Конспект открытого урока Тема: Ц1адаса Х1амзат «Г1умруялъул дарсал».
Оценка 4.9

Конспект открытого урока Тема: Ц1адаса Х1амзат «Г1умруялъул дарсал».

Оценка 4.9
docx
04.05.2021
Конспект открытого урока Тема: Ц1адаса Х1амзат «Г1умруялъул дарсал».
урок 8.docx

  МКОУ «СОШ№5 имени героя России Мусалаева Т.О.» г.Хасавюрт, Республика Дагестан

 

Конспект открытого урока

Тема: Ц1адаса Х1амзат «Г1умруялъул дарсал».

 

 

 

 

Подготовила учительница

родного языка и литературы

Магомедова Аслипат Багавдиновна

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Хасавюрт 2019 г.

 

 Авар адабият

Тема: Ц1адаса Х1амзат «Г1умруялъул дарсал».

Дарсил мурад: -Ц1адаса Х1амзатил биографиялъул х1акъалъулъ т1адеги ц1иял баянал кьезе;

- г1асрабаз данде гьабураб х1албихьиялъул, г1акълудал т1орахьлъун кколел кицабазул, абиязул х1акъалъулъ баян кьезе;

- Ц1адаса Х1амзатил«Г1умруялъул дарсал»абураб коч1олъ ругел кицабазул хаслъи рагьизе;

- кицабазул, абиязул гъварилъи, маг1наялъул бечелъи бихьизабиялдалъун, гьездаса пайда босизе малъиялдалъун лъималазул г1акълу ц1базаби;

- кици т1ами, абиял х1алт1изари, бицанк1аби ч1вай – каламалъул культура борхизабиялъе аслияб шарт1лъун бук1ин лъималазда бич1ч1изаби.

Алатал: Ц1адаса Х1амзатил сурат, ребусал, ИКТ, авар словаралъул т1ахьал.

                                               Дарсил ин.

1.      Дарсиде х1адурлъи.

2.      Рокъобе кьун бук1араб х1алт1ул хал гьаби

а)Ц1адаса Х1амзатил биография бицина;

б) ц1алдохъабазе бокьараб 3 куплет рек1ехъе бицина (Ц1адаса Х1амзатил«Г1умруялъул дарсал» 1-4 бут1а);

в) Сочинение хъван бугищали хал гьабила, 1-2 ц1алдохъанас ц1алила.

3. Ц1адаса Х1амзатил биографиялдасан цо-цо баянал.

а) Гьанжеялдаса нусгоялдасаги ц1ик1к1ун соналъ цеве Гьолокь росулъа Мух1ума абулев цо чи ун вуго Хунзахъ базаралде  гагусаг1ат босизе. Гьеб босиялъе г1иллаги бук1ун буго гьев кидаго радал вахъине кват1улев вук1ин. Базаралда сверулаго гьесда данд ч1ван вуго цо х1атт1ида г1иц1го, хохорабго рат1лилъ, къвалакь х1елекоги ккун вач1унев анц1идасаги сонал арав г1адав цо вас.

Гьесул саламалъе саламги буссинабун, кисайилан гьикъун буго, Ц1адасайилан васасги жаваб кьун буго.

- Лъил вас?

- Юсупил Мух1амил вас.

- Гьанже т1ок1аб жо гьикъизе х1ажат гьеч1о. Вац1ц1адав ц1аларав мискинчиясул вас… Х1елекоги квешаб батиларо.

- Х1елеко гуро, гагусаг1ат буго нижер аб, - ан г1едег1ун вахъун вуго васги. Эбел унтун йиго, рес гьеч1о, -ян пашманго т1адеги жубан буго.

       Васасда рак1 гурх1ун батила, гьес абураб багьаги кьун, Мух1умаца х1елеко босун буго.

«Т1ок1аб абиларо Алмасица жиндир г1адаб гагусаг1ат лъилниги гьеч1илан. Гьанже балагьила гъосул!» - ан пикрабазда вук1ун вуго Мух1ума.

