Доклад "Развитие делового общения на уроках русского языка и литературы"
Оценка 4.9

Доклад "Развитие делового общения на уроках русского языка и литературы"

Оценка 4.9
Документация
docx
другое
СCУЗ, ВУЗ
03.06.2021
Доклад  "Развитие делового общения на уроках русского языка и литературы"
ДОКЛАД.docx

Доклад

Тема : Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазда ишалъулаб                         х1албихьи цебет1езаби.

 

 «Бицарабжо – к1очон тола,

                                                 бих1изабураб – рак1алда ч1ола,

жинцагогьабизетани- х1албихьи к1удияб щола».

                                                                              (Китаялъулхалкъиябкици)

Жакъасебкъоялънилъеца г1емераб бицунеббуго ц1алул даражаборхизабиялъул,  лъайкьеялъул ц1иял стандартазул, ц1ия – ц1иял технологиялдарсазда х1алт1изариялъул (маг1арул мац1алда ц1ар лъезелъаларел бат1и – бат1иял къаг1идабазул). Гьедингонилъедалъалалъималазул ц1алуде гьеч1еб гъираялъулвалъайбосизегьезбахъулареб х1аракаталъул.

20 – 30 соналъцебешколалда муг1алимас бицарабжолъималазда рак1алда ч1олаан, т1ахьал ц1алулаан. Гьанжейинабунигьезул г1умруялъулъ аслияб бак1ккунбугоинтернеталъвателефоналъ. Г1емераб х1ажат гьеч1елда хадурлъугьиналъ къвариг1аралъе бак1 хут1улеб гьеч1о рек1елъги бет1ералда жанибги.

Щибхагьабилеб? Кинборхизабилеб ц1алул даража? Кинбижизабилебрахьдал мац1алде рокьи, кинкамилгьабилеб калам, мац1?

Дицагикиналго муг1алимазго г1адин кьолагьебсуалдиего. Гьеб к1удияб масъала раг1алде бахъинабизе, киг1анго ц1акъ бокьаниги, цох1о муг1алимасда кингобажаруларо. Аммабажарарабжогьабизе т1адаблъун бихьула.

ГьебсуалалъежавабдидабатанинабизебегьулаКитаялъулхалкъиябкициялъулъ.  «Бицарабжо – к1очон тола, бихьизабураб – рак1алда ч1ола,   жинцагогьабизетани- х1албихьи к1удияб щола».

Нилъедалъазекколашколалда ц1алдохъабазелъайкьейгуребги, гьеблъайги х1албихьиги гьез г1умруялда х1алт1изабизе малъизекколеблъи.  Хурбекьиялъул х1акъалъулъ диссертациягихъвангьеб ц1унаниги, хурухъанасдарахъбахъизелъазе гьеч1о пуруцгиккун  х1албихьи щун гьеч1они.  Ц1алдохъабазул мац1алде рокьи ц1ик1к1инабизе, гъирабазабизе, х1албихьи камиллъизабиялъе лъик1аллъун ратанагьалхадусел къаг1идаби.

1.Дарсил байбихьиялдабараб бук1унагьелъулахирги. Дица ц1алдохъаби ругьунгьарунруго муг1алим жаниве вач1унаго коч1одалъун салам кьезе. Масала:

Ассаламуг1алайкум

Аваразулмиллат мац1

Адаб кьоч1ое лъураб

Ахиррокьуе гьеч1еб.

Ассаламуг1алайкум

Аваразуллебаллъи

Амузгиязулхвалчен

Ахъбердиласулрачлихъ

Армяназулпашманлъи

Арарат мег1ер буго

Аваразулпашманлъи

Авар мац1 лъач1ел лъимал.

Мух1канго лъималаздагьеб кеч1лъанхадуббайбихьулацоги кеч1алдасан.

Бокьула раг1изе маг1арул калам.

Мун кинанбижараб, кисан бач1араб,

Балагьеянабе г1алимзабаца.

