Конспект урока Магомед Шамхалов
Оценка 4.7

Конспект урока Магомед Шамхалов

Оценка 4.7
docx
05.02.2022
Конспект урока Магомед Шамхалов
М.Шамхалов .docx

 

РАГЬАРАБ ДАРС

 

Тема:

 

«МухIамад Шамхалов. «Зурмихъабазул нохъода»

 

 

5 класс

 

Х|адур гьабуна:

Нурмух|амадова П.З.

с.Къеди 2022г.

 

 

 

 

Дарсил тема: Мух|амад Шамхалов. «Зурмихъабазул нохъода».

 

Дарсил мурадал

 

Лъай кьеялъул:

- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари.

- Литературияв героясул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.

 

Лъай цебет1еялъул:

- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

 

Тарбия кьеялъул:

- Зах1маталде, х1айваназде рокьи бижизаби.

-Рак1бац1ц1алъи гьудуллъиялъул кьуч1 бук1ин бихьизаби.

Гьереси, хиянатлъи, рек1к1 гьудуллъиялъул тушман бук1ин бихьизаби.

-Гьудуллъи щула гьаби.

-Гьудуллъи бищун к1удияб хазина бук1ин бич1ч1изаби.

-Чиясе къимат, х1алт1ухъ, г1амал- хасияталъухъ балагьун, кьезе кколеблъи бич1ч1изаби.

-Асаралъул героязул образал рагьулаго, унго- унгояв гьудул кинав вук1ине кколевали бихьизабизе бажари.

- Кицабаздалъун малъа- хъвай гьаби.

Дарсил алатал: т1ахьал, презентация, суратал, компьютер.

 

 

 

Дарсил план

1.Класс дарсиде х1адури.

2.Дарсил мурадал ва тема лъазаби.

3. Мух1амад Шамхаловасул творчествоялъул щвараб лъай щула гьаби.

А) Литературияб диктант

Б) «Зурмихъабазул нохъода» хабаралъул анализ гьаби

а) Г1исалги Расулилги образал рагьи;

б) Асаралъул тема ва идея рагьи.

в) Хабаралъул гьит1инаб кесек бихьизаби.

4.Дарс щула гьаби

А) суалалаздалъун;

В) Кицабазул маг1на рагьи;

5.Къиматал лъей ;

6.Рокъобе х1алт1и;

6.Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).

Дарсил ин

 

Класс дарсиде х1адури.

Ц1алдохъаби дарсиде х1адурула. Балагье цоцазухъ, гьиме цоцазе. Нилъер дарсида руго гьалбалги, балагье гьезухъ, гьиме гьезиеги.

 

Дарсил тема ва мурадал лъазари .

Ц1алдохъаби нилъеца жакъасеб дарс байбихьизе буго табасараназул поэт Мут1алиб Митаровасул  коч1одалъун. (Г1енеккила авар театралъул актерасул ц|алиялъухъ-аудиозапись )

Сундул бицунеб бугеб лъимал гьаб коч1ода жаниб?  (Учитель)

-Гьудуллъиялъул. (Ц1алдохъан)

-Кинаб бугеб гьудуллъи? (Учитель)

-  Гьудуллъи буго къиматаб, къуватаб, щулияб, къвак1араб. (Ц1алдохъан)

-Щиб ц1ар нилъеца гьаб коч1ода лъезе бегьулеб? (Учитель)

-Гьудуллъи. (Ц1алдохъан)

-  Кин бук1унеб нилъер мац1алда, г1урус мац1алда, ингилис мац1алда, г1араб мац1алда гьудуллъи абураб раг1и. (Учитель)

-  Дружба , френдли, сух1бат. (Ц1алдохъан)

-Кинаб тема бугеб гьаб нилъер дарсил? (Учитель)

-Гьудуллъиялъул. (Ц1алдохъан)

-Кинаб асар нилъеца гьудуллъиялъул х1акъалъулъ ц1алун бук1араб? (Учитель)

-Мух1амад Шамхаловасул «Зурмихъабазул нохъода». (Ц1алдохъан)

-  Лъимал,  кинабха нилъер дарсил ц1ияб малъийищ бугеб, лъимал, яги щула гьабийищ? (Учитель)

-Мух1амад Шамхаловасул творчествоялъул щвараб лъай щула гьаби. (Ц1алдохъан)

-Лъик1 буго, лъимал, нилъер жакъа бук1ина гьудуллъиялъул дарс. (Учитель)

3. Мух1амад Шамхаловасул творчествоялъул щвараб лъай щула гьаби.

А) Литературияб диктант .

