Открытый урок по аварскому языку "Любить Родину -хранить ее" 5 кл
Оценка 4.7

Открытый урок по аварскому языку "Любить Родину -хранить ее" 5 кл

Оценка 4.7
rtf
13.04.2024
Открытый урок по аварскому  языку "Любить Родину -хранить ее" 5 кл
2.Любить родину -хранить ее.rtf

Сош 26"ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго.

ТIерхьарал цIвабзазул цIар кIочонаро"

 

       Тема "ВатIан цIуни - гьеб бокьи"

Дарсил мурад:

а) "ВатIаналде рокьи дагьабги цIикIкIинаби"

б) Совет халкъалъул биун тIураб гьудуллъи вацлъи

в) ВатIан хириясул хвел букIунаро

 

Дарсил ин:

1) Оргмамент

2) Рокъоб кьураб хIалтIул " Шамилил суд" хал гьаби

      а) Мунги АхIмадил автобиография

      б) кечI рекIехъе бицине тIамила

      в) гьелда тIаса суалал

1. Чабхъад арав рагъул цевехъан кинаб хIасилгун тIад вуссарав?

2. КочIолъ кинал церехъабазул бицунеб бугеб

3. Имамас гьабураб буюрухъ кинаб букIараб

 

- Лъимал жакъа дие бокьун буго нильер темаялда тIаса дагьаб гари-чIвари гьабизе.

Гьаб тема гьадинго босараб гуро. 9 январалда Гъизляралда тIобитIана ,, Траурный митинг".

18 сон тIубана Радуевасул гъачагъал тIаде кIанцаралдаса 9 январалда 1996  къаси сардилъ чи кьижараб гIужалда Радуевасул гъачагъаз гьужум гьабуна. Гьизляралда тIад тирун ккуна больница тIубараб суткаялъ.

Гьенив хвана 51 чи, 174 чи лъукъана асирилъуда, рукIана 2161 чи.  18 го сон аниги нилъеда гьеб кIочон тезе гьечIо ва тезе бегьуларо. Гьеб кIочон телалде 31 марта 2009 соналъ нахъеги  гьабуна гьужум гъачагъаз. Гъизляралда 2 къвагьи гьабуна 1 школалда аскIоб, гьеб кьвагьиялъух хIасилалалда хвана 10 чи, чамилаго анцI-анцI чи лъукъана.

- Жакъа дие бокьун буго ВатIан цIуни - гьеб бокьиллда хурхараб темаби ракIалде щвезаризе. Нилъеца арал классазда малъарал темаби Масала: Ражаб Дин-МухIамадовас хъвараб къиса "Хиянатчи"

1 - Кинал темабиха лъимал авторас гьенир рорхун ругел.

-а) ВатIан бокьизе ва гьеб цIунизе ккей

-б) ВатIаналъе хилиплъи

2 – Лъимал нужеда кин бичIчIулеб ВатIан абураб рагIул магIна

- ВатIан кола нилъ рижараб,  гIураб, жаниб гIумру гьабулеб росу, ракь.

3 – Кинал кицаби нужеда лъалел ВатIаналде хурхарал.

а) КъватIиб щолеб гIарцудаса, рокъоб щолеб пахьго лъикI

б) ВатIан гьечIев чи – чед гьечIеб таргьа

в) ВатIан тун арасе – талихI кьоларо

г) ХIанчIие бусенги ВатIан – къоркъое хIорги ВатIан

д) ВатIан хириясе – хвел букIунаро

4 – Лъимал лъида абулеб хиянатчиян, гьанив щив вугев хиянатчи?

- Хиянатчи вуго ВатIаналъе хилиплъарав хIалихьатав чи. Гьаб асаралъулъ гьединав вуго МухIамад.

5 - Кинавлъунха авторас гьев вихьизавун бугев?

- МухIамад вукIана хIалихьатав, божизе бегьуларев хиянатчи.

6 – РачIаха лъимал МухIамадилги гьесул вац ГIалибегилги образал данде кквезе.

          ГIалибегил эбел-инсухъе бачIараб кагъат цIалила.

                                   Хириял эбел-эмен!

7 - Кинавха нужее вокьилев ? Щай?

      – ГIалибег вакьила , щай гурелъул гьев вукIана хIинкъи гьечIев кьварарав яхI-намус  бугев божилъи гьабизе бегьулев гIолохъанчи.                                                                               8 - Ахир кинаб кколеб?

          - Абурай ясалъ МухIамад чIвала

Хочбарги, Шамилги, МахIачги гIадал бахIарзаз кьураб  ракьалъ хиянатлъи хьехьолароян авторас абулел рагIабазул магIна щиб?

           – МухIамад жиндирго абуралъ чIвала. Хиянатчиясе ракьалда дунялалда бакI гьечIо абураб магIна буго гьелъул            

9 - Лъимал, киналха нужеда лъалел цоги рагъда хурхарал асарал?       

