Конспект урока на тему: «Дун к1удияв г1ун вуго»

  • docx
  • 28.11.2025
Публикация на сайте для учителей

Публикация педагогических разработок

Бесплатное участие. Свидетельство автора сразу.
Мгновенные 10 документов в портфолио.

Иконка файла материала phpHpFg2f_Avar-adabiyat-2-kl-Dun-kudiyav-gun-vugo.docx

Дарсил тема. «Дун к1удияв г1ун вуго».

Дарсил тайпа. Г1адатияб гуреб ц1ияб лъай кьеялъул  дарс.

Дарсил мурад ва масъалаби:

1.Малъараб асар г1амлъизабиялдалъун такрар гьаби ва щула гьаби

2.К1алзул калам цебет1езаби

3.Ц1алиялъул ругьунлъаби щула гьари, кеч1 пасих1го ц1ализе малъи.

4.Лъималазулъ бижизабизе эбел-инсудехун, вац яцалдехун г1агарлъиялдехун рокьи бижизабизе, гьезие кумек гьабизе кколеблъи бич1ч1изабизе.

 Дарсил алатал:

1.Васасул, эбелалъул , инсул, к1одоэбелалъул, боц1ул, харил г1архъил, богорукъалъул, расанк1абазул, самолетазул суратал.

2. Ц1алул т1ехь «Авар калам»: компьютер, презентация.

Дарсил план:

1.Дарсил байбихьи (лъималаз гьалбадерие салам кьей)

2.Рокъобе х1алт1иялъул хал гьаби.

3.Ц1ияб дарс малъи.

а) муг1алимасул цебераг1и;

б) словарияб х1алт1и;

в) муг1алимас ц1ияб дарс ц1али;

г) лъималаз ц1ияб дарс ц1али.

4.Х1ухьбахъиялъул минут.

5.Ц1ияб дарс щула гьаби.

6.Дарсил х1асил гьаби.

7.Рокъобе х1алт1и кьей.

Дарсил ин:

1.Дарсил байбихьи (лъималаз гьалбадерие салам кьей)

Муг1алим.

Гьимулаго бакъ г1адаб                             

Рогьалилъ гьогьен г1адаб

Къечарасе лъим г1адаб

Ассаламу г1алайкум!

Ц1алдохъаби.

Ваг1алайкум асалам!

Муг1алим.

  Гьит1инал маг1арулал рач1а рилълъинин нилъерго маг1арул авар каламалъул улкаялде. Лъик1 щварал жакъаги нилъерго гъанситоялъухъе. Нужер берцинаб саламалъги, нужер гьимиялъги нилъер классго гвангъизабуна.

2.Рокъобе х1алт1иялъул хал гьаби.

Гьанже бице, лъимал араб дарсида щиб нужеца ц1алун бук1араб?

Ц1алдохъаби.

Араб дарсида нижеца ц1алун бук1ана хабар «Воре, чед г1одобе рехуге»

Муг1алим.

Х1айдарида эбел рокъой ятанищ?

Ц1алдохъаби.

Х1айдарида эбел рокъой ятич1о.

Муг1алим

Гьев киве арав?

Ц1алдохъаби.

Гьев ана къват1иве.

Муг1алим

Гьесухъ кодоб щиб бук1араб?

Ц1алдохъаби.

Гьесухъ бук1ана лъик1алан к1удияб чадил кесек.

Муг1алим

Лъимал кир расандулел рук1арал?

Ц1алдохъаби.

Лъимал г1урдада расандулел рук1ана.

Муг1алим

Г1уру щиб кколеб лъимал?

Ц1алдохъаби.

Г1уру ккола луг.

Муг1алим

Х1айдарица щиб гьабураб лъималаз торг1о х1азе ах1арав мехалъ?

Ц1алдохъаби.

Кваналеб бук1араб чедги цояб рахъалде рехун, гьев лъималазда аск1ове ана.

Муг1алим

К1удияв чияс Халилица щиб гьабураб?

Ц1алдохъаби.

Халилида г1одобе рехараб чадил кесек бихьана ва гьикъана: _ Гьаб чед лъица г1одобе рехараб?

Муг1алим

Х1айдарица кинаб жаваб кьураб херав чиясе?

Ц1алдохъаби.

- Г1орц1ун хут1араб кесек г1одобе рехизе бегьулареб жойищ? – абун вахъана Х1айдар.

Муг1алим

Щай Халилил Х1айдарида ццин бахъараб?

Ц1алдохъаби.

Щай гурелъул нилъеца чед г1одобеги рехун инжит гьабизе бегьуларо.

