Авар адабият 9 кл. Тема: Мух1амад Ах1мадов " Дие бокьун буго".

  • Разработки уроков
  • docx
  • 05.05.2019
Публикация на сайте для учителей

Публикация педагогических разработок

Бесплатное участие. Свидетельство автора сразу.
Мгновенные 10 документов в портфолио.

Авар адабият 9 кл. Тема: Мух1амад Ах1мадов " Дие бокьун буго". Дарсил мурад: Дагъистаналъул шаг1ир, хъвадарухъабазул союзалъул председатель, Мух1амад Ах1мадовасул творчествоялъулгун лъималазул лъай- хъвай гьаби. Ц1алдохъабазул калам цебет1езаби, чвахун ц1али мух1кан гьаби, коч1олаб кала- малде рокьи ц1ик1к1инаби; коч1ол мац1алъул берцинлъи, пасих1лъи бати. М.Ах1мадовасул куч1дузул кумекалдалъун лъималазул рокьи бижизаби эбелалде, инсанасул бищун к1удияб талих1 эбел йик1ин бич1ч1изаби, гьелъул адаб-х1урмат гьабизе ккей бич1ч1изаби. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун ц1алдохъабазул логикияб пикру цебе- т1езаби. Дарсил алат: Поэтасул суратазул буклет; т1ахьал, суратал.
Иконка файла материала План Мух1амад Ах1мадов. Главн.docx
Авар адабият 9 кл. Тема: Мух1амад Ах1мадов " Дие бокьун буго". Дарсил мурад: Дагъистаналъул шаг1ир, хъвадарухъабазул союзалъул председатель, Мух1амад Ах1мадовасул творчествоялъулгун лъималазул лъай- хъвай гьаби. Ц1алдохъабазул калам цебет1езаби, чвахун ц1али мух1кан гьаби, коч1олаб кала- малде рокьи ц1ик1к1инаби; коч1ол мац1алъул берцинлъи, пасих1лъи бати. М.Ах1мадовасул куч1дузул кумекалдалъун лъималазул рокьи бижизаби эбелалде, инсанасул бищун к1удияб талих1 эбел йик1ин бич1ч1изаби, гьелъул адаб-х1урмат гьабизе ккей бич1ч1изаби. т1езаби. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун ц1алдохъабазул логикияб пикру цебе- Дарсил алат: Поэтасул суратазул буклет; т1ахьал, суратал. Дарсил ин. лалъул авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим Мух1амат1аминова 1. Класс дарсиде х1адур гьаби. 2.Учителасул цебераг1и. Г1агараб рахьдал мац1, дир маг1арул мац1, Дир рек1елъ бессараб, бидулъ бетараб, Дицаги кьела мун дирго дарсазда, Дир ц1алдохъабазе ма босейилан. Гьаб мац1 дие кьуна маг1арулаца Маг1арул намусгун, бечедаб ирслъун. Бац1ц1адго ц1уне гьеб, бечед гьабе гьеб, Гьеб мац1алъ ц1алейин х1асратал куч1дул. Учитель: Дун йиго Гумбет районалъул Т1адинхо Г1алих1ажил ц1аралда бугеб гьоркьохъеб шко- Сакинат Х1айбулаевна. Лъимал нужеца ц1акъ х1аракат бахъе жакъа дарсида нужерго пикру загьир гьабизе. Нилъеца гьабсаг1ат такрар гьабизе буго цересел дарсазда малъараб. 3. Тестал: 1."Хваразул ц1аралдаса" абураб поэма хъварав автор: 1.Р.Х1амзатов. 2.Г1абдулмажид Хачалов. 3.Машидат Гъайирбекова. 2.Щиб махщалил г1адан кколей Багъатарил"Севералда бугеб дир милъирщо" абураб асаралдасан Лидия. 1.Муг1алим. 2.Тохтур. 3.Художник. 3.Фазу Г1алиевалъул"Кини" ккола: 1.Къиса. 2.Хабар . 3.Поэма. 4.