6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»
Оценка 4.7

6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

Оценка 4.7
Разработки уроков
docx
русская литература
6 кл
05.05.2019
6 КЛАСС             АВАР АДАБИЯТ  ДАРСИЛ ТЕМА:   РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»
6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ» Дарсил мурад: Р. Х1амзатовасул х1акъалъулъ баян кьей, поэмаялъе кьоч1ое босараб х1акъикъат ц1алдохъабазе рагьи. Асаралъул х1асилгун лъималазул лъай-хъвай гьаби. Гьеб пасих1го ц1али. Дарсил алат: Расулил ва танкистал-разведчиказул суратал. Крымалъул карта, «Отважные сыны гор» абураб т1ехь. (Махачхъа-ла, 1965 с.) Орг. момент 1 дарс 1. Дарс байбихьила Расулил хъвадарухъанлъиялъул х1акъалъулъ гара-ч1вари гьабиялдасан. Гьениб аслияб к1вар кьела К1удияб Ват1анияб рагъул темаялда гьес хъварал асаразде, бицина рагъул соназ шаг1ирасул бук1араб адабияб х1аракатчилъиялъул х1акъалъулъ. Цо чанго раг1и абила хварал Расулил вацазул х1акъалъулъги. Къокъаб баян кьела Совет Союзалъул Бах1арзал — дагъистаниязе. Гьенибго бицина Мух1амадзагьидил х1акъалъулъги.
расул Х1. Россиялъул солдатал.docx
6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗМТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ» Дарсил мурад: Р. Х1амзатовасул х1акъалъулъ баян кьей, поэмаялъе кьоч1ое босараб х1акъикъат ц1алдохъабазе рагьи. Асаралъул х1асилгун лъималазул лъай-хъвай гьаби. Гьеб пасих1го ц1али. Дарсил алат: Расулил ва танкистал-разведчиказул суратал. Крымалъул карта, «Отважные сыны гор» абураб т1ехь. (Махачхъа-ла, 1965 с.) Орг. момент 1 дарс 1. Дарс байбихьила Расулил хъвадарухъанлъиялъул х1акъалъулъ гара-ч1вари гьабиялдасан. Гьениб аслияб к1вар кьела К1удияб Ват1анияб рагъул темаялда гьес хъварал асаразде, бицина рагъул соназ шаг1ирасул бук1араб адабияб х1аракатчилъиялъул х1акъалъулъ. Цо чанго раг1и абила хварал Расулил вацазул х1акъалъулъги. Къокъаб баян кьела Совет Союзалъул Бах1арзал — дагъистаниязе. Гьенибго бицина Мух1амадзагьидил х1акъалъулъги. «Россиялъул солдатал» абураб поэмалъе кьоч1ое босараб xlaкъикъаталъул бицунаго, муг1алимас пайда босизе бегьила «Отважные сыны гор» абураб т1ехьалдаса. Гьениб 62—69 гьумеразда кьун буго «Мы дети одной матери-Родины» абураб Михаил Осиповасул макъала. Муг1алимасул раг1ул х1асил бук1ина гьадинаб: «Россиялъул солдатал» абураб поэмаялъулъ бицен гьабулеб буго маг1арулав Мух1амадзагьид Г1абдулманаповасулги ва анкьго г1урусасулги х1акъалъулъ. Гьел рук1ана танкистал-разведчикал, Совет Союзалъул Бах1арзал. Х1акъикъаталдаги гьезул рук1ана ич1гоял (рихьизарила суратал, хъорщода хъвала ц1арал). Николай Поддубный М-Загьид Г1абдулманапов. Григорий Захарченко, Михаил Задорожный. Александр Симоненко. Иван Тимошенко. Петр Велитин. Петр