч1о. Расулица, гьимизеги гьимун, аск1ор рук1аразда гьадин бицана гьелъул маг1на: «Дида рик1к1адав гьудулас лъазабулеб буго Башкириялда хинго бугин, бач1ин бак1арулеб бугин, гьоболлъухъ вач1айилан …»

Жавабалъул бак1алда Расулица гьесие бит1ана миккигъот1ол т1амах. Гьелъул маг1на гьадин бицана поэтас: « Дун сахлъулев вуго, кват1ич1ого сапар бухьина, балагьун ч1а.»

Учитель:

Ц1ада росулъ Х1амзатил мина – музеялъул хал гьабулаго гьениб щибаб т1аг1елалъ, щибаб сураталъ Х1амзатил ва Расулил мац1алдалъун  куч1дуздалъун к1алъалеб бугилан. Хасго цебе т1амула гьезул махсаро, ч1ор г1адин реч1улеб бег1ераб раг1и.

Цо нухалда раг1араб Расул Х1амзатовасул махсара хоч1алъул калам кидагоялъе хут1ула рек1елъ бик1ун.

                                              Расулил махсараби

Ц1алдохъан:

Дагъистаналъул пединституталда бук1ана поэзиялъул вечер. Расул Х1амзатовас суалазе жаваб кьолеб бук1ана. Залалдасан цояс ах1ана:

- Расул, дур кинабго лъик1 буго. Г1иц1го маг1арзул къалал ч1ах1иял руго.

Расулица ургъич1ого кьуна жаваб:

- Ва-а, к1удиял къалал рук1ин гьеб талих1ин кколеб. Цо нухалъ хунзахъе унелъул, машинаялъ авария гьабуна. Маг1арзул къалал ччук1и гурони къварилъи ккеч1о дие.

Ц1алдохъан:

Больницаялда тохтуралъ Расулида абуна мац1 бихьеян. Расулица бихьана.

- Дур мац1 лъик1аб гьеч1о, - ян абуна тохтуралъ.

Расулица абуна:

- Аб щайха ц1алдолез абулеб  дур мац1 лъик1аб бугилан.

Ц1алдохъан:

Цо нухалда Расулица Г1абдула  Вагьидовасда абуна:

- Даргиязул литератураялъул дунялалда бищун лъик1ав специалист вуго мун.

Гьеб бит1арабги бук1ана. Дунялалда цо Дагъистаналда гурони даргиязул литература гьеч1елъулха.

Учитель:

Гьанже бокьун буго нужее цо т1адкъай кьезе.

Цин г1инт1аме  Расул Х1амзатова сул « Наг1ана» абураб  коч1ол  т1оцебесеб куплеталъ1ухъ .

Ч1обогояб раг1алъе наг1ана,

Маг1на гьеч1еб коч1ое наг1ана,

Ч1ваби гьеч1еб т1армие наг1ана,

Раг1и хварал бихьиназе наг1ана.

- Бокьун буго Расул Х1амзатовасул гьаб пикру  нужеца лъуг1изабизе.

(Ц1алдохъабазе заман кьела цо- цо, к1и- к1и мухъ хъвазе)

(Бегьула группаялъго цадахъ гьабизеги)

- Ц1алдохъабаз жидерго мухъал ц1алила.

-  Ват1ан хисарасе наг1ана

Эбел к1очон тарасе наг1ана

Намус мерх1арасе наг1ана

Лъадуй хилиплъарасе наг1ана

- Ц1алдоларев ц1алдохъанасе наг1ана,

Ц1ук1амах1ав васасе наг1ана,

Инсул х1урмат гьабич1есе наг1ана,

Г1адат к1очон х1вадарасе наг1ана.

- Берталъ кьурдуларесе наг1ана,

Кьурдун свакарасе наг1ана

Муг1рул рихьич1есе нанг1ана,

Рихьун какарасе наг1ана.

Учитель:

Хадуб учителас т1олабго кеч1 ц1алила.

Ч1обогояб раг1алъе -  наг1ана,

Маг1на гьеч1еб коч1ое -  наг1ана,

Ч1ваби гьеч1еб т1армие -  наг1ана,

Раг1и хварал бихьиназе -  наг1ана.

