«Фразеологизмал» 6 класс
Оценка 5

«Фразеологизмал» 6 класс

Оценка 5
docx
24.01.2021
«Фразеологизмал» 6 класс
urok_frazeologizmy.docx

Тема:  Фразеологизмал.

Класс: 6

Мурад: 1) Фразеологизмал щал  кколелали ц1алдохъабазда бич1ч1изаби.

2) Фразеологизмал каламалъулъ х1алт1изаризе малъи. Калам цебет1езаби.

3) Фразеологизмазул кумекалдалъун лъималазулъ лъик1аб г1амал – хасият куцай.

4) Рахьдал мац1алде рокьи ц1ик1к1инаби.

Масъала:

1)    Фразеологизмазул маг1на бич1ч1изаби, гьел синонимаздалъун ва г1аммал раг1абаздалъун хисизаризе т1ами. (предм.умения)

2)    Фразеологизмазул каламалъулъ бугеб к1вар бихьизаби.  (метапредметные умения)

3)    Жидеего щвараб лъаялдаса  лъимал рохизе т1ами. (личностные умения)

4)    Жиндирго ва цогидазул каламалъе къимат кьезе лъай.

Алатал: ИКТ, карточкаби, суратал, словарал.

Дарсил ин.

1.     Дарсиде х1адурлъи, байбихьи.

Ассаламуг1алайкум,

Хириял ц1алдохъаби,

Саг1ат лъик1аб батаги,

Лъайгун г1акълу ц1ик1к1аги.

Ц1ваби рик1к1ун рук1унге

Замана ч1ван рук1унге,

Заман гьоркьоб биччани,

Квер х1анч1изе кколебин.

1.     Такрар гьаби.

- Щиб жо кколеб лексика?

- Антонимал щал колел?  ( мисалал раче)

- Синонимал щал колел?  ( мисалал раче)

- Омонимал сунде абулеб?  ( мисалал раче)

 

2. Словарияб  х1алт1и. 

- Гьал раг1аби  авар мац1алде руссинаре.

Голова- (бет1ер),            глаза- (берал),                      лоб – (нодо),

Брови – (кьунсрул),        губы – (к1ут1би),                 зубы- (цаби),

 Сердце- (рак1),              желудок- (кванирукъ),         кишечник- (бакьал),

Аппендикс-(бецбакь),     рука- (квер),                         кулак- (зар),

Ладонь- (огъохъат),         палец- (килищ),                   мизинец- (бурт1енкилищ)

- Гьал раг1аби цо раг1иялдалъун кин абизе бегьулел? (г1адамасул лугбал)

 

- Ч1ег1ер хъварал раг1абигун раг1абазул г1уц1иял ургъева хъвай.

( Бет1ер унтана, бет1ер бекана, бет1ер ц1унана, бет1ер биххана.

Рак1 унтана, рак1 бекана, рак1 чучана.

Квер босана, квер бекана, квер бакъана.)

- Гьазул маг1на кин нужеда бич1ч1улеб?

Бет1ер

Рак1

Квер

унтана,

унтана

унтана,

бекана

бекана

бекана

ц1унана

 чучана

бакъана

биххана

бух1ана

хисана

 

2.      Ц1ияб темаялда т1ад х1алт1и.

 

- Бет1ер абураб раг1игун предложение ургъе.  (ц1алдохъабаз ургъила)

Предложение хъвай, маг1на бич1ч1изабе, разбор гьабе. (хъван)

Радал батулеб бак1алда бет1ер лъезе ана  Ах1мад.(Ах1мад кьижизе ана)

 (К1иабилеб предложениялъул разбор гьабила, тема бич1изабун хадуб т1оцебеселъулги гьабила)

Муг1алимас кумек гьабила ва ц1алдохъаби ц1ияб темаялде рачина.

- Бет1ер абураб бак1алда цоги раг1и абизе бегьулищ, гьелъул маг1на хисулищ?

-  Риххуларел, щулаго цоцазда рухьарал, цадахъ цо маг1на кьолел раг1абазул дандраязда фразеологиял сверабийилан абула.( т1ехьалдасан правилаби ц1алила)

- Г1урус ма1алда нужедаго лъалел фразеологизмазе мисалал раче.

3. Таблицаялда т1ад х1алт1и.

