Тема: Подлежащее
Дарсил мурад: подлежащее щибжо кколеб такрар гьабизе;
предложениялда жаниб гьеб батизе лъай;
хъвавул калам цебе т1езабиялда т1ад х1алт1и.
Дарсил план.
Дарсил ин.
1. Дарсиде х1адурлъи.
--Лъимал, рорч1ами!
Жакъа нилъер инеб буго рагьараб дарс.Жакъасеб дарс дие байбихьизе бокьун буго биценалдалъун. Биценги нилъер хурхараб буго лъаг1алил заманалда.
-Лъимал, лъаг1алил кинаб заман гьаб кколеб?
-Кинаб заманалда хурхараб биценха лъимал нилъер бук1инеб бугеб?
Бит1араб буго жакхъасеб бицен нилъер хурхараб буго хасалихълъиялда.
2.Бицен
Цо ризаб рохьоб г1адамаздаса бахчун ч1ун буго хасалихълъи. Гьеб рохьоб г1умру гьабулел х1айваназги х1анч1азги гьикъанила гьелда: «Щай мун гьаниб г1адамаздаса рик1к1ад бахчун ч1ун бугебилан»
Хасалихълъиялъ гьелда абунила. Жиб беч1ан унеб рииялда хадуб г1одилеб бук1унилан. Дир маг1ил гарал руго кьог1алги ц1ороралги. Гьелъ ракьалда лъугьинарула ц1ер ч1варал х1орал. Нак1к1алги кидаго т1ад ццудунго рук1уна. Дица т1аг1инарула сверухълъиялда ругел релъенал. Къоялги г1едег1уларо макьидаса борч1изе, хеккого лъуг1изеги лъуг1ула. Г1адамазул дида божилъиги бук1унарин
Х1анч1аз гьединго -гьедин бегьиларин. Г1адамал тезе бегьиларо дудехун божилъи гьеч1ого. Г1умруялда жаниб сундулъго буго маг1на ва к1вар.
Их – ккола ц1ияб г1умру лъималазул анищал.
Рии – ккола мура два къасдал.
Хасалихълъи –ккола къасдалги анищалги т1аса рищулеб заман.
Хасел –ккола г1акълу, ц1ияб анищ баккизе кьуч1 лъолеб заман
Абизе жоги лъач1ого хасалихълъи т1ад буссанила, ахирисел гъут1бузда ругел т1анхал, ч1обогояб биччараб ракьалда щущазарулаго.
Рач1а , нилъецаги цадахъ хасалил г1акълуги, ихдалил анищалги, риидалил къасдалги, хасалихълъиялъул берцинлъиги цадахъ росизе.
4.Ц1ияб дарс
Лъимал, жакъасеб дарс буго нилъер г1ажаибаб. Бук1анила бук1инч1ила Авар мац1илан абураб ханлъи. Жакъасеб нух нилъеца бухьине буго гьеб ханлъиялде. Гьале нилъер ханлъи. Нилъеда гьанир жанире инее к1олеб гьеч1о, гьаниб бугеб каву рахан буго Гъалат1ин абурай хъарталъ. Гьеб рагьизе кканани, нилъеца Гъалат1алъ т1адкъараб т1адкъай т1убазабизе кколеб буго. Гьале лъимал гьалъул т1адкъай. Гьаб раг1икъот1 ц1унани Гъалат1 разияй йиго нилъ жанире риччазе.
-Рач1аха лъимал, нилъеца гьаб раг1икъот1 ц1езе.
1.Щив? Щий? Щиб? Щал? абурал жаваблъун
бач1унеб каламалъул бут1а
2. Предложениялда жаниб иш яги х1ал бихьизабулеб каламалъул бут1а
3. Раг1абазда ва предложениялда гьоркьоб бухьен ч1езабулеб кумекалъулаб
каламалъул бут1а
4. Гьелъ бич1ч1изабула т1убараб пикру
5. Предметалъул къадар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бут1а.
6. Бат1и- бат1иял рек1ел х1алал загьир гьарулел, хисуларел раг1абазда
7. Предметазул ц1арги абич1ого, предметал рихьизарулел каламалъул бут1а
8. Предложениялда жаниб жинца иш гьабулеб, ялъуни жиндир х1акъалъулъ бицунеб
бет1ераб член
9. Предметалъул г1аламатал рихьизарулеб каламалъул бут1а.
10. Предложениялда жаниб иш лъугьараб куц, бак1 заман, къадар,г1илла мурад баян
гьабулеб каламалъул бут1а.
п |
р |
е |
д |
м |
е |
т |
и |
я |
б |
Ц1 а р |
|||||||||||||||||||||
г |
л |
а |
г |
о |
л |
||||||||||||||||||||||||||
п |
р |
е |
д |
л |
о |
ж |
е |
н |
и |
е |
|||||||||||||||||||||
с |
о |
ю |
з |
а |
л |
||||||||||||||||||||||||||
р |
и |
К1 |
К1 |
е |
н |
||||||||||||||||||||||||||
м |
е |
ж |
д |
о |
м |
е |
т |
и |
е |
||||||||||||||||||||||
Ц1 |
а |
р |
у |
б |
а |
К1 |
|||||||||||||||||||||||||
п |
о |
д |
л |
е |
ж |
а |
щ |
е |
е |
||||||||||||||||||||||
п |
р |
и |
л |
а |
г |
а |
т |
е |
л |
ь |
н |
о |
е |
||||||||||||||||||
н |
а |
р |
е |
ч |
и |
е |
|||||||||||||||||||||||||
4.Ц1ияб дарс
-Кинаб раг1иха лъимал нилъер аниб бач1араб? (Подлежащее)
Нилъер жакъасеб дарсил мурад буго: подлежащее сунда абулебали, г1емерисеб подлежащее кинаб каламалъул бут1аялда ккун бук1унебали.
