Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»
Оценка 4.8

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Оценка 4.8
Разработки уроков
docx
классное руководство
8 кл
05.05.2019
Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»
1. Учителасул цебераг1и. Дунялалдаго машгьурав поэт, прозаик, философ, Ц.Х1амзатил вас Р.Х1амзатов гьавуралдаса 8 сентябралда бана 90 сон. Гьединлъидал 2013 сон лъазабун бук1ана Р.Х1амзатовасул сонлъун. Расулил х1урматалда кирго: школазда, районазда, шагьаразда – т1орит1улел руго Расулил коч1ол байрамал. Расулил шаг1ирлъиялъул, г1умруялъул, т1адег1анлъиялъул, гьунаразул бицине бегьула лъуг1ел гьеч1ого. Байрамалде х1адурлъи гьабурал ц1алдохъабазе рес кьела Р.Х1. т1аденг1анлъиялъул гьунаразул, г1умруялъул, шаг1ирлъиялъул хаслъабазул бицине. 2. Ц1алдохъабазул цебераг1и (1ц1алд., 2ц1алд.) 1ц1.: 20 абилеб г1асруялъул шаг1ир 2ц1.: Шиг1рабазул зодихъ бищунго гвангъараб ц1ва 1ц1.: К1удияб дунялалде дъагъистаналъул вакил 2ц1.: Гьит1инаб гордухъан, к1удияб дунял бихьараб г1акъил 1ц1.: Дагъистаналъул халкъияв поэт, хвел гьеч1ел асаразадалъун дунял х1икмат гьабурав инсан. 2ц1.: Расулил коч1ол данделъиялде рач1арал нужее салам.
расул х1амзатов 1.docx
Урок в 7 классе «Расул Гамзатов» Дунялалдаго   машгьурав   поэт,   прозаик,   философ,   Ц.Х1амзатил   вас 1.  Учителасул цебераг1и. Р.Х1амзатов гьавуралдаса 8 сентябралда бана 90 сон.  Гьединлъидал 2013 сон лъазабун бук1ана Р.Х1амзатовасул сонлъун.  Расулил   х1урматалда   кирго:   школазда,   районазда,   шагьаразда   – т1орит1улел руго Расулил коч1ол байрамал. Расулил шаг1ирлъиялъул, г1умруялъул, т1адег1анлъиялъул, гьунаразул бицине бегьула лъуг1ел гьеч1ого.  1 Байрамалде   х1адурлъи   гьабурал   ц1алдохъабазе   рес   кьела   Р.Х1. т1аденг1анлъиялъул   гьунаразул,   г1умруялъул,  шаг1ирлъиялъул   хаслъабазул бицине.  2. Ц1алдохъабазул цебераг1и (1ц1алд., 2ц1алд.) 1ц1.: 20 абилеб г1асруялъул шаг1ир 2ц1.: Шиг1рабазул зодихъ бищунго гвангъараб ц1ва 1ц1.: К1удияб дунялалде дъагъистаналъул вакил  2ц1.: Гьит1инаб гордухъан, к1удияб дунял бихьараб г1акъил  1ц1.: Дагъистаналъул халкъияв поэт, хвел гьеч1ел асаразадалъун дунял  х1икмат гьабурав инсан.  2ц1.: Расулил коч1ол данделъиялде рач1арал нужее салам.  3. 2ц1. Дун Дагъисталъул маг1арулалъул  Ункъабилеб лъимер лъабабилев вас  Дун гьавуна бищун мискинав соназ  Маг1арулаз ракъун хер кунеб соналъ. 4. 1ц1. Дагъистаналъул   халкъияв   поэт   Расул.   Х1.   Гьавуна   1923   соналъул   8 сентябралда Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ машгьурав шаг1ир Х1амзатил хъизамалда. Эбелалда ц1ар бук1ана Хъандулай. Гьел к1иялго рук1ана ц1акъ г1адамал хириял, махсара – хоч1 бокьулел, рак1бац1ц1адал маг1арулал. Эбел – инсул хасият – г1амал васасул чорхолъги, бидулъги рек1елъги бессич1ого хут1ич1о. 5. 2ц1. Т1абиг1аталъги т1адег1анав бет1ергьанасги Расулие кьуна къанаг1атаб ва х1икматаб гьунар, бергьараб к1алзул пасих1лъи, рек1ел ц1одорлъи; живго гьит1инаб   мехалъ   ва   г1олохъанлъуда   дагьав   хехдарулев,   ц1акъго   рак1 г1анч1ав, г1орхъолъа ун г1адамазда божулев чи вук1аниги, Расулил вахъана к1удияв   шаг1ир,   гьесул   асараз   рохел   щвезабуна,   маг1арулазе   гуребги, дунялалъулго миллионал г1адамазе.  