Иванов. Иван Ершов — ч1аго хут1арав. 2. Аудирование Советияб армиялъул кьабиялда гьоркь немцаз Крымалъул шагьарал ва росаби толел рук1ана. Гьезда кодор жеги рук1ана Симферополь ва Севастополь шагьарал. Гьел шагьаразда сверухъ тушма-нас ц1ик1к1ара6 къуват ц1алеб бук1ана. Гьенир инел рукТана гьа-лагал рагъал. Мух1амадзагьидилги гьесул гьалмагъзабазулги бу-к1ана гьит1инаб къокъа, тушманасул тылалде разведкаялде хьваду-леб. Немцазул къуваталъул х1акъалъулъ разведчиказ рач1унел ру-к1ана нилъеразе ц1акъ х£ажатал баянал.  1944 соналъул апрелалда Мух1амадзагьидил къокъа бахъуна иргадулаб разведкаялде. Немцазулгун ккараб рагъулъ гьезул танк бух1ула, разведчикал немцаз сверун ккола. Щивасде данде вукГуна тушманасул 50 г1анасев солдат. Сверун ккун ругел разведчиказда немцазул офицерас кверде рач1аян буюрула. Гьез инкар гьабула кверде ине. Немцаз чанго гьужум гьабула гвардейцазде т1аде. Ахи-ралдаги, анкьабилёб гьужумалъул заманалда, кодоса рагъул сур- сатги лъуг1ун, разведчикал кверазул рагъде журала. Х1ал лъуг1а-рал, лъукъ- лъукъарал разведчикал фашистаз асир гьарула ва ас-к1об бугеб росулъе рачуна. Жидее мут1иг1лъич1ел, мук1урлъич1ел разведчикал немцаз, инжитги гьарун, ч1вала ва росдада нахъа бугеб гъваридаб гвендинире рехула. Марк1ач1уда гьенире Люба Гал-кова абурай ясалъ балъго рачун рач1уна ясал ва бах1арзазул жана-заби гьениса наэсъе рахъула ва' ахикь рукъула, Гьезда гьоркьов цояв ч1аго ватула — Иван Ершов. Ясаз гьев жидерго рокъове вачуна. Гьесул черхалда бук1уна гуллил анц1го ва хочол анкьго ругъун. Макъалаялъул автор Михаил Осипов щола Крымалде Ершовасухъе госпиталалде ва гьес бицуна хъвадарухъанасе разведчиказул г1умруялъул ахирал минатазул х1акъалъулъ. Михаил Осипов щола бах1арзал рукъараб Ашагъа-'Джали абураб росулъе. Рагъ лъуг1ун хадуб, бах1арзазул жаназаби росулъа Симферополалде росула ва гьенир рукъула. Гьезие гьениб лъола памятник. Асаралъул х1акъалъулъ баян Р. Х1амзатовас поэма хъвана 1951 соналда. Т1оцебе гьелда ц1ар бук1ана «Анкьго г1урусавги цо аваравги» абун, хадуб авторас гьелда «Россиялъул солдатал» абун ц1ияб ц1ар тола. Цебераг1иялдаса хадуб муг1алимас байбихьула поэма ц1ализе х1адурлъи гьабиялде. Тексталда дандч1валел зах1матал, рич1ч1уларел раг1аби хъорщода хъвала ва ц1алдохъабазе баян гьарила. Т1оцебесеб нухалъ поэма ц1алила муг1алимас. Гьесул ц1али бук1ина пасих1аб, мисалияб. Рокъобе т1адкъай: поэма пасих1го ц1ализе. 6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗМТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ» 2 дарс Дарсил тема: поэмаялъул 1—3 бут1рузул анализ. Дарсил мурад: ц1алдохъабазул пасих1аб ц1али камил гьаби, 1—2 бут1рузул анализ т1обит1и, ц1алдохъабазда поэмаялъул аслияб пикру бич1ч1изаби. Орг. момент Дарс байбихьила рокъобе кьун бук1араб т1адкъай т1убаялъул халгьабиялдаса. Классалъего кьела суалал: — Рагъул соназ кин х1алт1арав Р. Х1амзатов? —Кинал асарал гьес хъварал К1удияб Ват1а.