Дарсил мурадал:
Лъай кьеялъул:
- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари.
- Литературияв героясул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.
Лъай цебет1еялъул:
- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.
-К1алзул калам цебет1ей.
Тарбия кьеялъул:
- Зах1маталде, х1айваназде рокьи бижизаби.
-Рак1бац1ц1алъи гьудуллъиялъул кьуч1 бук1ин бихьизаби.
Гьереси, хиянатлъи, рек1к1 гьудуллъиялъул тушман бук1ин бихьизаби.
-Гьудуллъи щула гьаби.
-Гьудуллъи бищун к1удияб хазина бук1ин бич1ч1изаби.
-Чиясе къимат, х1алт1ухъ, г1амал- хасияталъухъ балагьун, кьезе кколеблъи бич1ч1изаби.
-Асаралъул героязул образал рагьулаго, унго- унгояв гьудул кинав вук1ине кколевали бихьизабизе бажари.
- Кицабаздалъун малъа- хъвай гьаби.
Литературияб диктант
◦МухIамад Шамхалов гьавуна _____________________. ГьитIинго бесдаллъун хутIарав МухIамадилъ лъикIал хасиятал щулалъана. Щибаб къоялъ халатаб нухалъ хьвадулаан гьев цIализе ________________ щвезегIан, гьоркьохъеб лъай ва тарбия щвана _________________ ва хадуса лъугIизабуна ______________ тIадегIанаб школа. ЗахIматалъулаб гIумруялда байбихьана районалъул __________________ газеталъул редакциялдаса. .Чанго соналъ гьес бет1ерлъи гьабуна ____________ газеталъул коллективалъе ва гьединго Дагъистаналъул журналистазул Союзалъе. Лъик1аб х1алт1и гьабуралъухъ гьесие щвана медалал ва орденал, «_________________ ». Бищунго к1удияб жигарчилъи Мух1амадица бихьизабуна аваразул прозаялъул асарал г1уц1иялъулъ, литературияб мац1 цебе т1езабиялъулъ. М.Шамхаловас къват|ибе биччана 20 т|ехь, _________ маг|арул мац|алда ______г|урус мац|алда .
Гьес басмаялда бахъана къисабаздасан ва харбаздасан чанго т1ехь: _________________, «Г1умруялъул дарсал»(1962), ______________, «Дир эмен»(1964), ____________________________
. __________ соналъ Москваялда г1урус мац1алде буссинабун бахъана «______________________» абураб т1ехь. Маг1арулазул авар мац1алдехун бугеб бербалагьи бихьулеб бук1ана гьесда. Жиндирго ургъел Р. Х1амзатовасулгун бикьана гьес. Гьес расулихъе ах1ула. Расулил г1адамаз къимат гьабулеблъи, гьесул раг1ухъ г1енеккулеллъи лъалаан гьесда. Гьебго сордоялъ Расулица хъвала «___________________» абураб кеч1.
Шамхалов мухIамад вукIана жинда божилъи гьабураб хIалтIи ракI бацIцIадго ва кIудияб хIаракатчилъиялда тIубазабулев ватIаналъул патриот, гIакъилаб, гьуинаб, гIодобе биччараб каламалъул, гьитIинасдаги кIудиясдаги рекъезабизе лъалев, берцинаб гIамалалъул, лъикIав инсан.Гьединал руго гьесул къисабазул, харбазул аслиял героялги. Нилъеда гьенир ратула цIияб гIумру гIуцIулел захIматалъул бахIарзалги, гIадамазе лъикIлъи гьабизе хIадурал, гIаданлъи цIикIкIарал лебалал гIадамалги, хIинкъи – къай лъаларел, гIумруялъулъ ритIухълъиялъе гIоло къеркьолел ва цIияб гIумру гIуцIулел гIолилалги.
Гьев нилъедаса ватIалъана ________ соналъ ____ декабралда.
Гьале Шамхалов МухIамад гьавуралдаса ана _________ сон. Амма гьесул асарал добго гъираялда цIалулел руго, малъулел руго школазда. ЧIаго букIина гьесул цIар.
Асаралъул тема ва идея рагьи.
Гьеб асаралъ сунде нилъ кант1изарулел ругел, щиб бич1ч1изабулеб бугеб?
-Рак1бац1ц1алъи, божилъи гьудуллъиялъул кьуч1лъун бук1ине ккола.
Гьереси, хиянатлъи, рек1к1- гьеб гьудуллъиялъул тушман ккола.
-Гьудуллъи- гьеб бищун к1удияб хазина буго.
Унго- унгояв гьудулас гьит1и- бикъинаб жо рек1елъ ц1унуларо. Унго- унгояв гьудул т1аде къо ккедал лъала. Г1акълуялдаса цебе ццин ккезе биччазе бегьуларо.
-Чиясе къимат, х1алт1ухъ, г1амал- хасияталъухъ балагьунгьесул ишазухъ балагьун, кьезе ккола.
Дарс щула гьаби.
Кицабазул маг1на рагьи.
Ц1алдохъабаз кицаби рицуна.
1)Гьудул, къо ккедал, лъала.
2)Г1абдаласулгун гьудуллъи гьабуге, гьойдулгун махсароги гьабуге.
3)Лъик1ал гьудулзаби ккве, ккаралъуб кумек гьабе, Квер дуде бит1арасде бат1аго аск1ове къай.
4)Гьудул нусгоги дагьав, тушман цоги г1емерав.
5)Гьудулас бадибе абулеб, тушманас нахъасан абулеб.
6)Гьудуласе г1оло рух1 кьезе кколеб.
7)Гьудуллъи- рух1ияб хазина.
8) Лъик1ав гьудулас вацасул бак1 ккола.
© ООО «Знанио»
С вами с 2009 года.