Жиндирго   г1умруялъул   аслияб   мурад   Расулица   баян   гьабуна   коч1ол 6. 1ц1. ункъо мухъалдалъун: Рорхатал ц1вабзазде сухъмахъал гьарун,  Гьенире ракетал роржаян абе. Бищун т1адег1анал, г1агарал ц1ваби –  Г1адамазухъе щвей буго дир мурад. 7. 2ц1. 2 Халкъалъ   Расулил   зах1маталъе   бук1ине   кколеб   къимат   кьуна:   гьев мустах1икълъана г1емерал халкъазда гьоркьосел премиябазе: к1удияв шаг1ир Фирдоусил ц1аралда бугеб, Болгариялъул хъвадарухъан Христо Ботевасул, ц1акъго даража ц1ик1к1араб са1гъат – дунялалъулго шаг1ирзабазда гьоркьоб Италиялда   т1обит1араб   «Къоабилеб   г1асруялъул   поэзия»   абураб конкурсалъул т1оцебесеб, Шолоховасул ц1аралда бугеб. «Къоабилеб   г1асруялъул   поэзия»   премиялъул   конкурсалъе   бет1ерлъи гьабулев   вук1арав   Арабелла   Коподъечица   х1асил   гьабулаго   абуна: «Жиндирго асаразулъ Расулица х1айранго, пасих1го, х1асратаб куцалъ, цох1о жиндиего хасиятаб къаг1идаялъ бицунеб буго т1олго дунялалъе к1вар бугел ишазул, масъалабазул х1акъалъулъ. Гьезда гьоркьоб цояб – ракълилаб г1умру гьабизе инсанияталъул бугеб гъира, анищ. Гьеб буго киналго г1адасазе хирияб пикру, хасго жакъасеб къоялда – дунялалда такъсир ва питна г1емерлъараб мехалда».  8. 3ц1. Литература цебет1езабиялъулъ лъураб к1удияб х1аракатчилъиялъе г1оло Расул   Х1амзатовасе   кьуна   Дагъистаналъул   г1емерал   премияби   ва   ц1арал: Социалистияб   Зах1маталъул   Бах1арчи,   РСФСРалъул   ва   СССРалъул Пачалихъалъулал  премияби, «20 г1асруялъул  бищун лъик1ав  поэт» абураб халкъазда гьоркьосеб премия, Азиялъул ва Африкаялъул хъвадарухъабазул «Лотос»   премия,   Джавахарлал   Нерул   ва   Фирдоусил,   Христо   Ботевасул премияби   ва   гьединго   Шолоховасул,   Фадеевасул, Мах1мудил, Стальскиясул, Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда ругел премияби.    Лермонтовасул, Расул   мустах1икълъана   г1емерал   т1адег1анал   шапакъатазе:   Ленинил ункъо орденалъе, Октябралъулаб революциялъул орденалъе, лъабго Баг1араб Байрахъалъул орденалъе, Халкъазул гьудуллъиялъул орденалъе, Ват1аналда цере   гьарурал   хъулухъазе   г1оло   орденалъе,   Петр   К1удиясул   орденалъе, Болгариялъул Кирилла ва Мефодийл орденалъе.        9. Ват1анияб рагъда шагьидлъарал вацазул хвел рак1алдещвей 4ц1: Жакъаги рак1алда буго дида 1941 соналъул гьат1анкъо. Авар театралда инсул «Балагьалъул гъамас», ахирисеб репитиция,  рагьизе къач1араб пирдав. 5ц1.: Амма гьеб къоялъ рагьанаи цо1ги бат1ияб балагьалъул гъамас.  Байбихьана рагъ.  4ц1.: Улкаялъ ах1ана. Дагъистаналъул лъималги ана рагъде. Анна дир  к1иявго вацги Муг1рузда нахъе гьел т1ерхьинег1ан, т1охил раг1алда гьезда  хадуй балагьун хут1ана эбел.  5ц1.: Севастополалъул к1ванг1аби, ганч1ал, к1икъоялда цойилъ нуж руго нуг1зал. Сордо бук1ана ц1орораб нак1к1илаб. Самолет бортана ч1ег1ераб  3 ралъдалъе. Гьелда рек1араб ц1а карачелазул квачараб гьелчеялъ свинабуна.  Г1умру гьеч1еб т1аг1ел т1иналде ана. Гьелда т1ад вук1ана дир вац Ахилчи.  6ц1.: Ралъад гьекъанаг1ан къечон йиго дун. Гьадиг1ан г1ат1идаб, гьадин  г1урчинаб, гьадиг1ан к1удияб хоб бук1унебищ? Хабада т1ад зани ч1валеб  гьеч1елъул, жеги ч1ого вуго дир вас Ахилчи. 