21 февраль рахьдал мац1 к1одо гьабиялъул вечер.
Биччай маг1арул мац1 маг1арул гъасда
Кидаго гвангъараб бакълъун бук1ине
Биччай маг1арул мац1 маг1арул гъасда
Беролеб даруяб иццлъун бук1ине.
Рач1а маг1арулал маг1арул гъасде
Нилъерго миллатги мац1ги ц1унизе.
.
Асаламу г1алайкум хириял ц1алдохъаби, муг1алимзаби. Жакъа нилъ данделъун руго халкъалда гьоркьосеб Рахьдал мац1алъул къо к1одо гьабизе. Баркула нужеда «Рахьдал мац1алъул къо». Кьейги нужее халатаб г1умру, чорхое сахлъи, рохел. Нуж кире аниги, кире щваниги, ц1уне нилъерго рахьдал мац1, кидаго рак1алдаса ине риччаге нилъерго халкъияв шаг1ир Расул Х1амзатовасул раг1аби:
Лъаларо Мух1амад цогидазул иш,
Амма дица дирго рахъалъ абила
Метер маг1арул мац1 хвезе батани
Хвайги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун.
Нилъеца рахьдал мац1 щибаб санайил 21 февралалъ к1одо гьабула. Гьеб къоялъ гьеб к1одо гьабиялъе г1илла лъалищха, лъимал нужеда?
1952 соналъул 21 февралалда жидерго рахьдал ма1 ц1унун къват1ире рахъарал Банглодешалъул студентазда гьоркьосан чанго студент ч1вала полицейскияз. Гьединлъидал 21 февралалъ гьеб къо к1одо гьабизе х1укму гьабуна ЮНЕСКОялъул генералияб конференциялъ 1999 соналъул 17 ноябралда.2000 абилеб соналдаса нахъе гьеб къо к1одо гьабулеб буго халкъазда гьоркьосеб рахьдал мац1алъул къолъун.
Мац1- гьеб ккола бищун къуватаб т1аг1еллъун, щайин абуни гьеб рахьдал мац1 нилъехъе наслабаз наслабазухъе кьун щолеббуго.
Мац1 гьеч1они гьеч1о миллат. Нилъер халкъияв шаг1ир Мух1амад Ахмадовас г1адада гуро гьал раг1аби абурал:
Мац1 к1очараб миллат молода лъола,
Малидул г1окь кквезе чихут1уларо..
Хут1араб кинабго гьадингояб жо…
Гьардарав бет1ергьан, ц1уне авар мац1!
Нилъер вук1арав президент Мух1у Г1алиевас абухъего жиндирго мац1 лъаларев чи -гьев ккола талих1 къарав чи.
Маг1арул мац1 лъаларев чиясда лъаларо жиндирго тарихги, адабиятги, маданиятги.
Г1алимзабаз ч1езабун буго цо кидаялиго Дагъистаналда ругел г1емерисел мац1азул цого мац1 бук1ин. Заман анаг1ан цинги гьеб мац1 бат1и-бат1иял мац1азде сверун буго.Гьединан нилъер рахъдал мац1ги дагь-дагьккун т1аг1иналъе х1инкъи буго. Нилъер рахьдал мац1 буго дунялалда бищун берцинаб. Нуж кире щваниги, щиб рахъалъан нуж къисматалъ реханиги ц1уне, хириял ц1алдохъаби, нилъерго мац1.
Гьанже раг1и кьелин нилъерго школалъул ц1алдохъабазе . Байбихьи гьабила «Авар мац1» Манарша Дибировалъ ах1улеб коч1одалъун. (Слайд)
1. Фазу Г1алиева «Рахьдал мац1»-
(слайд)
Дир рахьдал мац1.
Дун гьаюраб къоялъ къулун т1адегун,
Т1егьилан абуна дида эбелалъ;
Гьеб раг1и бук1ана маг1арул мац1алъ
Маг1арул ч1ужуялъ ч1ух1ун абулеб.