МухIамад Шамхалов гьавуна Ц|умада районалъул Лъондода росулъ. ГьитIинго бесдаллъун хутIарав МухIамадилъ лъикIал хасиятал щулалъана. Щибаб къоялъ халатаб нухалъ хьвадулаан гьев цIализе   Лъондодаса КIванаде щвезегIан, гьоркьохъеб лъай ва тарбия щвана школа -интернаталда ва хадуса лъугIизабуна  партиялъул тIадегIанаб школа.

Макъалаби хъвазе бугеб гьунарги х1исабалда босун, Шамхалов республикаялъул «Маг1арул большевик» газеталде х1алт1изе восула. Гьесул вахъуна машгьурав журналист ва хъвадарухъан. Чанго соналъ гьес бет1ерлъи гьабуна «Баг1араб байрахъ» газеталъул коллективалъе ва гьединго Дагъистаналъул журналистазул Союзалъе. Лъик1аб х1алт1и гьабуралъухъ гьесие щвана медалал ва орденал, «Дагъистаналъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан» абураб ц1ар. Бищунго к1удияб жигарчилъи Мух1амадица бихьизабуна аваразул прозаялъул асарал г1уц1иялъулъ, литературияб мац1 цебе т1езабиялъулъ. Гьес басмаялда бахъана къисабаздасан ва харбаздасан чанго т1ехь: «Салтанат»(1968), «Г1умруялъул дарсал»(1962), «Ц1удул вас»(1982), «Дир эмен»(1964), «К1к1алахъ бахъараб кьвагьи»(1985). 1971 соналъ Москваялда г1урус мац1алде буссинабун бахъана «Къисаби ва харбал» абураб т1ехь. Маг1арулазул авар мац1алдехун бугеб бербалагьи бихьулеб бук1ана гьесда. Жиндирго ургъел Р. Х1амзатовасулгун бикьана гьес. Гьес расулихъе ах1ула. Расулил г1адамаз къимат гьабулеблъи, гьесул раг1ухъ г1енеккулеллъи лъалаан гьесда. Гьебго сордоялъ Расулица хъвала «Авар мац1» абураб кеч1.Шамхалов мухIамад вукIана жинда божилъи гьабураб хIалтIи ракI бацIцIадго ва кIудияб хIаракатчилъиялда тIубазабулев ватIаналъул патриот, гIакъилаб, гьуинаб, гIодобе биччараб каламалъул, гьитIинасдаги кIудиясдаги рекъезабизе лъалев, берцинаб гIамалалъул, лъикIав инсан.

Гьединал руго гьесул къисабазул, харбазул аслиял героялги. Нилъеда гьенир ратула цIияб гIумру гIуцIулел захIматалъул бахIарзалги, гIадамазе лъикIлъи гьабизе хIадурал, гIаданлъи цIикIкIарал лебалал гIадамалги, хIинкъи – къай лъаларел, гIумруялъулъ ритIухълъиялъе гIоло къеркьолел ва цIияб гIумру гIуцIулел гIолилалги.Гьев нилъедаса ватIалъана 1995 соналъ 25 декабралда.Гьале Шамхалов МухIамад гьавуралдаса ана 100 сон. Амма гьесул асарал добго гъираялда цIалулел руго, малъулел руго школазда. ЧIаго букIина гьесул цIар.

 

Б) «Зурмихъабазул нохъода» хабаралъул анализ гьаби.

- М. Шамхаловасул х1акъалъулъ щиб лъараб?

- Асаралъул аслиял героял рик1к1е.

- Г1иса щай маг1арде арав?

- Щай гьев живго арав?

-Гьудулзабазда гьоркьоб кьал ккеялъе г1илла?

- Инсуца малъараб гьабунищ Г1исаца?

- Щай г1и бекерулеб бук1инч1еб?

- Щай гьоялъ гьев рокъове виччалев вук1инч1ев?

-Камилилги Г1исалги , гьединго Камилилги Расулилги гара-ч1ваялдаса кинаб х1асил гьабизе бегьулеб васазул х1акъалъулъ?

- Г1иса рокъове вач1ине кват1идал, гьесда хадув маг1арде щив арав?

- Ц1ад жеги кутакалда базе лъугьиндал гьудулзабаз кинаб х1укму гьабураб?

- Квачач1ого рук1ине гьез кинаб х1илла ургъараб?

-Лъималазда хадур щал рач1арал?

 

а) асаралъул тема, идея рагьи.

Асаралъул тема, идея рагьизе ккани, цин нилъеца рагьизе кола лъималазул образал. Данде кквезин к1иязулго г1амал- хасият, гьезул ишал, бицунеб раг1и, гьезул пикру. Лъималазул кумекалдалъун гьезие къимат кьела.

Г1иса.

 

Расул .

 

- Бицаралда божулев. ( Саг1идица абула рохъо Расулил звеноялъ бикъанилан. Г1иса божула)

- Хехго ццин бахъулев (Гьеосидаги божун, гьудуласулгун гьоркьоблъи хвезабулеб буго, х1акъикъат лъазабизе рак1алдецин щолеб гьеч1о).

