МКОУ « Гертминская СОШ им. Абдулмуслимова М.А.»
«Согласовано» Заместитель руководителя по УВР:
____________________/АбдулбасироваР.М./
«___» _________2019г. |
«Утверждаю» Директор школы:
______________/Абдулмуслимова З.М./
От « ___» _______ 2019 г |
Рабочая программа
по учебному предмету
«Родной язык» (чтение и письмо)
По учебнику « Букварь» З. М. Курбанова,
по прописи З. М. Курбанова
1 "а" класс
на 2020 - 2021 учебный год
Разработала:
учитель начальных классов-
Салманова С.И.
2020 г.
Авар мац!алъул программа (букварь) .
Хъвай – ц!али малъи ва калам цебет!езаби ( 3 саг1ат анкьида жаниб, кинабниги 99 саг!ат).
Программаялде гъорлъе уна цоцазда рухьарал ,амма жалго жидедаго ч!арал гьадинал бут!аби:
Хъвай – ц!али малъи г!уц!ун буго лъабго бут!аялдасан:
1. Х!адурлъиялъул заман.
2. Х!арпал малъулеб (букварияб) заман.
3. Х!арпал малъун хадусеб заман.
Хъвазе – ц!ализе малъула гьаркьилаб аналитикиябгун синтетикияб методалдалъун. Хъвай – ц!али малъи ккола цадахъаб тадбир: ц!ализе малъиялда цадахъ хъвадаризеги ругьун гьарула, гьебги щулалъизе гьабула калам цебет!езабиялъул х!алт!аби т!орит!улаго, ай гьаркьаздасан раг!и, раг!абаздасан предложение, предложениял дандран хабар г!уц!изе ругьун гьарулаго.
Гьебго заманалда класстун къват!исеб ц!алиялъул дарсида ц!алдохъабазул интерес бижизабула лъималазе хъварал т!ахьазде, жидецаго т!ехь ц!ализе ругьун гьарула.
Х!адур гьариялъул заман. ( 10 саг!ат)
Калам (к!алзул ва хъвавул): г!аммаб бич!ч!и.
Предложение ва раг!и. Графикиял схемабаздаса пайдаги босун, калам предложениялде, предложениял раг!абазде, раг!аби слогазде риххизе ругьун гьари.
Слог, ударение. Раг!аби слогазде риххизеги, раг!абазулъ ударениеги, раг!улъ ругел слогазул къадарги бихьизабизе лъай.
Гьаркьал ва х!арпал. Гьаркьазул х!акъалъулъ бич!ч!и; г!инт!амулаго ва абулаго рагьаралги рагьукъалги гьаркьал цоцаздаса рат!а рахъизе лъай.
Раг!абазулъ гьаркьал ( рагьарал ва рагьукъал) рат!а гьаризе; раг!абазул слогалъулабгун гьаркьилаб анализ гьабизе ( раг!улъ гьаркьазул къадар ч!езабизе, раг!ул бет!ералда, бакьулъ, ахиралда бук!аниги, гьеб гьаракь бугеб бак! лъазе), ударение бегеб слог бихьизабизе лъай.
Кьураб гьаракьгун раг!аби ургъизе лъай. А,и,у,о,э г!адал гьаркьазулгун лъай – хъвай гьаби, жидее хасал г!аламатаздалъун раг!абазулъ гьел рат!а рахъизе лъай.
Х!арпал малъулеб ( Букварияб) заман 85 (саг!ат)
1. Ц!ализе малъи
Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал х!арпаздалъун рихьизаризе лъай. Рагьараб слог ц!ализе лъай. Малъарал х!арпал гъорлъ ругел слогал ц!ализе лъай.
Къот! – къот!араб азбукаялъул х!арпаздаса рагьаралги, къаралги, рахаралги слогал гьоркьор ругел раг!аби данде гьаризе ва гьел ц!ализа лъай.
Дагь – дагьккун раг!аби, къокъал предложениял, зах!матал гурел гьит!иналго текстал бит!ун ва г!едег!ич!ого слогалккун ц!ализу ругьун гьари.
Бат!и – бат!иял тайпабазул предложениял, тайпа цоял членалгун перложениял,интонацияги ц!унун, ц!ализе лъай.
Муг!алимасда хадуб такрар гьабун, лъималазул г!умруялда хурхараб, пасих!аб, бигьаго рак!алда ч!олеб 5 – 6 кеч! рек!ехъе лъазаби.
2. Хъвазе малъи
Хъвадарулаго бит!ун г!одор ч!езе, тетрадь партаялда лъезе, ручка, къалам бит!ун кквезе лъимал ругьун гьари.
