Конспект урока
Оценка 5

Конспект урока

Оценка 5
Разработки уроков
docx
чтение
10 кл
11.05.2019
Конспект урока
Конспект открытого урока по родной литературе "Невеста горца". В данном произведении речь идет о Шуанет. Шуанет - эта Анна Ивановна попавшая в плен красавица из Моздока, дочь армянского купца, которая должна была выйти замуж за русского генерала. После пленения она приняла чужую для нее веру и стала красавица анна женой Шамиля - Шуанет.
невеста гроцев.docx
МКОУ « Хахитинская СОШ»                            Авар адабият   7 класс                                    Фазу Г1алиева                               « Маг1арулазул нус»  Авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим                                         Арсланбекова П.П. Дарсил тема: Фазу Г1алиева «Маг1арулазул нус». Дарсил мурад:   Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Фазу Г1алиевалъул г1умруялъул ва  творчествоялъул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби. Гьит1инаб халкъалъул тарихалъул к1одолъи лъималазда бихьизаби. Жакъасеб  г1ел бах1арчиял умумузул мустах1икъал ирсилал рук1иналдаса шаг1иралъул  ч1ух1и лъималазе рагьи.    Литературияв героясул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.  Маг1арул руччабазул  г1акъиллъи, к1одолъи ва бах1арчилъи поэмаялъулъ ах1ун бугеб куц бихьизаби. Литературияб тексталъул кьуч1алда Ват1ан хиралъиялъул асар лъималазулъ  ц1ик1к1инаби. Дагъистаналъул тарихалъе бит1араб къимат кьезе ругьун  гьарулаго, лъималазул г1акълу ц1убазаби. Поэмаялда шаг1иралъ гьарзаго х1алт1изарун ругел дандекквеял, эпитетал,  метафорал г1адал сипатиял раг1аби ратизе ругьун гьари.  Чвахун, бит1ун  ц1алиялъул бажари борхизаби. Такрар гьабила  адабияталъул теория: коч1ол къот1ел, шиг1руяб каламалъул  г1уц1и, адабияталъул сипатияб каламалъул баян. Алатал: Хъвадарухъаналъул сурат ва т1ахьал, Имам Шамилил ва гьесул  хъизаназул суратал, презентация.                                          Дарсил ин: Класс х1адур гьабила дарсиде. Церехун малъарал асарал рак1алде щвезаризе викторина х1ала ва цо­к1иго. Слайд №1 Викторина.  (Учителас ц1алула асаралъул бут1а, ц1алдохъабазда лъазе ккола  кинаб асаралдаса гьаб босараб) А)   «Хабар гьеч1ого, цо нухалъ гуржияс кагъат бач1анила. Лъималазул  хабадеги рахине, гьел рак1алде щвейги гьабизе, дагьаб мех жидехъги базе,  рач1аян ах1улел рук1анила гьес». Б)  Дунги мунго г1адаб квана­гьекъолеб,      Рух1 бугеб х1айванин, х1акъ батиларищ?      Г1исинаб т1елалъул т1анч1иги рачун,      Т1илгун гьардухъищха гьанже дун инеб? В)   Халкъалъ чурпадалъе гьан буссулелъул,       Гьодал ругоан дур гургинго рехун;       Киназго чайдалъе чакар балелъул,       Керен унтилилан тун буго дуца. Слайд №2 Учителас экраналда имама Шамилил х1акъалъулъ видеоролик бихьизабиялдаса  байбихьила дарс. Гьелдаса лъимала рачина  дарсил темаялде: лъималазда  учителас гьикъила  гьезул пикру кинаб нилъер тема жакъа бугебилан.  