нияб рагъул темаялда? —«Россиялъул солдатал» абураб поэма шаг1ирас лъие сайгъат гьабураб? —Совет Союзалъул чан бах1арчи вахъарав К1удияб Ват1анияб рагъда дагъистаниязда гьоркьоса? Гьезул цо-цоязул ц1арал абе. — Г1абдулманапов кив гьавурав ва г1урав? —Кинаб рагъулаб т1адкъай т1убазе ун рук1арал танкистал-гвардейцал? — Щиб бах1арчилъи бихьизабураб гьез? —Кинаб къимат кьураб Ват1аналъ гьезул гьунаралъе?. Суалаздаса хадуб поэмаялъул 1—3 бут1рул ц1алила ц1алдохъабаз. Хадуб байбихьила анализ гьабизе. Поэмаялъул т1оцебесеб бет1ералда кьолеб буго т1абиг1аталъул сурат. Танкистал разведкаялде унеб къо буго ихдалил къо: Бук1ана к1удияб Крымалъул их, Авлахъал баг1арлъун рук1ана т1угьдуз. Гьединабго аваданаб, анищазул ц1ураб х1ал буго разведчиказулги. Гьел руго г1умру, г1олохъанлъи хириял г1адатал г1адамал. Ургьиб рак1 бук1ана анищазул ц1ун, Г1ащикъал ракълилал къоязухъ урхъун. Гьал г1олохъабазул рек1елъ бук1ана Рик1к1ада хут1араб рииги ихги. Амма гьелдаго цадахъ бах1арзал тавакалго унел руго рагъде ва гьениса гьел тГадруссунел гьеч1о. Гьез Ват1аналъе г1оло кьолеб буго жидерго г1олохъанаб г1умру. Амма гьал рахана чармил танкалде Гьаз г1умруги кьуна таваккалалъе.,. Щалдохъабазе кьела суал: Кин нужеда рич1ч1улел гьал мухъал? Щиб авторасе гьездалъун абизе бокьун бугеб? (Г1умру хвалдаса гучаб бук1ин. Бах1арзал хваниги, гьезул ц1арал, гьунар халкъалда думалъго рак1алда ч1езе рук1ин. Хвел гьеч1они, г1умру бук1унаро. Жидерго г1умруялдаса бах1арзаз халкъалъул, Ват1аналъул г1умру цебе гьаби). К1иабилеб бет1ералда бихьизабулеб буго разведчикал-танкистазулги немцазулги рагъ. Гьеб буго к1иго къуват, цояб цоялде данде ч1араб. Гьеб ж1ияб|го къуваталъул: нилъеразулги немцазулги ха-сият бихьизабулел сипатиял раг1аби, эпитетал ратизе т1амила лъи-мал. Разведчиказул бицунаго, авторасул каламалъулъ буго х1еренлъи, ч1ух1и, пахрулъи: нилъер г1олохъаби; бах1арзазул чурхдул, бихьинал г1адин, нилъер г1олилал, бах1арзал. Фашистазул хасият рагьулел раг1аби руго ццидалал, тушманасдехун рокъукълъи загьир гьабулел: г1алхул боязул, хъачагъаз г1адин, фашистазул гьаби, г1ашт1ичаг1азда, г1алхулазда. Гьенибго ц1алдохъаби т1амила ;бах1арзазул рагъул гьунаралъул, махщелалъул, х1инкъи гьеч1олъиялъул бицунел бак1ал ратизе. Масала: Кинан нилъер васал рагъаралали, Гьеб нус-нус сонаца буго бицине. Рагъана гулбуца, рагъана хучдуз, Рагъана хадур гьал цабзаца, квераз. Поэмаялъул лъабабилеб бет1ералда бицунеб буго танкистал-гвардейцал немцаз асир гьариялъул. Гьениб аслияб к1вар буссинабила Николайил раг1абаздехун: Фашистазул гьаби, гьанир г1енекке! Ниж г1урусал рук1ин к1очене тоге. Кьела суал: Кин