4ц1.: Хадубги Волга г1ор, г1асияб ц1адулъ г1азабаз к1век1улеб дир  к1удияв вац. Доб Балащовалъул госпиталалда, гьесда гьет1ун хирург,  хьваг1ана бет1ер.  5ц1.: Къваридаб ах1иялъ эменги дунги анна гьесда хадув. Ана ватич1о.  хабада зани ч1ван, гьелда ц1ар хъвана Ц1адаса Х1амзатил вас Мух1амадин.  4ц1.: Васазул унтиялъ унтула эбел, васазул сахлъиялъ сахлъула эбел,  амма цоги маг1у г1еч1ого, бакът1ерхьуде йиго ялагьун эбел.  10.Эбелалде – хоралда ах1и 11.2ц1.  Къуватаб, кидаго беролеб иццлъун поэтасул творчество лъугьиналъе  аслияб г1иллалъун ккана т1абиг1аталъ кьураб жиндирго гьунар гьес щибаб  къоялъ щула гьаби, г1умруялъул ц1ия – ц1иял гьатал гъваридго рагъизе жигар бахъи. Рух1ги, жанги, рек1ел шавкъги гъорлъ гьеч1еб кеч1 Расулил асаразулъ  къанаг1атги батуларо. Гьединлъидалин гьес коч1олъ ах1араб: Дица кеч1, бидулас къисас босизе,  Жанисеб къасд г1адин, рек1елъ ц1унана. Дица кеч1, гьукъараб рокьи киниги,  Макьил заманаялъ сардилъ гьабуна. 12.1ц1. Авар   адабият   цебе   т1езабиялъул   бищунго   к1удияб   зах1мат   Расулиде ккана. Гьес цере т1езаризе ккана адабияталъул лъик1ал къаг1идаби, г1уц1изе ккана ц1иял жанрал, рагьизе ва ратизе ккана бат1и бат1иял темаби. Расул х1алт1изе   ва   ц1ализе   ккана   бищунго   г1емер,   лъазабизе   ккана   Бакъбаккул улкабазул   гуребги,   Западалъулги   –   т1олабго   дунялалъул   литература. «Бигьаяб бук1ун батиларо т1оцебе хур бекьулесе. Бигьаяб бук1ун батиларо дунялалда   бищун   цебе   кеч1   хъвалесеги.   Азаргояс   хур   букьун   хадуса,   хур бекьизе бигьалъула. Азаргояс кеч1 хъван хадуса, ц1ияб хъвазе зах1малъула. Ц1ияб   махщел   т1адеялдаса   т1аде,   ругьунлъанаг1ан,   бигьалъун   уна.   Гьаб махщел   т1адеялдаса   т1аде   зах1малъула».   Гьедин   хъвалеб   буго   шаг1ирас жирдирго х1алт1ун, гьелъул зах1малъиялъул х1акъалъулъ «Дир Дагъистан» т1ехьалда.  13.7ц1 4 Куч1 дул гьаризе Расул Х1амзатовас байбихьана ич1го сон баралдаса. Гьесул   т1оцебесеб   т1ехь   басмаялда   бахъана   13   сон   гьес   бараб   мехалда. Анц1ила   лъабго   сон   гьес   бараб   мехалда   байбихьана   гьесул   куч1дул республикаялъул   «Муг1рузул   большевик»   газеталда   рахъизе.   Т1оцебесеб т1ехь басмаялда бахъана 1943 соналда. Расулил г1иц1го 20 сон бук1ана гьев СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул членлъун восараб мехалда. Гьелдаса нахъе   авар,   Дагъистаналъул   ва   Кавказалъул   миллатазул   ва   хадур дунялалъулго   мац1азда   рахъана   гьесул   куч1дузул,   прозаялъулал   ва публицистикаялъулал   асаразул   т1ахьал:   «Дир   рак1   муг1рузда   буго», «Гьудулзаби ц1уне», «Къункъраби», «Рорхатал ц1ваби», «Хъвай­хъваг1аял», «Ахираб   багьа»,   «Пахьалаб   чед»,   «Концерт»,   «Кини   ва   гъансито», «Г1умруялъул   гьоко»,   «Муг1рул   ва   г1ат1илъаби»,   «Ц1ваялда   ц1ва   буго к1алъай   гьабулеб»,   «Маг1арул   къиса»,   «Концерт»,   «Къо   бащалъукь   щобда Дагъистаналда»,   «Дир   Дагъистан»,   «К1иго   щал»,   «Сонетал»,   г1емерал цогидалги. 