Ц1алдохъаби жалго рач1ине  ккола сундул х1акъалъул жакъасеб дарсида  бицине бугебали пикруялде. Учитель: Бит1араб буго, лъимал, жакъа нилъеца бицине буго имам Шамилил  х1акъалъулъ. Гьесул х1акъалъулъ г1емерал руго хъварал асарал, рахъун руго  т1ахьал, фильмал. Гьединабго цо асаралъул х1акъалъулъ бицина нилъеца  жакъасеб дарсида. Гьеб буго Фазу Г1алиевалъ хъвараб поэма «Маг1арулазул  нус».   Рач1а нилъеца т1оцебе   рак1алде щвезабила гьелъул г1умру ва творческияб  нух. Слайд №3 Халкъияй поэтесса, хъвадарухъан, жамг1ияй х1аракатч1ужу   Фазу Г1алиева  гьаюна 1932 соналъул 5 декабралда  Хунзахъ районалъул Гиничукь росулъ.  Гьелъул эмен г1олохъанчи вугеб мехалъго хвана, Фазул т1алаб гьабуна ва  тарбия кьун г1езаюна эбелалъ – Г1апица. Фазу гьит1инаб мехалдасаго рак1 г1анч1ай, г1умру ва г1адамал хирияй,  гьайбатлъиялъул г1аламатал жиндир чорхолъ рессарай яс йик1ана. Куч1дул  гьаризеги гьелъ Г1арани школалда ц1алулеб мехалдаго байбихьана. Школа лъуг1ун хадуса Фазу Г1алиева ц1ализе лъугьана Мах1ачхъалаялда бугеб руччабазул педагогияб институталде. Дагьаб мехалъ гьенийги  ц1алун, Фазу уна Москваялде, гьениб т1убала  г1умруялъул цо лъик1аб мурад – лъуг1изабула Максим Горькил ц1аралда бугеб  Литературияб институт. Фазуца зах1маталъулаб г1умруялде байбихьана жеги гьоркьохъею школа  лъуг1арабго1950­1954 соназда учительницалъун х1алт1ун. 1962 соналдаса 1971  соналде щвезег1ан х1алт1ана Дагъистаналъул Ц1алулгун педагогияб  издательствоялъул редакторлъун, 1971 соналдаса нахъе х1алт1улей йик1ана  «Маг1арулай» («Женщина Дагестана») журналалъул бет1ерай редакторлъун. Фазу Г1алиева ккола нусгоялдасаги ц1ик1к1ун поэзиялъулалги прозаялъулалги  асаразу автор ва  басмаялда бахъана   лъебергоялдаса ц1ик1к1ун т1ехь.  Нилъеда лъала Фазу Г1алиевалъ поэмаби ва къисаби «Ч1агоял къисаби»,  «Анц1ила микьабилеб их», «Эбел», «Ц1умал муг1руздасан роржуна», «Гьа»,  «Къисмат», «Ракьул г1ерекъ гьороца унаро», «Хъах1илаб ц1ад», харбазул т1ехь «К1иго микьир». Улкаялъул ва Дагъистаналъул адабият цебет1езабиялъулъ, бечед гьабиялъулъ бихьизабураб ва жамг1ияб х1аракатчилъиялъе г1оло гьелъие кьунаСоветияб  ракълил фондалъул медаль, Рекъел ц1униялъул Советияб комитеталъул ва  Т1олгодунялалъул ракьал ц1униялъул  комитеталъул Юбилеялъулал медалал,  къват1исеб чанго пачалихъалъул х1урматалъулал шапакъатал; к1иго  «Х1урматалъул г1аламат» орден, Халкъалъул гьудуллъиялъул к1иго орден,  улкаялъул бищунго т1адег1анаб Святой апостол Андрей Певозданиясул орден  (2002с). Бищун т1адег1анаб щапакъатлъун Фазу Г1алиевалъ рик1к1уна «Россиялъул  ч1ух1и» орден.   «Т1олабго г1умруялъ дие ч1ух1илъун бук1ана Россия, гьанже  гьелъ дун рик1к1уней йиго жиндирго ч1ух1илъун. Гьелъие рит1ухъайлъун  йик1ине жигар бахъила дица», ­ ян абула Фазуца. Ц1иял раг1аби: тарих,  щакъи, чаран, шавкъ, къасд, чукъби, апараглъи. Поэма ц1али. Учителас, мисалияб ц1али бихьизабун, байбихьила поэмаялъул 1  бут1а ц1ализе, хадуб ц1алдохъаби т1амила ц1ализе.  