«Г1адаталги жураралги предложениял» 5 класс
Оценка 4.9

«Г1адаталги жураралги предложениял» 5 класс

Оценка 4.9
docx
24.01.2021
«Г1адаталги жураралги предложениял» 5 класс
0003b65f-b4c02600.docx

 

Надпись:          
   Авар мац1алъул  дарс  5 классалда
                                Тема:
       «Г1адатал  ва журарал          предложениял"

                                                    

                                   

 

 


 

 

                             Рагьараб  дарс.

Дарсил тема: «Г1адаталги жураралги предложениял»

Дарсил мурад:1)Журараб предложениялъул х1алкъалъул г1аммаб баян кьей.

                                 2)Г1адатабги жубарабги предложениялъул г1уциялъулъ бугеб                         бат1алъи ц1алдохъабазда бич1ч1изаби.

                                     3)К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

                                          4)Лъималазул авар мац1алде рокьи куцай ва гьеб лъазабизе гъира бижизаби.

 

Дарсил къвариг1унеб алат: таблица, карточкаби, компьютер,  

                                                                                      Дарсил ин:

1.     Дарс  байбихьи

 Дарсил  эпиграф:

Маг1арулазул  калам, аваразул музыка

Кирехун  щвананиги, бокьулеб куц  раг1изе.

Маг1арул мац1 лъалезе, гьеб мац1алъул пасих1лъи.

Маг1арухъ рижаразе гьеб мац1алъул гьуинлъи.

 Мац1! Гьеб раг1иялъул бечелъи, гъварилъи! Мац1 буго халкъалъул к1удияб хазина.

Мац1алъул бац1ц1алъи ва  берцинлъи  ц1унизе  нилъер щивас бажарараб х1аракат бахъизе ккола.                                                                                            

-Лъимал нужеда маг1арул мац1 лъик1 лъалищ?

-Щибха кколеб гьаб раг1ул маг1на?

 

                                                              «Мат1улмат1ат1и»

Кинал маг1арул мац1алъул раг1аби ругел гьаб  раг1улъ?

(мат1у, т1ат1и)

                                             2. Рокъобе кьураб дарс гьикъи

 

Ø Кинал предложениялъул членал нужеда лъалел?

 

Ø Кинал бет1ерал членал нужеда лъалел?

 

Ø Кинал бет1ерал гурел членал нужеда лъалел?

 

Гьал суалазул кумекалдалъун предложениял г1уце, гьал предложениялъул членазде риххе.

Лъица киса щиб босараб?                         Эбелалъ тукадаса гормендо босана.

Лъица лъида щиб бицараб?                     Васас инсуе кеч1 бицана.

Кида щив лъида вихьарав?                      Сон Муса  муг1алимасда  вихьана.

Лъица кида лъихъе щиб хъвараб?       Марьямица жакъа гьудулалъухъе кагъат хъвана.

Киб лъица щиб гьабураб?                        Клубалда  дица  кеч1  ах1ана.

Кида щив киве арав?                                 Церекъад гьудул  шагьаралде  ана.

Киб лъица кьо бараб?                               Росулъ  Муслимица  кьо  бана.

Кида лъил чан дарс бугеб?                      Жакъа дир анлъго  дарс буго.

 

           Гьал предложениязулъ грамматикияб аслу(основа) бате

Квачараб хасел т1аде щвана.

Х1анч1и хинал улкабазде роржун ана.

Х1усеница дарс лъазабуна.

 

Хъвай грамматикияб аслу (основа) бате, лъалхъул ишараби лъе.

 

Нижеца кидаго херал чаг1азул х1урмат гьабула.

Кавказалда лъарал ва г1орал г1емерал руго.

Циги, бац1ги, церги, г1анк1ги Дагъистаналъул муг1рузда дандч1вала.

 

                                                        3. Ц1ияб тема.

1)Ц1але ва грамматикияб аслу(основа) бате

Исламица эбелалъе кумек гьабула.

Ихдал ц1адалги рана, хурги лъик1 бижана.

Асмаца жакъа кеч1 ах1ана.

Зурма-къолол гьаракьги къот1ана, росуги г1одобе биччана.

 

2) Предложение: г1адатаб ( Цо грамматикияб аслу(основа) бугеб); жубараб (чанго грамматикияб аслу(основа) бугеб).