Гьедин цо анкьица ворч1изавун, т1оцеве щолев вук1ун вуго Мух1ума годек1аниве. Хадуб лъабго къоялъ т1ат1алаго Мух1ума т1аде вахъине кват1ун вуго. Цинги гьес ругьел бит1ун буго Хунзахъе х1елкил г1амал хисун бугин,Юсупил Мух1умил васас жив махсароде ккун вугилан.

Гьеб хабар раг1араб мехалъ, рек1екълъарав васас, Мух1умие жаваб гьабун, хъван руго гьадинал коч1ол мухъал.

Радакье бахъунеб

Дир гагусаг1ат

Сансамуч1 квананищ 

Дур керен хвараб.

Роьалилъ ах1долеб

Дир мгурул г1анса

Г1урул лъим гьекъонищ

Дур гьаракь къараб.

Гьал коч1ол мухъазул  автор ккола нилъер ц1ар раг1арав шаг1ир, раг1ул устар Ц1адаса Х1амзат. Гьебги бук1ана гьесул т1оцебесеб кеч1.

б) Ц1адаса Х1амзатил х1акъалъулъ цоги баянал. (ц1алдохъабаз рицина)

4. Словарияб х1алт1и.

Гъалайчи – паяльщик,

Питна – (кьал) скандал,

Мукъулукъ – горло,

Бат1аргьин- бинт,

Ришват – взятка.

5.«Г1умруялъул дарсал» абураб коч1ол 6, 7 бут1аби ц1али.

6.Асаралъул анализ гьаби.

- Лъимал, нужеда маг1на бич1ч1ич1ел бак1ал кканищ гьаб ааралъул?

- Абизе бегьула гьаб асар халкъияб хазина жанибе буссараб гъансито бугилан.

Гьаб «гъанситоялда» жанисан нужее щиб бищунго бокьараб, сунца рек1ее асар гьабураб?

(ц1алдохъабазул жавабал)

-Нилъеца ц1аларал бут1аби кина- кинал темабазде рикьизе бегьулел?

- 5 бут1а – сабру, пикру;

- 6 бут1а – х1алт1и- пиша;

7 бут1а – г1елму, г1акълу.

- Нилъеца цереккун ц1аларал асаразе кинаб куплет- кици рекъон кколеб?

а) «Хочбар» абураб коч1ое кинаб рекъон кколеб?

- Ях1 бергьарас жиндасаго(94 гь.)

Гьалмагъзаби цере ккола,

Гьезул мурад ц1унулаго,

Ц1адай жанивги к1анц1ула.

- Воре дуца цогидасе,(97 гь.)

 Гьев реххизе гвед бухъуге,

Бухъаралъув мунго ккола,-

Кици гьедин бач1ун буго.

б) «Кьурулъ хут1арав Г1али»

-Г1агаразулъ тамах вук1а,(89 гь.)

Тухумалъулъ х1ерен вук1а,

Х1ажатасе кумек гьабе

Квач1акъасул х1урмат гьабе.

- Дурго бахьи бугеб г1умру     (101 гь.)

Хьулаз лагълъун кквезе тоге,

Бугелда рак1 рази гьабун

Уздензабазда гъорлъ вук1унге.

в) «Муг1рузул Г1али»  (ц1алдохъабаз жидецаго ратила)

- Цосаг1аталъ мац1ихъанас

Моц1ил питна т1аде ц1ала

Гьит1инаб цо раг1уда т1ад

К1удиял рагъал рижула.

- Гьаб асаралдаса росун кинал раг1аби абизе бегьулел гьудуласда, рагъухъанасда, мадугьаласда, тушманасда, к1вах1аласда , Ленинкенталъул къват1азде чороклъ балел чаг1азда ва г ь. ц.

- Суратазе рекъон кколел куплетал рате.

- Гьал куплетазул маг1на  г1урус кициялдалъун абе.

