Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай»
Оценка 5

Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай»

Оценка 5
Разработки уроков
docx
русская литература
7 кл
05.05.2019
Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай»
Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай» 7 абилеб классалда авар адабияталъул дарс. Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай» «Ах1мад т1ад вуссараб сордо» - к1иабилеб бут1а. Дарсил мурад: асар пасих1го ц1али, асаралъул тема ва идея рагьи, г1адатаб анализ гьабизе ругьун гьари, калам цебет1езаби, Ват1аналде рокьи базаби. Дарсил алатал: т1ахьал, компьютер, слайдал, суратал. Дарсил ин: 1. Рокъобе кьун бук1араб т1адкъай ц1ехезе. - Щиб рокъобе кьун бук1араб? (А.Мах1амаевасул «Маг1арулай») къисаялдаса «Ах1мад т1ад вуссараб сордо» - 1 бет1ер). -Авторасул х1акъалъулъ щиб ц1алараб? (къокъго бицине гьесул х1акъалъулъ). -Къисаялъул кинаб бут1аялдаса нилъеца байбихьараб ц1ализе? - Лъил х1акъалъулъ гьениб бицунеб бугеб? - Щай руччаби х1инкъи бугеб Маккикъоринире арал? - Кинай ч1ужуг1аданлъун Х1афизат йихьулей нужеда?
дарс.docx
Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай» 7 абилеб классалда авар адабияталъул дарс. Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай» «Ах1мад т1ад вуссараб  сордо» ­ к1иабилеб бут1а. Дарсил мурад: асар пасих1го ц1али, асаралъул тема ва идея рагьи, г1адатаб  анализ гьабизе ругьун гьари, калам цебет1езаби, Ват1аналде рокьи базаби. Дарсил алатал: т1ахьал, компьютер, слайдал, суратал. Дарсил ин: 1. Рокъобе кьун бук1араб т1адкъай ц1ехезе. ­ Щиб рокъобе кьун бук1араб? (А.Мах1амаевасул «Маг1арулай») къисаялдаса  «Ах1мад т1ад вуссараб сордо» ­ 1 бет1ер). ­Авторасул х1акъалъулъ щиб ц1алараб? (къокъго бицине гьесул х1акъалъулъ). ­Къисаялъул кинаб бут1аялдаса нилъеца байбихьараб ц1ализе? ­ Лъил х1акъалъулъ гьениб бицунеб бугеб? ­ Щай руччаби х1инкъи бугеб Маккикъоринире арал? ­ Кинай ч1ужуг1аданлъун Х1афизат йихьулей нужеда? 2. «Ах1мад т1ад вуссараб сордо» ­ т1оцебесеб бет1ералъул х1асил бицина 2­ 3 ц1алдохъанас. 3. Рокъоб ц1алараб бут1аялдасан суалал. ­ Кинаб х1ал бук1араб к1иявго васасул хабар къот1иялъ Г1ашуралги Г1исалги? ­ Щай гьит1инав васасда Ах1мадилан ц1ар лъун бук1араб? ­ Рагъда лъукъ­лъукъарав Ах1мадил сипат ­ сурат кин бихьизабун бугеб? ­ Мах1ачин щай Ах1мадица васасда ц1ар тараб? Щиб лъалеб нужеда Мах1ачил  х1акъалъулъ? ­ Асаралъулъ х1алт1изарурал кицаби рате ва ц1але. (Гьобол вокьуларесул йокьулей хваги. Гьобол вач1унареб къо бач1унгеги.  Кибехун гъугъаниги, Гъуниб маг1арде. К1к1алахъе гурони, гьорчо гируларо.) Интерактивияб доскаялда эпиграф. Ниж цого Ват1аналъ г1езе гьарурал Гучаб Россиялъул солдатал руго! Гьезул пикру гьабе, гьел к1очон тоге! 1 Гьадинго абулел раг1аби гуро! Гьел абула хвалда цере солдатаз Ва такрар гьарула ч1аго ругеца! Р. Х1амзатов. 4. Ц1ияб тема баян гьаби. «Ах1мад т1ад вуссараб сордо» ­ к1иабилеб бут1а. 1. Словарияб х1алт1и. Совещание ­ данделъи Жиг1изе – цаби цере рехизе Квач1 ­ квенч1ел Малг1ун ­ мунапикъ, наг1ана батад (тетрадазда хъвазе) 2. К1иабилеб бет1ералъул абзац дицаго ц1алила. 3. Т1ехьгун х1алт1и. 3­ го ц1алдохъанас, абзацал ккун, ц1алила.(…Цо заманалдаса лъавуде вач1ун  балагьидал…). ­ Нилъеца ц1алана кинабго бет1ер. ­ Кинаб тема бугеб гьаб асаралъул? (Ват1анияб рагъул тема) ­ Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ щиб лъалеб нужеда? (1941 соналъ байбихьана  фашизмаялде данде рагъ. Ват1ан ц1унизе бахъана кинабго халкъ. Рагъ лъуг1ана  1945 соналъ). ­ Кинаб байрам исана нилъеца к1одо гьабизе бугеб? ­ Рейхстагалда т1ад байрахъ борхарав дагъистаниясул ц1ар щиб?  (Г1абдулх1аким Исмаг1илов). ­ Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ кинал асарал нилъеца ц1аларал? («Россиялъул  солдатал») ­ Кинал бах1арзазул ц1арал нужеда лъалел? ( М. Х1ажиев, Ю. Акаев, С. Мусаев,  Къ. Абакаров, М­З. Г1абдулманапов). (Интерактивияб доскаялда рихьизаризе слайдал Рейхстагалъул, Освенцим  лагералъул, рагъул суратазул, концлагералдаса эркен гьарурал г1адамазул.  Г1исинккун бачунеб «Къункъраби» коч1ол бакъан). ­ Гьудуллъиялъул к1вар кинаб бук1араб рагъда? ­ Щиб жиндирго гьалмагъ Сурхайил х1акъалъулъ Ах1мадица абулеб бугеб? Рате  гьел раг1аби. ­ Унгоги, халкъазда гьоркьоб бугеб гьудуллъиялъ кумек гьабуна фашизмаялда  т1ад бергьенлъи босизе. Интерактивияб доскаялда гьудуллъиялъул х1акъалъулъ кицаби: ­ Гьудуллъи – рух1ияб хазина. ­ Лъик1ав гьудулас вацасул бак1 ккола. ­ Р.Х1амзатовасул кинаб кеч1 т1олгодунялалдаго лъалеб? ­ Гьеб асаралъулъ поэтасул аслияб пикру щиб кколеб? (Рагъалъ г1адамасул  талих1 къинабула, балагь бач1инабула, г1умру ч1вала, гьединлъидал рекъел  ц1унизе ккола ракьалда т1ад, гьудуллъи щула гьабизе ккола .) 2 ­ Художествиял асаразул кинал тайпаби ругел? (эпос, лирика, драма) ­ Гьезул киналде гъорлъе унеб нилъеца ц1алараб асар? (эпосалде) ­ Сундаса данде гьабун бук1унеб художествияб асар? (тема, идея, сюжет,  композиция) ­ Композиция щиб кколеб? ­ Сюжет сунда абулеб? ­ Нилъеца ц1алараб асаралъул экспозиция бате. (къокъаб баян къисаялъул  байбихьуда) ­ Асаралъул завязка бате (Ахикь руччабазул гара­ ч1вари) ­ Кульминацияб х1алуцин щиб бак1алда бугеб? (Ах1мадица живго вук1ин  рагьараб бак1) ­ Развязка кисан байбихьулеб? (киналго г1адамал дандеруссараб, Ах1мадил  хабар лъуг1араб бак1) 3. Дарсил х1асил гьаби. ­ Жакъа къоялда ругищ рагъ бугел бак1ал? (Украина, Сирия) ­ Украиналда бугеб рагъул х1акъалъулъ щиб нужеда лъалеб? (Гьанжеги ракк­  раккулел руго фашизмаялъул г1анграл) ­ Нилъеца дарсида бицун бук1ана гьеб рагъул. ­ Заремае бокьун буго кеч1 ц1ализе киналго халкъазде ах1и, гьари балеб. Гьари, ах1дей, маг1у гьадингояб жо: Бач1ана замана, щвана жанавар Угьдулеб Одесса, зодихъ ц1адул мац1, Рух1ун жаназаби, ч1ег1ерк1к1уй бетун. Ах1дола малаик, борхун гьаракьгун: Ле, г1адамал, тархъе! Ч1а нуж, г1адамал! Зодихъе араб ц1а, бух1ун сверухълъи, Донецк, Краматорск,Славянск, Мариуполь, К1очонге гьал къоял, хваразул ц1арал… Щибго г1айиб гьеч1ел къурбаназул би! Кин г1умру гьабилеб, сверухъ кибго­ рагъ? Интерактивияб доскаялдаса ц1алила эпиграф. Нилъер дарсил эпиграфлъун росарал Р.Х1амзатовасул коч1ол мухъаз  бич1ч1изабула нилъ цо Ват1аналъул лъимал рук1ин ва х1адур рук1ин  Ват1аналъе г1оло рух1 кьезе. Нилъеда кидаго рак1алдаса инаро рагъда камурал  бах1арзал. Расул ХIамзатовасул кечI «Къункъраби» кинацаго цадахъ ахIизе. 3 5. Жавабал кьуразе къиматал лъела 6 .Рокъоб ц1ализе к1иабилеб бут1а «Ах1мад т1ад вуссараб сордо» , суалазе жавабал кьезе, х1асил бицине. 4

Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай»

Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай»

Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай»

Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай»

Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай»

Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай»

Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай»

Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай»
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
05.05.2019