Расул Х1амзатов кида гьавурав ва хварав? 1.1877-1951 12.1923-2003 3.1934-2004 4.Гьал суратал кинал литературиял асараздасан. а)Кини б)Милъирщаби 5. Творческияб х1алт1и: 1.Бухари т1агъраде т1аде къо ккедал, Хириял васаца хвалчен борхидал, Рачел къана нилъер къвак1арал ясаз, Пурцил г1оркьал ккуна муг1рул руччабаз. Гьал коч1ол мухъал щиб коч1олъан? Гьелъул автор щив лъимал? Авторалъе щиб абизе бокьун бугеб? 6. Литературияб викторина: 1.Щиб асаралдаса росарал гьал мухъал? 1.Гьеб сордоялъ нижер рокъоб т1убараб берталъ г1адаб рохел бук1ана. Г1ага-божаралцин рач1ана рик1к1адасан гьоболалда ц1ехолдизе, лъик1 щвараян гьелъие гьимизе. а)Багъатар"Севералда бугеб дир милъирщо". б)Ф.Бахшиев "Минаялда т1ад бомба" в)А.Абубакар"Даргиязул ясал". 2.Ихдалил хинаб къо бук1ана, Ахирисеб ц1урмил сас росдада т1адго т1ибит1ана, Г1абас т1адеги вахъун, нахъеги х1еренго, жанисеб ч1ух1игун, ц1алдохъабазухъ валагьана. а)Фазу Г1алиева"Кини". б)Г1арип Расулов "Хазина". в) Р.Х1амзатов "Дир Дагъистан". 3."Лъаларо, Мух1амад , цогидазул иш, Амма дица дирго рахъалъ абила, Метер маг1арул мац1 хвезе батани, Хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун. а) Г!.Хачалов "Хваразул ц1аралдаса". б) М.Гъайирбекова"Эбелалъул рак1". в) Р.Х1амзатов"Авар мац1". 7. Ц1ияб дарс бицин. 1.Лъимал гьалеха нилъеца арал дарсазда малъараб такрар гьабуна. Ц1акъ лъик1 лъалеб буго.Дун нужедаса разилъана .Гьанже нилъеца ц1ияб дарсалъулгун лъай-хъвай гьабизе буго.Ц1але лъимал дарсил тема ва эпиграф. Гьаб эпиграф лъил х1акъалъулъ бугеб лъимал.Жакъа нилъецаги дарсида бицине буго эбелалъул х1акъалъулъ.Рач1аха х1ал бихьилин лъалев вугищ нужеда Мух1амад Ах1мадов. а) Щив кколев, лъимал , Мух1амад Ах1мадов? б) Гьесул кинал асарал нужеца ц1аларал? гьалеха , лъимал, гьесул т1ахьал.Жеги г1езег1ан т1ахьал руго лъимал гьесул. Гьанже г1енеккке лъимал, шаг1ирасул творчествоялъулгун лъай-хъвай гьабизе. (Биография бицине) Гьесул т1оцебесеб кеч1 ккола , лъимал ,14 сон бугеб мехалъ ,гьес Хъах1аб росулъа Мах1мудиде гьабураб кеч1"Холеб буго муг1рул чан". Гьабсаг1ат нилъ г1енеккила гьеб коч1охъ. Щайдай лъимал кидаго берцинлъиги, гьунарги гуллиде гъоркье кколеб? (Г1адамазул цоцалъ бугеб жах1даялъ, х1алихьалъиялъ,к1игьумерчилъиялъ).М.Ах1мадовасул гьеб кеч1алъ г1адамазул рак1ал асир гьаруна. Жакъаги гьеб кеч1 коч1охъабаз ах1ула. Гьаб кеч1 ах1улев коч1охъан щив лъимал?Исанасеб сон культураялъул сонлъун гьабун бук1ин нилъеда лъала.Нилъеда к1очене бегьуларо нилъерго цереселги гьанжеселги шаг1иралги, гьезул куч1дул ах1улел коч1охъабиги. 29.Буклет бихьизе гьабила. 10. Словарияб х1алт1и. Гьенир нилъеда дандч1вала цо-цо рич1ч1уларел раг1аби нилъеда.Гьале гьел раг1аби. Росдал свераби - перекрестки села. Гьурмалъ пархун-мелькнуло на лице. Парахалъи-спокойствие х1алхьи рещт1ине-успокоиться 11.