Сценарий "Золушка"переведенная на аварский язык
Оценка 4.8

Сценарий "Золушка"переведенная на аварский язык

Оценка 4.8
docx
22.11.2021
Сценарий "Золушка"переведенная на аварский язык
на аварском золушка.docx

Автор- Вук1анила вук1инч1ила цо барин. Ч1ужуги хун цох1о ясги хьихьун хут1идал, гьес ячунила ц1ияй ч1ужу, Гьелъул йик1уна к1иго яс. Цояй ясалда бук1уна Анна абураб ц1ар, цоялда Марианна. Гьев Баринасул ясалда бук1уна ц1ар Золушка. Рокъоб кинабго х1алт1и гьабула гьелъ. Гьелцоял ясаз щибниги х1алт1и гьабуларо.

Барыня- (Креслоялдаги г1одой ч1ун)

Ц1акъ баг1арун буго гьаниб. (Веер хьвагкзабула. Гьеб заманалдакороласул зурнабазул гьаракь бахъана. К1одого авторас ах1ула.)

Автор- Киналго метер короласул балалде ах1улел руго. Метер бук1ине буго бал!!! Бал!!!

Барыня -Вай ! Анна! Марианна! (Ах1долаго). Раг1арабищ нужеда? Метер бук1инебуго бал!

Анна Марианна- Вай ! Вай! (Рохун). Эбел, дица щиб рет1инеб?

Барыня - Нужее дица кинабго лъик1аб жо босила рет1ине.

Золушка!

Золушка- Щиб , эбел ?

Анна-Метер бук1ине буго бал. Дуца нижер рет1ел къач1азе ккола

Мариана- Хехго, екере .

Барыня- Гьенир рук1ине руго принц, король, королева. Принцасда метер берцин йихьарай яс ячине раг1ула. (елъулаго). Щиб лъалеб, дир ясазул цояй берцин йихьизеги бегьула. (ясал рохула ). Гьеб заманалда Золушка аск1ой ч1ун

ятула).

Барыня- Золушка, щиб дуе?

Золушка - Щибха бук1инеб, дун яч1ун йик1ана нужеда кинаб кьералъул ва

Кинал гурдал гьарилелали гьикъизе.

Мариана- Принцасда берцин бихьулеб, гьанже модалда бугеб гьабе, Екере! (Занавесал къала ва авторас абула).

Автор - Релъеда кьижич1ого рукъана Золушкаца гьезие гурдал. (Занавесал рагьула. Золушка ,жийго жиндаго букъулаго гурдегун )

Золушка- Вай! Диеги бокьилаан гьение ине. Цояб бералъг1аги гьелъухъ балагьизе.(кьурдизе жуяла. Гьеб заманаялъ т1аде яч1уна барыня).

Барыня- Золушка, щиб кьурдилей йигин. Мун гьение кинго йиччаларо. Лъуг1аралищ нижер гурдал?

Золушка - Лъуг1ана ,эбел.

Автор- Щвана метерисеб къо

Барыня- Золушка ,дир месед, (елъулаго) квер меседил яс йиго мун.

Золушка- Баркала ,эбел.

Автор- Киналго х1адурлъун руго балалде ине.

Барыня ~ Киве арав гьав? (барин вач1уна к1иялго ясалги рачун уна. Барыня

хут1 ула нахъе.)

Барыня- Золушка, дир месед, (кодоб босулаго роль жаниб бугеб тарелкаги столалда т1ад балаго. Пиринч1 жаниб бугеб тарелкаги ролъуда т1ад бан, жубазабула) гьабги бище ,т1угьдулги лъалъай, кибго уборкаги гьабе. Дун ана!

Золушка - Нух бит1аги ,эбел (квер хьваг1улаго)

Автор- Киналго балалдеги ун, Золушка хут1ула жийго. Гьей къваридго йик1уна.

Золушка - Киналго балалда ратила. Диеги буго бокьун гьение ине. (гьеб заманалда яч1уна гьелъухъе фея)

Фея -Золушка, щиб ккараб ,дир месед. Балалде ине бокьунищ бугеб? Дица кумек гьабила дуе. Къанще берал (Золушкаца берал къанщула. Гьеб заманаялъ кунч1улеб г1ажаибаб т1ил Феяца хьваг1ула. Залалда бугеб канлъи свинабула. Золушкада т!асан рет1араб халг1ат бахъун сценаялъул цояб рахъалде рехула. Канлъи рек1уна. Нилъеда цее яч1уна берцинаб гурдеги рет1арай Золушка. Золушкаца гурде эхедег1ан гьункьизабула. Гьелда т1ад ругел тапочкаби рихьула.)