Муг1алим

Сундуе г1оло Халилие Бах1арчиясул Ц1ва кьураб?

Ц1алдохъаби.

Халилие Бах1арчиясул Ц1ва кьуна т1орщел бижизабиялъухъ.

Муг1алим

Чадил къимат гьабизе щай кколеб?

Ц1алдохъаби.

Нилъеца чед г1одобе рехун инжит гьабизе бегьуларо. Чед буго месед г1адаб къиматаб нилъер бечелъи. Гьелъул адабги х1урматги гьабизе ккола.

Муг1алим

Лъимал лъица къокъаб х1асил бицинеб хабаралъул «Воре чед г1одобе рехуге». (2-3 ц1алдохъанасда гьикъила )

3.Ц1ияб дарс малъи.

а) муг1алимасул цебераг1и;

Муг1алим

Лъимал кин нужеда рак1алде кколеб нуж к1удиял г1ун ругищ?

Ц1алдохъаби.

Руго.

Муг1алим

Щай нужеда гьедин рак1алде кколеб? Щибха нужеца гьабулеб ч1ах1иязе кумекалъе?

Ц1алдохъаби.

Эбелалъе, дадае, бабае, дах1ададае кумек гьабула.

б) словарияб х1алт1и;

Муг1алим.

Гьанже нилъеца гьабизе буго словарияб х1алт1и.

 

Харил г1арахъ – стог сена;

Богорукъ – кухня;

Боц1и – скот;

Рехъаде – пастбище - рехъен – стадо – отправить корову на пастбище;

Гъолеб – отправить;

К1одоэбел – бабушка.

(Суратал рихьизарила ва лъимал такрар гьабун абизе т1амила.)

 

в) муг1алимас ц1ияб дарс ц1али;

Муг1алим.

 Жакъа авар каламалъул дарсида нилъеца ц1ализе буго кеч1. Гьелда ц1ар буго «Дун к1удияв г1ун вуго». Дица ц1алила нужеца хадуб хал кквей.

(Киналго лъималазда т1ахьал рагьизарила 35-36 гьумералде ва ц1алулеб кеч1алда хадуб хал кквезе т1амила.)

г) лъималаз ц1ияб дарс ц1али.

Муг1алим.

Гьанже кеч1 ц1ализе буго нужеца. Цин цо нухалъ киназго раг1изабич1огун бераца рак1алдасан ц1але. Цинги раг1изабун ц1ализе т1амизе руго.

4.Х1ухьбахъиялъул минут.

 

Рорхе кверал киназго,

Свак чучизе, черх бит1изе,

Чундул г1адин сах рук1ине.

Свак чучана, черх бит1ана,

Чундул г1адин сах хут1ана.

 

5.Ц1ияб дарс щула гьаби.

Муг1алим.

Лъимал щай авторас коч1ое «Дун к1удияв г1ун вуго» абураб ц1ар кьун бугеб

Ц1алдохъаби.

Щай гурелъул васас гьанже кинабго жинцаго буго гьабулеб. Гьесие гьанже расанк1абиги къвариг1ун гьеч1о.Васас кинабго жиндирго хъизамалъе кумек гьабулеб буго.

Муг1алим.

Кинал коч1ол мухъаз гьит1инав вас к1удияв г1ун вугевлъи бихьизабулеб?

(Лъималаз гьел коч1ол мухъал ц1алила.)

6.Дарсил х1асил гьаби.

Муг1алим.

Лъимал нужее жакъасеб дарс бокьанищ?

Лъимал щиб нужеда жакъа лъараб?

Жакъасеб дарсие киназего щуйилал лъолел руго. Гьелги г1адатиял гурелха, меседил . Гьел меседил гъурщазда жаниб бугеб гьуинлъиг1анги гьуинго к1алъай нужерго эбелаздехун, инсудехун, к1одоэбелалдехун, дах1адададехун.Эбелалъул хахараб рахьг1анги гьуинлъаги нужее рахьдал мац1ги. Месед  г1адин ц1уне нужеца нужерго улбул ва рахьдал мац1.

7.Рокъобе х1алт1и кьей.

Муг1алим.

Рагье киназго дневникал ва хъвай рокъобе х1алт1и.

Гьум. 35 – 36 кеч1 пасих1го ц1ализе лъазабизе.

Гьалдалъун лъимал нилъер жакъасеб дарс лъуг1ана. Нужее к1удияб баркала. Аллагьас тавпикъ кьеги нужее нахъеги нужерго рахьдал мац1 лъазабизе. Къо – мех лъик1 нужее! Лъик1аб бихьаги, лъик1аб раг1аги.