Урок аварского языка на тему " Словообразование" 6 кл
Оценка 5

Урок аварского языка на тему " Словообразование" 6 кл

Оценка 5
docx
13.04.2024
Урок аварского  языка на тему " Словообразование" 6 кл
6.СЛОВООБРАЗОВАНИЕ 6 КЛАСС+.docx

Сош 26 Родной язык 6 класс.

Тема: Раг1и лъугьин.

Дарсил мурад:  Цересел дарсазда малъараб такрар гьаби. Морфологияб къагIидаялъ цIиял рагIаби лъугьин такрар гьаби: а) суффиксаздалъун; б) кIиго рагIи яги кIиго кьибил жубаялдалъун.

РагIул флексиялдалъун, ударениялъ бакI хисиялдалъун, цо каламалъул бутIаялъул рагIаби цогиялде свериялдалъун цIиял рагIаби лъугьиналъул хIакъалъулъ авалияб бичIчIи.

Журарал рагIабазул битIунхъвай цебет1езаби.

 БатIи-батIиял суффиксаздалъун цIиял рагIаби лъугьина­ризе ругьун гьари.

Раг1ул г1уц1иялъул разбор гьаби щула гьаби. Кицабазул кьуч1алда ц1алдохъабазул ц1акълу бег1ери.

Алатал: карточкаби, т1ахьал, тетрадал.

Дарсил ин:

1.           Класс х1адур гьабила дарсиде.

2.           Раг1икъот1:

 

 

1

 

 

 

 

4

 

 

2

 

 

 

 

 

 

 

 

3

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Г1ЕБЕДЕХУН:

1.      ПРЕДЛОЖЕНИЯЛЪУЛЪ МАГ1НАЯЛЪУЛ РАХЪАЛЪ РАГ1АБИ ЦОЦАЛЪ РЕКЪЕЗЕ, РАГ1УЛ АСЛУЯЛДЕ Т1АДЕ ЖУБАЛЕБ ХИСАРУЛЕБ БУТ1А ККОЛЛА …….. (АХИР)

2.      АХИР НАХЪЕ РЕХУН ХУТ1УЛЕБ РАГ1УЛ БУТ1А ККОЛА ….  (АСЛУ)

3.      ЦО КАЛИМАЛДАСА ЛЪУГЬАРАЛ РАГ1АБАЗУЛ Г1АММАБ БУТ1А ККОЛА… (КЬИБИЛ).

 

Г1ОДОБЕХУН:

4.      КЬИБИЛАЛДА Т1АДЕГИ ЖУБАН, Ц1ИЯЛ РАГ1АБИ ЛЪУГЬИНАБУЛЕБ ЯГИ РАГ1УЛ ФОРМА ХИСИЗАБУЛЕБ БУТ1А ККОЛА… (СУФФИКС)

 

3.           Берзул диктант: (учителас суратал рихьула, ц1алдохъабаз раг1аби хъвала) квердаххел, ц1ороберал, баг1аргьоло, квербац1ц1, ц1адалх1ама, г1ужрукъ, бакъдебусс, гъалбац1.

4.           Учитель:  раг1абазул бит1унхъваялде к1вар кьезе кколел бак1ал кинал ругел гьанир? (к1ирекъарал х1арпал). Х1алч1ахъаги.

- Лъицаха бицинеб дида кин лъугьун ругел гьал раг1аби? (к1иго раг1и жубан).

Учителас баян гьабила лъималазул жаваб:

 1) К1иго раг1и яги к1иго кьибил жубан лъугьуна ц1иял раг1аби:

Нахъа + рукъ = нахъарукъ,

Гьаки(л) + бер = гьакибер,

Гъуд + г1уч1 = гъуд-г1уч1,

5.           Раг1ул г1уц1иялъул разбор: (лъабго ц1алдохъан вахъинавула доскаялде гьаб х1алт1и гьабизе) бакъдебусс, баг1аргьоло, квербац1ц1.

6.           Синтаксисияб разбор (цо ц1алдохъанас доскаялдеги вахъун гьабила).

Жакъа ахихъанас ах лъалъана.

- Ниужеда гьаб предложениялда кьибил цоял раг1аби ратанищ, лъимал? (ах, ахихъан)

- Ахихъан абураб раг1и кинха лъугьун бугеб? (суффикс т1аде жубан).

7.           Учителас баян гьабила:

Авар мац1алда г1емерисел ц1иял раг1аби лъугьуна морфологияб къаг1идаялъ:

2) суффиксазул кумекалдалъун:

- хъан – х1алт1ухъан, векьарухъан,

- лъи-  гьудуллъи, вацлъи,

-ро-  хъухъадиро, гьанк1еро,

- къ- ресукъ, кваникъ,

- ч-  гороч, михъич,

- к1о - ясик1о.

8.     Кицаби. (т1анк1азул бак1алда раг1аби лъезе ва кин гьел лъугьун ругелали баян гьабизе)

…………………     цIезе бегьулебила таргьа.