Кеч1 учителалъ ц1алила. Гьале, лъимал, М.Ах1. кеч1.Г1енекке ц1ализе. Дие бокьун буго, Рик1к1адаса щун, Рук1к1унеб мехалда Рокъов вуссине: Свакарал пикраби, Каранлъа роржун, Росдал сверабазде Данде руссине; Херлъи лъалеб гьими Гьурмалъги пархун, Пакъиралъ рохалилъ Дир ц1ар щурила, Щолеб гьеч1ин дуе Дуниялалда Дир рак1алъе х1алхьи Кьезе дир васин. Дие бокьун буго, Гордазухъ рек1арал Рак1ал кинигин, Киналго чирахъал Дие къалъизе; Къирулеб нуц1ица Т1урк1изаюлей Дирго эбелалда Данде вач1ине. 12. Кеч1 ц1ализе лъимал т1амила Рагье лъимал т1ахьал.Ц1але кеч1. 13. Рач1аха лъимал гьаб коч1ол тема ва идея батизе. Рик1к1адаса щун, Рук1к1унеб мехалда Рокъов вуссине; Свакарал пикраби Парахалъизе, Эбелалъул рек1елъ Х1алхьи рещт1ине. а) Кинаб темаялда хъван бугеб, лъимал,кеч1? (Эбелалде бугеб рокьи, эбелалъухъ урхъи) б) Авторасе щиб загьир гьабизе бокьун бугеб? ­Бит1ун буго,лъимал.Эбелалдаса рик1к1алъараб мехалъ, лъалин нилъеего эбел йокьулеб куц,  эбелалъухъ бугеб урхъи,г1ищкъу,ч1алг1ен,эбелалдехун бугеб адаб загьир гьабулеб буго авторас. ­Щай автор рук1к1унеб мехалъ вач1унев рокъове? ­Щай гурелъул г1адамал марк1ач1улъ, рук1к1индал руссунелъул рокъоре х1алт1удасан. Эбелги кидаго х1алт1ула йик1уна, хурий, ахикь.Эбел рокъое юссараб, гьей г1одое йиччараб, лъицаниги  дандч1ваялъе квал­квал гьабулареб заман т1аса бищун буго авторас. ­Нуц1а къирулеб мехалъ эбел щай т1урк1улей, лъимал? ­Гьаб заман буго, лъимал, ц1акъ зах1матаб, х1инкъи ц1ик1к1араб. Эбел,гьей кидаго йик1уна  лъималазул ургъалида, рак1 гьелъул бук1уна х1инкъун, жиндир лъимералъе щиб бугониги  ккелилан.Гьелъ т1урк1изаюла эбел, квешаб хабар бугодаян.Гьаб коч1олъ авторас эбел йохун  т1урк1улей йик1ин бихьизе гьабулеб буго,вас вач1ин гьеб буго , лъимал,эбелалъе рохел. ­Щай авторас абула бугеб"Пакъиралъ рохалилъ дир ц1ар щурулин"абун? ­Маг1арул ч1ужуг1адан­ эбел ц1акъ сабурай, г1одое йиччарай г1адан йик1ин бихьизе гьабулеб  буго авторас.Къварилъи бач1аниги, рохел бач1аниги гьей хисуларо, ах1и­х1уралда гьелъ  жиндирго рек1ел х1ал загьир гьабуларо,гьелъ кинабго киназдасаго рек1елъ бахчула. Коч1ол ахиралда авторасул кинаб анищ,мурад бугеб? Рач1а гьел мухъал ц1ализе. 3Киназго цадахъ ц1ализе. Свакарал пикраби Парахалъизе, Эбелалъул рек1елъ, Х1алхьи рещт1ине. 14 . Рач1а гьанже авторасухъ г1енеккизе. Лъил х1акъалъулъ лъимал гьаб кеч1 бугеб?Гьебги буго эбелалъул х1акъалъулъ.Эбел унго гьеб  раг1иялъул к1одолъи, т1адег1анлъи.Рач1аха киназго цадахъ геб раг1и абизе­ЭБЕЛ.Х1икматаб  раг1и.Жибго къокъаб бугониги, къуват к1удияб. 15.Релаксация.Лъимал, нуж свакаралищ? Рач1аха, цо дагьаб беразеги нилъеегоги х1алхьи  гьабизе. 