14.8ц1. Расул   Х1амзатовасул   поэзиялъул   вечерал   бат1и­бат1иял   заманабазда т1орит1ана   Мах1ачхъалаялъул   театразда   ва   «Динамо»   стадионалда, Москваялъул концертазул залаздагун театразда, «Лужникиялда», Софиялъул, Варшаваялъул, Будапешталъул ч1ах1иял залазда. Ленинградалъул   операялъул   ва   балетазул   театралда   бихьизабуна   X1 амзатовасул   поэмаялда   хъвараб   «Maг1арулай»   балет,   Петербургалъул К1удияб   театралда   бихьизабуна   спектакль   «Дир   Дагъистан», Мах1ачхъалаялда   Аваразул   музыкалиябгун   драмаялъул   театралда рихьизаруна   «Дир   рак1   муг1рузда   буго»,   «Эбел   ц1уне»,   «Маг1арулай»   ва цогидалги   спектакльял,   Расулил   поэмаялда   рекъон   лъураб   «Маг1арулай» спектакль бихьизабуна СССРалъул г1емерал театразул сценабазда. Расул Х1амзатов – шаг1ир, философ, гьев вук1ана кепав махсарачи. 15.1ц1. 16.8ц1., 9ц1. 8: ­ цебе маг1арул бук1ун буго ц1акъаб г1адат.  9: ­ гьа, кинабха?  8:   ­   ц1огьор   ц1ух1амидаги   рек1ун,   базар   къот1ун   сверизе   вач1унев вук1ун вуго.  9: ­ Гьедег1ан лъик1аб г1адат бук1ун буго. ­ Щай гьеб гьанже гьабулареб?  ­ Х1амул т1аг1унищ, ц1огьал лъуг1унищ?  ­ Гьанже жо кколаро. 8:   ­   Ц1огьал   х1амуздаса   г1емерлъун   руго,   ругел   х1амулги   х1алакъал руго.  5 ­ Нилъер заманаялъул саламатав ц1огьор рик1к1ине ккани, ц1ух1амица щай   гурин,   вараниялдаги   вачине   к1оларин   хъван   буго   нилъер   х1урматияв Х1амзатил вас Расулица.  17.1ц1.   г1алимзабазул, Х1амзатил   Расул   маг1арул   мац1алда   хъвадарулев   шаг1ир   ккола,   авар литератураялъул ч1ух1иялъул ва борхалъилъул лъугьарав, амма гьесул гьунар ва творчество т1олабго Дагъистаналъул рух1ияб хазиналъул буго. Гьединаб пикру   буго   г1емерал   г1акъилзабазул,   критиказул, хъвадарухъабазул:   Н.   Тихоновасул,   Ч.   Айтматовасул,   А.   Фадеевасул,   С. Маршакил,   К.   Чуковскиясул,   Гр.   Абашидзел,   М.   Свнтловасул,   М. Светловасул,  М.  Каримил,  Вл.  Огневасул,  Казбек   ва  Камил   Султановазул, Фазу Г1алиевалъул, С. Х1айбуллаевасул, Ч. Юсуповалъул, П. Дагановасул, космонавт В. Севастьяновасул ва г1емералги цойгидазул. В. Севастьяновас бищунго   хирияб   т1ехь   х1исабалда   космосалде   босун   бук1ана   Расулил «Т1адег1анал ц1ваби» абураб т1ехь. «Г1умру цебехун боржаниги, къоял нахъа хут1аниги, нилъее асар гьабурал литературиял образал рек1елъ кидалго ч1аго рук1уна. Гьединаблъун  дица рик1к1уна Лев Толстоясул («Рагъ ва рекъел» абураб романалдаса г1олохъанай яс Наташал образ… Расул Х1амзатовасул т1олабго   творчество   бихьула   дида   Толстоясулго   г1адаб   философиялъул рахъалъ гъваридаблъун, рек1ее ч1агояб асар гьабулеблъун. Космосалда бараб анц1ила   микьго   къоялъ   цадахъ   босараб   Расул   Х1амзатовасул   куч1дузул т1ехьалде чучулаан дицаги дир гьудул Андриян Николаевасгирак1ал. Ниже ц1ияб къуват кьолаан гьез», ­ гьедин хъвалеб буго космонавтас.  18.10ц1. Расул   Х1амзатов   вук1ана   Европаялъул,   Азиялъул,   Африкаялъул, Америкаялъул   Немерал   улкабазда:   гьев   гьоболлъухъ   вук1ана   дунялалдаго машгьурал къиралзабазухъ, президентазухъ, хъвадарухъабазухъ, художниказухъ ва цогидалги машгьурал Надамазухъ.   