Ц1али лъуг1ун хадуб,  дагьаб заманалъ тела лъимал ц1аларалъул пикру гьабизе. Слайд№4    «Шамил» фильмалдаса цо бут1а   Поэмаялъул ц1алараб бут1аялъул  г1адатаб анализ гьабун, аслиял  героязул образал рагьила.  Учитель:  Фазу Г1алиевалъул щибаб т1ехь, щибаб асар  – гьеб ккола  рек1ел цо кесек, г1умруялъул х1акъалъулъ гьарурал пикраби, анищал ва  хьулал рехсарал сипат­суратал, образал. Гьединабго буго  «Маг1арулазул  нус» абураб поэмаги. Рач1а, лъимал, балагьила кинал образал рагьун  ругел гьаб поэмаялъулъ.     ­  «Маг1арулазул нус» абураб поэмаялъул кинаб аслияб тема бугеб? ­  Ах1улгох1алъул х1акъакъалъулъ щиб нужеда лъалеб? ­  Поэмаялъул байбихьуда кинаб сипат ­ сурат гьабун бугеб  Ах1улгох1алъе? (лъималаз жабаб ц1алула поэмаялъул тексталдаса)             Ц1алдохъан:            Т1ад яхъун ч1ун йиго дун                                                        Гьаний Ах1ул гох1алда….                 Учитель:  Ах1ул гох1алъул тарих,                                  Тарих хъван тарал ц1умал,                                  Дагъистаналъул имам,                                  Муг1рул улка ц1унарав.             ­  Кинав имамасул х1акъалъулъ хъвалеб бугеб гьаниб поэтессаялъ? ­  Щиб нужеда лъалеб Имам Шамилил х1акъалъулъ? ­  Кив вукъун вугев, лъимал, имам Шамиль? ­  Щибилан хъвалеб бугеб Фазу Г1алиевалъ гьелъул х1акъалъалъ?  Ц1алдохъан:            Дагъистаналъул имам,  Маг1арухъ хоб батич1ев,  Бихъун т1ад мусруги бан,  Маг1арулаз вукъич1ев….  Учитель:     Дуда  хьолбохъ  ч1ун дида                        Ч1ужуг1адан йихьула. ­ Лъимал, кинай ч1ужу г1аданалъул х1акъалъулъ бицунеб бугеб  поэтессаялъ гьаниб?  Дой йиго эрменияй,  Аннайилан ц1ар лъурай,  Дой йиго маг1арул нус,  Щуг1айнатлъун лъугьарай…. Слайд№5 Учитель: ­  Гьелда аск1орго нилъеда рихьулел руго маг1арул ясазул образал. Маг1арул  ясазул х1акъалъулъ кинаб пикру бугеб Фазу Г1алиевалъул? Ц1алдохъан:   Муг1рул гучал руччаби, Муг1рул ц1ар арал ясал, Маг1арул тарихалда Меседил мухъал хъварал… Учитель: ­ Кин нужеда рак1алде кколеб лъимал, щай авторалъ абулеб бугеб:                                           Жидер ц1арал к1очарал,                               Жидер хобал т1аг1арал? ­ Гьел руччабазул образазда аск1об нилъеда бихьулеб буго жийго Фазу  Г1алиевалъул образги.   Гьале, нужер наслудал                                  Яс, дун к1алъалей йиго… ­ Гьел муг1рул гучал руччабазде дандеккун жийго кинай йигин хъвалеб бугеб  поэтессаялъ? Нуж кьураби г1адинал Кьварарал гучал руго, Дун аск1обе бортараб Гьит1инаб ч1имих йиго.  Рокъобе х1алт1и: Ф.Г1алиевалъул г1умруялъул ва творчествоялъул  х1акъалъулъ лъазе,  поэмаялъул 2 бут1а ц1ализе,  ц1алдохъабазул цо  къокъаялда т1адкъала 3 бут1аялдасан цо гьит1инабго церерахъин  х1адуризе.

Конспект урока

Конспект урока

Конспект урока

Конспект урока

Конспект урока

Конспект урока

Конспект урока

Конспект урока

Конспект урока

Конспект урока

Конспект урока

Конспект урока

Конспект урока

Конспект урока
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
11.05.2019