8 классалда авар мац1алъул дарс.
Тема: Бат1алъизабураб определение.
Дарсил мурад: бат1алъизабураб определениялъе баян кьей, цебе малъараб такрар гьаби,
авар каламалде рокьи базаби.
Дарсил алатал: компьютер, интерактивияб доска, суратал, т1ахьал.
Дарсил ин: 1. Рокъобе кьураб т1адкъай ц1ехезе.
- Щал кколел У ва Гуро раг1аби?
- Раг1аби- предложениязул кина – кинал тайпаби жеги нужеда лъалел?
- Кинал лъалхъул ишараби лъолел раг1аби- предложениязулъ?
Рокъобе кьураб х1алт1иялъухъ хал гьаби (Раг1аби - предложениялгун диалог ургъун хъвазе).
Цо-к1иго ц1алдохъанас ц1ализе.
2. Цебе малъараб материал такрар гьаби.
- Мац1алъул кинал разделал нужеда лъалел?(фонетика, морфология, синтаксис, пунктуация).
- Кинаб разделалъул 8 классалда нилъеца бицунеб бугеб? (Синтаксис ва пунктуация).
- Грамматика сунда абулеб?
-Синтаксис щиб кколеб?
-Г1уц1иялде балагьун, кинал тайпаби ругел г1адатал предложениязул? (т1ирит1арал, т1ирит1ич1ел, т1убарал, т1убач1ел, подлежащее баянлъич1еб,подлежащее гьеч1еб, бит1араб дополнение гьеч1еб, ц1арлъовул.)
-Бицунеб жоялъул мурадалде балагьун кинал рук1унел г1адатал предложениял? (хабариял, т1алабиял,суалиял,ах1ул.)
3. Интерактивияб доскаялда г1адатал предложениязул тайпаби.
А) Сон школалъул ахикь куракул гъут1би ч1ана.
- Кинаб предложение кколеб? (подлежащее баянлъич1еб)
Б) Рии бакьулъги Шишилик1- маг1арда ц1орон бук1уна. (подлежащее гьеч1еб)
В) Х1алиматида Салих1атида зинк1к1ана. (бит1араб дополнение гьеч1еб)
Г) Г1агараб дир росу! Церехун пихъил ахал, нахъехун г1урччинал муг1рул. (ц1арлъовул)
Ц1алдохъабаз баян кьела кинал гьел предложениял кколелали.
4. Интерактивияб доскаялда.
А) Асиятицаги, Г1умарицаги, Суайбатицаги сон авар адабияталъул дарсида куч1дул рицана.
Б) Дагъистаналъул киналго шагьаразда: Гъизляралда, Хасавюрталда, Гъизилюрталда, Мах1ачхъалаялда т1орит1изе руго Бергьенлъиялъ 70 сон т1убаялъул байрамал.
- Т1оцебесеб предложение ц1ализе, кинаб гьебали ц1алдохъанас баян кьезе. (г1адатаб, тайпа цоял членалгун, -ги союзгун х1алт1изабураб)
- К1иабилеб предложение ц1алила ц1алдохъанас, баян кьела.(г1адатаб, тайпа цоял членалгун г1амлъул раг1и бугеб)
-Г1амлъул раг1и г1урус мац1алда кин бук1унеб? (обобщающее слово)
-Кинаб байрамалъул предложениялъулъ бицунеб бугеб?
- Нилъер школа х1адурлъулеб бугищ байрамалде? (лъималазул жавабал)
5. Интерактивияб доскаялдаса предложение ц1алила ц1алдохъанас.
а) Цо талих1алъ, дун дарсиде кват1ич1о.
-Кинаб предложение гьеб кколеб? (гьоркьор кколел раг1абигун бугеб)
- Г1урус мац1алде буссинабе гьеб предложение.
К счастью, я не опоздал на урок. (предложение с вводными словами)
6. Предложение ц1ализе, членазде биххизе.
Г1анк1ил бот1рода т1ад бук1ана ц1орораб х1ухьел.
Предложениялъул аслу ккола бук1ана х1ухьел, бот1рода т1ад- бак1лъун бугеб х1ал, ц1орораб- рекъон ккараб определение, г1анк1ил - рекъон ккеч1еб определение.
