Урок по родной литературе на тему : Гамзат Цадаса " Моя жизнь"
Оценка 5

Урок по родной литературе на тему : Гамзат Цадаса " Моя жизнь"

Оценка 5
docx
21.11.2019
Урок по родной литературе  на тему : Гамзат  Цадаса " Моя жизнь"
5. цадаса моя жизнь.docx

Авар мац1алъул рагьараб дарс

 

Ц1адаса Х1амзат

"Дир г1умру"


Дарсил план:

1.Дарсиде х1адуриялъул лах1зат.

2. Раг1икъот1 ц1езаби.

3. Сураталда т1асан к1алъай гьаби.

4. Дарсил тема, мурадал, масъалаби баян гьари.

5. Литературияб диктант.

6. Цебе малъараб такрар гьаби

7. Ц1ияб тема.

8. Поэмаялъухъ г1енекки.

9. Асаралъул анализ

10. « Лъие бокьун бугеб Ц1адаса Х1амзатихъе щвезе?» -х1ай

11. Ц1адаса Х1амзатил музеялде виртуалияб сапар.

12. Ц1адаса Х1амзатил интервью.

13. Дарсил х1асил гьаби, баркалаялъул кагътал рикьи. Рокъобе т1адкъай кьей.

Дарсил алатал:

·         Компьютер

·         Мультимедияб доска

·         Презентациялгун, х1айгун, слайдалгун, халкъиял бакъналгун.

·         Васазе ва ясазе миллияб рет1ел.

·         Баг1арал ва хъах1илал карточкаби – бонусал.

Бат1и – бат1иял асараздаса багьадурал-ц1алдохъаби, гьалбал: Ц1адаса Х1амзат,рет1а-къала дандекколеб къаг1идаялъ.

Дарсил тайпа: ИКТ х1алт1изабураб г1адатияб гуреб адабияталъул дарс









 

 

 

 



Дарсил ин:

Класс бец1 гьабун буго. Классалъуве лъугьуна муг1алим ва лъималазе салам кьола:

Муг1алим: Рорч1ами, лъимал!

Ц1алдохъабаз цадахъго жаваб кьола, ва авар мац1алъул х1акъалъулъ ругел мухъал ц1алула.

Слайд - пандуралъул бакъаналда гъоркь рагьула Хунзахъ районалъул карта

Муг1алим: Лъимал, нилъер жакъа буго г1адатияб гуреб дарс. Гьеб ине буго г1адатияб гуреб х1алалда, лъугьине руго г1адатиял гурел ишал. Жакъасеб дарсил маршрут ва тема бищизе т1амизе руго нужго. Рази ругищ?

Ц1алдохъаби: Рази руго!

2 Слайд – ч1обогояб кроссворд.

Муг1алим: Дарсил маршрут бищизе буго раг1икъот1 ц1езабиялдалъун. Гьеб бук1ине буго нилъер дарсил сапаралъулаб т1амачлъунги. Кире ва лъихъе – гьел суалазе жавабал щола раг1икъот1 ц1езабун хадуб.

- Лъимал, бокьун буго к1вар буссинабизе: ц1ик1к1ун баг1арал бонус – карточкаби щварав ц1алдохъанасе щвезе буго «Г1акъилзабазулги г1акъил» абураб ц1ар.

Ц1алдохъаби: Нижеца х1аракат бахъила!

Муг1алим: 1 суал: Кив гьавурав Ц1адаса Х1амзат?

Ц1алдохъаби: Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ

Муг1алим: Бит1ун буго.

Муг1алим: 2 суал: «высокомерие, чванство, гордость» маг1арул мац1алде буссинабе?

Жаваб: Ч1ух1и.

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! 3 суал: Ц1. Х1амзатил кеч1 антиреклама?

Ашбазалде!

Муг1алим: ц1акъ лъик1 буго! 4 суал: бахчараб дандекквей ккола …?





-Метафора.

Муг1алим: 5 суал: Ц1. Х1амзат вук1ана гьурмада … бугев чи.

- Разилъи

Муг1алим: Гьаб раг1и нужее зах1малъизеги бегьула, бугониги х1албихьизинха. 6 суал: «взятка» маг1арул мац1алде буссинабе?

Муг1алим: Рищват! Х1алч1ахъад!

Муг1алим: ахирияб 7 суал: авторасул бицунеб жоялдехун бугеб бербалагьи загьир гьабулеб гъвангъараб сипатияб раг1и ккола:

- Эпитет.