нужеда рич1ч1улел гьел раг1аби? Щай немцазул рагъухъабазда разведчикал г1урусал рук1ин к1очон тезе бегьулареб? Муг1алимас кумек гьабила лъималазе жаваб кьезе, гьезухъа гьеб бажарулеб гьеч1они. ( ) Поэмаялъулъ кьун буго цо къот1ел т1абиг1аталъул сурат баян гьабулеб: Т1егьалеб бук1ана Крымалъул ракь, Кенч1олеб бук1ана г1урччинаб дунял, Рик1к1аде роржунел рук1ана х1анч1и, Х1асратаб г1умрудул кеч1 ах1улаго. Ц1алдохъабазда къот1ел ц1ализабила ва кьела суал: — Щай шаг1ирас кьурал гьал мухъал? Сурат? Щиб маг1на гьелъул бугеб, асир гьарурал, ч1вазехъин ругел солдатазул бицунаго? (Г1умру инсанасе хирияб жо бук1ин, амма г1адамасе гьелдасаги къиматаб Ват1аналда цебе жиндирго налъи т1убай бук1ин). Рокъобе т1адкъай: поэма пасих1го ц1ализе, 4 аб. бет1ералъул анализ гьабизе х1адурлъизе. Класстун къват1исеб т1ехьалдаса Расулил «Маг1арул къиса» абураб поэма ц1ализе. 6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗМТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ» 3 дарс Дарсил тема: «Россиялъул солдатал» абураб поэмаялъулъ Мух!амадзагьид Г1абдулманаповасул сипат. Дарсил мурад: Мух1амадзагьидил сипат бихьизабизе Расулида ратарал ресал ц1алдохъабазе рагьи. Щалдохъабазул пасих1аб ц1а-ли камил гьаби. Щалдохъабазе регьулабгун патриотияб ва интер-националияб тарбия кьей. Дарсил алат: Мух1амадзагьидил сурат, разведчиказул памятникалъул Крымалъул карта. сурат, Орг. момент 1. Дарс байбихьула рокъобе кьун бук1араб т1адкъаялъул хал гьабиялдаса. Щалдохъабазе кьела гьадинал еуалал: — Киб ва кида ккараб лъугьа-бахъиналъул бицунеб бугеб поэмаялда? — Кинаб гьунар гьабураб разведчикал-танкистаз? — Кинаб роль бугеб поэмаялда т1абиг1аталъул суратазул? Гьелда т1аде лъимал т1амила разведчиказул ц1арал рак1алде щвезаризеги. Фронталияб ц1ех-рехалдаса хадуб хъорщода хъвала дарсил тема: 2. Ц1/ Д: «Россиялъул солдатал». Мух1амадзагьидил сипат. (1924 — 1944)». Муг1алимас къокъго бицина Мух1амадзагьидил биография. Цинги ц1алила поэмалъул 4—аб. бет1ер. Классалда цере лъела суалал: — Кинав чилъун вихьизавун вугев Мух1амадзагьид шаг1ирас? Рате тексталда гьесие къимат кьолел, гьесул хасият-г1амал рихьизарулел раг1аби, мухъал. — Щай Мух1амадзагьид урхъун вугев ч1варал гьудулзабазухъ? (Гьев ч1ух1ун вуго гьезул бах1арчияб хвелалдаса). — Кин рич1ч1улел нужеда гьал раг1аби? Лъалев гьеч1о гьезда Мух1амадзагьид, Лъалеб гьеч1о гьезда нилъер Дагъистан. (Маг1арул чи — чармил си вук1ин, Дагъистан—лъиениги бет1ер къулич1еб ракь бук1ин). —Щиб маг1на бугеб маг1аруласул гьал раг1абазулъ: Дун г1урусав вугин, совет чи вугин, Гьал ч1варал г1адамал дир вацал ругин. 