Презентация открытого урока по родному(аварскому) языку на тему: "Разряды наречий" 7 класс

  • pptx
  • 10.11.2025
Публикация на сайте для учителей

Публикация педагогических разработок

Бесплатное участие. Свидетельство автора сразу.
Мгновенные 10 документов в портфолио.

Иконка файла материала phpk5HR9N_Otkr.-urok-2.pptx

  Рагьараб дарсил тема: «наречиялъул разрядал»


7 Класс
Гаджиев М.Г.

Расул ХIамзатов

«

Предложениял членазде риххе .
Жакъа лъимал лъикI хIалтIана.
ПатIиматица берцинго кечI ахIана.
Морфологияб разбор гьабе.
хIалтIана

Разрядал

Суалал

Мисалал

Ишалъул куцалъул

Кин? Щиб куцалда ?

лъикI, берцинго.

Заманалъул

Кида? кидалъизегIан ?

гьабсагIат, церекъад.

БакӀалъул

Киб? кибе?, киса?

бакьулъ, жаниб.

Къадаралъул

КигIан?, кигIаналъ?

гIемер, дагь, кIицIул.

ГӀилла-мурадалъул

Щай? сундуе гIоло?

щайго, махсароде.

Словарияб х1алт1и.
Кепкал- копейка
Хъиру- ганчIил цо тайпа
НекIо – цIакъго цебесеб заманаялда.
Гуч- къуват
Кьиндал- хасало
Хъукьго- кватIун, жиндирго заманалдаса нахъеккун.

Хiаял 1.«КъваригIараб рагIи бате»

А)«…………. борце, цин къот1е».
Б)ЗахIмат бихьичIого, рахIат бокьарас
БекьиичIого лъилъе, нилъ ………хур.
В)Гьерси чода рекIарав……… гъоркье рещтIуна,
Цинги лъелго вилълъине хIатIида гIицIго ккола

2.«Лъица гьадин абураб?»

Радал бахъарабго кету батула,
КартIил кIалтIа кIусун, дие чанги къан,
Канлъи къотIарабго бачIун цараца
Цо свери бахъула санил ракьанда.

3.«Бищунго хехав» (Тексталдаса ратIа росун наречиял хъвазе, гьезул разрядал рице).

Тестовияб х1алт1и.

1.Наречие сунда абулеб?
а ) жинца предмет бихьизабулеб каламалъул бут1аялда;
б) предметалъул къадар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бут1аялда;
в)предложениялда иш лъугьараб куц, бакI, заман, къадар, гIилла –мурад баян гьабулеб каламалъул бут1аялда.
2. Наречиял чан разрядазде рикьулел?
а) 3 разрядалде; б) 4 разрядалде; в) 5 разрядалде.


3.Кинаб разрядалде унел гьал наречиял?
Метер, радал, жакъа.
а) ишалъул куцалъул наречие; б) заманалъул наречие;
в) бакIалъул наречие

4.Кинаб разрядалъул наречиял гьал колел?
ЧIалгIаде, гIадада, щайго.

а) къадаралъул наречие; б) заманалъул наречие; в) гIилла-мурадалъул наречие.
5.Наречие бихьизабе:
а)кьижун; б)лъабц1ул; в )ч1вазе.

Рокъобе х1алт1и.

Нилъер росдал ракьалда гIемерал бакIал руго. Гьел бакIазда лъурал цIарал гIуцIун руго батIи-батIиял каламалъул бутIабаздаса. Наречиял гъорлъ бугеб бакIазда цIарал( топонимал) хъвай.