15. Кеч1алда т1ад х1алт1и. Дие бокьун буго Рик1к1адасан щун, Рук1к1унеб мехалда  Рокъов вуссине. а) Гьаниб жаниб аллитерация бате. б) Коч1ол роцен ч1езабе. Гордазухъ рек1арал Рак1ал киниги, Киналго чирахъал Дие къалъизе. в) Гьаниб жаниб метарофа бате 16. Г1урус литератураялъулгун бухьен: "рек1арал рак1ал " абураб мухъ ц1алулаго нужеда г1урус литератураялдаса щиб асар рак1алде бач1араб ?(М.горькиясул"Данко".) Лъие г1оло Данкол рак1 ц1а рек1ун кунч1араб?(Халкъалъе, жиндирго къавмалъе г1оло.) -Нужеда ц1акъ лъик1 бич1ч1ун буго дарс. Гьанже г1енеккила нилъ живго авторасухъ. 17.Авар мац1алъулгун бухьен: Херлъи лъалеб гьими Гьурмалъги пархун, Пакъиралъ рохалилъ Дир ц1ар щурила. Щолеб гьеч1ин дуе Дуниялалда Дир рак1алъе х1алхьи Кьезе, дир васин. а)Гьал раг1абазе синонимал рате. х1алхьи- рохел- б) Гьал раг1абазе антонимал рате: 4херлъи- дуниял- рохел- в)Т1оцебесеб куплеталъулъ бугеб предложение щиблъун т1аджубараб бугеб? 19. Творческияб х1алт1и"Дандияб балагьи". Эбелалде бугеб рокьи нилъеда батула халкъиял биценазулъги,кицабазулъги.Нужедаги лъалел ратила эбелалъул х1акъалъулъ кицаби.Гьаниб жаниб буго халкъияб хазина эбелалъул х1акъалъулъ кицаби. 1. Эбел-инсул рак1 лъималазда, лъималазул рак1 гьаваялда. 2. Эбел-инсул адаб тарав,халкъалъе басралъула. 3. Эбел-эмен разияб лъимер, лъуг1и гьеч1еб хазина .4. Эбел-инсул адаб гьеч1ев жужах1алъул т1инде рехула. 5. Эбел рак1-рак1алъ г1одулей,хут1арал ххвалие г1одулел. 6. Лъималазе алжан эбелалъул х1ат1икь. 7. Эбелалъухъ г1енеккуларев, Ват1аналъеги мут1иг1лъуларев. 8. Эбел всасул чохьохъ ялагьулей, ч1ужу кверахъ балагьулей. Гьел гурелги нилъер кицаби г1емерал руго.Щибаб кициялъ нилъее г1акълуги лъайги кьола. Расул Х1 г1емерал руго эбелалъул х1акъалъулъ хъварал куч1дул.Р 20.Гьаб коч1олъ гьоркьор риччарал раг1аби хъвай. Эбел, к1очонаро ----------- мехалъ, Дун --------- кват1игун,кидаго --------------, Горт1а лъун толаан ---------- чирахъ. Ва къирун толаан къач1ого ------------. Вач1унаан -------- ,кьижулаан дун, Кьурулаан дуца ---------- чирахъ. Ялагьулаан ---------- къан бугищ нуц1а, Къулулаан т1аде,-----------, васин. (къват1ив, бахараб, гьит1инаб, дуца, нуц1а, мун, рокъов,сордо лъик1, г1одобе.) а) Гьал куплетал кинаб коч1олъан росарал? б)Гьелъул автор щив, лъимал? в) Лъиде гьабураб кеч1 лъимал, гьеб? г)Щай лъимал, эбел вас вач1инег1ан кьижуларей? 21. Эбелалъул х1акъалъулъ кеч1 гьабич1ев шаг1ир,къалмил устар цониги ватиларо дунялалдаго.Дагъистаналъул хъвадарухъабазги шаг1ирзабазги гьаруна куч1дул эбелалъул х1алимлъиялъул,лъималазде бугеб рокьиялъул къуваталъул х1акъалъулъ.Р.Х1амзатов "Эбелалде", М.Гъайирбековалъул "Эбелалъул рак1",Ф.Г1алиева"Эбелалде,"Ж.Х1асановасул "Эбелалъул кверал".Эбел гьеб раг1ул гьуинлъи,гьайбатлъи. Цо-цо мехалъ рак1алде ккола эбел йик1инч1ейани , щибдай нилъеца гьабилаанилан.Эбел йиго нилъер т1олго г1умруялъул байбихьи, лъимадул т1оцебесеб раг1и, ва г1адамасул ахирисеб раг1и.