МКОУ «Хасавюртовский многопрофильный лицей имени А.Абукова» г.Хасавюрт,Республика Дагестан
Открытый урок
Тема: «Рик1к1ен (такрар гьаби)».
Подготовила учительница
родного языка и литературы
Рашидова Азра Ахмедовна
Хасавюрт 2019 г.
Авар мац1.
Тема: Рик1к1ен (такрар гьаби).
Дарсил мурад:
1. Рик1к1ен такрар гьаби.
2. Каламалъулъ рик1к1енал бит1ун х1алт1изаризе ц1алдохъаби ругьун гьари.
3. Г1агараб ракьалде, Мах1ачхъала шагьаралде рокьи ц1ик1к1инаби, гьелъул тарих лъазаби.
Алатал: таблица «Рик1к1еналъул разрядал», ИКТ, Мах1ачхъала шагьаралъул карта- схема.
Дарсил ин.
1.Дарсиде х1адурлъи.
- Доскаялда хъвай- хъваг1ай гьаби, цогидаб алат х1адури.
-Коч1одалъун салам кьела.
Авар мац1
(Расул Х1амзатов)
Ассаламу г1алайкум,
Аваразул миллат-мац1,
Адаб кьоч!ое лъураб,
Ахир рокьуе гьеч1еб;
Аххан кини к1ик1арал
Албаназул наслаби,
Агьан куч1дул ах1арал
Азиялъул бах1арзал.
Ассаламу г1алайкум,
Аваданаб авархалкъ,
Африкаялъул х1анч1аз
Август т1амулел т1охал;
Ахада, гъварилъуда
Анц1-анц1 хъудулел лъарал,
Айгъир квач1иде ч1арал
Ах1улгох1алъул т1огьал.
Ассаламу г1алайкум,
Аваразул лебаллъи,-
Амузгиязул хвалчен
Ахбердиласул рачлихъ.
Армяназул пашманлъи
Арарат мег1ер буго.
Аваразул пашманлъи-
Авар мац1 лъач1ел лъимал.
Муг1алим.
- Ассаламуг1алайкум хириял нижер гьалбал,
Г1агараб мац1 бокьулел , лъик1 щварал нуж нижехъе.
-Лъимал, нилъеда лъала исана (2017с.) к1удияб х1адурлъигун т1орит1улел руго Мах1ачхъала шагьаралъ 160 сон т1убаялда ран гьарулел данделъаби, байрамал ва цогидалги тадбирал. Гьезул цояблъун рик1к1ине бегьула жакъасеб нилъер дарсги.
Сверухъ лъугьунебщиналъ, раг1арабщиналъ, щивасе гьабула бат1и- бат1ияб асар. Шагьаралъул байрамалъ дие гьабураб асаралъ хъвана гьал коч1ол раг1абиги. Гьал рик1к1ине бегьула жакъасеб нилъер дарсил эпиграфлъунги.
Мах1ачхъала
Таргъу мег1ералъул г1одоблъиялда
Каспи ралъадалъул раг1аллъиалда
Г1ун бач1унеб буго Мах1ачил хъала
Т1оцебе жиндие Петрас кьуч1 лъураб.
Г1асругин бащадаб дуца баниги
Мун ц1илъулеб буго щибаб саг1аталъ.
Бах1арчиял васаз нухмалъи гьабун
Гьайбатлъулеб буго минутал рик1к1ун.
Дуда байрам баркун гьарулеб буго
Хадубги берцинлъи, ц1илъи, к1одолъи.
Бах1арзал г1емерлъун г1алам бохаги
Талих1аб г1умру кьун щивав ч1ух1аги. (дирго раг1аби)
2. Дарсил тема ва мурад баян гьабила.
- Жакъа дарсида нилъеца такрар гьаризе руго «рик1к1ен» абураб каламалъул бут1аялда хурхарал темаби.
Дарсил мурадги буго рик1к1ен такрар гьаби, каламалъулъ рик1к1енал бит1ун х1алт1изаризе ц1алдохъаби ругьун гьари, г1агараб ракьалде, Мах1ачхъала шагьаралде рокьи ц1ик1к1инаби, гьелъул тарих лъазаби.
4. Такрар гьаби.
- Щиб кколеб рик1к1ен?
- Г1уц1иялде балагьун кина- кинал рук1унел рик1к1енал?
- Г1адатиял, журарал, составиял.
- Кинал разрядазде рикьулел рик1к1енал?
- Къадаралъул ( цо, к1иго…)
- Цадахълъиялъул (цо- цо, к1и- к1и, …)
- Т1олголъиялъул, (к1иявго, лъабавго, …)
- Г1агашагарлъиялъул ( к1иго – лъабго, ич1го – анц1го, …)
- Бут1абазул (2/3- лъабго бут1а гьабун к1иго бут1а …)
- Иргадул ( к1иабилеб, лъабабилеб, …)
4. Т1асабищул диктант.
