Конспект урока "Маргьабазул улкаялда сапар "
Оценка 4.6

Конспект урока "Маргьабазул улкаялда сапар "

Оценка 4.6
Разработки уроков
docx
05.02.2022
Конспект урока  "Маргьабазул улкаялда сапар "
МАРГЬАБАЗУЛ УЛКАЯЛДЕ.docx

Рагьараб дарс

 

 

 

 

"Маргьабазул улкаялде сапар"

 

 

 

 

 

 

 

 

Маг1арул мац1алъул муг1алим:

 Нурмух1амадова П.З.

Дарсил тема : "Маргьабазул  улкаялде сапар "

Дарсил мурадал :

Лъай кьеялъул :Литературияб ва халкъияб маргьаялъул х1акъалъулъ баянал такрар гьари .

Лъай цебет!еялъул :Пасих1аб каламалъ к1алъазе лъимал ругьун гьари , калам цебет!езаби,  лъималазул творчество цебет1ей .

Тарбия кьеялъул :  Камилаб рух1ияб тарбия  кьеялда т1ад х1алт1и ; рахьдал мац1алалдаги Ват1аналдаги рокьи бижизаби ,    маргьаялдаса  багьадурасул мисалалда лъималазулъ г1аданлъи  , чилъи , бах1арчилъи  куцай .

 

Дарсил тайпа: ИКТ х1алт1изабураб г1адатияб гуреб адабияталъул дарс-сапар .

Дарсил алатал:

    1. Компьютер 

    2. Мультимедияб доска

3.Презентация слайдалгун, карточкаби , дарсил карта , гъамас ,                        кроссворд , (Скотч , маркер )

4.Баркалаялъул кагътал.

5.Лъималазе х1амилги бац1илги маскаби.

 

Дарсил план:

1.Дарсиде х1адуриялъул лах1зат.

2.Дарсил тема, мурадал, масъалаби баян гьари.

3. Цебе малъараб такрар гьабизе

а) " Щиг1рабазул годек1ан ".

б) "Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи "

 4.Физминутка.

в) Инсценировка .("Х1амаги бац1ги" )

г) Карточкаби. ("Гъалбац1ги г1анк1ги")

д) Пазлал рак1ари .

 6.  Дарсил х1асил гьаби, баркалаялъул кагътал рикьи. Рокъобе т1адкъай кьей.

 

                                                    

                                                   Дарсил ин :

1.Дарсиде х1адуриялъул лах1зат.

Муг1алим : Рорч1ами , хириял  ц1алдохъаби !Нилъер жакъа   буго г1адатияб гуреб дарс . Нилъеца гьеб гьабизе буго дарс -сапар х1исабалда . Сапаралъ рахъине кканани щиб нилъее т1оцебе къвариг1унеб? Карта къвариг1унищ ? Х1акъикъаталда киб бахчун бук1унеб нилъер карта ?Гъамасалда жаниб бугеб картаялде нух бахъизе ккани нилъеца гъамасалда цере ругел т1адкъаял т1уразе ккола  .

 

1.Сунда абулеб маргьаян ?

2.Кинаб к1иго тайпаялде маргьаби рикьулел ?

3.Маг1наялде балагьун , халкъиял маргьаби кина - кинал рук1унел ?

4.Литературиялги халкъиялги маргьабазда гьоркьоб бат1алъи щиб ?

2.Дарсил тема, мурадал, масъалаби баян гьари.

Муг1алим : Лъик1 буго ,Х1алч1ахъадал! (Жавабал кьурабго цо ц1алдахъан ах1ила гъамас рагьизе.)Гьенисан босизе буго нилъеца жакъасеб   дарсил нухалъул карта. (Гъамсиниса бахъараб дарсил карта доскаялда бала.)Сапаралъ нилъ кир ине ругел ва кир щвезе ругел лъазе ккани нилъеца ц1езабизе ккола гьале  гьаб раг1икъот1 .

1. "Къаси бач1а , къан ккун дуего бокьараб кьела "   лъил раг1аби гьал кколел ?(х1ама)

2.Маргьабазулъ  х1инкъуч щиб ?(Г1анк1)

 3.Хан абураб раг1уе синоним щиб ?(парчах1)

4."Память " абураб раг1и маг1арул мац1алда буссинабуни кин бук1инеб?(пагьму)

5.Маргьаялъулъ хъант1арав гурх1ел -рах1му гьеч1ев хан вихьизавизе щиб х1айваналъул образ х1алт1изабулеб?(гъалбац1)

Муг1алим : Гьанже ц1але щиб раг1и нилъер лъугьураб т1аса гъоркье ц1алидал

Ц1алдохъан : Маргьа  

Бит1ун буго , жакъасеб дарсил тема , лъимал нилъер буго " Маргьабазул улкабазде сапар " . (Слайд 1.)Дарсил мурадги ккола : ( мурадал рицила).(слайд 2.)