    - Расул хIамзатовасул «Россиялъул солдатал»                                                 

10 - Кинха гьел солдатал хварал? Данде ккве МухIамадзагьид Абдулманаповги МухIамадги.        

- МухIамадзагьид вукIана бахIарчи, МухIамад вукIана хIалихьат.        

11 - Лъимал кинал кицаби нужеда лъалел бахIарчилъиялда хурхарал?                  

а) БахIарчи кьалда хола, хIалихьат боснов хола.                   

б) БахIарчи цин хола, хIалихьат нусцIул хола.                       

в) БахIарчияс кьо хIехьола, хIалихьатас мугъ рехула.

12 - МухIамадзагьир ГIабдулманаповас абурал гьал рагIабазул магIна щиб бугеб?

«Дун гIурусав вуго, советчи вуго

Гьал чIварал гIадамал дир вацал руго»      

   Фашистазул офицерас Мун гIурусав гуро, нижгун рекъаян абидал бихьинчияв магIарул вас МухIамадзагьир ГIабдулманаповас абун буго «Дунги гIурусав вуго, ниж цохIо эбел-ВатIаналъул лъимал руго» - ян жаваб гьабуна.

ГIицIго унго-унгоял бахIарзаз, советияб

ВатIаналъул патриотаз гурони абизе рес букIинчIo гьедин

- Монтаж 90 сон тIубала М-З ГIабдулманаповас

13 - 1. «МухIамадзагьир ГIабдулманаповасде.»

2. «Нилъ чIухIарав бахIарчи.»

3. «Дур бахIарчилъиялъун хвел букIунаро»

4. «ГIахьвахь районалъул БахIирчияв вас.»

5. «Мун-нижее рохел.»

14 - Лъимал жакъа дие бокьун буго МухIамадзагьид гIадал васазул бицине. «Жакъасеб къоялъул къваридаб сарин» 1990 соналъ ЦIумада Ботлих ккарал рагъазулъ гIахьаллъарал ва бахIарчиго хварал васазул бицине.

Гьединаздасан ккола.

1.  Сабигулаев   Сулейман (36 сон) 1999с.     3 августалда хвана

2.  ХIусенов    Закарья (35 сон)

3.  МухIамад    Берцинаев (тумав 39 сон)

4. ХIажимурад      (17 сон)

5. ГъотIода   къвалги   бан, балагьун чIун йиго эбел.

                     Алжан насиблъун батаги гьезие

15 - Хириял лъимал ва тIаде рачIал!

ЦIакъ бокьилаан нилъирго ракьцоял. ВатIан цIунулаго хварал гIолохъабазул къимат гьабун цо минуталъ сихI-къотIун чIани

16 - Сценка      «Пионерасул хоб»

КIодо

Солдат

Пионер

                          КечI «Къункъраби»

17 - КечI   «Воре  ВатIаналъе  хилиплъуге  нуж»

18 - Лъимал, жакъа нилъеца бицараб щинаб жоялдаса кинаб хIасил нужеца гьабураб?

- ВатIан бокьизе ккола, цIунизе ккола, ккараб къо борхизе ккола, расги хIинкъичIого.

- БитIун буго.

19 -  Дарс лъугIизабизе бокьун буго дие гьадинал рагIабаздалъун.

Воре, ВатIаналъе хилиплъуге нуж.

ВатIан нилъер ракьин, нилъер эбелин.

 ВатIан бичараца эбел йичулин.

Эбел йичарасул чилъи тIагIунин.

20 - Кире щваниги, дир хириял, лъимал, ракIалда букIа нуж магIарулал рукIин, магIарул яхI-намус  рехун тоге, гIаданлъиги чилъиги хвезе тоге. Гьеб буго нужер бищун кIудияб бечелъи.

21 - Къиматал лъей.

22 - Рокъобе хIалтIи-сочинение «Рагъул бахIарзал»

23 - Къо-мех  лъикI!

 

Сош 26 " ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго

Сош 26 " ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго

Гьаб тема гьадинго босараб гуро

Гьаб тема гьадинго босараб гуро

ХIанчIие бусенги ВатIан – къоркъое хIорги

ХIанчIие бусенги ВатIан – къоркъое хIорги

Кинха гьел солдатал хварал? Данде ккве

Кинха гьел солдатал хварал? Данде ккве

Мун-нижее рохел. » 14 - Лъимал жакъа дие бокьун буго

Мун-нижее рохел. » 14 - Лъимал жакъа дие бокьун буго

ВатIан бокьизе ккола, ц I унизе ккола, ккараб къо борхизе ккола, расги хIинкъич

ВатIан бокьизе ккола, ц I унизе ккола, ккараб къо борхизе ккола, расги хIинкъич
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
13.04.2024