Рик1к1еназул разрядазда т1асан нилъеца гьабила т1асабищул диктант.
Хъвай къо – моц1, тема. Гьаб текст ц1але, иргадул рик1к1еналги гьезда хурхарал раг1абиги рат1а росун хъвай.
Текст №1
Исана Мах1ачхъала шагьаралъ бала 160 сон. Гьелъул тарих байбихьула 18 (анц1ила микьабилеб) г1асруялдасан. 1722 соналъул 12 августалда Петр1 лъалхъана Таргъуялъул шамхал Адильгерейил хъалаялда аск1ов. 1857 соналъул октябрь моц1алда гьеб бак1алда бана шагьаралъе кьуч1 лъураб хъала. Ц1арги кьун бук1ана Порт – Петровск абун. Граждан рагъул соназдаса хадуб 1921 соналъул 14абилеб маялда ц1ар раг1арав революционер Мах1ач Дахадаевасул х1урматалда шагьаралда ц1ар хисана «Мах1ачхъала» абун, ва гьеб рик1к1ана Дагъистаналъул тахшагьарлъун.
- 18 (анц1ила микьабилеб) г1асруялдасан,
- 1722 соналъул,
- 12 августалда,
- 1857 соналъул
- 1921 соналъул,
- 14абилеб маялда.
- Нужеца хъварал рик1к1еназул г1уц1и кинаб бугеб? (составиял)
- Составиял рик1к1еназул бит1унхъвай рак1алде щвезабе. (Щибаб тарих бат1аго хъвала)
5. Рик1к1енал падежазде свери.
-Маг1арул мац1алда рик1к1ен кин падежазде сверулеб?
Текст №2.
1904 соналъул хъвай-хъваг1аязда рекъон шагьаралда гьеб соналъ бук1ана 16 къват1, 172 керосиналъул фонарь. Шагьаралда электричество бачиналъул проект г1уц1ун бук1ана 1903 соналъ.
172 керосиналъул фонарь – абураб раг1абазул г1уц1и падежазде сверизабе.(бицун)
- Г1урус мац1алда сверулеб къаг1идагун данде ккве.
Им.п. 172 керосиновых фонаря
Род.п. ста семидесяти двух керосиновых фонарей ва гь.ц.
Ас.п. 172 керосиналъул фонарь.
Акт.п. 172 керосиналъул фонаралъ.
Хас.п. 172 керосиналъул фонаралъул.
Кьов. п. 172 керосиналъул фонаралъе.
Баян: предметияб ц1ар гурони хисулеб гьеч1о.
5. Пасих1го ц1али. «Бищунго лъик1ав диктор» - х1ай.
Шагьаралъул ц1алдохъабазе бищун зах1мат бук1уна каламалъулъ рик1к1енал бит1ун х1алт1изаризе. Нилъее ц1акъ бокьула бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ к1алъалев чи раг1изе, гьесухъ г1енеккизе. Гьедин к1алъазе ккола дикторги. Гьаб х1аялда нилъеда лъала дикторлъун щив вачине бегьулевали.
(2 ц1алдохъанас ц1алила текст)
«К1алъалеб буго Мах1ачхъала! Т1егьалеб ва г1ун бач1унеб буго нилъер тахшагьар. Гьанже Мах1ачхъалаялда руго 80ялдасаги ц1ик1к1ун къват1ал ва майдаби. Гьел къват1ал берцин гьарун руго 15ялдасаги ц1ик1к1ун памятниказ. Мах1ачхъалаялда руго 10ялдасаги ц1ик1к1ун т1адег1анаб ц1алул заведение, 11 техникум ва училище, 28 гьоркьохъеб ц1алул заведение, 50ялдасаги ц1ик1к1ун гьоркьохъеб школа. Т1адег1анал ц1алул заведениязда ц1алулев вуго 26 азарго студент. Гьеб ккола киналниги ц1алулел г1олилазул ¼ ( ункъо бут1а гьабун цо бут1а). Революциялда цеве Дагъистаналда вук1ана т1адег1анаб лъай бугев 16 чи.
6. Рик1к1ен гуребги нилъеца каламалъулъ х1алт1изарун рук1уна цогидал каламалъул бут1абиги. Нилъеда лъазе ккола гьел рат1а рахъизеги. Гьаб тексталдасан нужеца рат1а росун х1уби гьабун хъвай предметиял ц1арал, прилагательноял, глаголал, рик1к1енал.