Гьединго   Мах1ачхъалаялда   ва   Ц1ада   росулъ   гьесухъ гьоболлъухъ рук1ана дунялалъулабго к1варалъул ч1ах1иял г1адамал. х1аракатчаг1азухъ, пачалихъазулал       Мух1канго,   бег1ераб   раг1удалъун   Расулил   творчествоялъул интернационалияб хасият коч1одалъун бихьизабун буго Россиялъул халкъияв артист, хъвадарухъан Мах1муд Г1абдулхаликъовас:  19.2ц1. Расулил кеч1 буго Дагъистаналде, Дуниялги сверун, гъасдще буссараб,  Гьит1инаб халкъалъул к1удияб гьаракь Т1олго г1аламалда раг1изабураб. 6 20.11ц1. «Хъах1ал   къункъраби»   ­   хъвазе   дир   пикру   ккана   Япониялда   вугеб мехалъ. Атомалъул бомба кьвагьараб доб г1асияб къоялъ унти карай ясалъ госпиталалда   байбихьун   буго   кагътил   къункъраби   гьабуни,  жий   йорч1илин бук1ун буго гьелъул хиял. Азарго къункъра г1елалдего, яс хун йиго. Хъах1аб къункъра хъатикь ккурай ясалъул памятникалда цебе бак1арараб халкъалъул руккалилъ   вахъун   ч1ун   вугев   дир   тохлъукьего   берч1вана   ч1агоял къункърабазул   т1елалда.   Гьеб   къоялъ   дун   къункърабаз   асир   гьавуна.   Дица пикру гьабулеб бук1ана киналго рагъул къурбаназул. Гьедин бижана дилъ гьеб т1олго дунялалдаго машгьураб гьит1инабго шиг1ру.  21.«Къункъраби» ­ хоралдалъун ах1и 22.12ц1.  Расулил   куч1дузе   макънал   хъвана   Дагъистаналъул   ва   СССРалъулго г1емерал   машгьурал   композитораз.   Гьевгун   цадахъ   х1алт1ана   нилъер улкаялъул   машгьурал   композиторал:   Кабалевский,   Экимян,   Блантер, Френкель,   Колмановский,   Бюль­Бюль­огли,   Айдоницкий,   Паульс,   Антонов, Пахмутова, Х1асанов, Агабабов, Кажлаев, Дагиров, Къасумов, Щурмилов ва цогидалги. Гьел куч1дул ах1ула артистал Анна Герман, Галина Вишневская, Муслим. Магомаев,   Марк   Бернес,   Иосиф   Кобзон,   Валерий   Леонтьев,   Сергей Захаров,   София   Ротару,   Рашид   Бейбутов,   Вахтанг   Кикабидзе,   Дмитрий Гнатюк, Муи Х1асанова, Мух1амад Г1умаров, Шагьав Г1абдурах1манов ва гь.ц. г1адал коч1охъабаз. 23.2ц1. Щивав   поэтасул   жиндирго   тема,   жиндирго   пикрабазулги   хьулазулги гъамас бук1ана Р.Х1амзатовасул аслияб тема буго Ват1ан. Ват1аналъул сипат гвангъун бихьула гьесул т1оцересел кучч1дузулъго. Бат1ияв чи кант1илароан гьадин   г1адатго   абизе:   «Мокъокъил   къва   –   къвайги   х1анч1ил   ч1ич1ийги Х1анч1азул мац1алда ват1ан батила. Бат1ияб маг1надул раг1и гъебани, гьез гьедиг1ан г1емер абилароан».  Маг1арул мац1, маг1аруласул ват1ан – г1азизаб т1алъи, гьелъул тарих, умумузул  хасият,  беролел  иццал, иццазде  т1аде  къуларал  муг1рул –  гьеле шаг1ирасул пикраби руссунеб бак1.  24.1ц1. 25.2ц1. 7 Бице   г1агараб   ракь,   бокьун   Ват1ан!   Бокьун   буго   лъазе   дирго х1акъалъулъ. Дун хехаб хаселищ, кват1араб ихищ? Я зарал, я пайда гьеч1еб гьурийищ? Ц1ад къвариг1арабго, щвараб бакъищ дун, бакъ къвариг1арабго, бараб   горойищ?   Бице,   г1умруялъулъ   гьеч1ищ   дир   маг1на,   Г1ададайищ ракьалъ дун вачун вугев?  26.11ц1. Расул   XIамзатовасул   г1умруялъулги   творчествоялъулги   х1акъалъулъ т1ахьал хъвана машгьурал литературоведал: К. Султановас, К. Абуковас, П. Дагановас, Х1айбулаевас, В. Огневас, В. Дементьевас, Антопольскияс. Гьесул х1акъалъулъ рахъун руго документалиял кинофильмал: «Дир рак1 муг1рузда буго», «Ц1адаса кавказалъулав», «Хъах1ал къункъраби», «Расул Х1амЗатов ва   Грузия»   ва   цогидалги.       Гьесул       асаразда       рекъон       рахъун       руго художествиял фильмал «Маг1арулай» ва «Бах1арчияв Хочбарил х1акъалъулъ къиса». 