Авар мац1алъул дарс.7 класс
Наречиязул бит1унхъвай
Дарс х1адурана ва бачана: Г1умарова Динара Кехурзаевна – авар мац1алъул ва адабияталъул т1адег1анаб категориялъул муг1алим
(Цолъизабураб)
Кинаб ах1вал-х1алгун нуж жакъа дарсиде рач1арал?
Наречияздалъун жаваб гьабе
(лъик1, гъираялда, кепалда….)
Дарсил мурад: наречиялъул х1акъалъулъ лъай щула гьабизе ва гьелъул бит1унхъваялъул бажари куцазе шарт1ал г1уц1и.
Дарсил масъалаби:
Х1урматияб Кето! Дида г1емераб жо лъала . Дур лъаялъул х1ал бихьизин? Дир суалазе хехаб жаваб кье. 1 минуталда жаниб чан бит1араб жаваб дуца кьурабили бихьун дур лъаялъул даража борцине
буго. Бегьилищ?
Гьаяха!
Халбихье дурго.
Лъимал, нужеца балъго кумек гьабе дие.
Х1урматияб Кето! Дида г1емераб жо лъала . Дур лъаялъул х1ал бихьизин? Дир суалазе хехаб жаваб кье. 1 минуталда жаниб чан бит1араб жаваб дуца кьурабили бихьун дур лъаялъул даража борцине
буго. Бегьилищ?
Гьал х1арпал кколеб тартибалда лъун,
наречиял лъугьинаре.
А х у д б
Р гъ кь о
С а б о к1
Хъ л о б о хь
Б н а и гь
(Хадуб, гъоркь, аск1об, хьолбохъ, гьаниб.)
Гьал наречиязе синонималургъе.
Гъорлъ, г1ажаибго, г1ажиз,
г1антго, даимго, парт1ан,
гванзго, абухъе, бет1ериса,
басра, бохса, вижахъе, кьиндал,
багьаго, заг1ипго, г1одоб.
Жаваб
Гъорлъ – жаниб, киб? Бак1алъул наречие
Г1ажаибго – х1икматго, кин? ишалъул куцалъул, х1икмат (пр. ц1.) + го
Г1ажиз-х1аликъ, кин? Иш. куцалъул, х1али(л) (пр.ц1. хаслъ.падеж) + къ
Г1антго – тохго кин? Ишалъул куцалъул, тох(лъи) (пр.ц1.) + го
Даимго – кидаго
Парт1ан – лах1заталда
Гванзго – ризго
Абухъе – бицухъе
Бет1ериса – т1огьиса
Басра – инжит
Бохса – ахадаса, х1ат1икьа
Вижахъе – лъугьухъе
Кьиндал – хасало
Багьаго – хираго
Заг1ипго – х1аликъго
Г1одоб – ч1арбида
Физкультминутка
Гъоркь, т1ад, квараниса, квег1иса.
Гъоркь, т1ад, квараниса квег1иса.
Хьалбазда квералги лъун гьал упражнениял гьарила, т1адеги рахъун.
1 нухалъ. Гъоркь абидал, к1усула, т1ад – рахъуна;
квараниса – кваранаб х1ет1е г1ебеде лъола, хадубго нахъе лъола, квег1иса – квег1аб х1ет1е г1ебса лъола, хадубго нахъе лъола.
2 нухалъ. Гъоркь абидал, к1усула, т1ад – рахъуна.
Квараниса – квараниса гьет1ула, квег1иса – квег1иса гьет1ула.
Ц1ияб тема «Наречиязул бит1унхъвай»
Гьаб тексталда наречиял скобкабазда жаниса хъвай.
Къаде (нахъе) чвахунц1ад базе лъугьана. Жакъаго (жакъа) радалалдаса бакъ кунч1ун бук1ана. Гьоркьо (гьоркьоб) пири пирхулеб бук1ана, ва кьвагьго-кьвагьан зоб гъугъана. Дора (гьанир) реч1ч1улел лъел къат1рабаз гъот1ол т1анхал чехьа (т1аде) рахъинарулел рук1ана. Рагъида ц1ан (бит1ун) бегун, ц1адал кеп босулеб нижер кету Мивурги буго.
Гъоркь х1учч ц1араб раг1иялда кинаб гъалат1 ккезе рес бугеб нилъер.
Тема щула гьаби.
Рач1а нилъеца гьанже т1ехьалдаса параграф ц1ализин ва гьелда хадуб бугеб 1 х1алт1и т1убазин
Рокъобе х1алт1и
Бажариялда рекъон:
-наречиял гьоркьоре ккезарун, «Хасало рохьоб» гьит1инабго сочинение хъвазе;
-наречиялъул х1акъалъулъ, кинабго лъай г1амгьабун, к1алъай х1адуризе.
- т1ехьалдаса х1алт1и 5, гь.202.
Гьанже кинаб х1ал нужер бугеб? Нужеего къимат лъе.
Тетрадазда предложениял лъуг1изарун хъвай :
Дида лъана________
Дида бажарула:_________
Т1адч1ей гьабизе ккола_____________
Материалы на данной страницы взяты из открытых источников либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.