3. Дарс щула гьабиялъул мурадалда ц1алдохъабазе кьела гьади-наб суал: —Поэмаялъул ц1ар ккола «Россиялъул солдатал» абун. Гьел- даго цадахъ тексталда жанир авторас 12 нухалъ х1алт1изарун руго rlypyc абурал раг1аби. Гьелъие г1илла щибдай? Щайдай Россия, Расулица поэмаялда «Россиялъул солдатал» абун ц1ар лъураб? Щалдохъабазухъа бажарулеб гьеч1они жаваб кьун, муг1алимас гьезие кумек гьабила. Дарсил ахиралда муг1алимас абила Ват1аналда жиндирго бах1арзазул гьунарал к1очон теч1илан. Крымалъул зах1матчаг1аз, ц1алдохъабаз бах1арзазул ц1аразул ва гьунаралъул к1удияб адаб гьабула. Разведчиказ гьунар гьабураб росдада ц1ар лъун буго «Геройское» абун. Гьеб росулъ ва Симферополь шагьаралда бах1арзазе ран руго памятникал. Дагъистаналдаги к1очон теч1о Мух1амадзагьидил гьунар. Гьесие памятник лъун буго К1арат1а росулъ. Гьесул ц1ар кьун буго школалъе. 4. Рокъобе т1адкъай: поэма пасих1го |ц1ализе, хрестоматиялда ругел суалазе ва т1адкъаязе жавабал кьезе, класстун къват1исеб ц1алиялъул т1ехьалдаса «Маг1аруласул ват1ан» абураб поэма ц1ализе. Дарс 4 Дарсил тема: «Къункъраби». Дарсил мурад: Кеч1 пасих1го ц1али, гьелъул аслияб пикру загьир гьаби, сипатиял раг1абазул иш баян гьаби. Дарсил алатал: хъах1ал къункърабазул сурат. «Къункъраби» абураб кеч1 лъазабулаго, т1оцебесеб иргаялда, к1вар бугеб рахълъун юкола гьелъул шиг1руяб х1асил. Гьединлъи-дал гьит1инабго цебераг1иялда лъимал х1адур гьаризе ккола гьеб кеч1 бич1ч1изе ва «ъабул гьабизе. Гьенир рук1ине бегьула бат1и-бат1иял нухал: кеч1 хъвазе шагТир кант1изавураб х1акъикъияб лъугьа-бахъиналъул х1акъалъулъ бици; роржун унел къункъраби рихьарал лъималазул пикру баян гьаби; роржун унел «ъункъраба-зул суратал рихьизари; Х1амзатовасул «По-земному беспокоясь...» абураб т1ехьал,даса пДализе бегьила «В небе журавли» абулеб ма-къала. Гьел вариантазул бокьаралъ цо къадаралда х1адур гьарила кеч1 ц1ализе ва анализ гьабизе. Муг1алимасул кГудияб щиг1руяб каламалъ к1удияб асар гьа-булеблъиги хГисабалде босун, «Къункъраби» мугГалимас рек1ехъе nacnxlro ц1алани лъик1 букЬша. Муг1алимасул ц1алиялда хадуб кеч! цХидасан ц1алила ц1ал-дохъабаз жидецаго. Гьелъул мурадги ккола зодоб шаг1ирасда би-хьулеб къункърабазул сурат лъималазул пикруялъулъ ц1илъизаби. Муг1алимасул масъала ккола пикраби загьир гьаризе, щибаб ра-г1ул мух1канлъиги пасих1лъиги ч1езабизе шаг1ирасул бугеб устар-лъи бихьизаби. Муг1алимасул пасих1а5 ц1алиялда хадубги ц1алдохъабаз ц1а-луя хадубги байбихьила тек ста лд а т1ад х1алт1изе. Щалила т1оце-бесеб къотХел: Дида ккола рагъда камурал васал Кирго рукъун гьеч1ин, къанабакь гьеч!ин, Муг1рул тун рик1к1ада хъах1ил зобазда Хъах1ал къункърабазде руссун ратила. Баян гьабила гьаниб шаг1ирас рагъда хварал ва лъора рик1-к!ад зодор къункърабилъун лъугьарал солдатазул пикру гьабулеб букГин. Амма гьеб жеги рак1ч1ей гуро, шаг1ирасул пикрабазулъ щакдари буго. Гьелъие «ккола» абураб раг1уца нуг1лъи гьабула. ЦГалила хадубги. Шаг1ирасул гьаркьилъ баккула ра!