К!удиял ва гьит!инал х!арпал бит!ун хъвазе ва гьел раг!абазулъ цолъизаризе бажари.
Муг!алимгун цадахъ гьаркьазулгун слогазул анализ гьабун хадуса, раг!аби ва предложениял хъвазе лъай.
Цин муг!алимас тетрадазда кьурал, цинги азбукаялда ругел раг!аби ва предложениял, т!аде балагьун, хъвазе лъай. Муг!алимас абурал раг!ухъе хъвалел раг!аби ва гьединал раг!абаздаса данде гьарулал предложениял хъвазе бажари.
Предложениялъул авалалда к!удияб х!арп хъвазе, ахиралда т!анк! лъезе ругьун гьари.
Г!адамазул ц!аразул ва х!айваназул т!ок!ц!аразул бет!ералда к!удияб х!арп хъвазе ругьун гьари.
Геминантал ва лабиалиял гьаркьал рихьизарулел х!арпал гъорлъ ругел раг!аби хъвазе ругьун гьари.
3. К!алзул калам цебет!езаби
Гьаракь. Г!едег!ич!ого, х!ухьел бит!ун босун, гьоркьохъеб даражаялъул хехлъиялда гаргадизе ругьун гьари. К!алъалаго гьаракь борхи ва г!одобцин дурусго гьабизе ругьун гьари. Ударениеги ц!унун, литературияб къаг!идаялда раг!аби бит!ун абиялъул бажари камил гьаби. Авар мац!алъул киналго гьаркьал, хасго геминатал ва лабиалиял гьаркьал, бит!ун рахъизе ругьун гьари.
Раг!и. Гьоркьоса къот!ич!ого лъималазул словарияб нахърател бечелъизаби. Предметал, г!аламатал, ишал рихьизарулел раг!абазул ц!арал бит!ун х!алт!изаризе ва гьезул маг!на баян гьабизе лъай. Предметал дандекквезе, гьезул цоцаздаса рат!алъизарулел г!аламатал ратизе лъай.
Жидерго пикру загьир гьабизе къвариг!араб раг!и балагьизе ва цогидал раг!абигун жинсгун формаялъулъ рекъон ккезабизе лъай. Омонимазулгун, г!емер маг!наялъул раг!абазулгун, синонимазулгун, антонимазулгун лъай – хъвай гьаби ( терминал абич!ого ).
Предложение ва цоцада хурхараб калам. Школалде рач!инег!ан лъималазул к!алъазе бугеб бажари камиллъизаби.
Бат!и – бат!иял тайпабазул г!адатал предложенияздалъун муг!алимасул суалазе жавабал кьезе бажари.
Муг!алимас кьурал суалазда рекъон, жидеда лъалел маргьабазул ялъуни г!исинал, бигьаял харбазул х!асил бицине бажари. Цо ялъуни цо чанго сураталде балагьун, гьит!инабго хабар херхине бажари.
Ц!аларал предложениязда ва тексталда т!асан кьурал суалазе жавабал кьезе лъай.
Жиндир г!умруялъулъ ккарал лъугьа – бахъиназул х!акъалъулъ, муг!алимас кьураб сюжеталда рекъон, хабар бицине ва хъвазе бажари.
Бицанк!абазе жавабал кьезе, куч!дул рек!ехъе лъазаризе; кицаби, абиял каламалъулъ х!алт!изаризе, рек!ехъе лъазарурал куч!дул пасих!го рик!к!ине бажари.
Х!арпал малъун хадусеб заман ( 4 саг!ат).
1. Ц!али ва калам цебет!езаби .
Ц!алул тематика: т!абиг!аталъул, лъималазул, х!анч!азул, зах!маталъул, Ват!аналъул, ракълие г!оло къеркьеялъул, х!айваназул бицунел раг!ул устарзабаз хъварал г!исинал асарал.
3 – 4 кеч! рек!ехъе лъазабизе.
Ц!алиялъул рахъалъан лъугьине кколеб бажари.
Г!едег!ич!ого г!исинал текстал бит!ун ц!ализе лъай. Минуталда жаниб г!ага – шагарго 20 – 25 раг!и бугеб бигьаяб текст ц!ализе лъай. Текст ц!алулаго, цояб предложение цогиялдаса, лъалхъи гьабиялдалъун, бат!а бахъизе лъай.
Тексталда т!ад х!алт!и гьаби. Цоцада хурхараб калам.
