ОТКРЫТЫЙ УРОК ПО РОДНОЙ ЛИТЕРАТУРЕ В 9 КЛ
Оценка 4.9

ОТКРЫТЫЙ УРОК ПО РОДНОЙ ЛИТЕРАТУРЕ В 9 КЛ

Оценка 4.9
docx
16.02.2021
ОТКРЫТЫЙ   УРОК  ПО РОДНОЙ ЛИТЕРАТУРЕ    В  9 КЛ
e-r-ti-tg-.docx

МИНИСТЕРСТВО ОБРАЗОВАНИЯ РЕСПУБЛИКИ ДАГЕСТАН

                                         МКОУ «ГИМНАЗИЯ №3»

ГОРОД ХАСАВЮРТ

 

 ОТКРЫТЫЙ   УРОК  ПО РОДНОЙ ЛИТЕРАТУРЕ    В  9 КЛ

НА ТЕМУ «ДИР МАДУГЬАЛ ДИР ТУШМАН»

( Хизгил Авшалумов)

https://24smi.org/public/media/resize/800x-/celebrity/2018/05/31/crcvphk3qnar-boris-babochkin.jpg

 

 

 

ПОДГОТОВИЛА УРОК

учитель

 МКОУ «Гимназия  3»

Расулова П.А.

Дата проведения -2017

 

 

Тема «Дир мадугьал –дир тушман»  9 класс

Дарсил мурад:

а)Хизгил Авшалумовасул  г1умруялъул бицин

б) «Дир мадугьал – дир тушман» асаралъулгун лъималазул лъай-хъвай гьаби

в)Сингапуралъул дарсалъулгун лъималазул лъай-хъвай гьаби.

г) Тарбия кьеялъул заман х1алт1изаби

 

Дарсил алатал: тlехь, 3 к1удияб т1амач (А3), презентация, фломастерал , клей, кьер-кьерал т1анчазул г1исинал къит1елал

 

1.    Дарсил байбихьи

Лъимал, рорч1ами! Жакъа буго нилъер г1адатияб гуреб дарс.

Лъимал, нужеца жеги пикру гьабунищ кинаб къаг1идаялъ лъай босулеб нужер г1елбащадаз?

Жакъа  дие бокьун буго нужеда бихьизабизе кин дарс унеб Сингапуралъул школалда.

Раг1анищ нужеда  Сингапур абураб раг1и?

 

2.    Сингапур

Сингапур, гьеб ккола, лъимал, гьит1инаб х1укумат. Гьелъул манзил бащадаб буго 722 квадратияб километралда. Дандеккунани нилъер  Дагъистаналда буго 50300 кв. километр.

Сингапуралде гъорлъе уна 63 ч1инк1иллъи.

 

3.    Мэнедж мэт

Рач1а киналго цере.  Сингапуралъул школалда  лъимал г1одор ч1ола  ункъ-ункъккун. Учителас гьезда цо кинаб бугониги г1аламат абула, гьеб г1аламаталда рекъон, гьез столалда нахъа бак1 ккола. Дица нужее т1адкъай кьолеб буго нужехъ ругел горазул релъарал г1аламатал  ралагьун столалда нахъа г1одор ч1а.

 

(Дарсиде х1адури)

 

4. Рокъобе х1алт1ул хал гьаби

 

1.    Щиб малъун бук1араб  нилъеца    араб дарсида?

2.    Щай асаралда ц1ар «Хазина лъун бугеб?

3.    Кин нужеда бич1ч1улеб хазина абураб раг1и?

4.    Кинаб хазинаялъул гьаб асаралда бицунеб бугеб?

5.Ц1ияб дарс

Х1алч1ахъадал. Лъимал, ц1ияб дарсил тема лъазе ккани, нужеца  ч1вазе ккола  суратаздалъун, ишарабаздалъун кьураб бицанкIо; рагьизе ккола масъала  (Ребус) 

      Хизгил Авшалумов гьавуна 16 январалда 1913 соналъ Дербенталда  г1агарда, Нюгди абураб росулъ, гьев х1алт1ана «Захметкеш» (Зах1матчи) газеталъул корреспондетлъун. Хизгилица квер бакъана жиндирго росдал, районалъул фольклориял асарал данде рак1арарал т1ехь къват1ибе биччазе.

    1939 соналъ    татазул литературияб альманахалда къват1ибе биччана гьесул т1оцебесеб асар «Рокьи ккарал»,  1940 соналъ  бахъана хабарияб асар «Г1олохъаназул бергьенлъи», гьединго гьев х1алт1ана таржамаялда т1адги

    Хизгил Авшалумов  кколаан К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи. Вагъана Северияб Кавказалъул ва Белорусиялъул фронталда, к1иц1ул лъукъана, контузия ккана. Бергьенлъиялъул къо дандч1вана Берлиналда.

Рагъдаса вуссун хадув Хизгил х1алт1ана «Дагестанская правда»  газеталъул корреспондетлъун.

1953 соналъ гьес лъуг1изабуна  Дагъистаналъул  педагогикияб институталъул историялъулаб факультет.

«Гьудуллъи»  абураб т1оцебесеб т1ехь бахъана 1956 соналъ. Гьелдаса нахъа харбал, куч1дул, къисаби, поэмаби данде гьарурал 15 т1ехь басмаялде рахъана.