Аммадургьаркьалгигьалдуркьералги

Диехиси гьеч1еб хазинабуго.

Дуцагьелрикъаралбакъудасайищ?

Рагьедийбалъголъи, балагьунвуго.

Дуцагьелросаралралъдадасайищ?

Бокьула раг1изе маг1арул калам.

Дур гъвет1 гьит1инабин г1айиб ч1валеб щив?

Пела мундиегинаслабазеги.

Нижгохванигимунхвел гьеч1еб буго. —

Бокьула раг1изе маг1арул калам.

Умумузракь г1адин, гьанжемун ц1унун,

Щадулъанинегинахъекъаларо. —

Дирярагъги, чуги, чорхол бух1иги —

Бокьула раг1изе маг1арул калам.

Н. Писаев.

Гьедингохаду–хадурцоги куч1дулги.

 

Гьеббигьаябвазаман г1емер къвариг1унаребх1алт1иялъ квербакъула, цобугони ц1алдохъаби хехгодарсиде рак1аризе, к1иабизе бугонигьезул калам цебет1ола, пасих1лъула.

Рагьаралдарсазда х1алт1изарула дицагоургъаралкуплеталги.

 

«Ассаламуг1алайкум г1агараб диррахьдал мац1,

Ассаламуг1алайкум т1аде рач1арал гьалбал.

Нижеца раг1и кьоладарсида лъик1 х1алт1изе,

Муг1алимас малъухъелъайгун г1акълу босизе»,

яги

«Гьале ц1умур кьабана,

Ц1алдезе заманщвана,

Щивав ц1алдохъан гьанже

Дарсиде х1адурлъила.

Лъай ц1ик1к1ине гьабила,

Гьунар к1одо гьабила,

Ват1аналъе х1ажатал

Г1олилаллъун рук1ина»

 

«Муг1алимасе салам,

Гьалбадерие салам,

Рахьдал мац1алъе салам,

Аск1ор ругезе салам.

Сахлъинужейгьарула,

Рохелнужейгьарула,

Г1акълу кьегигъваридаб,

Пагьмукьегищулияб.»

 

Гьел раг1аби хъван рук1уна доскаялда, яги тетрадазда.

Гьедингьабурабмехалдацо-цолъималазул рак1 гьет1ула жидецаго куч1дул хъвазеги.

 

2.Словарияб х1алт1и.

Рич1ч1уларел раг1аби ц1алдохъабаз тетрадаздахъвала, гьезул магг1на рокъоб яги школалдасловараздабатула. Гьединги батич1они муг1алимас кумекгьабула.

Кьолацогигьадинаб т1адкъайги.Тетрадазда 5-10 х1инч1алъул, х1айваналъул, ч1ах1- хералъул ц1арал  г1урус мац1алъ хъвазевагьел маг1арул мац1алде руссинаризе. Гьезда бажарич1еб бак1алда муг1алимас кумекгьабила.

 

3.Жаваб дир – суалдур.

Ц1алдохъабаз ц1алараб бут1аялъе, цогибокьарабасаралъецочангосуал г1уц1изе, хъвазе т1амила. Гьедингьабурабмехалдадир ц1алдохъаби мук1урлъана суалалъежаваббатизебигьаяббугинсулкьезеялдасаян. Гьедингьабулеббугони ц1алдохъабаз ц1алулеб асар яги бут1а гъваридго маг1наялъул пикругьабун ц1ализе ккола.

 

4.Ц1аларал асаралдандекквезе. Масала: «Х1анч1ик1к1ал» ва «Цакьугициги» 6 кл.

 

5.Цогидазе дандекколареб раг1и бате. (Занковасул система).

А) Рии, их, бакъ, хасел.

Б)Г1урччинаб, къунц1араб, гургинаб, халатаб.  вагь. ц.

 

6. «Синквейн»

1) Предметияб ц1ар.

2) Прилагательное, прилагательное.

3) Глагол, глагол, глагол.