Дун якъараб мехалъ хахе меседан,
Дие каранзул рахь кьуна эбелалъ.
Бач1ана дихъе гьеб рахьдада цадахъ
Ди румумузул мац1,дир маг1арул мац1.
Дица гьеб мац1алда бакъул ч1оразде
Дах1аян рит1ана гьит1инал кверал.
Каранде дунги къан, инсуца дие
Гьеб мац1алъ ц1алана ц1одорал харбал.
Дие гьеб мац1алда маг1арулаца
Муг1рузул г1оразул къиса бицина,
Къабих1ав Надиршагь дир умумуца
Асир гьавурав куц дида раг1ана.
Дир муг1рул халкъалъул намусги ц1унун,
Ц1адаве к1анц1арав Гьидалъа Хочбар
Гьеб мац1алъ к1алъана ахираб нухалъ,
Ханасе ч1ег1ераб наг1анаги кьун.
Къоло щуго соналъ Дагъистан ц1унун,
Ц1ум г1адин вагъарав Шамил имамас
Маг1арул мац1алда эркенлъийилан
Ах1ана кьураби кьват1илеб х1алалъ….
2. «Маг1арул мац1»
Г1урхъи тун бокьула мун маг1арул мац1
Маг1арухъ г1умругун цадахъ бижараб
Гьит1инаб халкъазул къварилъабазухъ
Къойил анищазухъ ва рохелазухъ
Бидулъги маг1илъги бущун гьабураб
Бечелъана, г1уна мун, г1агараб мац1….
3. «Бице,эбелалъул, умумузул мац1».
Нуж щалали лъазе, лъилали лъазе,
Лъазе гьабе, бабал эбелалъул мац1.
Миллатго гьеч1ейллъун хут1унгут1изе
Хвезе тоге, бабал бищун лъик1аб мац1.
Щуго имамасул, устарзабазул
Дунял х1айранлъарав Х1амзатовасул
кинидахъ ах1арабКеч1- маг1арул мац1,
Моц1рохъе бицарабМаргьа-рахьдал мац1.
Г1орц1идал кьурдулеб кьег1ерг1адинаб
Кьурда басандулеб бурут1 г1адинаб
Гьеб мац1алда «къ»-ялъ къуват бицуна,
Гьеб мац1алъ «хъ»-гун г1орал хъудула…..
Дандч1вала лъимал, цо-цо нижее рахьдал мац1 къвариг1ун гьеч1илан гаргадулел эбел-эмен. Гьединал умумузде гьабураб буго гьаб кеч1ги
Мух1амад Гунащевас.
Мегъ к1очон тараца мац1 рихараца
Нац1 базабун буго Дагъистаналда.
Гьез «арендаялъе» авар мац1ги кьун,
Иванил батула гьоркьоб бицунеб
Лъималазул дарсде яч1инч1ей эбел,
Яч1ун гаргадула директорасда
Дир гьадай яс дуца эркен гьаейин,
Гьабцо родноялъул урокалдаса
Эменги вук1анин дида абулев,
Трудно батани, те жибгойилан …….
- ц1алдохъан Жиндирго Ват1аналъе г1оло Генуса Шамилица гьабураб къеркьеялъул ц1ар т1ибит1ана дунялалда т1адго. 25 соналъ багъана дагъистаналъул халкъ Шамилил бет1ерлъиялда гъоркь «эркенлъи, ялъи хвел», Гьеле Шамилил рагъухъабазул гьа.
Шаруханов : Ц1уне маг1арулал Шамилил къадру ,
къвак1араб имамас ирсалъе тараб,
Тоге къадарлъизе къвак1араб намус.
Хираб мубарикас нахъе ц1унараб.
Рагъул кор боркьараб доб Ах1ул гох1да
ах1улеб раг1ула Шамилица как.
Кор боркьараб рагъда мюридзабазул.
Кьабг1улеб раг1ула хвалчадул гьаракь.