-Гьудуласдегицин рогьо балев (х1инкъучилан).

- Рецц бокьулев ( живго веццизе бокьулеб буго, цогидаздаса т1ок1авлъун вихьулев вуго-инсудасаги лъик1 г1иязул г1амал жинца гьабулилан кколеб буго, Игитиеги жив бищунго вокьулилан кколеб буго, г1иялги жиндихъ лъик1 г1енеккулел ругин кколеб буго…).

- Пударулев (рекъаб чахъу рехъалъ гьеч1еблъи лъанилан).

- Малъараб жо, кьураб раг1и к1очон толев ( инсуца абун бук1ана Балаза щобде бакъ щварабго, г1иял рокъоре рачеян, Г1исада к1очана.

- Гьудуллъи биххизе х1адурав ( гьерсида божугейилан гьудулас абуниги, гьесухъ г1инги т1амич1ого, барщун ч1ола).

 

Бихьаралда божулев ( гьес рохъо бикъарав чи ц1ехолев вуго).

- Г1иси- бикъинаб жоялъул ургъел гьабуларев (гьудулас живго къварид гьавуравлъи хехго к1очонеб буго).

- Бугелда бугеб абулев.Х1ужжабаздасан бит1арал х1асилал гьарулев.

- Гьереси бицунарев.

- Г1одове виччарав.

- Гьудуллъиялъул закон ц1унарав (ГЬЕВ КИДАГО Х1АДУРАВ ВУГО ГЬУДУЛАСЕ КУМЕКАЛЪЕ ВАХЪИНЕ, бец1аб сардилъ, балеб ц1адакь унев вуго гьев маг1арде, Г1исада ххдув).

 

 

- Щивха гьенив унго- унгояв гьудуллъун кколев вугев? (Г1иса).

б). Асаралъул идея рагьи.

Гьеб асаралъ сунде нилъ кант1изарулел ругел, щиб бич1ч1изабулеб бугеб?

-Рак1бац1ц1алъи, божилъи гьудуллъиялъул кьуч1лъун бук1ине ккола.

Гьереси, хиянатлъи, рек1к1- гьеб гьудуллъиялъул тушман ккола.

-Гьудуллъи- гьеб бищун к1удияб хазина буго.

Унго- унгояв гьудулас гьит1и- бикъинаб жо рек1елъ ц1унуларо. Унго- унгояв гьудул т1аде къо ккедал лъала. Г1акълуялдаса цебе ццин ккезе биччазе бегьуларо.

-Чиясе къимат, х1алт1ухъ, г1амал- хасияталъухъ балагьунгьесул ишазухъ балагьун, кьезе ккола.

 

В) Хабаралъул гьит1инаб кесек бихьизаби.

 

Ц1алдохъабаз хабаралъул кесек бихьизабула.

Г1иса- Исрапов Закир .

Дада- Пмрбудагъов А..

Расул- Мух1амадов Муса .

Сценка

Г1иса. -Ассаламу г1алайкум! Свакалев вугищ, дада?

Дада. -Ваг1алайкум ассалам! Свакалев гьеч1о.

Г1иса. -Мун ах1улев вуго председателас. Мун а, дада г1иял дица хьихьила.

Дада. - Щай ах1улев вугевали бицинч1ищ председателас?

Г1иса. –Бицана. Мах1ачхъалаялде вит1изе вугилан абуна.

Дада. -Гьедин батани, дудаса ц1акъав чигойищ  ватич1ев гьезда гьаниве вит1изе?

Г1иса. - Дида щиб лъалеб? Мун унтараб мехалъги дица хьихьич1ищха, дада, г1и?

Дада. - Лъик1 буго, гьудулав чи, гьанжеги мун телаха нилъеца г1ияда. Школалде инч1ого бегьиларогури?

Г1иса. -Метер цойгидав вит1илилан абуна председателас.

Дада. -Мах1ачхъалаялдаса щибха дуе босилеб?

Г1иса. - Дуца абун бук1ана гури, лъик1 ц1алани велосипед босилилан. Дун квеш ц1алулев гьеч1о.

Дада. -Лъик1 бугоха, гьудул Г1иса, мун вит1ун ватани, дица дирго къот1и т1убазабила. Амма цо дирго рак1ч1ун бук1ине,дур гьудул-гьалмагъзабазда ялъуни учительницаялда дурр ц1алул х1акъалъулъ гьикъилаха.

Г1иса. -Киназдаго гьикъе, амма Расулида гьикъуге. Гьикъилищ, дада?