27.4ц1., 6ц1. Маг1арул кеч1 кин бижараб?  Вук1ун вуго цо мискин,  Цо ц1еялъул бет1ергьан. Цо гъвет1алъул ахихъан,  Цо ханжар ярагъ бугев. Талих1 къосарав гьесул  Цох1о талих1 бук1ана, ­ Цо рак1алъе йокьарай  Яс щвезе бугеб мурад. Хьул – хьудулев тана вас Ясалъ к1иго лъаг1елалъ;  Лъабабилелъ – кьибилалъ Кьуна гьей цойгиясе; Цогидав бечедасе, Чахъаби г1емерасе, Г1ацул чванта ц1урасе,  Ц1а гъасда сунаресе. Хасел анна их щвана,  Их ана, хасел щвана, Т1ехьач1о васасул гъвет1, Бижич1о гъвет1алда пихъ. 8 Мегеж далана даг1нил, Даим тана талих1алъ, Г1ишкъу ккаралъ гуро къвал –  Къварилъиялъ жеманна. Нух къосарав мискинав Къват1иб бахъана ханжал, Къот1ана цо бугеб къвет1, Хъуна лълъарги ккун дег1ен. Гьет1 – гьет1араб гъвет1алъул  Къот1ун пандур гьабуна,  Гьелда даг1нил бакьалъул  Бахъун к1иго ч1ва бана. Ч1вабзазда килиш к1ут1ун,  Агьан х1ухьел угьана,  Аман дир къисматилан, Къваридаб кеч1 ах1ана. Гьедин бижун раг1ула Маг1арухъ т1оцебе кеч1 –  Каранзул рек1ел т1анхалъ Бищун цебесеб дах1а.  Гьелъин маг1арулаца  Маг1ида аск1об балеб  Умумазул ханжарги, Умумазул пандурги. 28.1ц1. Расулил   руго   г1емерал   машгьурал   г1адамазе   сайгъат   гьарурал къасидатал.   Гьел   руго   ц1акъ   ц1одорал,   бег1ерал,   г1акъилал   шиг1раби. Киназулго   бицун   бажаруларо.   Рехсезе   бегьула   к1иго   мисал:   т1оцебе Г1абдурах1ман   Данияловасе   сайгъат   гьабураб   сарин.   Гьев   нилъеца т1адег1анаб къимат кьезе колев политикасул к1вар шаг1ирасда гъоркье ккун бич1ч1ун буго:  Лъик1лъиги гьунарги т1аде бач1уна,  Гъоб ралъдал т1иналде рехананиги. 29.Учитель 9 Гьединал   къасидатал   сайгъат   гьаризе   рук1ун   ратила   Р.Х1.   нилъер ракьцояв,   Дагъистаналъул   президент   Р.Абдулатиповас,   ч1аго   вук1аравани, Р.Х1. творчествоялдаса Абдулатипов хъван буго философияб т1ехь. 8 сентябралда Р.Абдулатипов Москваялдаса къват1исел х1укуматалдаса рач1ун гьалбалгун щвана Расулил хобаде зияраталъ. Лъик1аб   гьоркьоблъи   бук1ана   Р.Х1.  нилъер   президентасулгун,  щолаан гьел   Лъарат1а   районалдеги,   руго   гьесул   коч1ол   мухъал   нилъер   жакъасев бет1ер М.Г1алихановасул эмен, мунагьал чураяв Жаватханиде гьарурал.  30.9ц1. Г1алихановасде Г1алиханов рилълъа нилъ  Лъарат1еги Ц1унт1еги. Гьел гьерсил концелярал Кабинетал жалго тун  Гьаниб гьаб шагьаралда  Зах1матаб х1алкъай буго.  Х1анч1и ч1ич1илел руго Эрекнлъи доба бугин  Г1алиханов рилъа нилъ  Лъарат1еги Ц1унт1еги  Ц1оралдеги г1агараб,  Ц1вабзаздаги аск1осеб.  31.13ц1.   союзалъул     хъвадарухъабазул Расул Х1амзатов вук1ана Дагъистан АССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, СССРалъул Верховный Советалъул членлъунги депутатлъунги, КПССалъул   Дагъистан   обкомалъул   членлъун,   г1емерал   сонал   руго Дагъистаналъул правлениялъул председательлъун   вугелдаса.   