Муг1алим: Бит1ун буго. Дун нужедаса рази йиго.

Слайд 3- ц1езабураб раг1икъот1.

Муг1алим: - Гьанже ц1ализе бегьула сапар кибе бухьине бугебали:

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат. Нилъ рилълъине руго Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъе.

Муг1алим: - Бит1ун буго. Лъица бицинеб лъил х1акъалъулъ нилъеца жакъасеб дарсида бицине бугеб?

Ц1алдохъаби: Дарсил тема ккола: Ц1адаса Х1амзат «Дир г1умру» (поэма)

Слайд 4 – Ц1адаса Х1амзатил портрет.

Муг1алим: Лъицаха нилъер гьалбазе Ц1. Х1амзатил х1акъалъулъ бицинеб?

(Портреталда т1асан к1алъай.)

Ц1алдохъан:

Гьев гьавуна 1877 соналъул 21 августалда. Х1амзатил эмен Юсупил Мух1ама вук1ана эркенав узденчи. Гьесул бук1инч1о хъат ч1вазег1анасеб ракь, амма бук1ана 7 лъимер, гьезда гьоркьосан г1иц1го Х1амзатица лъолаан т1агъур. 7 сон гьес байдал, хола эмен. К1удияб хъизаналъул т1алаб т1аде ккарай эбелги кват1ич1ого хола. Бест1алазул т1алаб гьабула инсул вацг1алзабаз. Мух1амадсултаница Х1амзат кьуна Гиничукье мадрасаялде г1араб ц1ализе. Хисана г1емерал росаби, дибирзаби. Гьелъие г1илла Х1амзатил сатириял куч1дул рук1ана.

Гьесда бихьана мискиназда бугеб къварилъи, росдал бечедазул хъант1и, гьез махсароде кколеб халкъ.

Х1амзатил творчество байбихьанин абизе бегьула жеги мутаг1иллъуда вугеб мехалъго. 14 сон барав Х1амзат судалде кьола Г1алибег абулев бечедав

 

 

мадугьалас, цо кинабалиго т1аг1ел бикъун бугин багьанаги батун.

Гьеб бук1ана 1891 сон-гьесул пагьмуялъулги пасих1лъиялъулги гъансиниб лъураб т1оцебесеб хазиналъун жиб ккараб «Г1алибегил гьве» абураб кеч1 хъвараб сон.

Гьес С. Стальскиясда (проекторалда суратал кьола) цадахъ кьуч1 лъуна т1олабго Дагъистаналъул г1аммаб советияб литератураялъе. Гьесда лъик1 лъалан г1арабазул литература. Х1амзат шаг1ир гуревги вук1ана драматург, хъвалаан критикаялъул, публицистикаялъул, литератураялъул х1акъалъулъ х1алт1аби.

Х1амзатица нахъа тана бечедаб адабияб ирс: руго гьесул маргьабиги, баснябиги, сатириял асаралги,поэмабиги,публицистикаги,таржамабиги.

Г1ужда щолеб, бег1ераб пасих1аб каламалъул устар - гьесул куч1дуздасан цо-цо мухъал халкъиял абиязде, биценазде сверана. Гьел куплетал халкъалда рек1ехъе лъала.

 

Муг1алим: Баркала, Дица цодагьаб т1адежубай гьабила дарсил темаялде. Ц1адаса Х1амзат «Дир г1умру».

Слайд 5, 6- дарсил тема, масъалаби, мурадал.

Нилъер масъала: шаг1ирасул г1умруялъулгун, ширг1ияб ирсалъулгун дагьаб г1ат1идго лъай-хъвай гьаби, калам цебет1езаби, пикру бег1ери, жакъасеб къоялъулгун малъулеб асарлъул бухьен ч1езаби.

Слайд 7 –дарсил эпиграф

Муг1алим: ц1але ва к1вар кье дарсил эпиграфалде.

Ц1алдохъаби: Х1амзат, дур асараз инсан куцана,

Бец1ал г1адатал къаникьги рукъун.

Муг1алим: Баркала, нилъ жеги гьелде т1адруссина. Гьабсаг1ат нилъеца гьабизе буго литературияб диктант. Т1убалеб къаг1ида: дица ц1алулеб предложение нужеца лъуг1изабизе.