 

3.Цебе малъараб такрар гьаби.

Муг1алим :Гьанже лъимал хал гьаб  доскаялда .Кинаб  бугеб нилъер сапаралъул т1оцебесеб нухлул сурат ?

" Щиг1рабазул годек1ан ".

Ц1алдохъан :"Щиг1рабазул годек1ан" (слайд 3).

Гьалеха  нилъеца сапар бухьила "Шиг1рабазул годек1анисан ",гьанибги нужеца т1убазе ккола ханасул т1адкъай .Г1едег1ич1ого, рек1ехъе Х1айваназул х1акъалъулъ  нужеда  лъалел куч1дул рицине. Гьел куч1дул рицун рахъиндал  нилъ щвезе руго"Лъабго гьунар гьабурав бах1арчиясухъе."(Доскаялда бугеб картаялда бихьизабила  картаялъул нух ).

Муг1алим : Х1алч1ахъадал ! Унаго , толаго гьале лъимал нилъ щвана  лъабго гьунар гьабурав бах!арчиясухъе  гьоболлъухъ (Слайд 4-5.)Щибха нилъеда гьесул х1акъалъулъ лъазе кколеб ? Гьес гьарурал гьунаразул х1акъалъулъ

"Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи "

(Лъабабго гьунаралъул  х1акъалъулъ бицина  ц1алдохъабаз . (9-10-11гь.)

1.Кинав чилъун гьев нилъеда цеве ч1олев ?

2.Гьеб лъабабго улкаялъул  ханзаби кинаб г1амал хасияталъул  чаг1илъун нужеда рихьунел?

4.Физминутка.

 Муг1алим :Свакаралищ сапаралда ?Рач1а нилъеца дагьаб х1ухь бахъизе гьадинаб зарядка гьабила .

          Физминутка  "Ц1ад  "

          Ралъадалъул х!ухьел эхеде ана

          (эхеде рит!ила кверал)

          Гьениб нак!к! ц!убана , чвахун ,ц!ад бана.

          (чвахулеб бихьизабила иргадал квераз )

          Ц1ад маххул т!охазда т!ар - р - р -ан бахъана 

          (килщал партаялда к!ут!ила )

          Циндаго сверухълъи ц!алтун биччана 

          ( кверал цин цояб , цинги цогидаб рахъалде рит!ила )

          Хехго  т!аде дугъ ккве , риччизе гурин

          (Бут1рузда т!ад лъела кверал , къулун ч!ела ). 

 

5.Инсценировка .

Муг1алим : Нилъер мег1ер цо тун , чияр мег1ер к1иго тун , ин бахун ,дин бахун, цо г1урул доб рахъалдеги рахун, щванила нилъ Х1амихъеги бац1ихъеги. (Доскаялдаса карта бихьизабила.) (слайд 6-7).Балагьилин цо щиб ах1вал - х1алалда ал ругелали . Ц1алдохъабаз бихьизабила инсценировка .

Бац1илги Х1амилги маскаби рук1ина «артистазул» бут1рузда.

1.Цевехъан.

2.Бац1.

3.Х1ама.

ЦЕВЕХЪАН: - Цонухалъ лъарахъ лъим гьекъолеб бук1аго, Х1амида чинхъи раг1ула. Бет1ер борхун балагьидал: бугилаха Бац1 бач1унеб. Берал ч1варкьанила, т1урт1удилаго Бац1ихъ балагьанила.

БАЦ1: - / хъач1аб гьаракьалъ / Мун гьаб бак1алда щиб гьабулеб бугеб?!

Х1АМА: - / х1елун / Дун гьаниб щибаб къоялъ бук1уна. Хважаинас кидаго кваназе гьанибе гъола.

БАЦ1: - / т1аде-т1аде къалаго / Кидагояли гьаниб церекъад дица ч1вараб Х1маги  бук1ун буго. Гьанже гурони, дида гьанир Х1амул рук1унеблъи лъач1о.

ЦЕВЕХЪАН: - Рух1 щокъробе  тщвараблъи бич1ч1ун, Х1мица Бац1ие бат1ияб бакъан бачуна.

Х1АМА: - / ц1акъго х1елун / Гьай пакъир Бац1, бакъунбатила мун. Х1алт1уца чурхъараб, ччох1оца хвараб, баккизе бигуреб, ч1урх1араб къехь г1адаб дир гьод хъарсунилан, мун г1орц1иларо. Хераб гвадаралдаса дуе гьан гьуинал, рахь рек1арал к1уртулго лъик1. Дир рокъор ругел к1уртул кванай. Дир ункъо к1ерт буго. Эзул цоялда ц1ар Г1ЕБСА, цогиялда ХАЛАСА, лъабабилел – ЛЪАРАБ, ункъабилелда ЛЪАЧ1ЕБ буго.  /Къаси бач1а, къан ккун дуего бокьараб кьела.

БАЦ1: - Х1АМА ва Х1АМА!  