к1ч1ей: гьел х1акъи1къаталдаги лъугьана хъах1ал къункърабилъун ва Гьел гьанжелъизег1ан гьаркьахинаго, Гьава къот1ун руго т1авап гьабулел. Гьелъ гурищ, къункъраби роржунеб мехалъ, Къваридго зобазухъ балагьулел нилъ. Жиндирго рак1ч1ей щаг1ирас загьир гьабула жиндехунги кеч1 ц1алулездехуяги хит1аб гьабураб риторикияб суалалъулъ. Х1акъи-къаталдаги зодосан роржун унел къуйкърабазул гьаркьица нилъе-да рак1алде щвезарула рагъда т1аг1арал. Кеч1 хадубги ц1алулаго нилъеда бихьула къункърабазул къо- къа — гьел щаг1ирасе чияр, гьесда лъаларел г1адамал гуреллъи. Гьел руго гьесул ракьцоял, вацал гва гГагарал. Гьезда гьоркьоо цо бак!,буго живго шаг1ирасеги, амма жеги гьев гьелгун пикрабалъ вуго." ....'.'Унеб буго боржун свакараб къокъа — Дир къайицадахъал, вацал, гГагарлъи, Гьезул чит1иралъулъ буго цо манзил, Гьеб батизе буго дие тараб бак1.......... Гьаниб лъималазул к1вар буссинабила «свакараб» абураб эпи-теталде. Свакараб къокъа нак1укьан т1ерхьинег1ан бераз гьеб т1о-бит1улеб буго. Гьел г1едег1унел гьеч1о. Нилъеян абуни заман да-гьаб гурони гьеч1о. Ункъабилеб къот1елалда шаг1ир шакдаруларо жинца къункъ-рабазул къокъаялъулъ бак1 кквезе бук1иналда, амма гьесие бокьа-раб мехалда гуреб: Дунги вортун ина, къо бач1арабго... Дарсил эмсциябгун эстетикияб асар ц1ик1к!ине буго Расулил раг1абазда хъвараб «Къункъраби» абураб кочГохъ г1енеккани. Къокъаб х1асилалда муг1алимас абила «Къункъраби» сабаб-лъанин бат1и- бат1иял бак1азда памятникал раялъеян. Гьел руго Дагъистаналда, Узбекистаналда, Х1амзатовасул квербакъиялдалъун Дагъистаналда г1уц1ун буго «ХъахТал къункъраби» абураб фонд, щибаб соналда т1обитГула «Хъах1ал къункъраби» абураб байрам. Кисловодскиялда. Рокъоб ц1алдохъабаз кеч1 рекГехъе лъазабизе т1адкъала.

6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС             АВАР АДАБИЯТ  ДАРСИЛ ТЕМА:   РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС             АВАР АДАБИЯТ  ДАРСИЛ ТЕМА:   РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС             АВАР АДАБИЯТ  ДАРСИЛ ТЕМА:   РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС             АВАР АДАБИЯТ  ДАРСИЛ ТЕМА:   РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС             АВАР АДАБИЯТ  ДАРСИЛ ТЕМА:   РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС             АВАР АДАБИЯТ  ДАРСИЛ ТЕМА:   РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС             АВАР АДАБИЯТ  ДАРСИЛ ТЕМА:   РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС АВАР АДАБИЯТ ДАРСИЛ ТЕМА: РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»

6 КЛАСС             АВАР АДАБИЯТ  ДАРСИЛ ТЕМА:   РАСУЛ Х1АМЗАТОВ «РОССИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ»
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
05.05.2019