Ц!алараб тексталда т!асан муг!алимас лъурал суалазе жавабал кьезе бажари. Муг!алимасул кумекалдалъун ц!аларал текстазда ц!арал лъезе бажари. Ц1алараб асаралъе къимат кьезе лъай. Суратазда т!асан харбал херхине лъай.
Баянго, зирараб гьаркьидалъун раг!аби ва предложениял абизу ругьун гьари. Цоцазда хурхараб каламалда, предложениялда, раг!уда, гьаракь бит!ун абиялда т!ад гьоркьоса къот!ич!ого х!алт!аби гьари. Цогидал ц!алдохъабазул, муг!алимасул хабаралъухъ ва ц!алиялъухъ г!енеккизе бажари.
2. Хъвазе малъи ва калам цебет!езаби .
Х!арпал малъулеб заманалда фонетикаялъул ва графикаялъул рахъалъ ц!алдохъабазе щвараб лъай ва гьезул лъугьараб бажари щула гьаби: гьаркьал ва х!арпл, рагьарал ва рагьукъал гьаркьал, авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал ( гь, гъ, г1, кь, къ, к!, лъ, т!, хь, хъ, х!, ц!, ч!), геминатал ва лабиалиял гьаркьал.
Раг!аби слогазде рикьи; цо мухъидаса цоги мухъиде раг!аба рикьун роси.
Калам. Г!адамазе калам сундуе къвариг!ун бугеб. Каламалъулбут!а х!исабалда раг!и, предложение, текст ва г!умруялда жаниб гьезул бугеб к!вар.
Г!адамазул ц!аразул ва х!айваназул т!ок!ц!аразул бет!ералда к!удияб х!арп.
Предложение. Предложениялъул авалалда к!удияб х!арп хъвай, ахиралда т!анк! лъей. Цо ч!ванкъот!араб темаялда т!асан предложениял г!уц!и.
Лъаялъул ва бажариялъул рахъалъ 1 классалъул ц!алдохъабазда цере лъурал аслиял т!алабал.
Ц!алдохъабазда лъазе ккола:
авар мац!алъул киналго гьаркьал ва х!арпал, гьезда гьоркьоб бугеб бат!алъи ( гьаркьал абула, х!арпал хъвала).
Ц!алдохъабазухъа бажаризе ккола:
Раг!абазулъ гьаркьал рат!а рахъизе, гьезул тартиб ч!езабизе; рагьаралги рагьукъалги гьаркьал ва х!арпал рат!а рахъизе; геминатал ва лабиалиял гьаркьал рихьизарулел х!арпал къосинч!ого бит!ун рахъизе ва гьел гъорлъ ругел раг!аби, предложениял, гъалат! Биччач!ого, чвахун ц!ализе;
раг!улъ ударение т!аде кколеб бак! бихьизабизе;
предложениял раг!абазде риххизе;
мух!канго, гъалат! биччач!ого, к!удиял ва гьит!инал х!арпал, слогал, раг!аби хъвазе;
муг!алимас абураб 3 – 5 раг!удасан г!уц!арал предложениял, раг!аби, гъалат! биччач!ого хъвазе;
предложениялъул авалалда к!удияб х!арп хъвазе, ахиралда т!анк! лъезе;
муг!алимас кьураб темаялда т!асан 3 – 5 предложениялдасан хабар г!уц!изе ( бицун).
№ |
Программияб материал |
Гьум. |
Зам. |
1. |
Авар азбукаялъулгун лъай – хъвай гьаби. Дарсил г!адлу – низамалъул гара – ч!вари. Дир г!агараб ракь – муг!рузул улка. |
3 |
|
2. |
«Рукъалъул х1айванал» - гара – ч!вари. Оц – цо - фонем.анализ. Предложение. Рагьараб ва рагьукъаб гьаракь.. Иц, ци, си – фонем.анализ. |
4-5 |
|
3. |
Чи – чу фонем.анализ. Предложение рагьараб, рагьукъаб гьаракь. Хъвавул гигиена. |
6 |
|
4. |