Слайд-8 –Литературияб диктант:

1. «Дибирги г1анхвараги» абураб кеч1алъул автор…

Ц1алдохъаби: Ц1адаса Х1амзат

2. Жиндир хасав автор вугеб асар ккола…

Ц1алдохъаби: Литературияб.
3. Инкъилаб абураб раг1иялъул синоним …

Ц1алдохъаби: революция
4. Ц1адаса Х1амзатил революциялда цересел асарал …





Ц1алдохъаби: «Ашбазалде», «Г1алибегил гьве», «Дибирги г1анхвараги».
5. Кинаб жанралъе кьуч1 лъураб Ц1. Х1амзатица …

Ц1алдохъаби: сатираялъе.
6. Сатириял асараз къват1иб ч1вазабула…

Ц1алдохъаби: г1унгут1аби

Слайд 9 - Викторина «Асаралъул ц1ар ва автор абе»

Учитель: Киналго лъик1 х1алт1ана. Гьанже х1алт1изе руго къокъа-къокъаккун. К1иго командаялдеги рикьун, цоцазе кьезе буго цо суал: «Асаралъул ц1ар ва автор абе»

Къокъабаз, цин-цин гьабун, ц1алула куплетал:

Слайд 9-13

1 группа:

Дуца гьудуллъун ккве квер г1ат1идаб т1ехь
Кида бокьаниги, дуй пайда кьолеб.
Гьалмагълъун ккве дуца литература
Мун хисарданиги, цо х1алккун ч1олеб

 

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат. «Гьудуллъи лъилгун кквелеб?»

2 группа:

Кутакалде мугъ ч1вараб
Ч1ух1араб пил бихьулищ
Лолен г1адин, ц1унц1раялъ 
Ц1анбит1ун г1одоб лъураб

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Пилги ц1унц1раги»

1 группа:

Жиндир хъулухъ гуреб иш 
Бет1ералде босарасе
Мисалалъе гьаб раг1и
Г1унги т1ок1аб буго

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Маймалакги ц1улал устарги»

2 группа:

 

 

Гьедиг1ан инжитго данде гьабураб
Дунялалъул боц1и бакьанго гуро

Мискинзаби гуккун, кодобе щвараб 
Шагьи –параялда дун урхъуларо

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Ашбазалде»

1 группа:

Исана дидасан бегьараб зарал
Закат-сах1алдасан босеха, дибир,
Т1аде-хариялде я дунго хвела,
Ялъуни дибирлъун бат1ияв ккела!

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Дибирги г1анхвараги»

Слайд 14 – Цере малъарал асаразул ц1аралгун.

Цересел классазда малъана:
5 кл.- «Гъалбац1ги г1анк1ги», «Гьудуллъи лъилгун кквелеб?»
6кл.- «Маймалакги ц1улал устарги», «Пилги ц1унц1раги», «Шамилиде»
7кл.- «Ашбазалде», «Дибирги г1анхвараги»

Муг1алим: Нилъеца Х1амзатил цере малъарал асарал такрар гьаруна. Лъица бицинеб, гьел асараз нилъ сунде ах1улел ругел?

Ц1алдохъаби: Нилъго нилъерго г1амал-хасияталда т1ад х1алт1иялде.

Слайд 15- Дарсил тема

Муг1алим: «Дир г1умру» абураб поэмаялда жаниб бицунеб буго авторас жиндирго г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ. Поэмаялъул т1оцебесеб бет1ералде ц1ар буго «Мискинаб рукъ». Мискинаб г1умруялъул байбихьи кьун буго гьеб бет1ералда. Слайд16-17

К1иабилеб бут1аялде ц1ар «Ц1ализе кьей». Гьениб авторас рагьун буго матаг1иллъиялъул заман. Слайд18-

Лъабабилеб бут1а «Рукъалде вуссин». Хъизан- рукъ гьабиялъул бицун буго гьеб бут1аялда. Слайд 19-





Хадусеб бут1а «Дибирлъи». Г1езег1ан заманалда жиндирго росулъ дибирлъун вук1ана Ц1адаса Х1амзат.Слайд20-21

Бищунго х1алуцараб бак1азул цояб ккола поэмаялда «Инкъилаб» абураб бут1а. Пача т1аса рехиялда бук1араб хьул, анищ т1убала.Слайд22-23

«Совет х1укуматалъ гьабураб х1урмат» абун тун буго хадусеб бут1аги авторас. Слайд24-25

Ахирисеб бут1аялде ц1ар кьун буго «Ват1анияб рагъул заманалда». Гьенибги авторас К1удияб Ват1анияб рагъде г1олилал т1орит1изе жинцаго гьабураб жигаралъул бицунеб буго. Нилъеда лъала Х1амзатил к1иго вас ч1вана гьеб рагъулъ. Слайд26-27

Слайд 28– Словарияб х1алт1и

Муг1алим: Тексталъулъ дандч1валел зах1матал раг1абазе баянал нужеца словаралда хъвазе бегьула.