ЦЕВЕХЪАН: - Х1амица жаваб кьоларо.

БАЦ1: - «Г1ебса»

Х1АМА: - Г1ебса х1ос банбуго .

БАЦ!: - «Халаса»!

Х1АМА: - «Халаса къоно т1амун буго.

БАЦ1: - «Лъараб»!.

Х1АМА : - Лъараб ани, лъарахъго ч1валаан дуца дун.

БАЦ!: - «Лъач1елъул гурищха, рокъобеги борч1ун, Х1ама паракъат бугеб.

ЦЕВЕХЪАН:Ццин бахъараб, гьабизе  т1аг1араб Бац1 нуц1а бекизе лъугьуна. Х1ама гьаг1дола. Гьалъул гьаркьихъе вахъун вач1арав хважаинас Бац1ги гьородахъ босизабула.

6.Карточкаби

Муг1алим : Ахирисеб нилъер ч1ей  бук1ина ( доскаялдаса картаги  бихьизабун  ) Гъалбац1ихъги г1анк1ихъги (слайд 8-9) .Гьазул нужое буго цо т1адкъай ; нужеца гьал карточкабазда ругел коч1ол мухъазул роцен ч1езабизе ккола .

 

 

Карточка 1.

Гьеб ракьалда кверщел гьабун ,

Кутакаб гъалбац1 бук1араб ,

Кодор щварал х1айванал ч1ван,

Х1ал-зулмуялда хьвадулеб. 

Карточка 2.

Гьанже айигъураб г1анк1алъ

Гъванщиде квач1ал регьула .

Гъалбац1алъе гьабизесеб

Макруялъе кич1 бит1ула .

7.Пазлал рак1ари.

Муг1алим : Гьал багьадуразул кинаб къисмат ккараб?

 Муг1алим : Гьале гьал пазлал данд рак1аре маг1на  рекъараб коч1ол куплет лъугьиледухъ.(Лъимал к1иго группаялде рикьила ва т1оцере лъугьараз ц1алила куплет )

 

8. Дарсил х1асил гьаби, баркалаялъул кагътал рикьи. Рокъобе т1адкъай кьей.

Муг1алим : Гьалеха , ахиралде щвана маргьабазул  улкаялде бухьараб сапар . Нужее киназего пайдаяблъун бук1анин ккола гьаб сапар .

Муг1алим :Вугищ к1алъазе бокьарав чи ?

Ц1алдохъан : Дие дарс бокьана .Хасго багьадурасул  бах1арчилъи  рек1ее г1уна .Гьес дун дирго г!амалалде т1ад ургъизе т1амуна .

Ц1алдохъан :Дарс бокьана ."Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи" маргьаялъулъ щибаб улкаялъул ханзаби рокьана.Щайгурелъул гьез жидерго халкъалъул х1ажалъи, къвариг1ел т1убазабуна . Гьез щибго бахиллъич1ого жидерго рух1г1ан хириял ясалги бащдаб ханлъиги кьолеб бук1ана.

Муг1алим : Баркала лъимал дун нужедаса рази йиго .

Хасго… (Баркалаялъул кагътал рикьила къиматал лъела ).

Рокъобе т1адкъай :

Муг1алим : Гьал фразеологиял сверелазул маг1на лъазабе ва тетрадазда хъван босе:

1.Рач1алдаса ч1ух1араб х1елеко г1адин -

2.Лълъурдул раккулелъуб бече кинигин -

3.Мохмох квараб кето г1адин .

 

Къо мех лъик1 киназего !


 

Рагьараб дарс "Маргьабазул улкаялде сапар"

Рагьараб дарс "Маргьабазул улкаялде сапар"

Дарсил тема : "Маргьабазул улкаялде сапар "

Дарсил тема : "Маргьабазул улкаялде сапар "

Инсценировка .("Х1амаги бац1ги" ) г)

Инсценировка .("Х1амаги бац1ги" ) г)

Муг1алим : Гьанже ц1але щиб раг1и нилъер лъугьураб т1аса гъоркье ц1алидал

Муг1алим : Гьанже ц1але щиб раг1и нилъер лъугьураб т1аса гъоркье ц1алидал

Циндаго сверухълъи ц!алтун биччана • ( кверал цин цояб , цинги цогидаб рахъалде рит!ила ) •

Циндаго сверухълъи ц!алтун биччана • ( кверал цин цояб , цинги цогидаб рахъалде рит!ила ) •

Х1АМА: - / ц1акъго х1елун / Гьай пакъир

Х1АМА: - / ц1акъго х1елун / Гьай пакъир

Карточка 1. Гьеб ракьалда кверщел гьабун ,

Карточка 1. Гьеб ракьалда кверщел гьабун ,

Рач1алдаса ч1ух1араб х1елеко г1адин - 2

Рач1алдаса ч1ух1араб х1елеко г1адин - 2
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
05.02.2022