«Предложение»
Оценка 4.9

«Предложение»

Оценка 4.9
docx
24.01.2021
«Предложение»
konsp._predlozhenie.docx

Авар мац1.

Тема Предложение.

Мурад: Г1уц1иялде балагьун предложениялъул тайпабазе баян кьезе. Ц1алдохъабазда гьел рат1а рахъизе малъи.

Алатал: ИКТ

                                                  Дарсил ин.

1.      Дарсиде х1адурлъи.

- Лъимал, жакъа авар мац1алъул дарсида нилъеца такрар гьабизе буго цебеккун нилъеца малъараб «Синтаксис ва пунктуация» бут1аялъул материал.

Аслияб к1вар кьезе буго гьал бут1абазе:

- Словарияб х1алт1и.

- Раг1абазул дандрай.

- Предложение.

Нилъеца – дагъистанияз, Россиялъул т1олго халкъалъ г1емерал ц1ик1араб к1вар бугели шал т1орит1улел руго А. С. Пушкин гьавуралдаса 200 сон т1убаялда бан.

Жакъасеб  нилъер дарсги  буго гьеб байрамалда  хурхараб.

 

- Тетрадал рагье ва  къо – моц1 хъвай.

2. Гьал раг1абазул предложение лъугьинабе ва хъвай.

Пушкин, асарал, ц1акъ, ниж, рокьи.

Нижее ц1акъ рокьула Пушкинил асарал.

2.       - Гьаб кеч1 ц1але. Кинаб асар нужее гьабураб гьаб коч1оца? Гьалъул автор щив? Кеч1алда ц1ар щиб?

- А.С.Пушкин. «Руслан ва Людмила абураб поэмаялдаса кесек.

- Г1урус мац1алъ гьаб бут1а рак1алде щвезабе.

Жакъа дарсида гьаризе ругел х1алт1аби нилъеца гьаризе руго гьаб асаралда т1асан.

3.       Словарияб х1алт1и.

4.       а) к1ирекъарал х1арпалгун ругел раг1аби рате ва цо мухъидаса цогиялде бит1ун росулеб къаг1ида бихьизабе.

-г1урччинаб -

Миккил –

б) ударение хисани маг1на хисулеб раг1и бате ва предложениял ургъе.

Гьоц1о –гьоц1о

Наяз гьоц1о кьола. Нижеца лал т1амизе к1удияб гьоц1о гьабуна.

в)  лабиалиял гьаркьал ругел раг1аби рате ва падежазде сверизаре.

Аслияб п. – гъвет1

Актив п. – гъот1оца

Хаслъул п –гъот1ол

Кьовул падеж – гъот1ое.

5.       Раг1абазул дандраял.

Сунде абулеб раг1абазул дандрай. Кинал бут1абаздасан г1уц1ун бук1унеб раг1абазул дандрай. Гьаб коч1олъ ругел раг1абазул дандраял рате.

Аслиябги нахъбилълъарабги к1иго  раг1ул  г1уц1иялда раг1абазул дандрай абула.

( раг1абазул дандраял лъималаз ратила)

а) керчаб гъвет1  -  разбор гьабе.

 меседил рахас  -  разбор гьабе

б)  «меседил» абураб раг1игун хъвалсараб маг1наялъул раг1абазул дандрай г1уц1е.

меседил кверал, меседил г1адалнах.

6.      Предложениялъе баян.

7.      _ Щиб кколеб предложегие?

Цо т1убараб маг1на жидедасан бич1улеб цо яги чанго раг1иялда предложение абула.

Т1оцебесеб куплеталда чан предложение бугеб? Ц1але. Т1оцебесеб предложение хъвай. ( цо ц1алдохъанас доскаялда хъвала)

Габурлъи лъугьараб ралъдал раг1алда г1урччинаб каралъул керчаб гъвет1 буго.

- Предложениялъул членал кинал группабазде рикьулел?

- Бет1ералги, бет1ерал гурелги.

- Предложениялъул кьуч1лъун кинал членал кколел?

- Подлежащее, сказуемое, бит1араб дополнение.

-  Интонациялде балагьун  г1адатал предложениял кина – кинал рук1унел?

- Хабариял, суалиял, ах1ул, т1алабиял.

- Кинал предложениязда т1ирит1арал, киназда т1ирит1ич1ел абулеб?

 - Кинал предложениязда журарал абулеб?

- Гьаб предложениялъул разбор гьабе.

- Хабарияб, г1адатаб, т1ибит1араб.

- К1иабилеб предложение ц1але ва гьелъул разбор гьабе.

- Хабарияб, т1ибит1араб, жубараб.

Т1ад жемун меседил рахасги буго, рахсида сверулеб кетуги буго.

Г1адатал предложениял кин цолъизарун ругел: союзалгунищ, союзал гьеч1огойищ?

8.      Гьал предложениял хъван лъуг1изаре.

-А. С. Пушкиние бищунго …

- Бекараб расаги кодобе босун, к1одоца абуна …

- Гьаб асаралъул х1акъалъулъ щиб нужеда лъалеб?

9. Сураталде балагьун обращение бугеб предложение ургъе.

10. Ребус.

Бицуна Пушкиние ц1акъ рокьулаанила кицаби. Ц1але ребусалдасан.

«Сахав бах1арчиясе 100 гьунарги дагьаб»  (тетрадазда хъвала)

11. Дарсил х1асил гьаби.

Пикру лъуг1изабе

Жакъа дида дарсида лъана…

Жакъа дие дарсида бокьана…

Жакъа дарсида бук1ана…

 

12. Рокъобе х1алт1и. 201 х1алт1и.

Ленинкенталъул 35 гимназиялъул муг1алим

 Х1айдарбегова Пат1имат Мух1амадовна.


 

Авар мац1. Тема Предложение

Авар мац1. Тема Предложение

Сунде абулеб раг1абазул дандрай

Сунде абулеб раг1абазул дандрай

Жакъа дие дарсида бокьана… Жакъа дарсида бук1ана… 12

Жакъа дие дарсида бокьана… Жакъа дарсида бук1ана… 12
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
24.01.2021