Ч1амулаго сакъисгун вач1унев

Ч1алу г1адав г1олиласе - наг1ана

Ч1уч1улаго семечкагун к1алъалев,

Г1ер г1адинав бихьинасе – наг1ана.

Жиндасаго к1удияв т1аде вач1араб мехалъ,

 Т1аде хант1ан вахъинч1есе - наг1ана.

Т1аде гьобол щваравго, гьебсаг1ат

Кьунсрул- нодо бук1к1арасе-  наг1ана.

Муг1рул г1адат к1очарасе - наг1ана,

Г1агараб мац1 к1очарасе - наг1ана.

Инсул къадру ц1унич1есе - наг1ана.

Живго вокьун, г1ураб ракь бокьич1есе - наг1ана.

Гьеб ракь ц1унун ц1адаве к1анц1ич1есе - наг1ана.

Х1елх1елалъе - наг1ана,

Х1инкъиялъе - наг1ана

Х1акимзабазе бет1ер къулулесе - наг1ана,

Х1айранал гьал муг1рузе

Къулич1есе – наг1ана.

Халкъал киналголъик1ал

Какулезе - наг1ана.

Караб къоялъ ватич1ев

 Гьудуласе - наг1ана.

Учитель:

Хириял  ц1алдохъаби, нужер щивасул батила  нужее бищун бокьулеб, бат1аго к1удияб асар гьабулеб кеч1. Бататани гьеб бицине рахъине бегьула.

Ц1алдохъан:( цо чангояс бицинеги бегьула)

«Бокьула маг1арул ясазул гьурмалъ»

Бокьула маг1арул ясазул гьурмалъ

Намусаб баг1арлъи – гьеб ц1акъ рекъола.

Бокьула росулел гьезул кверазулъ

Цо нечараб х1инкъи – гьеб ц1акъ рекъола.

Бокьула симсазда гъоркьан раккарал

К1иго кьурараб гъал – гьеб ц1акъ рекъола.

Бокьула гьимидал гьурмалъ лъугьунеб

Гьит1инабго гванда – гьеб ц1акъ рекъола.

Бокьула лъар бахун унеб мехалда

Гьезул г1иц1ал х1ат1ал – гьел ц1акъ рекъола.

Бокьула рогьалилъ лъел ц1олел гьазий

Цо ц1орораб гьава - гьеб ц1акъ рекъола.

Бокьула нилъеца абураб раг1уй

Цо мут1иг1аб сабру – гьеб ц1акъ рекъола.

Бокьула маг1арул ясазе даим

Даимаб талих1ги ц1ияб г1умруги.

Амма бищунго ц1акъ маг1арул намус

Бокьула ясазе гьеб ц1акъ рекъола.

Учитель:

Гьале к1иабилеб лъаг1ел  Расул Х1амзатов нилъедаса аралдаса. Г1умруялъ хут1ила гьесул асарал, гьесул бег1ераб г1акъилаб калам нилъер г1умруялъул нухда бакараб чирахълъун. Гьеб чирахъул канлъухъе хьвадарав щивав г1олилав киданиги мекъи ккеларо.

Ц1алдохъан: ( Халикова Эльмиралъ жиндирго к1иабилеб кеч1 ц1алила)

Дие мун даимго ч1аго вук1ина.

Т1олго Дагъистаналъ ч1ег1ер бараб къо

Гьаб т1олабго халкъго пашманлъараб къо

Г1одулел ругин дур муг1рулгин щобал

Щай рехун тарал ниж Расул Х1амзатов

Хасалихълъиялъул ноябрь моц1алъ

Къанщанин шаг1ирас даимго берал.

Ц1адабе росулъе хабар кин щвараб?

Лъавудаса инч1ищ дур росуцоял?

Гьанже Дагъистаналъ бет1ер къулана

Къойил г1оданиги маг1у лъуг1ич1о.

Т1ад лъурал нак1к1азги ралел ц1адазги

Кинабго къварилъи загьир гьабуна.