  Аслияб къаг1идаялъ  Хизгилица хъвалаан сатириял асарал. Гьединго гьес хъвана пьесабиги «Имам Шамилил толмач», «Шими Дербенди», «Рокьуе х1инкъи» .  гьел лъун руго лезги ва кумык театралъул сценаялда.

Хизгил Авшалумов хвана 88 сонилаб ригьалда, 2001 соналъ.

Гьесул ц1ар кьун буго Дербеталъул цо къват1алъе, г1агараб Нюгди росдал школалъеги, гьединго гьавурав росулъ буго гьесул музей.

Хизгил Авшалумовасул йиго  к1иго яс Наида ва Людмила

  Людмила Авшалумова  х1алт!ана пачалихъалъул бат1и –бат1иял идарабазда.  Гьей мустах1икълъана рик1к1ен г1емерал ц1аразе ва шапакъатазе. Жакъа къоялдаги х1алт1улей йиго Дагъистан республикаялъул  пачалихъияб советалда.  Х1аракаталда бачунеб буго жамг1ияб х1алт1иги

6.    Расул Х1амзатовасул «Киниги гъанситоги» т1ехьалдаса, Хизгил Авшалумовасде гьабураб кеч1 ц1али

Лъимал, щиб бич1ч1улеб бугеб нилъеда к1иго шаг1ирасул гара-ч1вариялдасан? ( Дагъистан – гьеб нилъер Ват1ан, гьелъул т1абиг1аталъул беоцинлъи, гьеб сундасаго хирияб бук1ин)

 

7.    Словарияб х1алт1и

Лъимал, жакъа нилъеца лъа1-хъвай гьабила Хизгил Авшалумовасул «Дир мадугьал – дир тушман» хабаралъулгун.  Байбихьилалде рач1а рич1ч1изе зах1матал  ра1абазе баян батизе

Узун –Бурни- Халатал маг1арзукъалал

Сары- Рас баг1арав

Пилийтон –фельетон хъачIал гIунгутIаби къватIир чIвазарун кепалда какун хъвараб газеталъул яги журналалъул макъала

 Яриман -   х1алихьатав , ягъзинав чи

Шагьи -пара -Г1исинаб г1арац

 Ч1ук1на- Х1алт1изе бокьуларев чи  

 Пурокурор  - Прокурор

8.    Учителас хабар  ц1али ва къокъаб баян кьей

 

9.    Ц1аларалдасан суалал

Бокьанищ нужее хабар?

Бищунго щиб бокьараб?

Сунца Агъажан т1амурав редакторасухъе кагъат хъвазе?

Кинав чилъун гьес Сары –Самад вихьизавулев вугев?

Нуж Агъажанида т1ад рекъанищ?

Кинав мадугьал нужее рек1ее г1урав: Агъажанищ, Сары-Самадищ? Щай?

10. Джат тотс

Гьаб къаг1идаялда нужер щивасухъе кьола 4 кагъат, цояб столалъ хъвай «мадугьал» абураб раг1иялда хурхараб ункъго раг1и, цогияб столалъ «тушман» абураб  раг1и. Нужер ункъазулго  цадахъ лъугьуна 16 раг1и.

11. Тик Тэк Тоу

   Нужеда цере руго кагъат 9 къот1ел бугеб, щибаб столалъ дандбан 16 –ялда гьоркьоса бище  9 аслияб раг1и ва  седе ич1абго къот1елалъулъ.  Щибаб столалъул  ц1алдохъабаз ургъула  предложениял 3 раг1иялдаса г1уц1арал ( крестики нолики)

12. Кициял рак1ари

Щибаб столалъ к1ванаг1ан хехго кагътил къот1елазул рак1арун кици лъугьинабе.

1 стол. Мадугьал лъикIасул ражи-хоно росасе арабила, мадугьал квешасул лъикIай яс рокъой хутIарайила.

2 стол.   Дулъ гьеч1еб гьунаралдалъун мун веццулев чи --дур тушман.

3 стол. БитIаралъе гуро гьа къваригIунеб, гьересиялъейин.

Щиб нилъеда гьал кицабаз малъулеб бугеб? Нилъер жакъасеб дарсиде данде кколищ гьал кицаби?

13. Х1асил гьаби

Лъимал жакъасеб дарсил мурад бук1инч1о нужеда, «нилъерабго тун, чияраб босе» - ян абизе.  Мурад бук1ана нужеда дарс иналъул кинал къаг1идаби нужер г1елбащадаз х1алт1изарулелали лъазаби. Г1урусазул кици буго «В гостьях хорошо, а дома лучше». Рач1аха нилъ нилъехъего т1ад  руссине . Бокьанищ жакъасеб дарс? Бищунго щиб бокьараб?

14. Рокъобе х1алт1и

Хабаралъул къокъаб х1асил бицине


 

МИНИСТЕРСТВО ОБРАЗОВАНИЯ РЕСПУБЛИКИ

МИНИСТЕРСТВО ОБРАЗОВАНИЯ РЕСПУБЛИКИ

Тема «Дир мадугьал –дир тушман» 9 класс

Тема «Дир мадугьал –дир тушман» 9 класс

Рокъобе х1алт1ул хал гьаби 1

Рокъобе х1алт1ул хал гьаби 1

Людмила Авшалумова х1алт!ана пачалихъалъул бат1и –бат1иял идарабазда

Людмила Авшалумова х1алт!ана пачалихъалъул бат1и –бат1иял идарабазда

Нуж Агъажанида т1ад рекъанищ?

Нуж Агъажанида т1ад рекъанищ?
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
16.02.2021