ХIалтIи гьечIони   ……..     гьечIо, лъикIлъи гьечIони   …….. гьечIо.

ГIаданлъиялъулги,   лъик1лъи, дунял.

 

9.     Х1ухьбахъиялъул лах1затал.

10. Беццула:

Ансадерил гени, гендерил цIибил,

БуцIулдерил гьоцIо, гьоцIдерил ясал.

 

Ансал - _________,  буцIул - _________,

генал - __________, балъхъал - ________,

бежт1ал - _________, маг1лал - _________.

 

3) Бак1алъул г1адамал рихьизарулаго, раг1ул кьолболъ хиси ккеялдалъун:

Унсоколо – ансал,

Болъихъ – балъхъал,

Гьолокь – гьакьал.

 

11.  Литературияб минутка.

- Гьал хъвадарухъаби ва поэтал кинаб росулъа кколел?

- Гьеб росдал г1адамазде кин абулеб нилъеца?

- Дица ц1алулел коч1ол мухъазулъ рате гьединал раг1аби:

Цоцаца ч1валел ругел

Ч1андал рат1а гьаризе,

«Рахъа» - ян гьаракь гьабун,

 Байикьги тун вортана.

 

Хундерилъ бук1араб тушманлъиялъул

Тарих ц1и гьабуна ц1игьулдерица.

 

12.                          Гьал коч1ол мухъал пасих1го ц1але.

Ццин бахъарав вохич1о,

Херлъарасе т1ок1лъич1о,

Ч1алг1ине гьабурасе

Гьудул – гьалмагъ ватич1о.

 

4) Цо каламалъул бут1а цогиялъул бак1алда х1алт1изабиялъги раг1уе ц1ияб маг1на кьола:

Херав чи – херав – херас,

Ц1одорай яс – ц1одорай - ц1одоралъ,

Лъабго вас – лъабгояв.

 

13.   Пасих1го ц1ализе:

Раг1и г1емер гьабизе

Гьалмагъас раг1и кьуна:

Раг1и г1емераб буго,

Раг1иги рит1ухълъана.

 

Гьаб заманалъул кьог1лъи –

Кьалал г1емерлъи буго.

Кьалал чуязда лъезе

Лъалев чи дагьлъун вуго.

Учителас баян гьабила: 5. Ударение хисиялдалъун ц1ияб маг1наялъул раг1и лъугьин.

 

14.       Дарсил х1асил:

- Кин лъугьунел авар мац1алда раг1аби?

- К1иго кьибил жубан лъугьараб раг1ул мисал баче?

- Кинал суффиксал ругел бищун г1емер х1алт1изарулел?

 

15.               Нилъеца дарсида бицаралъул х1асил гьабизе цо гьит1инабго къец гьабила: Класс бикьулеб буго 4 къокъаялде. Щибаб къокъаялъе кьолеб буго т1адкъай: 1-себ: суффиксазул кумекалдалъун лъугьарал раг1аби ратизе, 2-леб: к1иго раг1и жубан лъугьарал раг1аби ратизе, 3- бак1алъул г1адамазул ц1арал абулаго лъугьарал раг1аби ратизе, 4-леб: цо каламалъул бут1а цогиялъул бак1алда х1алт1изабун лъугьарал раг1аби ратизе.

1-себ: хурухъан чанахъан гьабигьан вацг1ал яцг1ал ц1одорлъиялъ бег1укъ чилъиялъул

2-леб: хоноборохь анкьк1ач богорукъ нахърател цебебигъ къоркъот1амах ункъбок1онаб лъабт1алаяб

 3-леб: ансал буц1улдерил къех1 ц1едех1дерил г1ещт1ерица гьерек1дерие гендерил г1аркьхъал

4-леб: вакъарав къурав лъабгояв щуабилес бах1арав ц1одорай г1акъилай к1ух1алай

 

16.       Рокъобе х1алт1и кьела: нилъеца рицарал къаг1идабаз лъугьарал раг1абиги гъорлъ ругел кицаби яги коч1ол мухъал хъвазе.

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 


 

Сош 26 Родной язык 6 класс. Тема:

Сош 26 Родной язык 6 класс. Тема:

Раг1ул г1уц1иялъул разбор: (лъабго ц1алдохъан вахъинавула доскаялде гьаб х1алт1и гьабизе) бакъдебусс, баг1аргьоло, квербац1ц1

Раг1ул г1уц1иялъул разбор: (лъабго ц1алдохъан вахъинавула доскаялде гьаб х1алт1и гьабизе) бакъдебусс, баг1аргьоло, квербац1ц1

Рахъа» - ян гьаракь гьабун,

Рахъа» - ян гьаракь гьабун,

Рокъобе х1алт1и кьела: нилъеца рицарал къаг1идабаз лъугьарал раг1абиги гъорлъ ругел кицаби яги коч1ол мухъал хъвазе

Рокъобе х1алт1и кьела: нилъеца рицарал къаг1идабаз лъугьарал раг1абиги гъорлъ ругел кицаби яги коч1ол мухъал хъвазе
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
13.04.2024