7. Ц1ияб тема баян гьаби.
а) Тетрадазда къо-моц1 ва тема хъвазе.
Теорияб баян кьезе рат1алъизарурал членазе. Г1урус мац1алда гьел ккола обособленные члены.
Доскаялда предложениял.
Маг1арда нижеда батана цо нохъо, бец1аб ва къваридаб. Ц1алдохъабазул кумекалдалъун предложение членазде биххизе.
Предложениялъул аслу: Нижеда батана цо нохъо.
Маг1арда- бак1лъун бугеб х1ал. Бец1аб ва къваридаб- определение бат1алъизабураб .
- Кинаб определениелъун? (рекъонккарал)
· - Определениелъун кинал каламалъул бут1аби ккун рук1ине бегьулел?(прилагательноял, причастиял, предметияб ц1ар, ц1арубак1.)
Г1усманил ц1ияб ручка буго, сон тукадаса босараб.
Ц1алдохъабазул кумекалдалъун предложение членазде биххила.
Предложениялъул аслу - ручка буго.
Г1усманил- рекъонккеч1еб определение.
Ц1ияб- рекъонккараб определение.
Сон тукадаса босараб- бат1алъизабураб определение. (причастияб сверел щиб кколебали рак1алде щвезабила)
Ц1алдохъабазул к1вар буссинабила запятаязде, жиндие сипат-сурат гьабулеб раг1уде, причастияб сверел кида бат1а гьабулеб запятая лъун.
· Правило ц1ализе т1ахьаздаса.
· Т1ехьгун х1алт1и.
1. Х1алт1и № 148 (2 предложение) рат1алъизарурал определениял ратизе, кколелъур лъалхъул ишараби лъезе, тетрадазда хъвазе.
2. Х1алт1и № 149. Ц1алдохъабаз т1адкъай ц1ализе, рат1алъизарич1ел определениял рат1алъизарураллъун лъугьинаризе. (2 предложение тетрадазда хъвазе)
3. Х1алт1и № 150. Причастиял сверелал рат1алъизарурал определенияллъун ккезарун, предложениял г1уц1изе(2 предложение хъвазе)
· Рек1елгъеялъул грамматика. Интерактивияб доскаялда лъабго раг1и.
А)Адаб – базар, б) бет1ер – росу,в) кумек - кари
· Кьераз жиб-жиб раг1ул ахирисеб х1арп авалалда лъун, предметиял ц1арал ургъизе.
· Цо глаголалдасан цойги глагол лъугьинабизе х1арпал хисун:
Абизе- баизе, багьизе - гьабизе
Рекьизе - кьеризе к1усизе – сук1изе
8. Интерактивияб доскаялда предложение.
Х1алихьат нахъег1ан те, чохьой г1оло х1алт1улев.
Цо параялъ ц1алун, хадуб бахчараб предложение членазде биххизе, абулеб мурадалде балагьун, кинабали бицине.(т1алабияб предложение, аслу: х1алихьат те. Нахъег1ан – х1ал.
Чохьой г1оло х1алт1улев- бат1алъизабураб определение.
- Гьединав чиясда божизе бегьулищ? Гьудуллъи кквезе бегьулищ гьесулгун? Щай?
9. Дарсил х1асил гьаби.
- Дарсил тема щиб?
- Сунда абулел рат1алъизарурал членалин?
- Кин рат1а гьарулел рекъонккарал определениял?
- Рат1алъизарурал членазда г1урус мац1алъ щиб абулеб?
10. Дарсида жавабал кьуразе къиматал лъела.
11. Рокъоб х1алт1и: параграф 37, х1алт1и № 150 лъуг1изег1ан хъвазе.
· Дарсил ахиралда кеч1 ах1изе.
Жегиги гьит1инго эбелалъ дие,
Ах1арал куч1дузул канлъи ва хинлъи.
Хут1ана дилъ бессун, бакъул нур г1адин,
Бокьула раг1изе маг1арул калам.
Мун бук1инч1ебани, ч1ваби т1у-т1ураб
Т1армида релълъине бук1ана г1умру.
Г1агараб авар мац1- дир бакараб ц1ва,
Бокьула раг1изе маг1арул калам.
© ООО «Знанио»
С вами с 2009 года.