 

              Фразеологиял сверелал рикьула  к1иго т1елалде.

 

Щулаго раг1аби цоцалъ рух1арал

Лексикияб маг1на заг1иплъич1ел

(бит1араб маг1наялдаги х1алт1изарулел)

1.     Мугъ берцин гьабизе. (ине)

2.     Хъабчил г1арада гьабизе. (вачахъизе)

3.     Гъалдибер к1удияв чи. (ч1ух1арав, г1амал к1удияв)

1.     Гьумер бух1изе.

2.     Ганч1ал  хинлъизаризе.

3.     Чванта багьизе.

 

4.     5 х1алт1и, 20 гьумер.

5.     Дарс байбихьулаго муг1алимас рик1к1арал раг1абазулъ фразеологизмал рате,  тетрадазда хъвай.

 

Ассаламуг1алайкум,

Хириял ц1алдохъаби,

Саг1ат лъик1аб батаги,

Лъайгун г1акълу ц1ик1к1аги.

Ц1ваби рик1к1ун рук1унге

Замана ч1ван рук1унге,

Заман гьоркьоб биччани,

Квер х1анч1изе кколебин.

6.Словараздасан х1алт1и  (къукъабаз гьабулеб х1алт1и)

Гьал фразеологизмазул  маг1на бате.

1 къокъа.

- Жеги кинидаго вуго.

- Зоб бихъараб питна.

- Иццул х1оринибе х1ац1у тузе.

2 къокъа.

- Зурмил бакъаналда рекъон кьурдизе.

- Каранда гарац1 жемизе.

- Квер биччан вук1ине.

3 къокъа.

- К1ут1бузда к1улал разе.

- Лъимги ц1аги г1адин.

- Малъ къосараб х1ал.

 

7.     Рекъон кколел  раг1абиги лъун фразеологизмал  ц1але.

А) Хурибе лъимги к1анц1ун, Х1ажил  х1алт1и …   …

Б) Лъималаз к1удадал …  …

В) Мусаца гьеб кеч1 …  …  … буго.

Г) Эбелалъул ясазде ц1акъ …   … буго.

Д) Исмаг1илил ваг1за г1адахъ босич1ел

     Г1емерал х1айванал  …   …   (Ц1. Х1амзат)

Раг1аби: г1индамес бакъвазабуна, х1урудахъ анна, т1омот1а лъуна, рак1 щун, лъим г1адин лъазабун.

 

8.     Малъараб щула гьаби.

- Щиб нилъеда дарсида лъараб?

- Г1адатиял раг1абазул г1уц1иялги фразеологизмалги данде ккве.

 

Г1адатиял раг1абазул г1уц1иял

Фразеологизмал

1.     Раг1аби хисизе бегьула.

2.     Раг1абаз жидерго маг1на ц1унула.

3.     Каламалъулъ к1алъалаго г1уц1ун рач1уна.

1.     Раг1аби хисизе бегьуларо.

2.     Раг1абаз жидерго маг1на ц1унуларо.

3.     Рак1алда ч1езаризе ккола.

 

- Фразеологизмазул  кинаб мупаг1ат бугеб?

- Киназго цадахъ ц1але, фразеологизмал рате.

Мун дурго умумузда гьумер бух1ун к1алъаге

Берал г1одоре т1амун, эхете гьезда цеве.

Гьалмагълъийилан ккараз гъоркье рехизе ч1оге,

Бицаралдаги божун, бет1ер билун вук1унге.

 

9.     Рокъобе х1алт1и.

 4 х1алт1и, 19 гьумер.

Жидеего бокьараз фразеологизмазул гьит1инабго т1ехьги гьабизе бегьула.

 

                                                        Ленинкенталъул 35 гимназиялъул муг1алим

                                                        Х1айдарбегова Пат1имат Мух1амадовна.


 

Тема: Фразеологизмал. Класс: 6

Тема: Фразеологизмал. Класс: 6

Антонимал щал колел? ( мисалал раче) -

Антонимал щал колел? ( мисалал раче) -

Фразеологиял сверелал рикьула к1иго т1елалде

Фразеологиял сверелал рикьула к1иго т1елалде

Лъимги ц1аги г1адин. - Малъ къосараб х1ал

Лъимги ц1аги г1адин. - Малъ къосараб х1ал
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
24.01.2021