Фея -Гьебги лъала дида ,ма гьал хьитал. Дуда гурони бегьуларо гьел. (хьитал рет1инарула.

Золушка-Вай гьаб гурдилги берцинлъи. Дун балалде ина. (екерула фея хадуй, ах1дола)

Фея- Золушка, ч1ая, ч1ая! Къаси 12 т1убараб мехалъ дур гурде хохола. Воре ха,

Муняч1а хехго рокъое.

Золушка- Баркала дуе ,амма гьаб уборкаялда щиб гьабилеб?

Фея -Дица гьабила гьеб.

Автор- Золушка ана балалде. Принцасда Золушка бищун берцин йихьана. (Золушкаги Принцги квералги ккун. Принцас гьелда гьикъула)

Принц- Киса мун гьедин берцинай? Ц1ар щиб дуда? (Гьеб заманалъ 12 саг1ат т1убалеб гьаракь раг1ула)

Золушка - Дун ине ккола. (Екерун уна. Болъодухъ хьитги бортун уна. Принцас хьит кодобе босула)

Принц -Кие арай гьай? Кие арай гьай? Бокьараб бак1алдаса ялагье. Дица гьей гурони ячунаро.

Гьудулзаби - Нижеца ялагьила.

Автор- Королас приказ кьуна (гьаб хит бегьарай яс ячуна дица васасе. Ах1ун)

Автор - Щвана барыняги к1ияйго асги рокъоре.

 


Mapuaнa-Гьение балалде яч1арай берцинай яс йихьизе йик1арайани дуда.

Амма дуда гьей йихьич1о.

ЗолушкаДун йохарай йиго гьелдасаги, нужедасаги.

Мариана- . Ана гьей яс т1урун, гьелъул хьитги кодоб ккун хут1ана пакъир принц (елъула)

Автор- Щвана гьазул рокъобги ирга хьит борцине (Рач1уна киналго принцгун цадахъ. Цояс абула - Рач1ая, ясал. Ясал г1одор ч1ола. Хьит киназдаго борцуна.).

Барыня- Золушка! Золушка! Гьание яч1а. (Гьей яч1уна). -Дуда кинабго бажарула, бегьинабе гьабги. (Золушкаца хьит Марианада бегьинабула.).

Мариана- Бегьана! Бегьана!

Принц -Яч1ая цо кьурдизе. (Кьурдулел мехалъ хьитги г1одобе рехун ун, гьей г1одой реч1ула. Цинги эбелалъ т1аде яхъинаюла.)

Барыня -Хвана дир яс. (Подои ч1езаюла ,гьава гьабула)

Принц- Дида лъала лъида гьеб борцинч1ебали. (Золушка г1одой ч1езаюла. Принцас жинцаго рет1уна гьелда хьит. Золушкада бегьуна гьеб.)

Феяги яч1ун ц1идасан рет1уна гьелда гурде Золушкаца босун к1иабилебги хьит рет1уна. Гьеб заманалда гьоркьоб яч1уна барыня т1ад реч1ун Золушкада

Барыня - Кьоларо! Дир йиго! (Принцасул гьудулас ят1а гьаюла гьей Золушкадаса. Принцги Золушкаги кьурдула).


 

Автор - Вук1анила вук1инч1ила цо барин

Автор - Вук1анила вук1инч1ила цо барин

Автор - Релъеда кьижич1ого рукъана

Автор - Релъеда кьижич1ого рукъана

Фея - Золушка, ч1ая, ч1ая! Къаси 12 т1убараб мехалъ дур гурде хохола

Фея - Золушка, ч1ая, ч1ая! Къаси 12 т1убараб мехалъ дур гурде хохола

Принц - Яч1ая цо кьурдизе. (Кьурдулел мехалъ хьитги г1одобе рехун ун, гьей г1одой реч1ула

Принц - Яч1ая цо кьурдизе. (Кьурдулел мехалъ хьитги г1одобе рехун ун, гьей г1одой реч1ула
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
22.11.2021