Текст 3
Мах1ачхъала ккола к1удияб спортивияб шагьар. Шагьаралъул спортивиял секциязда г1уна Олимпиадазул 5 чемпион, 23 дунялалъулго чемпион, 105 –Совет союзалъул (гьанже Россиялъул) чемпион.
7. Предложениязул разбор.
-Предложениялда жаниб кинаб членлъун бук1унеб рик1к1ен?
Гьаб тексталъул ахирисеб к1иго предложениялъул синтаксикияб разбор гьабе.
Текст 4
Кват1ич1ого Мах1ачхъалаялда х1алт1изе биччазе буго ракьулъан бач1унеб бух1араб лъадал къуваталъ х1алт1изабулеб электростанция.Гьединаб станция Россиялда буго к1иго. Цояб х1алт1улеб буго Камчаткаялда.
8. Берзул диктант.
Ц1алдохъабаз цин текст ц1алила, рик1к1енал рак1алда ч1езарила. Цинги рик1к1еналги рахчизарун ц1алдохъабаз ц1алила ва тетрадазда хъвала.
Текст 5
1913 соналъ Порт- петровскиялда вук1ана 23000 чи. Гьезие хъулухъ гьабулеб бук1ана 4 врачас, 7 фельдшерас.Гьеб соналъ шагьаралда бук1ана 104 унтарасе бак1 бугеб 3 больницаги.
9. Рик1к1еназул разбор.
10. Нилъер хадусеб тексталда бицунеб буго Мах1ачхъалаялде бач1араб цо т1абиг1ияб балагьалъул х1акъалъулъ.
- Гьелъул х1акъакъалъулъ нужеда щиб лъалеб. (лъималазул жаваб)
Текст ц1але, гьениса босун нужеего бокьараб рик1к1еналъул морфологияб разбор гьабе.
Текст 6
1970 соналъул 14 маялда
Дагъистаниязде бач1ана к1удияб балагь. Ккана 8 бллалъул ракьбагъари. 27 маялдаги такрарлъана 1.5 – 2 баллалъул турк1и. Ленинкенталда г1емерал г1адамазул минаби жагъаллъана. Нилъеда аск1об бук1араб басрияб Коркмаскала поселок т1убанго биххана. Т1абиг1ияб балагьалде гъоркье ккаразе киналго миллатазул халкъаз к1удияб кумек гьабуна.
11. Масъала ва мисалал гьари.
Дун байбихьул классазда ц1алулеб мехалъ (1967- 1970.) нижее х1исабалъул дарсал кьолаан маг1арул мац1алъ. Гьанже балагьила нуж кинал «математикал» ругояли.
Масъала
А)1937 абилеб соналъ шагьаралъул школазда ц1алулев вук1ана 11719 ц1алдохъан.2007 абилеб гьелдаса 58281 ц1алдохъанас ц1ик1к1ун. Чан ц1алдохъан ц1алулев вугев 2007 абилеб соналъ.
11719 + 58281 = 70000.
Б) Нилъер ц1ар раг1арав шаг1ир Ц1адаса Х1амзатица жиндирго «Дир г1умру» абураб коч1олъ гьадин хъвалеб буго:
«Дун къват1иве лъугьараб къо- мех лъазе к1оларо
Къоло цойилъ лъабго сон кьабг1араб г1умру ккола».
- Чан сон бук1араб Ц1адаса Х1амзатие гьаб кеч1 хъвараб соналъ?
Чанабилеб соналъ гьеб кеч1 хъвараб?
21*3 =63. 1877+ 63 = 1940 сон.
Киб бугеб Ц1адаса Х1амзатил хоб?
12. Раг1абиги дандран, тарихалги раг1абазде сверизарун, предложениял г1уц1е.
А) Мах1ачхъала, къват1, 1999, сон, халалъи, 600 км., бук1ин.
Б) 200 автобус, хьвади, ва, 114, троллейбус, гьенир.
14. Рик1к1енал гьоркьор ккун ругел кинал бицанк1аби ва кицаби нужеда лъалел?
Кицаби
1. Анкьц1ул борце, цин къот1е.
2. К1иго хъарпуз цо квералъ кколаро.
3. Цо къоялъ цебе бекьараб жо анкьица цебе бак1арула.
4. К1иго балагь т1аде бач1ани, бигьаяб бищулеб.
5. Цо- цо ккун мугь рехун мочол къали ц1урабила.
Бицанк1аби
1. Азарго сон баниги херлъулареб жо.
2. К1иго эбел, анц1го т1инч1.
3. Цо чиясул щуго вас, щуясдаго хъах1аб т1агъур.
4. Цох1о эбелалъул аза- азар т1инч1, эбел яккарабго т1олго рахчулел.