Хьин – цебе маг1арулаз ургазда жаниб лъолеб бук1араб тамахаб хер.

Къайим – т1алаб гьабизе т1аде босарав чи.

Къанун – закон.

Ц1июр – цо чанго соналъ ц1аларав к1удияв мутаг1ил.



Слайд29. «Дир г1умру» -поэмалъухъ г1енекки

Муг1алим: Гьанже поэмаялдаса цо-цо бут1абазухъ г1енеккизин

Муг1алимБокьанищ нужее поэма? Рач1а гьанже нилъеца поэмаялда т1асан гьабизин гара-ч1вари.

Слайд -30 –Асаралъул анализ



Слайд -32- Асаралъул аслияб пикру

Ц1алдохъаби: Идея – Г1умруялъул зах1малъабазги заманалъул хис-басиязги инсан куцула.

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! Божула нужеда. Гьабсаг1ат х1алт1изе руго т1ехьгун. Нужеца поэмаялда сипатиял раг1аби ратизе руго: 1 группаялъ-т1оцебесеб бет1ералда эпитетал, 2 группаялъ – к1иабилеб бет1ералда матафораби, 3 группаялъ лъабабилеб бет1ералда дандекквеял.

Биччала халкъияб бакъан



Муг1алим: Ц1акъ лъик1 буго!

Х1ухьбахъиялъул лах1зат х1исабалдаги лъик1 х1алт1аралъухъги дица нуж рачине руго Ц1. Х1амзатил музеялде.

Гьесул буго юбилей –гьавуралдаса 140 сон т1убай, баркилищ?.

Слайд 33 –Ц1адаса Х1амзатил юбилей

Ц1алдохъаби: Ц1акъ бокьила!

Слайд -34 «Лъие бокьун бугеб Х1амзатихъе щвезе?»

Муг1алим: Нилъеца гьабизе буго х1ай: «Лъие бокьун бугеб Х1амзатихъе щвезе?»

Гьелъул.буго «Миллионерлъун вахъине лъие бокьун бугеб?» абураб х1аялъулго г1адаб къаг1ида

Баккула х1ай, гьеб г1уц1ун буго суалал-тестаздасан:

·         Кида гьавурав Ц1. Х1амзат?

·         Ц1. Х1амзатил фамилия, инсул ц1ар?

·         Ц1адаса Х1амзатил т1оцебесеб асаралда ц1ар щиб?

·         Ц1. Х1амзатил т1оцебесеб т1ехь къват1ибе бахъараб заман?

·         Ц1.Х1амзатил кеч1 –антиреклама?

·         Ц1. Х1амзатица асарал хъварал адабиталъул тайпаби?

·         Х1амзатие «Халкъив поэт» абураб ц1ар кида кьураб?

·         Гьодораб хабар – сипатияб калам?









·         Метафора –баян кье?

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! Бихьулеб буго нуж лъик1 х1адурун рук1ин ва нужее шаг1ир вокьулев вук1ин! Сапаралъ рахъинин!

Слайдал 42-52 халкъияб бакъан. Ц1. Х1амзатил рукъ-музей.

Гьалбазда дандч1вай гьабула Ц1. Х1амзатица-ц1алдохъанас:

Х1амзат: Дун ц1акъ вохарав вуго, хириял, нуж рач1иналдаса, лъик1 щварал!».

Дунни нужеда к1очон тун ватилилан вук1ана.

Ц1алдохъаби: Телищха. Нижеда мун к1очон толаро, ц1алула дур асарал.



Юбилей баркизеги бокьун буго.

Ц1алдохъаналъ Х1амзатиде гьабураб асар рик1к1уна.(Ада Асх1абова кеч1)

Х1амзат: Баркала, херав вохизавуна нужеца.

Слайд 53- Ц1адаса Х1амзатил интервью

Цее яхъуна, кодоб микрофонгун, журналистка.

Журналистка: «Х1акъикъат» газетаялъе цо дагьал суалазе жавабал кьезе разилъиларищ, х1урматияв?