(буклет бихьизабизе) 22. Хирамух1амад Хирамух1амадовас эбелалде кеч1 ц1ализе. 23. Сценка"Эбелалъул рокьи". Гьанже, лъимал, нилъеца х1азе буго цо гьит1инаб сценка,лъималазде эбелалъул бугеб рокьиялъул . Гьеб рокьиялъул цо гьит1инаб кесек ракьалде рехани , т1олго дунялго т1угьдузул ц1елаан, къварилъи, пашманлъи т1аса инаан. Эбелалъул рак1- гьеб буго божи, рокьи, гьари, дуг1а,рохел, къварилъи,пашманлъи.Кинабго гьеб жанибе бачуна букъараб зар г1анаб эбелалъул рак1алъ.Нилъ киналго, рохел бугониги, къварилъи-зах1малъи бугониги т1оцере лъихъе рекерулел, лъимал? Бит1ун буго 5эбелалъухъе.Эбелалъ бац1ц1уна нилъер маг1у, нилъер кинабго къварилъи,ургъел босула жиндирго рек1елъе. Нилъеда т1адаб буго эбелалъул адаб гьабизе,гьей ц1унизе. 24. Дарс щула гьаби: 1.Нилъеца жакъа ц1алараб М.Ах1мадовасул кеч1алде ц1ар щиб лъимал? 2.Кинаб анищ гьес загьир гьабула бугеб? (Эбелалъухъе рокъове т1ад вуссине бугеб анищ) 3.Гьеб кеч1алдаса кинал мухъал нужее бищунго рокьарал? 4.Авторасул ц1алиялъухъ г1енеккизе. 5.Жакъа нилъеца ц1аларал куч1дузулъ, кицабазулъ биценазулъ эбел кинайлъун йихьизе гьаюла йигей ? 6.Гьаб дарсил кинаб бут1аялъ нужее бищунго асар гьабураб? 7.Нужер эбелалдехун бугеб рокьи, адаб ц1ик1к1анищ лъимал? 25.Раг1икъот1. Лъимал, нилъеца гьабсаг1ат гьаб раг1икъот1 ц1езабизе буго.Нужеца гьеб бит1ун ц1езабуни, т1аса гъоркье т1оцебесеб клеткабазда жаниб нилъеца малъарав шаг1ирасул ц1ар бач1уна. 1 2 3 4 5 6 7 1.Ц1акъ къиматаб маг1дан(месед) 2.Унтарасда гьабула...(укол) 3.Х1ежалде арав чиясе щолеб ц1ар (х1ажи) 4.Росдал цо бут1а (авал). 5.Т1охде рахине къвариг1уна (мали) 6.Пихъил гъут1би г1емераб бак1 (ах) 7.Школалда учителас кьола (дарс) 26.Калам цебет1езаби. Лъимал жакъа нилъеца бицана эбелалъул х1акъалъулъ, гьей йокьизе ккеялъул.Эбелг1ан хирияб жо нилъер гьеч1о. Дица нужее карточкаби кьезе руго.Нужеца гьел карточкабазда кеч1 бажарарас кеч1, кеч1 гьабун бажарич1ес цо гьит1инаб барки гьабизе буго эбелалде,гьей нилъеего йокьулеб куцалъул х1акъалъулъ. 27. Къиматал лъезе. Гьалеха, лъимал, ахиралде щвана нилъер дарс. Гьал т1угьдузда ругел суалазе жавабал хъвай.Гьелъ бицина нилъеда бокьарабищ нужее дарс ,щварабищ нужее пайда.Къиматалги лъе нужецаго. 28. Лъималазде хит1аб. Дие бокьун буго гьаб дарсил ахиралда нужедехун хит1аб гьабизе. Мац1 к1очараб миллат молода лъола Молодул г1оркь кквезе чи хут1уларо Хут1араб кинабго гьадингояб жо Гьардарав бет1ергьан ц1уне авар мац1. Т1оцебе рахьдал мац1 нижей бицарай, Нижер улбул ц1уне хирияв аллагь. 6Нилъей г1оло г1умру майилан кьолей Лъимал, к1очон тоге нужеда эбел. Исана 2014 сон буго культураялъул сон.Нилъеца к1вар кьезе ккола нилъерго цебесеб умумузул культура лъазабизе. Гьеб нилъеда к1очене бегьуларо.Нилъер к1удияв шаг1ир Р.