«Предметияб цIар падежазде свериялъул тайпаби»
Оценка 4.7

«Предметияб цIар падежазде свериялъул тайпаби»

Оценка 4.7
docx
24.01.2021
«Предметияб цIар падежазде свериялъул тайпаби»
УРОК 1 - копия (2).docx

Дарсил тема: Предметияб цIар падежазде свериялъул тайпаби.

Дарсид мурад: баян гьабизе бокьараб предметияб цIар кинаб свериялда рекъон сверулебали лъазе ккани, актив пад.лъезе кколеблъи. Кьурал предметиял цIаразул падежаздесвериялъул тайпаби лъазе.

Дарсил къваригIунеб алат: таблица, картачкаби.

Дарсил ин:

I Расандиялъул формаялда рокъобе кьураб дарс гьикъи.

(группа кIиго командаялде бикьила ва кIиго учитель-дублерал тела. Гьез кьола жаваб кьуразе къиматал).

Суалал:

1. Предметияб цIар сунда абулеб?

2. Пред. цIаралъул гIаммал цIарал.

3. Пред. цIаралъул хасал цIарал.

4. Предметияб цIарул классал.

5. Классиял гIаламатал.

6. Предметияб цIарул формаби.

7. Пред. цIарул гIемерлъул форма лъугьин.

8. Предметияб цIар лъугьин.

9. Предметиял цIарул падежал.

II РагIабазул диктант

Квен-тIех, гъуд-гIучI, Сулахъ гIор, ражипер, гьатIан къо, багIарбакъ, мада-гъадар, газа-раххан, биххизе, рехизе, квердаххелал.

III БицанкIо ва кици.

Кверал кваиквадичIого, квартIа-жини гьечIого, гьабун буго цо мина. (хIанчIибусен)

— Кин хъвалеб хIанчIибусен абулеб рагIи?

— РекIун хъвала.

— Дица нужее кьела цо кици. Воре, дуца цого кIалдиб кIигIаркьелаб мацI Хьхьуге.

— Гьеб кициялъул магIна щиб? (цIалдохъабаз жаваб кьола).

— Кин хъвалеб кIигIаркьелаб абураб рагIи?

— Гьеб кола жубараб прилагательное, журарал прилагательноял рекIун хъвала.

IV ЦIияб тема.

(Доскаялда хъван буго кочIол куплет)

МахIмудил пасихIлъи, гьесул хIасралъи,

Бидулъ къаламги ччун, гьарурал кучIдул

Гьел нилъер магIарул мацIалъ кинигин

Киданиги дида ричIчIизе гьечIо.

— Гьаб кочIол автор щив?

— Гьаб кола Р.ХIамзатовасул «Авар мацI» абураб кечI

Т!адкъвай: предметиял цIаразда гъоркь мухъ цIай ва гьел кинал падежазда хIалтIизарун ругилали баян гьабе.

Таблицаялдасан накъит

(гIадатал падежал ва гьезул суалал такрар гьаруна)

Баян: предметиял цIарал гIадатал падежазде свериялъул буго лъабго свери.

свери – с

II свери – лъ

III свери – ца

Кинаб свериялда рекъон предметияб цIар падежазде сверулебали лъазе ккани, лъезе кола ак.падежалда.

VI Жалго жидедаго лун гьабулеб хIалтIи.

(студентаз цIалана учителасул хIакъалъулъ кучIдул рекIехъе, ратана предметиял цIарал, бицана кинаб свериялда рекъон гьел сверулелали).

VII Сураталдасан хIалтIи

(сураталъухъ балагьун, 1,2,3 свериялда рекъон падежазде сверулел предметиял цIаралъун предложениял гIуцIана).

VIII Байбихьул классул учебникаялдасан хIалтIи

3си.ки.учебник. хIалтIи №336. Гьум.17. ТIадкъвай 1,2,3 свериялда рекъон, предметиял цIарал падежазде сверизаре.

IX ЦIияб тема щула гьаби

1. ………………..диктан.

Т!адкъвай:Дица цIалила, нужеца 1,2,3 свериялда рекъон падежазде сверулел предметица цIарал батIа-батIаго хъвай.

Бакъуца хинлъи кьола. ЗахIматалъ чи хьихьула. ГIияхъанас гьан кьола, хурухъанас чид кьола. Цица гъалбацI чIваларо. Лъеца гьобо ххенезабула.

X Карточкабазулгун гьабулеб хIалтIи.

(жиб-жиб столалда лъун рукIана ихдалил хIакъалъулъ хъварал кIучIдузул цо-цо документ. ТIадкъвай 1,2,3 свериялда рекъон сверулел пр.цIарал ратизе)

XI Морфологияб разбор

Берцинаб ракуца маххул каву рахьула.

(Цин пициялъул магIна бицина, хадуб гьеб каламалъул бутIабазде биххизе).

XII Дарсил хIасил

— Жакъа дарсида щиб нужеда лъараб?

— Кинаб падежалъул ………….балагьун, падежазде свериялъул тайпаби чIезарун ругел?

XII Рокъобе хIалтIи

ХIII 6 пр. Р.ХI.свераздасан 1,2,3 св.рекъон сверулел пр.цI.


 

Дарсил тема : Предметияб цIар падежазде свериялъул тайпаби

Дарсил тема : Предметияб цIар падежазде свериялъул тайпаби

Iаралъун предложениял гIуцIана)

Iаралъун предложениял гIуцIана)
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
24.01.2021