 

3) Гьал предложениязул г1уц1иялъулъ бат1алъи щиб бугеб?

1. Т1амах г1одобе бана, гъут1би г1иц1го хут1ана.

2. Гьури багъарана, ва гъвет1ги щапун ана.

3. Кванана ц1ураб гьанги, гьекъана ц1орораб лъимги.

4. Пионераз школалъул ахикь т1угьдул ч1ана, амма гьел лъик1 рижич1о.

 

 

4) Доскаялда х1алт1и.

Гьал журарал предложениязда жанир г1адатал предложениял рате.

1.Нак1к1ал  рач1ана, дунял бец1лъана, ц1ад базе байбихьана.

2.Радал  нак1к1  бук1ана, амма  къалъуда  зоб  роц1ана.

 

5) Т1ехьалдасан х1алт1и

№ 197 (к1алалъ  бицун гьабизе)

№ 199 (хъвазе)

                                                    Физминутка

                                                  -  Кин бугеб иш?

                                        - Нуж  кин т1аде рахъулел?

                                        - Нуж кин пархулел?

                                         -Нужеца лъим кин хъвалеб?

                                         -Нуж  кин г1одор  ч1олел?

 

Ц1ияб тема щула гьаби

Гьал бут1аби данде гьарун, жубараб предложение г1уц1е:


Г1азу бана.

Нуц1а рагьана.

Эбелалъ ц1а бакана.

Их т1аде щвана.

                                  

Хинал улкабаздасан х1анч1и роржун рач1ана.

Лъимал хоккей х1азе ана.

 Цо чи жаниве лъугьун вач1ана.

 Рукъ хинлъана.


 

Предложениялъул членал рате

Эбел-инсул  адаб  ц1уне,

Ц1ик1к1арасул  хъатир  гьабе;

Хъизан-лъимал  тарбия  кьун,

Тадбиралда  ругьун  гьаре.

 

- Гьаб поэмаялъул  автор щив?

 Гьаб ккола  Ц1адаса  Х1амзатил «Г1умруялъул  дарсал» абураб  поэма.

-Щиб нилъеда  бич1ч1изабизе бокьун  бугеб  Х1амзатие?

(Нилъ эбел-инсул ,к1удиязул адаб бугеллъун  рахъин буго  Х1амзатил  мурад.)

Ц1адаса Х1амзатил устарлъи халкъияб к1алзул гьунаралда бухьараб буго. Инсанасул рух1ияб дунялалъе, г1амал-хасияталъе ва хьвада-ч1вадиялъе къимат кьолеб поэма

 буго Х1амзатил  гьаб.

Исана ц1ар раг1арав аваразул халкъияв поэт  Х1амзат гьавуралдаса  г1ола 140 сон.

 

 

 

 

                               4.Дарсил   х1асил  гьаби

 

1. Жакъа дарсида щиб нужеда лъараб?

 

2.Кинаб предложениялда абулеб жубараб?( К1иго грамматикияб аслу(основа) бугеб предложениялда)

 

3.Кинаб предложениялда  абулеб  г1адатаб? (Цо грамматикияб аслу(основа) бугеб предложениялда)

 

                              5.Рокъобе х1алт1и

 

П. 28 , х1алт1и № 207.

Къиматалги  лъела.

 

 Баркала! Дарс лъугIана. ЛъикIаб рагIаги, лъикIаб бихьаги!

Къо-мех  лъик1!

 

 


 

«Г1адаталги жураралги предложениял» 5 класс

«Г1адаталги жураралги предложениял» 5 класс

Рагьараб дарс. Дарсил тема: «Г1адаталги жураралги предложениял»

Рагьараб дарс. Дарсил тема: «Г1адаталги жураралги предложениял»

Гьал суалазул кумекалдалъун предложениял г1уце, гьал предложениялъул членазде риххе

Гьал суалазул кумекалдалъун предложениял г1уце, гьал предложениялъул членазде риххе

Доскаялда х1алт1и. Гьал журарал предложениязда жанир г1адатал предложениял рате

Доскаялда х1алт1и. Гьал журарал предложениязда жанир г1адатал предложениял рате

Дарсил х1асил гьаби 1

Дарсил х1асил гьаби 1
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
24.01.2021