Дада. -Ц1али лъик1 батаниги, г1амал лъик1 раг1улароха, Г1иса, дур. Бихьуларищха бищунго лъик1ав гьудулгунги  кьаллъун раг1ула мун.(Г1иса баг1арлъана)

Г1иса. -Гьудул ватани, хъачагълъи гьабизе щайха гьес толеб?(г1одове къулун , бабазе мац1ги гьабун) Нижер звеноялъ школалъул бахча беэн гьабизе хасел инег1ан данде гьабураб рохъо Расулил звеноялъ жидерго участкаялде бан буго.

Дада. -Щиб лъалеб, Расулида лъач1ого, гьесул звеноялъ босун батизеги бегьулагури? Рохъо сабаблъун лъик1ал гьудулзаби барщизе бегьуларо, дир гьудул. (инсуца васасул гъажалда квер к1ут1ана) (васасухъе т1ил кьуна)

Расул. -Ассаламу г1алайкум!

 Камил-даци. -Ваг1алайкум ассалам!

Расул. -Мун унтунищ вугев, Камил-даци?

Камил-даци. -Щиб, унтарав г1адинищ вугев, дир гьудул Расул?

Расул. -Щайха г1иги маг1ардаго тун, мун рокъове вач1ун вугев?

Камил-даци. -Дидасаги вехь жив лъик1авилан вач1ун, Г1исаца рокъове валагьизавунаха дун, Расул.

Расул. -Дида абурабани гьес, дунги инаан гьесда цадахъ.

Камил-даци. -Щайха гьев дудаса балъго арав?

Расул. - Саг1идил звеноялъ Г1исал звеноялъул рохъо жидерго участкаялде баччун буго. Г1исада абун буго дир звеноялъ баччанилан. Нижеца кинабго лъазабуна, ва гьанже Г1исае гьезул бук1аралдасаги г1емер рохъоги кьун буго. Г1игун вач1инев ватила Г1иса, дун гьесда данде ина (векеризехъин)

Камил-даци. - Дун жакъа Мах1ачхъалаялде унев вуго, щиб босилеб гьудуласе?(бадибе ц1араб т1агъур эхеде борхана)

Расул. - Рокъоб дир к1иго гъурущ буго. Гьелъухъ к1удияб торг1о щвелародай добаса? (векеризехъин)

Камил-даци. - Г1арацали нилъер х1арщ г1адин бугеб, Расул, гьеб к1иго гъурущ дуего, тетрадал росизе, те. Векере районалде щвезег1ан рек1ине дие чу бачине а.

4.Дарс щула гьаби

А) суалалаздалъун;

В) Кицабазул маг1на рагьи;

Ц1алдохъабаз кицаби рицуна.

1)Гьудул, къо ккедал, лъала.

2)Г1абдаласулгун гьудуллъи гьабуге, гьойдулгун махсароги гьабуге.

3)Лъик1ал гьудулзаби ккве, ккаралъуб кумек гьабе, Квер дуде бит1арасде бат1аго аск1ове къай.

4)Гьудул нусгоги дагьав, тушман цоги г1емерав.

5)Гьудулас бадибе абулеб, тушманас нахъасан абулеб.

6)Гьудуласе г1оло рух1 кьезе кколеб.

7)Гьудуллъи- рух1ияб хазина.

8) Лъик1ав гьудулас вацасул бак1 ккола.

5.Къиматал лъей.

Жиндиего ва цоцазе къиматал лъей.

6. Рокъобе х1алт1и(«Унго- унгояв гьудул» абураб сочинение хъвазе)

7.Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).

-Бокьанищ нужее дарс?

-Щиб пайдаяб жо нужеда лъараб?

(Ахиралда видеороликалъухъ балагьила  Далгат Кантулов. Гьудуллъи.)

 

 

 

 


 

РАГЬАРАБ ДАРС Тема: «МухIамад

РАГЬАРАБ ДАРС Тема: «МухIамад

Гьереси, хиянатлъи, рек1к1 гьудуллъиялъул тушман бук1ин бихьизаби

Гьереси, хиянатлъи, рек1к1 гьудуллъиялъул тушман бук1ин бихьизаби

Ц1алдохъаби нилъеца жакъасеб дарс байбихьизе буго табасараназул поэт

Ц1алдохъаби нилъеца жакъасеб дарс байбихьизе буго табасараназул поэт

Гьединал руго гьесул къисабазул, харбазул аслиял героялги

Гьединал руго гьесул къисабазул, харбазул аслиял героялги

Бицаралда божулев. ( Саг1идица абула рохъо

Бицаралда божулев. ( Саг1идица абула рохъо

Г1иса- Исрапов Закир . Дада-

Г1иса- Исрапов Закир . Дада-

Расул. -Дида абурабани гьес, дунги инаан гьесда цадахъ

Расул. -Дида абурабани гьес, дунги инаан гьесда цадахъ

Конспект урока Магомед Шамхалов

Конспект урока Магомед Шамхалов
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
05.02.2022