Воре мюридзаби къуркьугейилан
къавукъана Шамил тушманасда т1ад.
Исламалъе г1оло рух1 бичейилан,
хьваг1ана имамас чарамул хвалчен.
«Маг1арулазул нус» Фазу Г1алиева.
Инсценировка. «Шамилилги Щ1уг1айнатилги дандч1вай»
«Имам Шамилил цо къо» (Кеч1 ах1изе )
Рогьел т1огьазда т1ад рещт1унеб буго
Шамил как ах1изе вуго къач1алев
Къуркьизе къасд гьеч1ел маг1арулазул
Г1урччинаб байрахъалъ бицунеб буго…
Маг1арулал ч1ух1ула жидерго г1алимзабаздасаги. Маданияталъул ва жамг1иял х1арактчаг1аздасаги, хасго районалъул шаг1ирзабаздасаги.
Нилъер районалдаги руго авар мац1 цебе т1езабурал ва цебе т1езабулел шаг1ирзаби. Жиндир мунагьал чурая ашидат Гъайирбекова, гьабсаг1аталдаги бищунго мац1алда т1ад х1алт1улей шаг1ир Бахумеседо Расулова.
М.Гъайирбекова
1. «Эбелалъул рак1».
2. «Поэтал»
3. «Имам Шамил дир ч1ух1и»
4. «Г1абдулманаповасул памятникалъухъ»
Риче росуцоял кьурарал гъуждул,
Кьалдасанги вуссун росулъ вугин мун
Кьурул сак1ал гьеч1ел санаца рук1к1ун,
Ругьунаб гьимигун валагье сверухъ
Рещт1а гьаб сидаса свери бахъизе
Дуего рокьулел росдал къват1азда
Щва гьудулзабахъе, ралагье лъалк1ал,
Лъимадул г1ужалда дуцаго тарал.
Кеч1 ах1изе «Эбелалъул рак1»
Муг1алим. Маг1арулазулги Дагъистаналъулги, талих1 буго Р.Х1амзатов, Ф.Г1алиева, Ц1.Х1амзат., Муса Мух1амадов г1адал хъвадурахъаби, дунялалда т1ад рахъин. Гьел ккола унго- унгоял маг1арул мац1ги, ц1арги, ц1ваги ц1унарал раг1ул устарзаби.
1. Р,Х1амзатов: «Бихье,кье таманча, кьвагьизе дихъе.»
2. «Айдемир ва Умайгьанат» сценка, 1 пардав.
Ахиралдаги гьабила викторина. «Лъалищ нужеда» масала:
1. Гьаб басня лъуг1изабе «бух1араб бакъул къоялъ..»
2. Гьа коч1ода ц1ар щиб «Нолъ макьилъ вихьана кьалда лъукъ-лъкъун»
3. Р.Х1амзатовасул т1оцебе къват1ибе биччараб т1ехь.
4. Гьаб коч1ол куплет лъуг1изабе «Приказчик кашавар киналго рач1ун…»
5. муг1рузул Г1алил ахирисел раг1аби кинал рук1арал?
6. Ц1адаса Х1амзатица жулица щив вухарав?.
Къосинч1ого, хехго жугьаби абиялъул къец
Гъамас босе, СалихIат,
Саргъас босе, СаихIат.
* * * Вай, Шихали, Шихали,
Щверу, щверу – Шихали;
Щверу чIола, Шихали,
Мун чIоларо, Шихали.
* * * Сасабаз сусун цIураб
СахIикIодол сумало.
* * * Нижер СахIи – сурахIи,
Сунареб рекIел бухIи.
* * Саргъас кIутIун,
сарин ахIун,
Вассал, ясал расандана.
* * Дие гIелмуян ГIали,
ГIарац диеян ГIумар.
* * * ГIабаси, гIабасиян
ГIабас вуго гIодулев;
ГIадаллъи ГIабасилан
ГIабид вуго велъулев.
