Презентация на аварском языке по теме "Предметияб цIаралъул цолъул ва гIемерлъул форма"

  • ppt
  • 26.04.2021
Публикация на сайте для учителей

Публикация педагогических разработок

Бесплатное участие. Свидетельство автора сразу.
Мгновенные 10 документов в портфолио.

Иконка файла материала 6-klass-colul-g1emerlul-forma.ppt

Предметияб цIаралъул цолъул ва гIемерлъул форма

5 класс
ХIадур гьабуна
Авар мацIалъул ва адабияталъул мугIалим
Мух1амадова М.В.

Малъараб материал такрар гьаби

1.Чан каламалъул бутIа бугеб авар мацIалда?
2. Кинаб кIиго группаялде гьел рикьулел?
3. Жалго жидедаго чIаралин щай гьезда абулеб?
4. Кумекалъулин щай абулеб?
5. Чан жинсияб класс бугеб предметияб цIаралъул?
6. Хасал ва гIаммал цIаразе баян кье. Мисалал раче.

Словарияб диктант

РагIаби лъабго хIуби гьабун хъвай.
Щиб? Щив? Щий?
Эмен, эбел, росу, колхозчи, колхозчIужу, учитель, учительница, яц, вац, гама, бахIарчи, лъар, ракь, гьобол, захIмат, гьудул, ралъад, устар, яцгIал, доярка, къебед.

РекIелгъеялъулаб грамматика

РагIул тIанчIи рахъе:
Гьалмагъасухъ –
гьалмагъ, магъ, гъал, лагъ, аслу,суал, гъамас, хъал, мал, гьал, хъухъ,ас, сас,

ЦIияб тема


Предметияб цIаралъул цолъул ва гIемерлъул форма

ГIемерлъул форма лъугьинабулел суффиксал руго: -ал, - дул, -би кIочонге: хасал цIаразул гIемерлъул форма букIунаро

Цолъул формаялда цо предмет бихьизабула.
Щив? Щий? Щиб?

Масала: вас, цер, ца

ГIемерлъул формаялда гIемерал предметал рихьизарула.
Щал?
Масала: васал, цурдул, цаби

ГЬАЛ ПРЕДМЕТИЯЛ ЦIАРАЛ ЦОЛЪУЛ ФОРМАЯЛДА ЛЪЕ.

МугIрул гIулби унтаби хъулби
ГанчIал ганщал макьаби бахIарал
ЧIалаби кутул ургъалаби чотIахъаби
ХIубал турщул пикраби кочIохъаби

ХIалтIи

Лъимал абураб рагIиги, магIнаялде балагьун, кколеб падежалда лъун, предложениял хъвай.
_________ рохьоре унел руго. Гьениб _______
гири-гара бакIарана. Къадеялде _______ корзинкаби цIуна. Свакарал _________ бокьана цIорораб и (ц, цц)ухъ хIухьбахъи гьабизе. Рохьор ________ рихьана расандулел гIанчIал гвангваби.

Словарияб хIалтIи

Гвангва – белка гиригара - земляника

Физминутка

РагIул цолъул форма бугони тIаде рахъе, гIемерлъул форма бугони гIодор чIа.

Дарсил хIасилал гьари

Предметияб цIар сунда абулеб?
ЦIадираби, гьундул, цIороберал, кIулал – кинаб формаялда ругел раг1аби кколел?
Сали, чакар,даци, дада, эмен – кинаб формаялъул рагIаби кколел?

Рокъобе хIалтIи

Предметияб цIаралъул хIакъалъулъ малъараб материал такрар гьабизе.
ХIалт1и № 5 гьум.42
№ 1 гьум.45
№ 2 гьум.45