Х1амзат: Гьай-гьай, разилъила.

Журналистка: Лъазе бокьилаан т1оцебесеб асаралъул х1акъалъулъ?

Х1амзат: Мутаг1иллъиялъул соназдаго хъвана «Г1алибеги гьве». Дир бук1ана 14 сон. Гьеб асар сабаблъун чанго нухалъ судалъул скамейкаялда ч1езе ккаравха дун.

Журналистка: «Ашбазалде» абураб асар ц1акъ бокьана. Гьелъулги бицинарищ?

Х1амзат: Х1ажияс дие гьеб асар къват1ибе бахъич1ого таралъухъ кьолораб чу кьолеб бук1ана (гьанже ч1ух1араб машина г1адаб жоха). Амма кват1ун ккана: киназго, цоцазул к1алдиса босун, рик1к1унеб бук1ана гьеб. Ашбазги кват1ич1ого къазе ккана.





Журналистка: Х1амзат Мух1амаевич, бищунго рак1алда ч1араблъун кинаб сон ккараб?

Х1амзат: Узухъда, дир т1анч1и, 1934 сон. Гьеб соналъ канлъи бихьана дир «Г1адатазул жул» абураб т1оцебесеб т1ехьалда, дие кьуна халкъияв шаг1ирасул ц1ар, гьебго соналъ восана хъвадарухъабазул союзалде, Мух1мадмирзаца дида абуна «Аваразул Чехов» абун

Слайд 54- Мух1мадмирза Хизроев «Ц1адаса Х1амзатил х1акъалъулъ»

Х1амзат: Дие цебего гьикъизе бокьун бук1ана нужеда. Дида раг1ана гьанже маг1арул мац1 бокьуларел лъимал ругилан. Нужеда гъорлъ ругищ гьединал?

Ц1алдохъан: Дица кьела, Х1амзат Мух1амаевич, гьеб суалалъе жаваб. Нижеца гьединазул рахъ кколаро. Амма х1аракат бахъула гьел мекъи рук1ин гьезда бич1ч1изабизе.

Гьабсаг1ат нижеца бихьизабила «Ашбазалде» абураб коч1олъа цо гьит1инабго сценка.

Х1амзат: Дун вохарав вуго дир асарал нужее рокьиялдаса. Х1алч1ахъаги нужер.

Ц1алдохъаби: Х1амзат Мух1амаевич, мунги свакан ватила. Баркала к1удияб. Нижееги т1адруссине заман щвана.

Муг1алим: Бокьанищха сапар? Сваканищ?



Муг1алим: Ахиралде щвана нилъер сапар.

Биччала проектор. Гьеб заманалда муг1алимас ц1алдохъабазул карточкабазул хал гьабула ва ц1ик1к1ун бонусал щварав вихьизавула

Муг1алим:

Дарсил х1асилал гьаризин? Вугищ к1алъазе вахъине бокьарав чи?

Ц1алдохъан: Дие поэма бокьана. Гьелъ дида Ц1адаса Х1амзатил г1умру гъваридго лъазе гьабуна.

Ц1алдохъан: «Ашбазалде» сценкаялъ лъик1аб асар гьабуна.

Ц1алдохъан: Экускурсия бокьана. Нужее баркала.

Муг1алим: Баркала, лъимал. Гьанже цеве вахъинавизин «Г1акъилазул г1акъил» абураб ц1аралъе мустах1икълъарав ц1алдохъан.





Бала лента

Къиматал лъола, баркалаялъул кагътал рикьула.

Слайд- 70-76 - Гьалбазул малъа-хъваял

Муг1алим: Т1адруссинин дарсил эпиграфалде: Х1амзатил асарал инсан куцалел къебелъи ккола.

Рокъобе т1адкъай: Сочинение хъвазе цо дарсил кьуч1алда.

Къо-мех лъик1 киназего!











Урок по родной литературе на тему : Гамзат Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе  на тему : Гамзат  Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе на тему : Гамзат Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе  на тему : Гамзат  Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе на тему : Гамзат Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе  на тему : Гамзат  Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе на тему : Гамзат Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе  на тему : Гамзат  Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе на тему : Гамзат Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе  на тему : Гамзат  Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе на тему : Гамзат Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе  на тему : Гамзат  Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе на тему : Гамзат Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе  на тему : Гамзат  Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе на тему : Гамзат Цадаса " Моя жизнь"

Урок по родной литературе  на тему : Гамзат  Цадаса " Моя жизнь"
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
21.11.2019