Дир анищ бук1ана мунгуи дандч1вазе

Дицаго хъвараб кеч1 дуе ц1ализе

Ц1ализе рес ккеч1о, амма дандч1вана

Ункъого сон т1убай дур бугеб къоялъ.

Гьелдасаги дун ц1акъ йохарай йиго

Кидаго дудаса ч1ух1арай йиго.

Ч1алг1аде ц1алич1о дица дур т1ах1ал

Т1абиг1ат берцинав халкъалъул поэт.

Дагъистан ч1ух1арав Х1амзатил Расул

Ч1арбида лъун вугин дун божуларо.

Дие мун даимго ч1аго вук1ина

Мун хвезе рес гьеч1о, мун хвезе гьеч1о.

 

  1. Дарсил х1асил гьаби

Пикру лъуг1изабе

Жакъа дида дарсида лъана…

Жакъа дие дарсида бокьана…

 Дие жеги лъазе бокьилаан…

Маг1арулазул Ват1ан  (гимн) (киназго цадахъ ах1ила)

Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан,
Гьелъул борхалъиялде ваха гьедин абулев.
Аххал тIогьода руго, тIогьал гIаздада руго,
ГIатIидаб Каспиялда гуми лъедолел руго.

 ТIадегIанаб,
ТIадегIанаб, гIагараб,
МагIарулазул улка,
Аваданаб Дагъистан.

Йохъ, цо миллион гуро дагъистаниял ругел
Дунялалда гIагарлъи гIунги тIокI буго нилъер
МугIрул тIокIкIарал иццахъ океан зигардула
Аваразул васазухъ ясал чанги угьдула.

ТIадегIанаб,
ТIадегIанаб, гIагараб,
МагIарулазул Ват1ан
Т1егьалеб дир  Дагъистан.

Гуро, гIамал кIудияб гIадамазул ватIан гьаб,
Амма бетIер даличIо Дагъистаналъ лъиего
Гьелъул ччорбалъ беролеб буго цIакъ машгьураб би
Гьелъул каранлъ кьабгIелеб буго цIакъ кьварараб ракI.

 

Ленинкенталъул 35 гимназиялъул муг1алим

 Х1айдарбегова Пат1имат Мух1амадовна.

 


 

МКОУ «СОШ№5 имени героя России

МКОУ «СОШ№5 имени героя России

Класстун къват1исеб ц1али. Тема:

Класстун къват1исеб ц1али. Тема:

Расул Х1амзатовасул бечедаб творчествоялъ

Расул Х1амзатовасул бечедаб творчествоялъ

Гьаб коч1охъг1енеккидал рак1- рак1алъ бокьула гьеб г1агараб авар мац1алда ах1изе

Гьаб коч1охъг1енеккидал рак1- рак1алъ бокьула гьеб г1агараб авар мац1алда ах1изе

Маг1арул г1адамазул Г1аламалъ гьеб босани,

Маг1арул г1адамазул Г1аламалъ гьеб босани,

Дун сапаралдаса вуссанщинахъе

Дун сапаралдаса вуссанщинахъе

Ват1аналъул, г1агараб ракьалъул киг1ан г1адатияб бук1он бугониги, гьеб гьесие хирияб буго

Ват1аналъул, г1агараб ракьалъул киг1ан г1адатияб бук1он бугониги, гьеб гьесие хирияб буго

Учитель : Ц1ада росулъ Х1амзатил мина – музеялъул хал гьабулаго гьениб щибаб т1аг1елалъ, щибаб сураталъ

Учитель : Ц1ада росулъ Х1амзатил мина – музеялъул хал гьабулаго гьениб щибаб т1аг1елалъ, щибаб сураталъ

Ц1алдохъабазе заман кьела цо- цо, к1и- к1и мухъ хъвазе) (Бегьула группаялъго цадахъ гьабизеги) -

Ц1алдохъабазе заман кьела цо- цо, к1и- к1и мухъ хъвазе) (Бегьула группаялъго цадахъ гьабизеги) -

Бокьула маг1арул ясазул гьурмалъ»

Бокьула маг1арул ясазул гьурмалъ»

Кидаго дудаса ч1ух1арай йиго.

Кидаго дудаса ч1ух1арай йиго.
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
04.05.2021