- Воре дуца цогидасе,(97 гь.)

 Гьев реххизе гвед бухъуге,

Бухъаралъув мунго ккола,-

Кици гьедин бач1ун буго.

( Не рой другому яму, сам туда попадешь.)

- Гаргади г1арац батани ,

 г1инт1амун ч1ей месед буго.

(Разговор – серебро, молчание – золото.)

- Цадахъ ц1алулел классцоязе кинал куплетал ц1ализе бегьулел?

- Эпитетал ва метафора бате.

Коч1олаб  калам пасих1лъиялъе ва бицунеб жоялдехун авторасул бугеб бербалагьи загьирлъиялье х1алт1изарула гвангъарал сипатиял раг1аби – эпитетал.

- Х1алуцараб ццин, берзул маг1у, ч1анда ц1алк1изе, х1урудахъ ине,..

Метафора ккола т1атинч1еб дандекквей, цо предметалъе хасиятал г1аламатал цогиялде г1унт1изари.

- Гьуинал раг1аби, ц1ек1ал раг1аби, к1иг1аркьелаб мац1,…

7. Кицабазул байбихьи ц1лун ахир т1аде жубай.

Анкьц1ул борце,…. (цин къот1е.)

Бет1ер х1алт1ич1они, …. (х1ат1ал свакала.)

Гьари рекъараб, … (бикъи сурараб.)

Вач1инеги лъай, …(инеги лъай)

Мег1ер мег1ералде кколареб, …. (г1адан г1адамасде кколев.)

8 Дарсил х1асил гьаби.

- Лъимал, кин нужеда кколеб, щиб абизе бокьун бугеб авторасе гьаб коч1одалъун?

- Квешаб –лъик1алъул пикру гьабизе кколин.

- Лъик1алдаса мисал босизе кколин.

- Кин нужеда кколеб, щай асаралъе  «Г1умруялъул дарсал» абун ц1ар кьун бугеб?

- Абиялдаги кициялдаги гьоркьоб бат1алъи щиб бугеб?

Кици – ккола х1асилалде щвараб, гъваридаб маг1наялъул, къокъаб пасих1аб калам.

Аби – ккола х1асил гьабич1ого цебе рехараб бег1ераб пикру, маг1на гъваридаб гвангъараб сипат.

9.Ребусал.

10. Гимн «Дагъистан» (киназго цадахъ ах1ила)

11.Рокъобе х1алт1и.

-Жидеего бокьараб 3 куплет рек1ехъе лъазабизе.

- Лъабго кици тетрадазда хъвазе.

- Цоялъе сурат бахъизе.

 

 

                                                       Ленинкенталъул 35 гимназиялъул муг1алим

                                                       Х1айдарбегова Пат1имат Мух1амадовна.

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 


 

МКОУ «СОШ№5 имени героя России

МКОУ «СОШ№5 имени героя России

Авар адабият Тема: Ц1адаса Х1амзат «Г1умруялъул дарсал»

Авар адабият Тема: Ц1адаса Х1амзат «Г1умруялъул дарсал»

Васасда рак1 гурх1ун батила, гьес абураб багьаги кьун,

Васасда рак1 гурх1ун батила, гьес абураб багьаги кьун,

Нилъеца цереккун ц1аларал асаразе кинаб куплет- кици рекъон кколеб? а) «Хочбар» абураб коч1ое кинаб рекъон кколеб? -

Нилъеца цереккун ц1аларал асаразе кинаб куплет- кици рекъон кколеб? а) «Хочбар» абураб коч1ое кинаб рекъон кколеб? -

Гьал куплетазул маг1на г1урус кициялдалъун абе

Гьал куплетазул маг1на г1урус кициялдалъун абе

Кици – ккола х1асилалде щвараб, гъваридаб маг1наялъул, къокъаб пасих1аб калам

Кици – ккола х1асилалде щвараб, гъваридаб маг1наялъул, къокъаб пасих1аб калам
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
04.05.2021