Дарсил мурад:
Жакъасеб нилъер дарсил
Мурад гьадинаб буго:
Малъараб г1ат1ид гьаби,
Ц1ияб лъай баян гьаби.
Глагол такрар гьабила,
Г1аламатал рицина,
Гьелги гьоркьор ккезарун,
Цо-цо харбал г1уц1ила.
Бит1унхъвай цебет1езе
Хъвавулъ гъалат1 дагьлъизе
Ц1ияб лъай кверде босун,
Хъвазе т1алаб гьабила.
Калам пасих1 гьабизе
Цо-к1иго кеч1 ц1алила.
Коч1ол маг1на бич1ч1изе
К1вар кьун, гьелде ургъила.
Г1акълу бег1ер гьабизе
Гъварилъи-лъай ц1ик1к1ине
Умумуз нилъей тарал
Кицабазул бицина.
К1икъот1изе, тира-сверизе, векерана, х1алт1изе лъугьана, рак1къазе, велъизе, адаб-х1урмат гьабуна, вала-гъалагьизе
Лингвистикияб разминка
Предложениялъул синтаксисияб разбор гьабе:
Жакъа нижеца гьабулеб буго рагьараб дарс
Глаголалъул наклонениял-суффиксазул таблица
Инфинитив | Буюриялъул | Гьукъиялъул | Гьариялъул | Гьесизария-лъул |
бахъизе | бахъе | бахъуге | бахъаги | бахъизин |
Глаголалъул наклонениял-суффиксазул таблица
Инфинитив | Т1алабияб наклонение | Шарт1ияб наклонение - ни,-ани | Суалияб наклонение |
бахъизе | бахъе, | бахъани | бахъизейищ |
Глаголалъул наклонениял
Ургъун раг1и ……,
борцун гали …….
Бицине нечараб……,
Гьикъизе намусаб…….
Анкьц1ул …,
цинц1ул …
ургъуге
т1аме
бице
борце
гьабуге
къот1е
Глагол
Предметалъ гьабураб иш яги гьелъул ах1вал-х1ал
Щиб гьабураб, щиб х1алалда бугеб
Заман,
цолъул,г1емерлъул форма,
жинс
Буголъи-гьеч1олъиялъул,
форма
СКАЗУЕМОЕ
Переходность,
непереходность
Г1адатаб, жубараб, составияб
Инфинитив –байбихьул форма
Литературияб минутка Араб заманалъул глаголал бач1унеб заманалде сверизарун, кеч1 ц1але:
Их.
Муг1рулги г1урччинлъана,
Г1урабиги ц1илъана,
Г1умру баркун х1анч1аца
Х1еренаб кеч1 ах1ана.
Ж.Мух1амадова. «Лаченалдаса»
(Глаголал рате, наклонение баян гьабе)
Г1елму камилаб ккве, квелъ щулияб ккве,
Кинго камуларин коцокъил чучлъи.
Чанги х1ал бихьарав хьибил цун ваче,
Хьопода кьурарас кьолеб щулалъи.
Т1аг1амаб жо кванай, квешаб гьекъоге,
Кеп гьеч1они,дунял, дурги ц1амг1аллъи.
И.Г1алих1ажияв
Хъощгелди, ц1ияб сон, баче цо рат1а,
Баркатгун, рах1матгун бач1ун батаги.
Буртинаги бахъун,биче гьоболлъи,
Бечедаб г1умругун рещт1ун батаги.
Биун месед т1ураб Ват1ан ц1унизе
Т1улил вацал араз ах1изин цо кеч1.
Т1огьол квац1иг1адаб г1урхъи ц1унизе,
Г1ищкъуялъ ц1аразе ц1ализин цо речь.
Ц1.Х1амзат
Раг1абигун х1ай |
Абизе -баизе
Багьизе-гьабизе
Кьеризе-рекьизе
Т1иризе-рит1изе
К1усизе- сук1изе
Ратизе -таризе
Ч1арана- рач1ана
Бугьана- гьабуна
Гьаризе- рагьизе
Маг1наялде ва аллитерациялде балагьун,х1ччазул бак1алда х1ажатал мухъал лъе:Х1алихьатав г1ел ккани, Чиги т1аса вищуге/_________________Тохав вехьасул рехъен Г1адлу бажаруларо/_________________Г1и ц1унун, бац1ал тани, Боц1и тала гьабулин/__________________ Хъурмица ч1ван батулаВоре, бечедав абун,/__________________
Глаголалъул морфологияб разбор |
Материалы на данной страницы взяты из открытых источников либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.