Маг1арул мац1алъул рагьараб дарс 3 класс. Тема: Царал х1алихьалъи.
Оценка 4.7

Маг1арул мац1алъул рагьараб дарс 3 класс. Тема: Царал х1алихьалъи.

Оценка 4.7
docx
06.04.2021
Маг1арул мац1алъул рагьараб дарс 3 класс. Тема: Царал х1алихьалъи.
родн.docx

Маг1арул мац1алъул рагьараб дарс 3 класс.

Тема: Царал х1алихьалъи.

Дарсил мурадал.

4.04.2019 г.

Маргьа ц1али, гьелъул къокъаб х1асил ва аслияб маг1на бич1ч1изабизе лъималазда. Ц1алдохъабазул мац1алде ва адабияталде рокьи ц1ик1к1инабизе. Ц1алдохъаби берцинаб каламалдалъун к1алъазе ругьун гьари. Предметалде рокьи бижизабизе.

Дарсил алатал

Компьютор, интерактивияб доска, презентация.

Дарсил ин.

1 Х1адурлъиялъул лах1зат.

Лъимал дарсиде х1адур гьари дарсил тема ва мурадал рицин.

Слайд1 Ассаламу г1алайкум ,

Аваразул миллат мац1,

Адаб кьоч1ое лъураб,

Ахир рокьуе гьеч1еб.

Армяназул пашманлъи

Арарат мег1ер буго,

Аваразул пашманлъи-

Авар мац1 лъач1ел лъимал.

Муг1алим:

-  Кинал маг1арулалха гьел кколел, гьезда рахьдал мац1 лъалеб гьеч1они? Рач1аха, нилъеца х1аракат бахъила лъик1 маг1арул мац1 лъазабизе.

2 Рокъобе кьураб дарс ц1ехей.

- Лъимал лъица дида бицине кинаб дарс нужее рокъобе кьун бук1араб?

- Гьаб кеч1 лъица хъвараб?

- Сундухъ авторасе бокьулеб бугеб муг1рузул т1алъи?

( Гьеб буго гьесул Ват1ан, гьев вижараб ракь.)

-Кинал ц1иял раг1аби нужеда лъарал цебесеб дарсида?

( Гугьар, даим, г1ащикъаб, х1асрат, нуг1зал)

Лъимал кеч1 бицине  рахъинарила, хут1аразда ц1ализабила.

 3 Ц1ияб тема.

Слайд2 Х1иллаялъ балагьуге, х1алт1ун балагье.

- Ц1але лъимал гьаб предложение. Гьеб щиб кколеб? ( Кици)

- Лъицаха бицине гьаб кициялъул маг1на?

( Нилъеца нилъеего жо т1алаб гьабизе х1аракат бахъизе ккола жиндирго зах1маталдалъун, цогидал г1адамазе х1илла гьабизе бегьуларо)

- Лъимал хал гьабе гьанже цойги нухалъ, щал нужеда доскаялда рихьулел ругел? (Х1айванал)

- Кинал гьазда гьоркьоса рукъалъул кколел? Кинал г1алхул?

-Царал х1акъалъулъ цониги маргьа лъалищха лъимал нужеда? ( Хъазги церги, борхьилги царалги къиса, царал диван)

- Киналго маргьабазулъ цер кинаблъун бихьизабун бук1унеб. Кинаб г1амал гьелъул бугеб?

Жакъаги нилъеца ц1ализе буго царал х1акъалъулъ хабар

4 Словарияб х1алт1и.

-Гьанже г1инт1аме. Лъимал гьаб хабаралда руго нужее рич1ч1изн зах1матал раг1аби.

Слайд3 Бакьуч- барсук

Нак1к1ирохь- сосновый лес

Жанавар- зверь

Х1алихьалъи-  подлость

Г1омо- комок

Самизе- чесать, трепать

5 Физминутка

К1анц1е, к1анц1е дир к1анц1ур.

Дунги цадахъ к1анц1ила.

Тире, тире дир торг1о,

Дунги цадахъ тирила.

Доскаялда бугеб ц1ияб дарсил сураталъул бицина.

6 Учителасул ц1али.

7 Х1асил гьабиялъул накъит

- Цараца кинаб х1илла ургъараб?

- Бакьуч жиндирго рук1ниб щай буссинч1еб?

- Царал х1иллаялъе кинаб къимат кьолеб нужеца?

- Царалги бакьучилги г1умру гьабиялъул къаг1идаби кинал ругел?

Цер г1емерисеб мехалъ къват1иб бук1уна. Гьеб т1анч1и гьарулеб заманалъ гурони рук1ниб бук1унаро. Амма бакьучил г1емерисеб заман рук1ниб уна. Гьез рук1ниб жидерго мах1ги тола. Бихьулищха царал мах1 рук1ниб батараб мехалъ бакьуч жанибе унаро.

8 Ц1ияб тема щула гьаби.

Г1едег1ич1ого гъалат1 биччач1ого, берцинго ц1алила, учителас хал гьабила, гъалат1ал рит1изарила.

9 Дарсил х1асил.

- Лъимал царал г1амал г1адамазда релъинабизе бегьулищ?

- Рук1унищ г1адамал царада релъарал?

Цо-цо г1адамалги рук1уна царал сих1ирлъи ва х1алихьалъи бугел.

Маг1арулазул аби буго: Цо цараца анц1го бац1 гуккарабила. Цойги абула. Царал г1амал бугин досул. Кинав чи ха гьев кколев?

10 Рокъобе х1алт1и . гь 71-72 бицине

Къиматал лъей.

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 


 

Маг1арул мац1алъул рагьараб дарс 3 класс

Маг1арул мац1алъул рагьараб дарс 3 класс

Лъимал кеч1 бицине рахъинарила, хут1аразда ц1ализабила

Лъимал кеч1 бицине рахъинарила, хут1аразда ц1ализабила

Цараца кинаб х1илла ургъараб? -

Цараца кинаб х1илла ургъараб? -
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
06.04.2021