* * Рокьи ракьулъ бекьарас
Кьалул кьогIлъи кванала.
Кьал бекьун, рокьи ккураз
Рохалил лълъар гьекъола
ХАСАБ ГЬАРАКЬ ГЪОРЛЪ БУГЕЛ РАГIАБАЗДА ТIАСАН ШАРАДАБИ
Гъ-ялдасан байбихьани,
Буго ясалъул чIухIи;
Бегуниса хисун лъуни,
Ханасул цеветел дун. Гъал-лагъ.
* * * Ахиралда «Гъ» бугони,
Буго чахъдада нахъа,
Цебехун «Р» бугонани,
Буго гIасияб балагь. Магъ – рагъ
* * * «Гь»-ялдалъун дун хъванани,
Хъублъи ккола дир магIна.
Ахиралда «Н» бугони,
Бихьараб къо-гIакъуба дун. Гъиз – гъин
* * * «Гь»-ялдасан байбихьани,
БоцIул рагIи цIунулеб бакI.
Гьеб хисун, «ГI» абунани,
ГIемераб лъел чвахиги дун. Гьор – гIор
* * «ТI»-ялдасан байбихьани,
БукIуна дун сумалда тIад;
«ТI»-ги хисун, «Къ» хъванани,
Хъумур кколеб гудурги дун. ТIор – къор
* * * «ЦI» цебе лъун, цIаланани,
ЦIакъаб рагIи бугоан дун;
«ЦI»-ги хисун, «Гь» абуни,
Антоним дир ччоборабин. ЦIодораб – гьодораб
* * * Ризаб буго дир антоним,
Абуни дун, «Лъ» цебе лъун;
«Лъ» хисани, «ЧI»-ялдалъун,
Дир антоним гIебаб буго. Лъедераб – чIедераб
* * * Авалалда «ГI» абуни,
ГIантаб ккола дир антоним;
«ГI»-ги хисун, «ХI» цIалани,
ХIалалабин дир антоним. ГIакъилаб – хIарамаб
* * * Мукъсанабин дир антоним,
Абуни дун «Гь»-ялдасан;
Кьариябин дир антоним,
Абуни дун «ХI» цебе лъун. Гьарзаяб – хIалакъаб
Бицанк1аби ч1ваялъул къец.
АхIе кечIан абидал,
АхIи кечIан кIалъалеб,
КIал гьечIеб, гьумер гьечIеб,
Гьаб щиб кIалъалеб бугеб? д а н д е р и ж и
* ** Мармаралъул къаназул
КъунцIарулеб лол буго
– Нахъасан къедго гьечIеб,
КъватIисан хун толареб. кI а л м а цI
* * * ТIогьилаб, тIарс гIадинаб,
ТIегь бакъуде буссараб,
ТIегьдаса буссарабго,
БетIер гIодой къулулеб,
Борхатаб хIубиялъул,
ХIалакъаб габуралъул,
Барсани, тIагIам цIакъал
ТIанчIазул бетIер цIураб. б а къ д е б у с с
* * Риидалги кьиндалги
Кьер жинца хисулареб,
Хасало гIазда гъоркьги
ГIурччинаб кьер цIунулеб
ЦIар щиб гьаб рохьил гъотIол? н а кI кI и гъ в е тI
* * КьагIрил гIужалда хъахIаб,
Хохол ригьалда чараб,
Чахъдал ригьалъ чIегIерлъун,
ЧIолеб тIагIам щиб кколеб? чI е гI е р гь о л о
«ПОЛЕ ЧУДЕС»
Хадироялда магIарулаз абулеб цоги цIар. кьохорхо
ТIипало тIаде бараб гIадин, гьурмада лъугьунел тIанкIал? Т1унт1ра
НахдатIе тIехги щван, гьоцIоги жубан, гьабулеб дандежо? Х1алах1о
Берцинаб махI бахъине, хIарун гъансинибе балеб, гIатIалъе, чайдалъе жубалеб хер? Ташик1о
ТащикIо хIарун лъугьараб жоялда цIар? Х1енех1