-Щайдай аб нуц1а рагьулареб? Аб рагьизе кканани нилъеца рак1алде щвезабизе ккола, сунда подлежащее абулебали.
Подлежащее ккола предложениялда жаниб жинца иш гьабулеб, ялъуни жиндир х1акъалъулъ бицунеб бет1ераб член.
Рагьана нуц1биги . Нилъ щвана Подлежащее абураб ханлъиялде. ----дожРилълъаха лъимал балагьилин ханлъиялъухъ.
-Гьалеха лъимал т1оцебесеб къват1. Гьелда ц1арги буго Предложение. Рач1аха лъимал нилъеца рак1алде щвезабизе предложение сунда абулебали?
Предлежениялъ бич1ч1изабула т1убараб пикру.
Маг1арул мац1алда подлежащее бук1ине бегьула аслияб, актив,жинда, ва кьовул падежазул цоялда ва щиб? (-в,-й,-щал?), лъица? сунца? лъида? сунда? лъие? сундуе?абурал суалазул цоялъе жаваблъунги бач1уна.
Мух1амад рокъове кват1ун вач1ана. (щив?)
Г1алица дарс лъик1 бицана.(лъица)
Подлежащее актив падежалда бугони, гьеб кидаго бук1уна жинца иш гьабулеблъун
К1очонге. Жиндир кумекалдалъун иш гьабулеб
раг1и актив падежалда бугони, гьеб хъвалсараб дополнение ккола.
Масала :
Вехьас бац1 т1илица ч1вана.
Г1алица гъут1би г1ощт1оца к1урана
Царада чанахъан вихьана.(сунда?)
Нижее хасалихълъи бокьула. (лъие?)
Кьовул падежалда подлежащее бук1уна, сказуемолъун бокьи маг1наялъул глагол ккун бугони.
Гьале нилъ щвана цогияб къват1алде. Гьаниб нилъеда лъазе буго г1емерисеб подлежащее кинаб каламалъул бут1аялда ккун бук1унебали .
Нижеца г1умру гьабулеб
буго ракьалда.
Ракь – буго нижер рукъ.
х1асил: подлежащее г1емерисеб
предметияб ц1ар
ц1арубак1
ккун бук1ун
Гьанже нилъ щвана ахирисеб къват1алде.
Нужеда гьаниб лъазе буго подлежащее предметияб ц1аралъул маг1наялда
х1алт1изарун ругони кинал каламалъул бут1абилъун ккун рук1унелали.
1.Г1акъилас г1акъилав валагьула. Г1антас
г1антав валагьула.
(прилагательное)
2. Анц1ила щуго лъабиде бикьизе
бегьула.
(рик1к1ен)
3. Ц1аларасда г1елму лъала.
(причастие)
4. Кват1и дур г1айиб буго.
(глаголияб ц1ар)
5. Сон жакъаялда релълъунаро.
(наречие)
х1асил: подлежащее предметияб ц1аралъул
маг1наялда х1алт1изарун ругони, подлежащеелъун
прилагательное;
рик1к1ен;
причастие;
глаголияб ц1ар;
наречие ккезеги бегьула.
5.Дарс щула гьаби
Х1алт1и 44. Гьаб текст ц1але, подлежащеял
рате. Кинал каламалъул бут1аби подлежащеелъун ккун бугебали бице. Подлежащеян
сунда абулебали рак1алде щвезабе.
Хасалихълъи т1аде щвана. Дуниял гьогьомизе лъугьана. Къоял
халалъана. Г1и маг1ардаса хъутаналде гочана.Исана г1ухьбузе хъутаналда
ц1ияб мина бана. Г1ухьбуз г1и кьараго хьихьана.Г1ухьбуз жидедаго
гьоркьоб къец г1уц1ун бук1ана.Къецалъул бергьенлъи босана Саг1адулаца.
Х1алт1и 45.Гьал хадур рехсарал раг1аби
подлежащеелъунги ккезарун, предложениял г1уц1е. Подлежащеелъун ккун ругел
раг1абазул морфологияб разбор гьабе, ай кинал каламалъул бут1абаздаса ругелали
бице.
Жамалудин, херав, к1иявго, мун, Салих1ат, анкьабилев.
Жамалудин- пр.ц1 Жамалудин; хасаб; ч.ж., щив? асл.п., под.
Херав- пр.ц1 херав ., г1аммаб., ч.ж., щив? асл.п.., подл.
К1иявго- рик1., к1иявго., т1олголъиялъул.,ас.п..,ч.ж..,г1.ф., под
Мун- ц1арубак1; гьумералъул ас.п..,ч.ж..,ц.ф., под
Пикру лъуг1изабе
Жакъа дида дарсида лъана…
Жакъа дие дарсида бокьана…
Жакъа дарсида бук1ана…
© ООО «Знанио»
С вами с 2009 года.