15. Нилъеца дарсида такрар гьабуна рик1к1ен, бицана Мах1ачхъалаялъул цебесебги гьанжесебги тарихалъул. Жеги бокьун буго нужеца Жеги бокьун буго нужеца Расул Х1амзатовасул гьал коч1ол мухъалги ц1ализе.
Текст 7
100 000 сонги бан,
Цоги бай маг1арулаз
Зобал, т1агърал кинигин,
Т1ад лъеги маг1арулаз.
1000 вас гьавеги,
1000 яс гьаеги
Гьаб бач1анщинаб къоялъ
Щибаб росулъ маг1арухъ.
Мах1ачхъалаги гьоркьобе бачун жеги кинал коч1ол мухъал т1аде журазе бегьулел гьанире.
- Гьаб нилъер шагьаралда
Мах1ачил хъалаялда.
16. Кинго рекъон бук1инаро Расул Х1амзатовасул «Мах1ачхъала» абураб кеч1 ц1алич1ого тезеги. (к1иго ц1алдохъанас ц1алила)
16. Мах1ачхъала.
Рокьула дие дур хъах1ал минаби
Хъах1илаб ралъдалъе гордал руссараб,
Рокьула дур къват1ал къакъал лах1затаз
Къого миллатазул васал дандч1валел.
Бокьула бах1араб Мах1ачил шагьар
Дур фабрикалъул к1к1уй, дур гумузул к1к1уй,
Дур институтазул общежитиял
Ва нкфтяниказул паркалъур т1угьдул.
Бокьула риидал Дагъистаналъул
Ясазул мажлисал дур театрахъ
Ва борхатаб гох1да гургинаб мина
Дунги дур васалги жаниб куцараб.
Дун вохизавула гьудулзабаца,
Гьезул къан бачунеб кверзул хинлъиялъ.
Хошгелди, тумазул саг1тил устарал
Ва эрмениязул парикмахерал.
Рокьула рогьалилъ ралъдал раг1алда
Дур ччуг1ихъабаца рицунел харбал.
Бокьула хириял дур шаг1иразул
Занахъ г1одов вук1ун г1енеккун ч1езе.
Бок1ула дур вокзал яги порталда
Муг1рузул васазда урхъун дандч1вазе,
Гьел Москваялдаса рач1унеб мехалъ,
Гьел Бакуялдаса руссунеб мехалъ.
18. Викторина
Чанабилеб соналъ Петр 1 вук1арав Таргъуялда? (1722)
Кида кьураб Порт- Петровскиялъе шагьаралъул статус? (1857)
Кида т1оцебе бакараб шагьаралъул маяк? (1852)
Кида Порт- Петровскиялда Мах1ачхъала абун ц1ар хисараб? (1921)
Дагъистаналъул тарихалъулабгун краеведениялъул музей кида рагьараб? (1925)
1904 соналъ Мах1ачхъалаялда чан къват1 бук1араб? (16)
Революциялда цересел соназ Мах1ачхъалаялда чан вук1арав т1адег1анаб лъай бугев бугев чи? (16)
Дагъистаналда к1удияб ракьбагъари кида ккараб? (14 май 1970)
19. Дарсил х1асил гьаби.
20. Рокъобе х1алт1и.
- Рик1к1еналги гьоркьоре ккезарун «Дир Мах1ачхъала» абураб сочинение хъвазе.
21. Дарсил ахиралда киназго цадахъ ах1ила.
«Маг1арулазул Ват1ан» Р. Х1амзатов.
Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби,
Дагъистан,
Гьелъул борхалъиялде ваха гьедин абулев.
Аххал тIогьода руго, тIогьал гIаздада руго,
ГIатIидаб Каспиялда гуми лъедолел руго.
ТIадегIанаб,
ТIадегIанаб, гIагараб,
МагIарулазул улка,
Аваданаб Дагъистан.
Йохъ, цо миллион гуро дагъистаниял ругел
Дунялалда гIагарлъи гIунги тIокI буго нилъер
МугIрул тIокIкIарал иццахъ океан зигардула
Аваразул васазухъ ясал чанги угьдула.
ТIадегIанаб,
ТIадегIанаб, гIагараб,
МагIарулазул Ват1ан
Т1егьалеб дир Дагъистан.
Гуро, гIамал кIудияб гIадамазул ватIан гьаб,
Амма бетIер даличIо Дагъистаналъ лъиего
Гьелъул ччорбалъ беролеб буго цIакъ машгьураб би
Гьелъул каранлъ кьабгIелеб буго цIакъ кьварараб ракI.
Ленинкенталъул 35 гимназиялъул муг1алим
Х1айдарбегова Пат1имат Мух1амадовна.
© ООО «Знанио»
С вами с 2009 года.