ТIасан борчIараб релъанхъи? Г1аг1ади
ХIелкил кочIода цIар? Г1ег1еди
Хехлъиялъул синоним?г1едег1ел
Жинца гьоцIо гьабулареб, гьабулезда гъорлъ букIунеб жо? Пухъна
Гьаваялда, цо бакIалда чIун, хIанчIил боржанхъи? Парпади
ГIатI ххунеб алаталъул устар? Гьабигьан
Къайи баччизе санагIалъиялъе хIамида лъолеб тIагIел? Гъалдибер
БухIараб, лапараб мехалъ чIвалеб лазатаб гьури? Гьогьен
Гъорлъан сихIир, сусур гIамал? Гъванщу
КьучIго гьечIониги, гьабулеб гIайиб? Гъвел
ГьитIинабго гIунгутIи, сакъат? Гъая
МУХЪИЛЪ РАГIАБИ ХИС-ХИСУН ЛЪУН, НАКУ БЕКИЗАБУРАЛ РАГIАБИ ЖИДЕРГО БАКIАЗДА ЛЪУН, КОЧIОЛ МУХЪАЛ РУКIАЛИДЕ РАЧИЯЛЪУЛ КЪЕЦ.
РачIазул квасул хъахIал гIадал сурдул
Бахъана бихьинкету чанай кIиго.
Гьабизе жо бащад щвараб кIиялъго,
Щулияб лъугьана къватIир къотIигун. /ЦI.ХI./
* * * ГохIил каранда гIужалъ бакъ баккулеб
КартIил цер цо батана кIусун кIалтIа
Бакъул паркъолеб салам нуралде кьун,
Бегун бугоан балагьун къанщ-къанщун. /ЦI.ХI./
* * * Мискинаб рукъалъул дун
Хъизаналъул бакъараб,
Барав рукъалда къоно,
Вас инсул къобухIарав. /ЦI.ХI./
* * * Мугъги чIван кутакалде
Бихьулищ пил чIухIараб
ГIадин цIунцIраялъ лолен,
Лъуна гIодоб битIун цIан. /ЦI.ХI./
* * ВукIинчIин шайих тамаша Хочбарги,
ГIурдул чIван ругел тIохIтIа щайдай асул?
Гурин палугьан Гьиматги гIаламат,
Кварал рухьараб гьабго кинаб хIалтIи
ВачIунев вугин бицунаго гьале
Гиькъизин цо жо Гьимат вац ворчIами
- ХIисабги гьабун, гьаб дур хIалтIиялъул
ХIайран жаваб ниж кьеларищ рукIанин. /ЦI.ХI./
Маг1наялда рекъараб цебесеб мухъ хъваялъулкъец.
* * * /____________________, ГIурул лъим цIикIкIун буго.
* * * /_____________________, БачIун тIаде щвана их.
* * * /_____________________, Харил гIархъал гьарула.
* * * /_____________________. ТIалил на боржун ана.
* * * /_____________________, ГъутIби руго берцинлъун.
* * * /_____________________. Бищун бечедаб заман.
* * * /_____________________, Хинаб ретIел ретIана.
* * * /_____________________, ТIаде баккула дерец.
* * /_____________________. Гьури ццидахун буго.
ХIажатал мухъал: 1. Бакъул хинлъиги босун,
2. МагIарда гIазу биун
3. Квачалъ гьалаг гьабураб
4. ГIазу тIаса унаго,
5. ЦIорораб хасел щведал,
6. Хасалихълъи гьеб буго
7. ГIурччинаб ретIел ретIун,
8. ТIоцебесеб тIогьоде
9. Бецун бакъвараб мехалъ.
Тадбиралъул ахиралда киналго г1ахьалчаг1аз маг1арулазул гимн ах1ила.
© ООО «Знанио»
С вами с 2009 года.