Х1амзатовас абун буго гьадинал раг1аби «Нилъеца аралда туманк1 реч1ч1ани,бач1унелъ нилъеда г1арада реч1ч1ула». Гьабсаг1ат нилъ балагьила нилъер улбуз цебе рет1унеб бук1араб миллияб рет1елалъухъ. Гьанже балагьила гьез х1алт1изарулел рук1арал т1аг1елазухъ Тема: Мух1амад Ах1мадов. 60­т1убаялде. Дарсил мурад: 1.Лъималазда ц1ияб дарс малъи. Малъаралъуо кьуч1алда г1акъле цебет1езаби. 2.Мух1амад Ах1мадовасул творчествоялъулгун лъай ­хъвай гьаби , гьесул поэзиялъул гъасде щвей,куч1дул  рик1к1и, гьезул анализ гьабизе к1вей. 3.Лъимал берцинго ва чвахун ц1ализе ругьун гьари. Дарсил алат: Хъвадарухъанасул сурат,слайдал Дарсил ин: Я.Лъимал дарсиде х1адур гьари Второй.Ц1ияб дарс. Дарс байбихьила учителас кеч1 ц1алиялда (Дагъистаналъул бакъан) Маг1арулал руго Дагъистаналда Гъуниб мег1ер бугел Ах1ул гох1 бугел Ах1ула гьезул ц1ар ях1алъ ва рух1алъ Ч1ух1ула дун вугин маг1арулавин. Маг1арулал руго Дагъистаналда Маг1арул мац1 бугел, ц1ар т1адег1анал. Т1адег1анав Аллагь ,ц1уне Дагъистан, Арал къарнабазул къадру босарал Маг1арулал руго Дагъистаналда , Рагъал гьаруна гьез, шагьал соролел Шамилил хвалченги Расулил хечги , Гьеч1о к1очон тезе дуниялалда. Маг1арулал руго Дагъистаналда , Даци рек1елъ бугел рецц бокьуларел. Бокьарал тушбаби щущазарулел Щулияб гьудуллъи рух1 кьун ц1унулел 7Рокьула рокьула ,дий маг1арулал, Маг1арулал гьеч1ищ , гьеч1о Дагъистан. Рокьула рокьула ,дий маг1арулал, Маг1налъун руго гьел Дагъистаналъул. Нилъер дагъистаналда руго г1емер бат1и­бат1иял миллатал, гьезул г1емер ц1ар раг1арал хъвадарухъаби.. ­ Кинал нилъер Дагъистаналъул хъвадарухъаби нужеда лъалел.? Гьезул цоязул бицине буго жакъа дарсида.Гьев ккола Мух1амад Ах1мадов. Дица жакъа ц1алараб кеч1ги гье хъвараб ккола. Мух1амад Ах1мадов ккола  хъвадарухъан , шаг1ир, хъвадарухъабазул союзалъул председатель.. Гьес 13  ноябралда т1убана 60­сон. 20­ноябралъ Мах1ачхъала шагьаралда бугеб г1урус театралда т1обит1ана шаг1ирасул юбилей. Гьенире рач1ана г1емер бат1и­бат1иял ц1ар раг1рал хъвадарухъаби, поэтал. Жакъа дие гьул творчество бицине бокьун буго Расул Х1амзатовас , гьесул творчествоялъул х1акъалъулъ  гьабулеб каламалда.Расул Х1амзатовас гьесие хъварал раг1абаздасан. Дица дуй толеб буго Дица дуй кьолеб буго Хъвазе щвеч1еб коч1ол т1ехь Т1анчалъе инч1еб анищ. Г1емерал куч1дул руго Ах1ич1ого х1т1арал Киналго ах1аразухъ , Цо х1ухьелцин кьоларел. Шаг1ирас т1убазабулеб буго жиндирго учителасул т1адкъай.Гьев жакъаги г1агараб халкъалъе кеч1 ах1улев  вуго. а)творчество Мух1амад Ах1мадов гьавуна 13 ноября 1955 года Гъуниб районалъул Гьонода росулъ . районалда. Росулъ  школаги лъуг1изабун,гьев ц1ализе лъугьана Москваялда бугеб Максим Горькиясул ц1аралда бугеб институталде. 1979 сонал гьес гьеб лъуг1изабуна баг1араб дипломалда .