« Лъималазул расанди» - Ами, Муи фонем.анализ. Слогазде рикьи. «Футбол х!ай» -гара – ч!вари. Аса, Муса – фонем.анализ. Рагь. ва рагьукъаб гьаракь. Хъвавул гигиена. |
7 |
|
5. |
Ясазул х!алт!и - гара – ч!вари. Кьо, т1ут!, иту, най фонем.анализ. Рагьараб слог. Г!алхул х!айванал – гара – ч!вари. Ц!ц!е, бис, бац!, цер фонем.анализ. рагьараб ва рагьукъаб гьаракь. Хъвавул гигиена. |
9 |
|
6. |
Шк. ахикь – гара – ч!вари. Нилъ, лъен, бел, газа фонем.анализ. Предложение, слог, раг!и. Х!анч!и – гара – ч!вари. Ц1ум, гагу, гьудгьуд, къадако – ф.анализ ва слогазде бикьи. |
11 |
|
7. |
Овощал ва пихъал – гара – ч!вари. Пихъ, жага, пер, ражи, охцер – ф.анализ ва слог.рикьи. Хъвавул гигиена. |
13 |
|
8. |
Кванил гигиена – гара – ч!вари. нах, рахь, гьоц!о, - ф.анализ, гьаркьазде ва къот!елазде рикьи. Хъвавул гигиена |
14 |
|
9. |
Муз. инструментал – гара – ч!вари. Къали, зурма, щвант!их, аргъан – ф.анализ, гьаркьазде ва слогазде рикьи. Предложение раг!и ва слог. Хъвавул гигиена. Рет!ел – гара – ч!вари. Гурде, рук!к!ен, машина, хъабарча – ф.анализ, слог. ва гьар. рикьи. Хъвавул гигиена. Элементал хъвайи. |
15 |
|
10. |
Рукъалъул х!анч!и – гара – ч!вари. Х!елеко, ордек, гургур, къурущ – ф.анализ. Предложение, раг!и ва слог. «Транспорт» - гара – ч!вари. Элем. хъв. |
17 |
|
11. |
А, а – гьаракь ва х!арп. А, а – х!арпал хъвайи. |
19 |
|
12. |
И, и - гьаракь ва х!арп. И, и - х!арпал хъвайи. |
|
|
13. |
У, у - гьаракь ва х!арп. У, у – х!арпал хъвазе малъи. |
|
|
14. |
О, о – гьаракь ва х!арп. О, о – х!арпал хъвайи. |
|
|
15. |
Е, е - гьаракь ва х!арп. е – хъвазе малъи |
|
|
16. |
Н,н – гьаракь ва х!арп. Н, н х!арпал хъвайи. |
|
|
17. |
Н, н гьаракь ва х!арп. |
|
|
18. |
М, м - гьаракь ва х!арп. М,м - х!арпал хъвайи |
26 |
|
19. |
М, н – гьаркьал. Слогал ва предложениял ц!али |
|
|
20. |
Хъвадариялъул дарс. |
28-29 |
|
21. |
Л, л – гьаракь ва х!арп. |
|
|
22 |
Л, л – х!арпал хъвайи. |
30 |
|
23. |
М, л гьаркьал щула гьари |
|
|
24. |
Б, б – гьаракь ва х!арп. |
31 |
|
25. |
Б, б х!арпал хъвайи. |
32 |
|
26. |
Г, г - -гьаракь ва х!арп. |
|
|
27. |
Г, г х!арпал хъвайи. |
33 |
|
28. |
Р, р – гьаракь ва х!арп. |
34 |
|
29. |
Р, р х!арпал хъвайи. |
|
|
30. |
С, с - гьаракь ва х!арп |
35 |
|
31. |
С, с - х!арпал хъвайи. Сс гьаракь щула гьаби. |
36 |
|
32. |
Т, т – гьаракь ва х!арп. |
|
|
33. |
Т, т – х!арпал хъвайи. |
37 |
|
34. |
Х, х – гьаракь ва х!арп |
38 |
|
35. |
Х, х – х!арпал хъвайи. Слогал , предложениял ц!али. |
|
|
36. |
З, з – гьаракь ва х!арп. |
39 |
|
37. |
З, з – х!арпал хъвайи. |
40 |
|
38. |
Э, э – гьаракь ва х!арп. |
|
|
39. |
Э, э – х!арпал хъвайи . Хабар «Базар» ц!али. |
41 |
|
40. |
Й, й – гьаракь ва х!арп. |
42 |
|
41. |
Й, й – х!арпал хъвайи. |
|
|
42. |
Ж, ж – гьаракь ва х!арп. |
43 |
|
43. |
Ж, ж – х!арпал хъвайи. |
44 |
|
44. |
Е, е – гьаракь ва х!арп. |
|
|
45. |
