Презентация урока на аварском языке "Тайпа цоял членалгун цадахъ гIамлъул рагIаби"

  • pptx
  • 26.04.2021
Публикация на сайте для учителей

Публикация педагогических разработок

Бесплатное участие. Свидетельство автора сразу.
Мгновенные 10 документов в портфолио.

Иконка файла материала taypa-coyal-chlenalgun-cadah-g1amlul-rag1abi.pptx

Тайпа цоял членалгун цадахъ гIамлъул рагIаби

8 класс
Х1адур габуна
муг1алим – Мух1амадова М.В.

Муг1рул тун авлахъазде
Рахъунел маг1арулал,
Маг1арул ц1арги мац1ги
Гьарула цадахъ босе.

Эпигаф

Жинда падежалда бугеб предметияб цIар бате лъабго релълъараб слог бугеб. Лъабго релълъараб рагьараб хIарп ва лъабго релълъараб рагьукъаб хIарп бугеб. Гьеб рагIи байбихьула д х1арпалдасан.

РекIелгъеялъулаб грамматика

…амураб Б …къараб
…амураб Б … къараб
…амураб Б … къараб
…амураб Б … къараб

ТIаде хIарп жубан причастиял лъугьинаре.

Тайпа цоял членал рате, кколелъур лъалхъул ишарабиги лъун хъвай, схема бахъе.

Гьев гIемер кIалъа – ралъай гьечIев чи вукIана амма гьесда лъалаан лалабазул мацIалда рохелги пашманлъиги рокьиги тIабигIаталъул берцинлъиги бицине.

Синтаксисияб разминка

Кинал членазда тайпа цоял абулел?
Кинал предложениялъул членаллъун гьел рукIине бегьулел?
Кинаб бухьен букIунеб тайпа цоял членазда гьоркьоб?
Кинал группабазде рикьизе бегьулел сокIкIиналъул союзал?
Цолъизарул союзаз кинаб хъулухъ тIубалеб?

Суалал:

Предложениязулъ тайпа цоял членазда цадахъ гьезул магIна гIамлъизабизе, ай гIахьал гьабизе, хIалтIизарурал рагIабазда гIамлъул рагIабиян абула.

ЦIияб тема

Кидаго, кибго, киналго, кисаго, кирего, щивниги, кибниги, киса-кибего,

ГIамлъул рагIаби

[О: о, о, о ]
[О, масала: о, о, о]
[о, о, о - О ]

ГIамлъул рагIабигун ругел предложениязулъ лъалхъул ишараби

Инсанасулъ кинабго бук1ине ккола берцинаб гьумерги рет1елги рак1ги пикрабиги. Гьениб т1атун бук1ана Мух1амадил бат1и-бат1ияб рахъалъулаб гьунар ц1ализе бажари спорталъе лебаллъи суратал рахъизе махщел кеч1 гьабизе пагьму. Гьанир руго бак1азул ц1арал Игираг1ал Пат1анаби Ухутил парсал Къебелъул парсал Хер бухулел бак1ал. Гьалда жаниб нек1сиябги гьанжесебги гьабурабги гьабулебги кинабго ц1унулеб буго.

Г1амлъул раг1аби рате. Кколелъур лъалхъул ишарабиги лъун хъвай.Схемаби рахъе

№ 128 гьум. 66

Классалда хIалтIи

Кинал рагIабазда гIамлъул рагIаби абулел?
Кинаб предложениялъул членлъун рукIунел гIамлъул рагIаби предложениялъулъ?

Дарсил хIасилал гьари.

§ 33
ХIалтIи № 129 гьум. 67

Рокъобе хIалтIи

Посмотрите также