Ц1алулеб заманалда щвана Поволжиялде, ва  германиялда бугеб северияб флоталде. Ц1али лъуг1ун хадуб х1алт1ана редакторлъун. Январь моц1алда 2004  соналъ гьев вищана хъвадарухъабазул союзалъул председательлъун. Куч1дул хъвазе байбихьана гьит1инаб къоялдаса нахъе. Т1оцересел гьесул куч1дул къват1ире рахъана Гъуниб  районалъуо газетаялда « ц1ияб канлъи», маг1арул мац1алъул республикаяб газетаялда.» Баг1араб  ц1ва»,гьудуллъи журналалда. Т!оцебесеб гьесул т1ехь къват1ибе биччана 1979 соналъ.Гьесул куч1дул г1урус м  ац1алде руссинаруна гьадинал хъвадарухъабаз: Юрий Кузнецов, Станислав Куняевас, Сергей Васильевас, Евгений Семичевас, Александр Еременковас, Раиса  Романовалъ,ва гьел гурел цогидазги. ( слайдал). Гьединго гьесул куч1дул лъимал , къват1ире риччана  Шаг1ирасул к1ч1дузе к1удияб къимат кьуна, Расул Гамзатовас, Лев Озеровас, Валентин Распутиница, Александр  Михайловас, Вадим Дементьевас ва гьел гурел цогидазги. 8Гьединго гьес маг1арул мац1алде руссинаруна Пушкинил Блокил,Соколовасул , Рубцовасул, Кузнецовасул асарал. 2005 соналъ Мух1амад Ах1мадовасе щвана «Халкъияв поэт» абураб премия. Гьединго гьесие щвана  Лермонтовасул ц1аралда бугеб медальги . б) рефератал Жакъа лъималазги х1аддур гьарун руго рефератал,гьесул творчествоялдасан. ( Лъималаз рефератал ц1алила) в)чан 14 сон бараб мехалх Мух1амад Ах1мадовас хъвана т1оцебесеб философияб кеч1. «Чан» ( рек1ехъе рик1к1ина) ­ Сундул бицунеб бугеб коч1олъ? ­Сунде нилъ ах1улел ругел хъвадарухъанас? ­Щай г1жие босулеб бугеб берцинлъиги, гьунарги. Кинав чиясда нилъеца абулеб берцинав чийилан? Сунда нилъца абулеб гьунар? Хъвадарухъанас нилъ ах1улел руго гьездаса мисалал росизе Хъвадарухъанас хъвараб гьеб кеч1 Мух1амад Ибрагьимовасул бакъаналда ах1ула нилъер маг1арул коч1охъанас Мух1амад –Тамир Синдикъовас. ( Кеч1 биччан, коч1охъ г1енеккила). г) мац1 Шаг1ирасул пикрабалъ цо хасаб , аслияблъун рик1к1ине бегьулеб бак1 кколеб буго г1агараб маг1аруллъиялдеги , гьелъул халкъалдеги, халкъалъуо бах1арчияб тарихалдеги, бугеб к1удияб рокьиялъ .Гьесие рах1ат толеб гьеч1о жакъа миллатазда гьоркьор ругел рикьалабазги. Т1адег1асда гьарулеб буго гьеб ц1унейилан. Маг1ил гарал гирун уна коч1олъе, Кунч1ун буго гьезул балагьалъул ц1ва. ­Аллагь, къабул гьабе дир рек1ел дуг1а Маг1арулал цоцалъ рагъизе тоге. Бищунго жакъа шаг1ирасе рах1ат толеб гьеч1о, хун унеб маг1араул мац1алъ. ( Кеч1 рик1к1ине рахъинарила) Дица щиб гьабилеб бице Дагъистан Тана маг1арулаз дир маг1арул мац1 Маг1ил ц1урал бераз валагьун вуго, Балагь т1аде щвана, холеб буго мац1 Лъица ц1алилеб дир,ц1умур бараб кеч1 Ц1умал лъуг1ун руго иццал къун руго. 9Къуна дун Мух1амад, къарнудал рагъда. Ругъунлъун лъугьана мац1алъул къисмат. ­Сунде ах1улел ругел шаг1ирас ? ­ Нилъер маг1арул мац1 хвеялъе г1илла щиб? ­ Щиб нилъеца гьабизе кколеб нилъерго маг1арул мац1 ц1унизе. Маг1арул мац1 хванани ,лъуг1ула нилъер