К!удияб Е х!арп хъвайи. Е, – х!арп ц!али. |
45 |
|
46. |
К, к – гьаракь ва х!арп. |
46 |
|
47. |
К, к- х1арпал хъвайи. |
47 |
|
48. |
Ш, ш – гьаракь ва х!арп. |
52 |
|
49. |
Ш, ш – х!арпал хъвайи |
|
|
50. |
Щ, щ – гьаракь ва х!арп. |
54 |
|
51. |
Щ, щ – х!арпал хъвайи. |
|
|
52. |
Г! г! – гьаракь ва х!арп. |
57 |
|
53. |
Г! г! – х!арпал хъвайи. «Маг!арулал» – хабар ц!али. |
|
|
54. |
Т1,т1 -х1арп ва гьаракь. |
58 |
|
55. |
Т! т1 – х!арпал хъвайи |
59 |
|
56. |
В, в – гьаракь ва х!арп. |
|
|
57. |
В, в – х!арпал хъвайи. Эбелги васги-хабар. |
60 |
|
58. |
К!, к! – гьаракь ва х!арп. |
61 |
|
59. |
К!, к! х!арпал хъвайи .Хабар «К!ут! – к!ут!». |
|
|
60. |
Ц, ц – гьаракь ва х!арп. Кицаби, бицанк!аби. |
65 |
|
61. |
Ц, ц х1арпал хъвайи. |
|
|
62. |
Кв- лабиалияб гьаракьгун раг!аби ц1али. |
67 |
|
63. |
Кв х!арпалгун раг!аби хъвайи. |
|
|
64. |
Диктант «Кету». |
|
|
65. |
Д, д - гьаракь ва х!арп. «К!удадаги к!одоги» - ц!али. |
68 |
|
66. |
Д, д – х!арпал хъвайи. |
|
|
67. |
Х! ,х! – гьаракь ва х!арп ц!али. |
70 |
|
68. |
Х!, х! – х!арпал хъвайи. |
|
|
69. |
Щв, к!в – х!арпал. «Щватаби щвана» - хабар. |
72 |
|
70. |
Гь ,гь – гьаракь ва х!арп. |
73 |
|
71. |
Гь гь – х!арпал хъвайи. |
|
|
72. |
Берцинго ва бац!ц!адго хъвайи. Гьадинав вуго дир дах!адада» - хабар. |
74 |
|
73. |
ЛЪ лъ – гьаракь ва х!арп. |
75 |
|
74. |
ЛЪлъ – х!арпал хъвайи. Кицаби ц!али |
|
|
75. |
Чч – гьаракь ва х!арп. |
78 |
|
76. |
Чч – х!арпал хъвайи. |
|
|
77. |
«Мах!ачил гороч» - хабар. |
79 |
|
78. |
Яя – гьаракь ва х!арп. |
80 |
|
79. |
Я, я – х1арпал хъвайи. «Асият» - хабар. |
81 |
|
80. |
Ц!, ц! – гьаракь ва х!арп. «Бац!ги ц!ц1еги» - ц!али |
83-84 |
|
81. |
Ц!ц! х!арпал хъвайи. Диктант «Хасел». |
|
|
82. |
П, п – гьаракь ва х!арп. П, п – х!арпал хъвайи |
86 |
|
83. |
Ч!, ч! – гьаракь ва х!арп. |
88-89 |
|
84. |
Ч!, ч! – х!арпал хъвайи. |
|
|
85. |
«Чияр жо чияе те» - хабар. |
87 |
|
86. |
«Чанил бурут!ги бац!ил т!инч!ги» - кеч!. Ц!адаса Х!амзат «Воре ц!але,ц!але. ц!але !» - кеч!. |
90-91 |
|
87. |
Хъ ,хъ – гьаракь ва х!арп. |
93 |
|
88. |
Хъ ,хъ – х!арпал хъвайи. |
|
|
89. |
«Чанахъан» -хабар. «Воре ,ц!одорго бук!а!» |
94-95 |
|
90. |
Къ ,къ – гьаракь ва х!арп. |
97 |
|
91. |
Къ ,къ – х!арпал хъвайи. |
97 |
|
92. |
«Лъималазул къокъа». «К!одол жаваб» - кеч!. |
98-99 |
|
93. |
Хь ,хь – гьаракь ва х!арп. Хь,хь-х1арпал хъвайи. |
100-101 |
|
94. |
Кь ,кь – гьаракь ва х!арп .Кь ,кь – х!арпал хъвайи. |
102-103 |
|
95. |
Гъ ,гъ – гьаракь ва х!арп. Гъ ,гъ – х!арпал хъвайи. |
104-105 |
|
96. |
Юю, Ёё – гьаракь ва х!арп. Юю, Ёё – х!арпал хъвайи. |
109 |
|
97. |
Берцинго ва бац!ц!адго хъвайи. |
|
|
98. |
Ъ, ь – х!арпал , ы ф – гьаркьал. Ъ, ь – х!арпал хъвайи. |
107 |
|
99. |
Контролияб диктант. |
|
|
© ООО «Знанио»
С вами с 2009 года.