4) Предложение.

Масала.

 Ц1улакьо.

Т1аг1амаб,  даруяб.

Бижула, бак1арула, бекула.

Ц1улакьодул гъут1би г1езаризе ккола.

 

7. Ц1алдохъабазул бажари, лъайборхизабиялъе к1удияб к1вар кьоларокъоржидецаготесталургъизе т1амиялъги.Гьеб х1алт1и гьабулаадабияталъулдарсазда.Кинабг1аги асар ц1алун лъуг1идалщивав ц1алохъанас рокъор х1адурун рач1уна 3- 5 тест, бат1аго т1анчаздаги хъван. Гьелкиналгожуразегигьарун, столалда т1ад лъола. Цевевахъарасцо-цоккунросунгьезиежавабкьола. Яги дарсбицунхадубцо- к1иго тесталъежавабкьола. Гьадинаб х1алт1иялъ к1удияб х1асил кьола. Щайгурелъултесталгьаризеккани, асар яги биография мух1канго ц1ализе ккола, цогидабгундандекквезеккола. Тесталгьаризелъаларезгьаруразда ц1ехон жавабал рак1алда ч1езарун ратула.

 

8. Нилъерщибабклассалда рук1уна  цогидаздаса церет1урал, бажарибугеллъимал. Г1емерисеб мехалъгьелжидерго х1алт1иги лъуг1ун балагьун ч1ун рук1уна цогидалхадур гъезег1ан. Гьединал ц1алдохъабазе х1адурун рук1уна карточкаби. Масала:

Т1анк1азул бак1алда х1арпалги лъун,  кколелъурлъалхъулишарабигилъун, текст хъвай.

«Ихалъ г1аздадаса ба…алъеянракь г1едег1изабуле…  …уго. Чоехъулухъ гьабич1они  лъелгори…инеккола. Эбел…лъхурбе…ана.  И…суцажиндиргоч..бе…ана.   ….»

Жеги г1еме - г1емер руго ц1алуе квербакъулел лъик1а – лъик1ал къаг1идаби. Гьел х1алт1изаризе вагьездаса мупаг1ат босизелъазеккола.

 

Байбихьарабгог1адин дирго к1алъай лъуг1изабизе бокьунбуго  ц1ар раг1арал г1алимзабазул раг1абаздалъун. Британиялъул политик Ульям Уордицаабунбуго «Г1адатияв учителасбицуна, лъик1ав учителас бич1ч1изабула, ц1ар раг1арав учителасбихьизабула, т1адег1анав учителас ц1алуде гъирабазабула», - ян. Щивав муг1алимасе тавпикъгикъуватгикьегибищунго т1адег1аналлъун рук1ине.

 

 Литература:

 

 

1.      Л.Г.Петерсон, Ю.В. Агапов, М.А. Кубышева, В.А. Петерсон. Система и структура учебной деятельности в контексте современной методологии. М., 2006.

2.      Как перейти к реализации ФГОС по образовательной системе деятельностного метода обучения «Школа 2000…». Методическое пособие / Под редакцией Л.Г.Петерсон – М.: АПК и ППРО, УМЦ «Школа 2000…», 2010

3.      Учебно-методический портал. http://www.uchmet.ru/library/material/145058/


 

Доклад Тема : Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазда ишалъулаб х1албихьи цебет1езаби

Доклад Тема : Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазда ишалъулаб х1албихьи цебет1езаби

Ахъбердиласулрачлихъ Армяназулпашманлъи

Ахъбердиласулрачлихъ Армяназулпашманлъи

Аск1ор ругезе салам. Сахлъинужейгьарула,

Аск1ор ругезе салам. Сахлъинужейгьарула,

Тесталгьаризелъаларезгьаруразда ц1ехон жавабал рак1алда ч1езарун ратула

Тесталгьаризелъаларезгьаруразда ц1ехон жавабал рак1алда ч1езарун ратула
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
03.06.2021