Анц1­анц1   соназ   т1ат1ала   гьев   вук1ана Дагъистаналъул,   РСФСРадъул,   СССРалъул   хъвадарухъабазул   съездазул делегатлъун,   Африкаялъул   ва   Азиялъул   хъвадарухъабазул   рекъон   х1алт1и гьабиялъул   бюроялъул   членлъун,   СССРалъул   Ленинилаб   ва СССРалъул Пачалихъалъулаб премиябазул комитеталъул членлъун, Ракълил Комитеталъул   Советалъул   правлениялъул   членлъун,   Азиялъул   ва Африкаялъул   халкъазул   цадахъ   рекъон   х1алт1иялъул   Комитеталъул Советалъул   председателасул   заметительлъун,   «Новый   мир»,   «Дружба народов»   журналазул   ва   «Литературная   газета»,   «Литературная   Россия» газетазул редколлегиябазул членлъун. Литература цебет1езабиялъулъ лъураб к1удияб х1аракатчилъиялъе г1оло Расул Х1амзатовасе кьуна Дагъистаналъул, Россиялъул, Совет Союзалъул ва дунялалъул   г1емерал   премияби   ва   ц1арал:   Социалистияб   Зах1маталъул 10 Бах1арчи,   РСФСРалъул   ва   СССРалъул   Пачалихъалъулал   премияби,   «20 г1асруялъул   бищун   лъик1ав   поэ»   абураб   халкъазда   гьоркьосеб   премия, Азиялъул ва Африкаялъул хъвадарухъабазул «Лотос» премия, Джавахарлал Нерул ва Фирдоусил, Христо Ботевасул премияби ва гьединго Шолоховасул, Лермонтовасул, Фадеевасул, Мах1мудил, Стальскиясул, Щадаса Х1амзатил ц1аралда ругел премияби. Расул   мустах1икълъана   г1емерал   т1адег1анал   шапакъатазе:   Ленинил ункъо орденалъе, Октябралъулаб революдиялъул орденалъе, лъабго Баг1араб Байрахъалъул орденалъе, Халкъазул гьудуллъиялъул орденалъе, Ват1аналда gepe  гьарурал   хъулухъазе   г1оло   орденалъе,   Петр   КЦудиясул   орденалъе, Болгариялъул Кирилла ва Мефодийл орденалъе. 32.6ц1. Расул   Х1амзатовасул   куч1дул   г1ypyc  мац1алде   руссинаруна Сельвинский   ва   Городецкий,   Обрадович   ва   Звягинцева,   Липкин   ва   Нейма г1адал  гьунар  бугел  ва  машгьурал   раг1ул  устарзабаз.  Хасго   г1емер   гьесда Цадахъ   х1алт1ана   гьесул   гьудулзаби   —   поэтал:   Гребнев,   Козловский, Хелемский, Солоухин, Николаевская. Рождественский, Вознесенский, Мориц ва   цогидалги.   Жиндицаго   Расулица   маг1арул   мац1алде   руссинаруна Пушкинил, Лермонтовасул, Маяковскиясул,   Шевченкол, Блбкил,   Есенинйл   поэмаби   ва   куч1дул,   Пушкинил   заманалъул   потазул, г1арабиязул поэт Г1 абдулг1 азиз Ходжал ва цогидазулги куч1дул.   Некрасовасул,    «Эбелалъ кинидахъ куч1дул …» 33.13ц1. 34.10ц1.  Расулил   куч1дул   ц1алула   Совет   Союзалъул,   Россиялъул   ва Дагъистаналъул   машгьурал   артистаз:   Михаил   Ульяновас,   Александр Завадскияс,   Яков   Смоленскияс,   Андрей   Лазаревас,   Василий   Лановояс, Руфина Нифонтовалъ, Мах1муд Пабдулхаликъовас, Фаина Графченкоца. 35.2ц1. Ахирал соназ Расул Х1амзатов унтунги, рек1ел аваданлъи хунги вук1ана. К1удияб рух1алил асар гьесие гьабуна к1удиял камиязги гьединго улкаялда карал   лъугьа   –   бахъиназги,   Коммунист   партия   гьукъиялъ,   Совет   союз биххиялъ, сверухъ чуруклъи, чамг1аллъи г1емерлъиялъ, г1адлу гьеч1олъиялъ. Гьелъул х1акъалъулъ жиндирго пикраби поэтас баян гьаруна журналистазе кьурал жавабазда ва художественныял асаразда.  36.1ц1. 11 Гьанже г1адатазе гуро, дир эмен, г1амалазе буго дурр жул къвариг1ун. Г1адамазде т1аде гвахулел ц1адаз, чилъи г1аданлъиги ц1алк1инабуна. Гьанже ц1акъ   г1емерал   нилъер   чаг1аца,   чадихъ   ц1акъ   учузго   кьола   мац1гин   ц1ар. гьанже чахт1ал тана, тахсир ц1ик1к1ана. Талих1алъе дурр ц1ал ц1акъ х1ажат буго.  Огь, дир маг1аруллъи ….. 37.12ц1. 38.«Маг1арулал» ­ хоралдалъун ах1и 39.2ц1. 