Внеклассное мероприятие на тему :" Махмуд из Кахабросо"
Оценка 4.6

Внеклассное мероприятие на тему :" Махмуд из Кахабросо"

Оценка 4.6
Мероприятия
docx
воспитательная работа
9 кл
04.03.2019
Внеклассное мероприятие на тему :" Махмуд из Кахабросо"
Махмуд из Кахабросо один из выдающихся поэтов Дагестана.Благотворительным фондом имени Махмуда из Кахабросо установлена премия Махмуда в области литературы.Спектакль "Махмуд из Кахабросо"(М.Абасисил реж.А Гусейнов)входит в Золотой фонд Аварского музыкально-драматического театра имени Г.Цадасы.В ауле Кахабросо установлен бюст поэта.В родном ауле открыт дом-музей.
мероприятие Хъ. мах1муд.docx
Тема: «140-сон к1удияв шаг1ир гьавуралдаса!» Мурад: 1.К1удияв маг1арул адабияталъул классик ва шаг1ир Хъах1абросулъа Мах1мудил творчествоялъул х1акъалъулъ г1ат1идаб баян кьей. 2.Анализалъул кумекалдалъун ц1алдохъабазул г1акълу бечедгьаби. Г1агараб мац1алде ,рокьи бижизаби. Байбихьи : А. Учителасул цебераг1и. -Рилълъа гьудулзаби Хъах1аб росулъе. Хвел гьеч1еб Мах1мудил ват1ан бихьизе. Хасаб г1ишкъудул ах ракьалда тарав Рокьул шаг1ирасе бет1ер къулизе. Б. Хъах1абросулъа Мах1мудил биография суалаздалъун рвк1алде щвезабила . -Щив колев Хъах1абросулъа Мах1муд? -Кив гьавурав Хъах1абросулъа Мах1муд ? -Кида гьавурав Хъ. Мах1муд? -Мах1мудил аслияб тема кинаб бук1араб? -Мах1мудил рокьи лъихъе ккун бук1араб? -Т1убанищ Хъах1абросулъа Мах1мудил рокьул анищ? -Мах1мудил кинал асарал нужеда лъалел? В.Учителас бицина: -Исана 140-сон т1убала маг1арул адабияталъул классик рокьул, г1ашикъ Хъах1абросулъа Мах1муд гьавуралдаса.Маг1арулазе гуребги т1олабго Дагъистаналъе гьав Мах1мудил 140-сон т1убай кола к1удияб байрамлъун. Г. Хъах1абросулъа Мах1мудил куч1дул рицине ц1алдохъаби рахъинарила ва щибалъул анализ гьабила. -Мах1мудил г1адинал куч1дул маг1арулазул гьеч1о .Киг1ан узданаб ,берцинаб ,эркенаб,талих1аб,рокьул ц1ураб,бечелъиялъул ц1ураб,Мах1мудил кеч1 гьабдунялалда даимго хут1изе буго. 1«Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай».-бицина цо ц1алдохъаналъ -Мах1мудил ц1ар ц1вабзахъе щолеб буго.Ц1адаса Х1амзатица абуна Мах1мудил цо г1унгут1и бук1анилан гьев ц1акъ бах1арго хванилан Х1акъикъаталда 45-сонилъ хвана поэт.Нилъеца абулеб буго Мах1муд хвеч1о ,ч1вач1о,ч1аго вуго нилъгун вуго ,нилъее рохел кьун,кеп кьун,рак1 кьун,рокьи кьун,макьаби кьун мухъал кьун т1ахьал кьун. 2 «Рокьул которалъул кавуги рагьун».-бицина 2-абилей ц1алдохъаналъ. Жирковас абуна Мах1муд аваразул Пушкинилан,Тихоновас классикилан,Капиевас абуна гьев жеги цеве-цеве вач1ине вугилан. Нилъеца абулеб буго гьев жакъа вач1ун вуго ва нилъеда абулеб буго. -Ч1аго ругищ нуж маг1арулал,кин бугеб нилъер х1ал? Лъик1 буго Мах1муд,ч1аго руго ниж дуца нижей кьураб рокьиялъухъги нужеца малъараб рокьул г1елмуялъухъги нижеца кидаго бет1ер къулула дуда цебе. 3 «Хъах1илаб зодихъе баг1арбакъул нур»- бицина 3-абилей ц1алдохъаналъ. 4 «Марьям»-4-абилей ц1алдохъаналъ бицина. Дунялалъул поэзиялъул борхалъилъун кола «Марьям»-абураб кеч1. -Мах1мудица рокьул к1алг1аби г1уц1ана ва гьений г1одой ч1езаюна маг1арул ч1ужуг1адан ва гьес раг1изабуна гьелъул ц1ар.Гьесул х1ет1,гали,кеч1, мухъги кицилъун хут1ана Дагъистаналъе. -Цох1о т1ехьалъ жанире рачуна Мах1мудил нилъехъе щварал куч1дул -Д. Мах1мудил т1ахьазул выставка гьабила. Е. Цо ц1алдохъаналъ рокьул кеч1 ах1ила. -Г1ишкъуялъул ц1еца керен бух1араз Кодоб босе т1амур т1аме цо бакъан Т1адег1анав инсан к1одоги гьавун Гьудулзаби ах1е х1асратаб цо кеч1 -Мах1мудил г1адинаб лъугьилин гуро Гьадинго хъвай цо-цо г1ишкъудул сарин Мах1мудица г1адин ах1илин гуро Ах1ун телин гьанже панаяб цо кеч1 Ж.Бат1и-бат1иял хъвадарухъабаз Мах1мудиде гьарулал куч1дул рицинарила. З Х1асилал гьарила: -Лъил творчествоялъул жакъа нилъеца бицараб? -Кинал куч1дул Мах1мудил нужеда лъарал? -Мах1мудил аслияб тема щиб бук1араб? Нилъеда жакъа нилъер республикаялъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас абулеб буго нуж т1ад руссайила маг1арул гъанситохъе,маг1арул иццухъе,маг1арул ракьалде ,маг1арул кули-рукъалде.Нужеца маг1аруллъи ц1унейила,нужеца лъим гьекъейила нужерго маг1арул иццазул(шиша ц1ураб шагьаралъул лъим гьекъеч1ого).Нилъер маг1арул иццул лъимлъун ,маг1арул иццул бац1ц1алъилъун ,маг1арул иццул роц1илъун вук1ана ,вуго ва г1асрабаз хут1изе вуго Хъах1абросулъа Мах1муд.Гьединлъидал нилъеда к1удияб ч1ух1игун абизе к1ола нилъ Мах1мудил ракьалдасанги рокьиялдасанги ругилан. Нилъеца Мах1мудил куч1дул дагъистаналъул паспорт г1адин ц1унизе ккола. Маг1аруллъи бугебг1ан заманалъ Мах1мудил асаралги хвезе гьеч1о!Гьалдалъун нилъер жакъасеб мероприятие лъуг1ана. Къомех лъик1.

Внеклассное мероприятие на тему :" Махмуд из Кахабросо"

Внеклассное мероприятие на тему :" Махмуд из Кахабросо"

Внеклассное мероприятие на тему :" Махмуд из Кахабросо"

Внеклассное мероприятие на тему :" Махмуд из Кахабросо"

Внеклассное мероприятие на тему :" Махмуд из Кахабросо"

Внеклассное мероприятие на тему :" Махмуд из Кахабросо"

Внеклассное мероприятие на тему :" Махмуд из Кахабросо"

Внеклассное мероприятие на тему :" Махмуд из Кахабросо"
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
04.03.2019