миллат , миллат гьеч1они нилъ щал кколел? Рач1а нилъеца гьоболлъи гьабилин шаг1ирасул поэзиялъуо гъасде, щвела нилъ гьесул шиг1рияб улкаялде . (Рик1к1ина лъималаз куч1дул) Ват1ан. Ват1ан дуца диде г1айиб гьабуге Г1айибазул ц1ураб ц1ар дирги абун Ах1ул гох1де вахун ватич1огойин Гъуниб имамасде аск1ов вук1инч1ин Гьанже ах1ул гох1ил х1ал лъуг1ун буго Х1алихьаталщиназ сверун ккун буго Ват1ан бичараца рачунел бакъназ Бакъ ч1ег1ерлъун буго Гъуниб маг1арда. Гъонода росдада т1ад Т1егьараб ц1вайил канлъи. Киналниги нухазда Дида цадахъ бук1ана. Гъуниб махил гъут1бузда Ахх бачарал лах1затал Замана балагьизе Гьаб ракьалда хут1ана Кьилимег1ералъ кьурал Кьвари дурусал дарсал Росдал васлъун хут1идал. Рит1ухъаллъун лъугьана. Кинидахъ кеч1 10Берал къанщаралго, рак1алде щвана. Рик1к1ада хут1арал , рек1ел анищал. Щаяли щущала,шиг1рабалъ ссорой. Сариназулъ ч1ола сагьвиллъидул нур. Рахьдал мац1 к1очарал г1адамазухъе Г1едег1ун пайда щиб,дуй кинидахъ кеч1? Шагьаралъул ц1адулъ мун бух1улелъул. Х1ухьел бак1аризе лъугьун вуго дун. Х1алгьеч1олъиялъул гьудулзабилъун Т1аде къулун руго рорхатал муг1рул Маг1арул мац1алъул хвелгьеч1олъиялъ Хвел рик1к1ад гьабилин, божии буго дир. Эбел ­Лъимал кинаб байрам т1аде щолеб бугеб? Гьеб темаги аслияблъун ккола шаг1ирасул творчествоялда жаниб. Шаг1ирзаби г1одула,релъула, рохула пашманлъула, гьез гьеб загьир гьабула жидерго куч1дулъ. Гьеб г1одилъун рик1к1ине бегьула « Херазул рукъ» , абураб кеч1. ­Щиб кколеб херазул рукъ? Херазул рукъ буго Ват1аналъ рагьун Ч1агого хваразе, хоблъун лъугьараб Гьанже лъималаца эбел­инсуда Мусру балеб буго, хвел бач1иналде. Берзул канлъийилан каранде къарал, Каранда рак1 гьеч1ел лъугьана лъимал Каранзул бух1иги ах1и гьабурал, Гьабилъун рортана эбел­инсуде. Лъималазе квал­квал ккезе гурилан Ккун руго хараби херазул рокъой Рокъове вуссиндал х1алихьатав вас Х1алхьиялда вуго лъадуда аск1ов. Рак1алде щоларо гьесда кидаго Кинидахъ эбелалъ ах1арал куч1дул 11Гьеч1о гьезул намус, лъуг1ун буго нич Бичун буго иях1 ва маг1арул мац1. Ах1и балеб буго херазул рукъалъ Рукъанин лъималаз ч1агого улбул Унтулуб буго рак1, чвахула маг1у, Маг1арулал кире унел ругел нуж. _ Кинаб асар гьабураб нужее коч1оца, Щай лъималаз рит1улел эбел­эмен херазул рокъое? Жакъа лъималазги х1адур гьарун руго нилъее Эбелалъул х1акъалъулъ сочинениял. ( Ц1алила лъабго сочинение ) Ш.Дарсил х1асил _ Кинав хъвадарухъанасул жакъа нилъеца бицараб? ­Щиб гьесул х1акъалъулъ нужеда лъараб? Кинал асарал гьес хъварал., Шаг1ирас т1бана 60­сон ,рач1аха жакъа шаг1ирасда юбилейги баркулаго, гьаризе жан­жигарги,рорхатал,  т1адег1анал шиг1риял т1огьал мут1иг1 гьаризе къуватги. ВИ .Къиматал лъе! Нилъер дарс нилъеца лъуг1изабила нилъерго Дагъистаналъул гимналдалъун. Дагъистаналъул гимн киназго т1адеги рахъун ах1ила. 12