1957 соналъ лъуг1изабураб «Маг1арулай» къиса – поэма лъугьана, авар литератураялда   гуребги,   т1олго   совет   адабияталда   к1вар   бугеб   лъугьа   – бахъинлъун. Маг1арулазул г1умруялъул энциклопедиян абизе бегьула гьелда. Гьеб асаралъул щибаб мухъилъ, щибаб раг1улъ данде кьабулеб ток, к1ет1олеб рак1 бугин абизе бегьула.  40.1ц1. «Дир   Дагъистан»   т1ехьалъул   жанралъун   бицунаго   критиказул, г1алимзабазул   пикраби   данде   кколаро.   Цояз   «эссе»,   «исповедь»,   роман   – бугин   абула,   цогияз   мемуарал,   хроника,   лирикияб   къисаян   абула.   Живго авторас Болгариялъул критик Георгиевас кьураб жавабалда абулеб буго «Дир Дагъистан»   мемуарал,   эссеистика,   хроника   гурилан.   Дир   пикруялда   «Дир Дагъистан»  ккола   къиса,   ват1аналъулги   гьелъул   г1адамазулги   х1акъалъулъ хъвараб, цебесебги, гьанжесебги, тарихги, жакъасеб къоги, бергьенлъабиги – камиялги, квешлъиги – лъик1лъиги, сурукълълъиги – гьайбалъиги, ­ г1емераб жанибе бачараб.  41.Учитель Бице, эбел Ват1ан, бице Дагъистан, мун разияб гьеч1ищ дур васасдаса? Гьедин   гьикъулеб   буго   эбелаб   Ват1аналъе   рит1ухъавлъун   вук1ин бищунго   т1адег1анаб   борчлъун   рик1к1унев   поэтас.   Киг1ан   ц1ик1к1араб боржалъуде ваханиги маг1арул халкъалъул васлъун хут1и бук1ана поэтасул мурад. Хут1ана   Р.Х1.   маг1арул   васлъун.   Киг1ан   т1адег1анаб   борхалъиялде ваханиги, к1очон теч1о Расулида г1агараб Ват1ан, т1адег1анаб къимат кьуна Расулие т1олго дунялалъго.  42.13ц1. 1.Р.Х1. кьун буго Махачхъалаялда бугеб миллияб библиотекаялъе  12 2.Расулил ц1аралда буго ТЭС Гъуниб  3.Хунзахъ – хъаладухъ Расулил ц1аралда буго больница 4.Мун буго памятник Мах1ачхъалаялда, дагьаб цебе Москваялда рагьана Р.Х1. памятник. 5.Ц1ада росулъ гьев гьавураб рокъоб х1алт1улеб буго музей.  6.Буйнакскиялда педколедж буго Расулил ц1аралда.  7.Къват1исел улкабазде хьвадулеб гамида хъван буго Расулил ц1ар.  8. Мах1ачхъалаялда къват1 буго Р.Х1.  9.Нилъер районалъул Ч1илда росулъ бугеб даруяб лъел иццудалъун буго Р.Х1. ц1ар.  Г1агараб авар мац1. Дир кинабго бечелъи, кинабго хазина, дир дарман, дир   гьаракь.   Дуца,   квер   ккун,   вит1ана   дун   гьит1инаб   росулъа   к1удияб дунялалде.     43.1ц1. Бищунго   хирияллъун   рук1ана   Расулие   г1агараб   мац1,   Ват1ан   улбулъ. 44.Учитель Гьелъ Расул дунялалдаго машгьурлъарав.  Расулил «Хъах1ал къункъраби» лъугьана киназего г1агарлъун, хъах1ал къункърабилъун   руго   г1емерал   шагьаразда   памятникал.   Гьев   г1урав   ва гьабураб   росулъ   т1обит1ана   к1удияб   байрам,   г1ахьаллъана   къват1исел х1укуматаздаса вакилзабиги.  Рагьана хунзахъ мемориалияб комплекс хъах1ал къункърабазе.  Сайгъат гьаруна поэтас Дагъистаналъе ……………, машгьур гьабуна гьес Дагъистан дунялалдаго.  Талих1аблъун   рик1к1унеб   буго   нилъер   президентас   Дагъистан,   Расул г1адинав вас г1ураб ва вижараб ракь бук1иналъ.  Программа   ахиралде   щвезабила   Р.Х1.  машгьурал   раг1аби   хоралдалъун рик1к1ун: ­ Метер маг1арул мац1 хвезе батани ­ хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун  13 14

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»

Урок в 7 классе «Расул Гамзатов»
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
05.05.2019